Малаик

Малаик (гӀараб мацӀалда ملاك)
ЦӀарцӀар ккун малаикзабазда ракӀ кин чӀезабилеб. Дуца ракӀ чӀезабизе ккола Аллагьасул гьал хадур рехсарал малаикзаби рукӀиналда. Жабраил – вахӀюгун вачӀунев; Микаил – ризкъаби рикьулев; Исрапил – Суралъе пулев; ГӀизраил – рухӀал росулев. Гьал руго чӀахӀиял малаикзаби. Гьединго ракӀ чӀезабизе ккола, инсанасул гӀамал хъвалел Ракъиб-ГӀатид, хабалъ хӀисабсуал гьабулел Мункар-Накир, алжанжужахӀ хьихьизе тарал, ГӀаршалда сверун тӀаваф гьабулел, ГӀарш баччулел ва гьел гурелги цогидал малаикзаби рукӀиналдаги.
Дуда малаикзаби рукӀин сундалъун лъалеб? Гьел рукӀин лъала КъуръанхӀадисалъ бицун, Къуръан-хӀадисалда хӀакъаб гурого жо букӀунарелъул. [1]
Бадруялъул гъазаваталда загьирлъана чӀахӀиял мугӀжизатал. Хирияв аварагас (жинда ссалат-салам лъеяв) цебесеб къоялъго рихьизаруна мушрикунал чӀвазе ругел бакӀал, бусурбабазе бергьенлъи щвезе бугиланги бицана; БетӀергьанас азарго малаикги витӀун бусурбабазе квербакъана; асхӀабзабазда жидеца кьабилалде чанги капурчиясул бетӀер тӀаса къотӀулеб бихьана, ай малаикзабаз кьабун ва гь.ц. Бусурбабазул дугӀаялъе жавабги гьабун, тӀоцебесеб хӀалбихьиялда аскӀоб, лъабго нухалъ капурзабаздаса дагьал ругел бусурбабазе, гӀицӀго гьезул ракӀ парахалъизе рещтӀинарурал малаикзаби. Щайгурелъул бергьенлъи Аллагьас кьола, малаикзаби – сабабал ккола, бергьенлъи букӀинабизе гьезда жидедаго кӀоларо. [2]