ГӀарабал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ГІарабал» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
ГӀарабал

ГӀарабал (гӀар. عرب‎‎) — ГӀарабистаналда ва Дунялалда бищун кӀудиязул цояб миллат.

ГӀарабал Дагъистаналде рачӀиналъул хӀакъалъулъ


Дагъистаналъул гӀелмияб централъул хӀалтӀухъабаз щибаб соналъ тӀоритӀула батӀи-батӀиял мугӀрузулги, гӀатӀидракьалъулги районазде археографиялъул экспедицияби. Нилъер магӀарул росабалъ щибаб соналъ аниги тӀадеялдаса тӀаде цӀикӀкӀун гурого дагьлъулел гьечӀо нилъер рухӀияб бечелъи. Нижеца цӀех-рех гьабулел жалги руго гӀараб хӀарпаз хъвараб щиб букӀаниги. БукӀа гьеб гӀажамалъ хъвараб ялъуни гӀараб мацӀалъ хъварабниги. Щай гьедин цӀикӀкӀунеб абун суал баккизеги бегьула бокьарав чиясул? Щай абуни цебе коммунмистазул заманаялда гӀадин нижеца щибго жо нахъе босуларо кьеянги гьаруларо. Нилъер гӀадамал ругьунлъун руго рачӀарал чагӀаз кинабго жо нахъе босиялда. Амма нижеца жакъа къоялде щвезегӀан абизе кӀола цониги тӀамач нахъе босичӀин изну гьечӀого абун. Нагагьлъун цощинабго тарихалда хурхараб букӀа ялъуни мацӀалда, гӀадатазда хурхараб жо батани нижеца копия гьабула гьев бетӀергьанчиясул изнуялдалъун гӀицӀго. Гьесие бокьичӀони гьабичӀогоги тола. Дир гӀакълуялда рекъон дида кола гьедин батилин щибаб соналдаса соналде жалго гӀадамал рачӀуна жудорго бечелъиялъухъ балагьизе рачӀаян гьаризе. Щайгурелъул киназдаго лъалеб гьечӀо гӀараб алфавиталъ хъвараб жо цӀализе. Гьединлъидал тӀахьазул бетӀергьабазе жодоего буго кӀудияб интерес щибдай элда хъван бугоян балагьизе. Араб 2008 абилеб соналъул июль моцӀалда ниж щвана Хунзахъ районалде. Гьава-бакъги рекъон ккечӀого, рикӀкӀад ругел росабалъеги ине санагӀат рекъечӀого нижеца хӀукму гьабуна цониги цӀияб библиотека батилародаян аскӀоб бугеб ТӀанусире рахине. Росулъе рачӀунаго тӀоцеве данде карав чиясда цӀехана росдал дибир. Гьес ниж дибирасухъеги рачана. Ниже къваригӀараб жо лъайдал, гьевго чияс ниж рачана жиндирго рокъоре. ЦӀарги гьесда букӀана Дибиров МӀухӀамад. Гьес нижеда бицана гьел тӀахьазул хӀакъалъулъ дагьа-макъабго тарихги. ТӀахьазул бетӀергьанчи вукӀун вуго гьесулго эмен Дибирасул вас Насрудин (1910 – 1997гг), жиндир мунагьал чураяв. Жиндирго заманалъ гьев Насрудин вукӀун вуго цӀаларав чи. ТӀоцеве гьев цӀалун вуго гӀараб гӀелмуялъе жиндирго росулъ ТӀанусив. Хадуб Хунзахъги цӀалун вуго, гьенисан ун цӀалун вуго Унсоколо районалъул ХъахӀабросулъги. Гьенисан вусун хадув хӀалтӀун вуго ТӀанусиб росдал имамлъунги. Лъида цеве эмен цӀалулев вукӀаравали гьай-гьай васасда лъалеб гьечӀо. МухӀамадица бицанихъе Насрудинил букӀун буго лъикӀаланго кӀудияб библиотека. Эмен хун хадуб, гьел тӀахьал цереса цере ун, цӀакъ къанагӀатал жал гурони хутӀунги гьечӀо. Гьезда гьоркьоб, бер речӀарабго дида бихьана цо квералъ хъвараб даптар. Гьеб бугоан гӀажамалъ хъвараб. Гьелда жанир ругоан гӀемер батӀи-батӀиял вагӀзаби, туркаби, мавлидал. Гьездаго гьоркьоса бищунго кӀудияб асар дие кьуна тарихияб хъвай-хъвагӀаялъ. Гьеб бугоан гӀарабал Дагъистаналдеги рачӀун, гьенисан ТӀанусире рачӀиналъул хӀакъалъулъ хъвараб тарих. Гьеб гӀемер кӀудияб макъалаги гьечӀоан 15 тӀамач гурони. Дибиров Насрудиницаги гьеб хъван бугоан ТӀанусиса Къебедасул МухӀамад абулев чиясул тӀехьалдасан. "Гьабги хъвана ТӀанусиса Дибирасул вас Насрудиница 1988 соналъул 5 февралалъ", абун хъванги буго гьелъул ахиралда

Къебедасул МухӀамадил гӀагарлъи цӀехедал нижеда гьезул чиги ватичӀо. Дица МухӀамадидаса изнуги босун гьелъул диего копияги гьабуна, бусинабуна магӀарул мацӀалде цониги хӀарп хисизеги гьабичӀого, бугеб къагӀидаялъ. Гьенир руго ва жеги ратизеги рес буго гъалатӀалги. Дица ургъун бахъараб жо гурелъул, бокьилаан, рес бугебгӀан мехалъ, бугеб къагӀидаялъ цӀалдолезухъе щвезеги.

ЦӀарги гьелда буго: ГӀинтӀаме вацал гьанже Cуракъатил зулму баян гьабизин.

Дагъистан букӀана цӀакъ берцинаб, гӀатӀидаб, боцӀуда баракат бугеб бакӀ. Жудор гӀадлу сабаблъиялдалъун Суракъатил хабар инеб букӀана. Энир рукӀана гӀемерал росаби. Эзул агьлуги букӀана кафурал, чӀухӀарал, къосарал хъанчий лагълъи гьабулел. Гьел киналго росабазул ханзабиги рукӀана къосарал, квешлъиялдалъун амру гьабулел, лъикӀалдалъун нагью гьабулел. Бищун шавкат кӀудияб росу букӀана ТӀанусиб абун. Энивги вукӀана кафурав, къосарав хан, бищунго квешлъиялъул ва шавкаталъул бетӀергьан. Эсда цӀарги букӀана Суракъат. Дагъистаналъул бутӀрул рукӀана эсул умумулги ШартӀан, Авариз-хан, ГӀуммахан, Фирман шагь, Бакъир, Намрур, Байар, ТӀагьман, Сайид, ГӀамир, ФиргӀан, Хавашагь, Сафи, Шагь ГӀаббас, ТӀуруз, Хъадар шагь, ХӀарис хан. Адам аварагасде щвезегӀан эсул умумул азаралда ункъоялда анцӀила ичӀго ругелила. Эсиеги (Суракъатие) букӀана кинабго дагъистаналъул хардж – магъало. Чергес вилаяталдаса бахъараб Шамхалалде щвезегӀан кинабниги боцӀул, тӀорщалил, гӀиял, хӀайваназул, хамил, пихъил хӀатта гӀанкӀудал ханазулцин букӀун буго. Щибаб соналъ кинабго ракьалтӀа гӀарцул лъабго гӀабаси букӀана. ТӀорщалил цо-цо къали, гӀиял – нусидаса цо жо, хӀайваназул – нусго рукъалдаса цо оц, хамил – базар гьабулев чиясдаса кӀиго хамил туп, пихъил ахал ругел чиясдаса цо гьегь. Чи чӀварав чиясдаса нусго гӀи букӀана, чияда ругъун гьабурав чиясдаса цо оц букӀана. Жо бикъарав чиясдаса цо оц букӀана. Кинабниги росдадаса щу-щу цӀе букӀана – ункъго багӀараб цо чӀегӀераб, щу-щу гӀиялъажоги букӀана. Щибаб росдадаса цо-цо чуги цо-цо гӀакаги. Гьев ханасеги мутӀигӀаб букӀана кинабго Дагъистан, щибго инкар гьабичӀого кьолаан магъалоги. Аварагасул инсул вацал ХӀамзатилги, ГӀаббасилги наслуялъул гӀадамал рахъун руго Мака-Мадинаялдаса гьиджра гьабун (200) кӀинусилъ тарих бугеб мехалда. КӀиазарго чигун цадахъ гъазават гьабизе капурзабигун рагъун, Аллагьасде таваккалги тӀамун жудорго шагьаралги тун, жал рижарал ракьалдаса хьулги къотӀун капурзабазул ракьалда ислам тӀибитӀизе гьабизе къасд гьабуна. Ал (гӀарабал) рахъиналъе сабабги букӀана жудода гъазаваталъул хиралъи лъайдал, жудода свера хъверун рагъ гьабизе капурзабиги ратичӀого, эл жудор ватӀан тун рахъана. Эзулги букӀана щуго къокъа. Лъабго къокъа ХӀамзатил лъималазул рукӀана - КъускъантӀиялде щвезегӀан. Энир чӀун бана цо дагьал сонал. Цинги энисанги къокъана щуазарго чигун цадахъ Гьундустаналде щвезегӀан. Энирги чӀана цо дагьаб заманаялъ. Цинги гьенисанги рилълъана чӀечӀого Ширваналде щвезегӀан. Цинги энир чӀана рагъул алат къачӀалел – гӀарадаби, газаргъаби эл гурелги матахӀалги данде гьарулел. Дагъистаналъул капурзабазде ине къасд гьабуна эз. Эзул гӀадат букӀана жудор бищун кӀудияв ханлъун вугев чиясда хадур, киналго рекъон, дагӀба-рагӀи гьечӀого ине. Бахъарабщинаб бакӀалда бетӀерги толаан жудоцаго абураб жоялда тӀад калам гьечӀого тӀубузабулев чиги. Къамилухъ ХӀамзатил наслуялъул чи тана. Эсда цӀарги Гьишам хан букӀана - Амир ХӀамзатил вас. Гьелдаса нахъе жудор гӀадат мадат бекьана. Ханлъун тарав щинав чиясда Шамхал абураб цӀар кьуна. Цинги эл рагъана чӀахӀиял тӀелалгун, лебалал чуялгун. Рагъизе Дагъистаналде эл рачӀун ругилан лъараб мехалъ эл киналго капурзабазул боял данделъана. Къосарал аскаралги цолъана Дербент абулеб шагьаралда аскӀоб, гьел исламалъул боял нахъчӀвазе гучалдалъун. Гьеб мехалъ бусурбабаца витӀана цо нусго лъикӀав бахӀарчи дол капурзабазул хӀал бихьизе. Эзда (гӀарабазул къокъаялда) дол (капурзаби) ратана жудодасаги гӀемер бахӀарчилъи цӀакъал. Гьеб мехалъ бусурбабазул ракӀал хӀинкъана, гьезиеги бокьана (бусурбабазе) балъго дол боял рихизе гьаризе. Цинги гьел хӀиллаялде ургъана. ГӀемераб квен-тӀехги гьабуна, гьоркьоб загьруги жубана. Гьеб загьруги букӀана бакьал тӀутӀулеб, черх гьоролеб. Гьеб мехалъ, капурзаби тӀаде къайгун гьеб квенги, дагьа-макъаб къайиги гъоркь тун эл бусурбаби лъутана. Дол капурзабазда эб тӀагӀам батараб мехалда гьез гьеб кванана. Гьелдалъун гьезул хвана ункънусазарого (400 азарго) чи. Гьелда хадуб Аллагьасул квербакъиялдалъун капурзабаз мугъ бана, бусурбабиги Дагъистаналде лъугьана. Рагъ гьабун Хайдакъ шагьарги бахъана. Гъазанфар абурав цо кӀудияв ханги чӀвана цойги гӀемерал бахӀарзабиги чӀвана гьенир. Руччабиги куна энир, хӀалкӀун жалгоги энир парахалъана. Имамги ханасул тахиде вахинавун, гьенир гӀемерал росабиги рана, гьебги тахшагьарлъун гьабуна. Гьелда цӀарги КъалгӀатул Къурайш абун цӀарги тана. Цинги Гъумекдерил ханзабазулгун загьираб рекъелги гьабуна. Цо дагьаб заманалдаса рекъелги бихун балъго тӀаде кӀанцӀун гьел Гъумекдерил агьлуго пассат гьабуна. Эзул киналго руччабиги мусаххар (махсароде ккуна) гьаруна. Гьанже дол рачӀана Джабалул Джансиялде Хунзахъе. Эзул хан вукӀана Баяр, Суракъатил вас Нуцалхан абун жинда абулев. Эвги жиндирго рукъалъул агьлуги бачун, цойги кинабго гӀагарлъигун цадахъ Тушалъе лъутун анна. Гьанже бусурбабаца гъазават гьабун магӀаруллъиялъул киналго рахъазулъ гӀемерал росабиги чӀунтизаруна, кинабго Дагъистаналда квершелги гьабуна. Гучалдалъун эзул бахӀарзабиги чӀвана, руччабиги лъималги асир гьаруна, кинабго боцӀи-хазинаги нахъе босана. Энив ханасул тахидаги чӀана Махсумбек, шайх АхӀмадил вас иманлъунги чӀана. Абулмуслим шайх эз кинабго дагъистаналда тасарруф гьавуна. Цоял ккун, цоял чӀван росаби чӀунтизе гьарун тана. Эзул гӀадатги букӀана (бусурбабазул) жудоца бахъарабщинаб росулъ цо-цо хан толаан. АскӀовги толаан доздасан бергьунеб къадаралда жудорго солдаталги. Гьанже дов Шамхалги чӀван Гъумекиб шагьаралда кинабго ракьалъул харжги босана, бусурбабазул закатги босана. Эзиеги мутӀигӀлъана кинабго Дагъистан.

Щибаб соналъ эсие рачӀунел харжазул баян: Къарахъ жамагӀатал – щунусго гӀиялъажо ва цо гӀала; Кусрахъ жамагӀаталъ – лъабнусго гӀиялъажо ва цо гӀала; Гъирим – ункънусго гӀиялъажо ва цо гӀала; ЧӀамалал – цо нусго гӀи; ТӀиндиб – къого оц; ГӀурчуб – нусиялда лъеберго гӀиялъажо; Хундерил агьлоялдасан – анкьнусго къали ролъулги, анкьнусго гӀиги, лъабго къали гьацӀдалги; ГӀандадеридаса – цо оцги анкьго буртинаги; Гъадариса ва ГьаракӀуниса – хундерил бугелъул бащадаб; Тумал – рукъалдаса цо-цо ккуйги, цо-цо къали ролъулги; Михахич – гьебго; Костек – рукъалдаса цо-цо ччугӀа; Таргъу – рукъалдаса кӀиго сахӀ пиринчӀул; Губдан – нусго кви; Хайдакъ – нусиялда лъабкъого гамуш; Ускушиб ва ГӀахъушиб – нусго оц; ХӀурахъ – рукъалдаса гӀабаси; ЦӀадахӀариса – кӀикъоялда анцӀго оц; ГьамчукъотӀи – анлъго хӀама; Бакълъулал – лъеберго оц; РицгӀор ва Мукракь – лъабкъоялда анцӀго кви; Кудалиса – нусго гӀалаги нусго чуги. Гьал киналго харжал щибаб соналъ ХӀамзатилги ГӀаббасилги лъималада гьоркьоб бикьулаан. Гьелдаса хадуб цо дагьаб заман ингун, дов Тушалде лъутун вукӀарав Суракъатил вац Байар вачӀана ЦӀунтӀаса бахъараб ГӀарчубе щвезегӀан боялги ракӀарун. Цо бецӀаб сордоялъ Хунзахъе лъугьана. РакӀал бусурманлъичӀого энир хутӀун рукӀарал чиязул рукъзабахъ боялги живгоги вахчун чӀана жудойго сверел, рес рекъезегӀан. Гьеб сордоялъ Абулмуслим шайхасул вас Абулмуслимида макьилъ бихьана капурзаби бергьун Хунзахъ ва гьениб пасалъиги ккун. Гьеб макьу бокьичӀогун эв радал вахъун Гъумекиве лъутана. КӀиабилеб сордоялъ капурзабаца эзул хан Амир АхӀмадги чӀвана. МагӀлумбекил вацасул васги чӀван эсул бетӀерги хъаладул къеда бан батун буго. Гьеб къоялъ киналго бусурбабазул къокъадул гӀемерав чи гъурана. Элги хадур мурадалде щвана, Баярги жиндирго инсул тахида гӀодов чӀана. Гьебмехалъ бусурбабаздаги эздаги гьоркьоб гӀемерал рагъал ккана, питнаби халалъана. Къоло ункъго сон бана гьедин. ЦӀакъ рeкъзабиги къварилъана, бетӀербахъиги захӀмалъана, рагъги чӀалгӀана. Гьанже гьезда иман лъун исламалъулгун маслихӀат ккана, жалги парахалъана. Гьелдасан цо дагьал сонал ингун Гъумекдерил ханазабаздаги Хайдакъалъул ханзабаздаги гьоркьоб питна ккана. Гьереси, мацӀ гьаби, мехтел эб гуребги пасалъаби ккана эниб. Хайдакъалъул ханазаби МухӀаммадханги, Амир ХӀамзатги хундерил ханзабахъе кӀанцӀана, жал эзийги гьедана щибаб жоялъе эзда нахърилълъинилан. Гьеб мехалъ эзда гьоркьобги Гъумекдерил ханзабазда гьоркьобги ккана гӀемерал рагъал. Цинги хундерил ханас ритӀана гӀакълуялъул бетӀергьаби Кавтар шагьасухъе - Турк вилаяталде рекъел гьарун. Элги гьеб заманаялъ ГӀумарасхӀабасул Халифаталъулъ рукӀана. Цинги эзул къотӀи ккана цоцазулъ рекъон кӀиязулго тушманзабигун рагъизе. Эзул амруги вацазул бакӀалде ккана. Кавтар шагьасги абуна хундерил ханасул яс жиндирго васасе. ЦӀар чӀван кӀиясго къабул гьабуна кӀияйго кӀиясего кьуна. Гьеб мехалъ Кавтар шагь Гъумекиве вачӀуна туркалгун цадахъ бакъбаккул рахъалдасан. СартӀанги вахъана хундерил вилаяталъул боялгун Хайдакъалъул ханзабигун цадахъ бакъшинкӀул рахъалдасан. Эв кӀиявго эниве, Гъумекиве, щвана итни къоялъ, эбги рамазан моцӀалъул тӀоцебесеб къо букӀана. Гьанже рагъана гьел мажгиталда тӀаса бугеб хъалаялда жанирги чӀун. Энив эзул шагьидлъана лъабкъого чи. Гьеб къагӀидаялъ жудорго рухӀалги кьун, боцӀиги кьун, рагъана сафар моцӀ щвезегӀан. Гьеб мехалъ гьел гьеб хъалаялдаса ратӀа гьаруна шамат къоялъ Гъумекги чӀунтизе гьарун. Гъумекдерил ХӀамзатилги, ГӀаббасилги наслуялъул ханзаби ракьалъул рагӀаллъабазде ккана. Хайдакъалъул ханзабиги эзул бакӀалда чӀана. Кавтар шагьги, СартӀанги жудорго ватӀаналде руссана. ХӀамзатилги ГӀаббасилги наслуялъул хӀакъикъат гьадин ккун буго. Гьелъул тарихги гьаб буго (718 / ) анкьнусиялда анцӀила микьабилеб сон буго.