Египет

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал


Египет
гӀараб جمهورية مصر العربية
Байрахъ Герб
ШигӀар: «ЧIахъаги Египет

гӀараб "تحيا مصر

Гимн: ВатIан
КьучӀ лъуна 3000 с ГI. Ц.
Истикълал щвараб къо-моцӀ 28 февраль, 1922 сон ( Британиялъул империялдаса)
Расмияб мацӀ ГӀараб
Миллатал {{{Миллатал}}}
Тахшагьар Къагьир
ЧӀахӀиял шагьарал Искандерия, Джиза, Бур-СагIид, Шубра-аль-Хайма, Суэц. [1]
ХӀукмуялъул низам Жумгьурияб
Президент
ХІукуматалъул
Председатель
Маджлис
ан-Нувабалъул
Председатель
ГIабдул-ФаттахI ас-Сиси

МустIафа Мадбули

ГIали ГIабдул ГIал Сайид АхIмад
Пачалихъ. дин Ислам
Ракь
• Кинниги
• % лъел бутІа
29-билеб дунялалда
11 001 450 км²
0,6%
Халкъалъул къадар
• Къимат (2017)
Гъунки

97 041 072[2]чи (14-билеб)
85 чи/км²
ГІЖП (БББ)
  • ХӀасил (2015)
  • Халкъалъул цо чиясе

996 млрд[3] $ (25-билеб)
11,5 азар. $ (129-билеб)
ГІЖП (номинал)
  • ХӀасил
  • Халкъалъул цо чиясе

286,4 млрд[3] $
3,3 азар. $
ИПГӀИ (2015) 0,690 [4] (гьоркьохъеб) (118-билеб)
Этнохороним Египтянав, египтянай, египтянал
Интернет-домен .eg, مصر
Код ISO EG
Код МОК EGY
Телефоналъул код ++20
СагӀтил рачел +02:00

Еги́пет (гIар. مِصْر Миср/Miṣr [misˤɾ] , маср.مصر Маср/Maṣr [ˈmɑsˤɾ] , копт. ΚΗΜΙ [kʰēmi] ), расмияб цӀар Еги́петалъул ГIaра́б Жумгьурият (гIараб. جمهورية مصر العربية Джумхурийят Миср аль-ГIарабийя, маср. جمهورية مصر العربية Гумхурия Маср иль-ГIарабийя) буго Африкаялъул шамалияб бокӀонги Синаялъул бащдаб чӀинкӀиллъиялъун лъугьараб ракъдал кьоялдалъун Азиялъул жанубиябгин бакътӀерхьул бокӀонги кколеб трансконтинеталияб пачалихъ. Египет ккола Ракьдагьоркьобралъадалъул регионалъул пачалихъ жиндир гӀурхъаби цураб шамалиябгин бакъбаккуда ПилистӀингун ва Исраилгун, жанубалда Судангун ва бакътӀерхьуда Либиягун. Ралъдал гӀурхъаби руго ГӀакъаба бугъазалдасан Урдуналъулгун, БагӀараб ралъадалдасан СагӀудиязул ГӀарабистангун, Ракьдагьоркьосеб ралъадалдасан Къубрусалъулгун, Туркиялъулгун ва Грециялъулгун.

Египеталъул тарих буго бищун халатаздаса цояб, жиндир ирс Нил гӀоралъул расалъиялдаги дельтаялдаги н. щ. ӀV азарсоназдаса байбихьун букӀараб. Цивилизациялъул кинилъун рикӀкӀунеб НекӀсияб Египеталъ загьирлъизаруна цебесеб хъвай-хъвагӀиялъул, росдал магӀишаталъул идракал, урбанизация, гӀуцӀараб дин ва централлъараб хӀукумат[5]. Джизаялъул некрополис, КӀудияб Сфинкс гӀадал монументаз, гьединго Мемфисалъул, Васиталъул, Карнакалъул, Маликзабазул расалъиялъул хутӀелаз бихьизабулеб буго гьеб ирс, тӀаде цӀалеб буго гӀелмияб ва халкъияб интерес. Египеталъул халатаб ва бечедаб маданияб ирс буго гьелъул миллияб индетификациялъул гъорлъбосраб бутӀа, жинца гьелъул тӀолго Ракьдагьоркьоралъадлъиялдаги, ГӀагараб Бакъбаккудаги Шамалияб Африкаялдаги бугеб уникалияб трансконтинеталияб чӀей бихьизабулеб[6].

Гьанжесеб Египет байбихьула монархия хӀисабалда 1922 соналъ Британиялъул империялдаса истикълал щведал. 1952 соналъул инкъилабалдаса хадуб Египет лъазабуна жумгьуриятлъун, ва 1958 соналъ гьебги Сирияги жубан лъугьана Цолъараб ГӀараб Жумгьурият, жиб 1961 соналъ биххараб.

Египеталъул расмияб динлъун буго Ислам, расмияб мацӀлъун буго гӀараб[7]. 100 миллионалдаса чи вугеб халкъгун, Египет буго Шамалияб Африкаялдаги, ГӀагараб Машрикъалдаги ГӀараб дуниялалдаги бищун халкъ гӀемераб пачалихълъун, лъабабилеб бищун халкъ гӀемераб Африкаялда ва 30-б тӀолго дуниялалда.

ЦIар

Европалде Египет абураб цIар бачIараб буго некIсияб грек мацIалдаса (некI. грек. Αἴγυπτος, а́йгюптос). Гьеб цӀар лъугьараблъун рикӀкӀуна Мемфис шагьаралде египтяназ абулеб букIараб "ХӀивткаптахӀ" (егип ḥwt-kȝ-ptḥ "ПтахIил рухӀалъул рукъ") цIаралдаса. Греказ гьеб цIар рекIинабуна тIолго пачалихъалдаго.

ГӀараб бащдаб чӀинкӀиллъиялъулги, Цебесеб Aзиялъулги, Фуратгун Дажлат гIоразул гьоркьобракьалдагиругeл халкъазги хIатIизабула Египеталъул цоги цIар — Миср (гІараб. مِصر, гьибр. מִצְרַיִם "гIумру гьаблеб бакI, шагьар). Гьеб цIар хурхараб батизе бегьула Египеталда гIемераб халкъги шагьаралги рукIиналда.

НекIсияб Египеталда жидерго ватIаналде абулаан "Та-Кемет"-илан (егип km.t "чIегIер-ракь"), гьеб хурхараб буго Египеталъул Нил гIурул гIаралда бугеб бечедаб чIегIер-ракьалда (салул авлахъазул "багIараб" ракьалде дандеккун). Гьеб цIар жеги бугеб копт маIалдaги (ΧΗΜΙ)[8].

Тарих

Египет ккола дунялалда бищун некIсиязул жиб кколеб цивилизациялъул ватIан

НекIсияб Египет

Гьоркьохъел гIасраби

Гьанжесеб замана

География

Кораллазул риф БегIараб ралъдалъ
Хургад шаьаралда аскIоб бугеб салул авлахъ

БакътIерхьуда Египеталъул гIурхъи буго Либиягун, бакъдехун — Судангун, бакъбаккудехун ПилистІингун ва Исраилгун. Гьединго Египеталъул ралъдал гIурхъаби руго СагІудиязул ГІарабиягун ва Урдунгун.

Бакъдасеб рахъалда ккун буго Ракьдагьоркьосеб ралъадалъ, бакъбаккуда — БагIараб ралъадалъ. Египеталъул ккола Суэцалъул канал — бищун кIудияб гIадамасул квералъ гьабурал каналазул цоябги кколеб. Гьеб каналалъ Ракьдагьоркьосеб ралъадги БагIараб ралъадги хурхинабула, гьелдалъун Атлантикияб океаналдаса Гьиндустаналъул океаналде нухги къокъ гьабула.

Египеталъул ракьалдасан чвахулеб буго бищун кIудиял гIоразул цояб — Нил гIор

Сурсатал

Египеталъул ракьалда руго нартил, тIабигIаталъул газалъул, маххул магIданалъул, фосфатазул, гачиганчIил, марганецалъул, цинкалъул, тIухьидул нахърателал

Жанисел лъинал

Египеталъул аслияб лъел ицц буго Нил гIор, бакътIерхбуда ругел салул авлахъащда руго оазисалги. Гьелъул рагIалда бижана кIудияб Египеталъул цивилизация. Нил гIурул лъим хIалтIизабула ракь лъалъазеги, токалъул энергия гьабизеги.

Ракь ва гъветI-хер

96% гIанасеб Египеталъул ракьул къадар бацун буго салул авлахъаз, хIутIараб 4% ккола Дельтаги гIоралъул жаниблъиги.

Фауна

Египеталъул фауналда данде чIвала жайранал, цурдул, салул гIункIкIал, гIанграл, бегемотал, крокодилал, варанаби, гIемерал батIи-баIиял хIанчIи, хIутI-хъумур, ччутал ва борхьал.

Гьава-бакъ

Пачалихъияб низам

Яргъид гІуцІарал къуватал

Экономика

КъватІбехун бича-хиси

Сиясат

Исраил

Судан

Россия

АЦШ

Хъизихъстан

Административияб рикьи

Египеталъул цІияб тахшагьара

Халкъ

Маданият

Египтология

Дин

Туризм

Баянал

Адабият

МугъчІваял

  1. World Gazetteer: Die wichtigsten Orte mit Statistiken zu ihrer Bevölkerung
  2. Census.gov (2017). "Country Rank. Countries and Areas Ranked by Population: 2017". U.S. Department of Commerce. Архивация оригинал (2013-05-09). Халагьи 2016-04-06. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (квеки)
  3. 3,0 3,1 "The World Factbook". Архивация оригинал (2018-12-24). Халагьи 2019-07-21. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  4. "Human Development Report 2015 — Table 1: Human Development Index and its components". United Nations Development Programme. 2015-12-14. Халагьи 2016-04-06. {{cite web}}: Cite has empty unknown parameter: |deadlink= (квеки); no-break space character in |title= at position 30 (квеки)
  5. Midant-Reynes, Béatrix. The Prehistory of Egypt: From the First Egyptians to the First Kings. Oxford: Blackwell Publishers.
  6. "Egyptian Identity". www.ucl.ac.uk. Халагьи 2021-03-04.
  7. "Constitution of The Arab Republic of Egypt 2014" (PDF). sis.gov.eg. Архивация (PDF) оригиналалдаса (18 July 2015). Халагьи 13 April 2017. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= and |archive-date= (квеки)
  8. Н. С. Петровский, В. В. Матвеев «Египет — сын тысячелетий». Детгиз. Ленинград. 1959. С.7