Тахшагьар

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Тахшагьар ккола пачалихъалда, вилаяталда, штаталда ялъуни цогидаб административияб икълималда нухмалъиялъул бакІ хІисабалда жиндир бетІераб статутс бугеб муниципалитет. Гьеб ккола бетІереб шагьарлъун, жинда жаниб хІукуматалъул гІуцІиялги данделъаби гьарулеб бакІги бугеб; тахшагьаралъул статусалъе гІемерисеб баян кьун букІуна гьелъул къануналъ яги конституциялъ. Цо-цо юрисдикциязда, чанго пачалихъалда бугеб, хІакимлъиялъул батІи-батІиял гІаркьалаби рукІуна батІи-батІиял гІумру гьабулел бакІазда. Цо-цо нухалда батІалъи гьабула официалияб (конституциялъулаб) тахшагьаралдаги жиб батІияб бакІалда бугеб хІукумат букІунеб бакІалдаги гьоркьоб.

Жал аслиял экономикаялъулал, демографиялъулал, маданияталъулал ва интеллектуалиял централлъун рукІунел тахшагьаразде гьединго абула тІоцересел шагьаралилан (приматиял шагьар). Мисалаллъун рачине бегьула Афинал, Банкок, Пекин, Брюссел, Копенгаген, Къагьир, Лондон, Мехико, Москва, Париж, Лима, Сеул ва Токио.

Терминология[хисизабизе | код хисизабизе]

Тахшагьар абураб рагІи Авар мацІалде бачІун буго парс мацІалдаса; гьеб рагІи лъугьун буго тах ва шагьар абураб рагІабаздаса, жинда жаниб тах бугеб шагьар абураб магІна буго гьелъул. Административияб мартабат гІодобегІанал икълимазул хІакимлъи жаниб бугеб бакІалъе цо-цо пачалихъазда хІалтІизабуларо тахшагьар абураб термин, хІалтІизабула, мисалалъе, термин "административияб марказ".

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Тарихиял тахшагьарал[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьанжесел тахшагьарал[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьаризе ракІалда ругел тахшагьарал[хисизабизе | код хисизабизе]

БатІиял тахшагьарал[хисизабизе | код хисизабизе]

ХІукуматалъу гІуцІи жаниб гьечІеб тахшагьар[хисизабизе | код хисизабизе]

ТІасан дагІба бугел тахшагьарал[хисизабизе | код хисизабизе]

Тахшагьар символ хІисабалда[хисизабизе | код хисизабизе]

Тахшагьар ва рагъулаб стратегия[хисизабизе | код хисизабизе]

Балагье гьединго[хисизабизе | код хисизабизе]

ХІужжаби[хисизабизе | код хисизабизе]