Перейти к содержанию

Халкъалъул гъунки

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Дунялалда халкъалъул гъунки (1994 сон)
Пачалихъазда рекъон халкъалъул гъунки (2006 сон)

Халкъалъул гъунки — гьеб ккола 1 км² жаниб, кинаб бугониги бакӀалда гӀумру гьабун ругел гӀадамазул кколеб къадар. Жакъа къоялда жаниб гьоркьохъеб гъункилъун рикӀкӀунеб буго цо км² жаниб 51 чи вукин. Халкъалъул къадар цӀикӀкӀарабгӀан халкъалъул гъункиги цӀикӀкӀуна. 1890 сонлда гьоркьохъеб халкъалъул гъунки бащадаб букӀана цо км² жаниб 12 чи вукӀиналда, 1950 соналда гьеб бахана 18 чиясде, 1992 соналда гьеб щвана 40 чиясде.