СагӀудиязул ГӀарабия

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
СагІудиязул ГІарабия» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)


СагIудиязул ГIарабиязул Къираллъи
المملكة العربية السعودية
аль-Мамлакатул-ГIарабиййати-с-СугIудиййати
Байрахъ Герб
ШигӀар: «Ла илагьа илла Ллагь,
МухIаммадун расулу Ллагь
»
Гимн: ЧIахъаги Къирал!!
КьучӀ лъуна 23 сентябр 1932 с.
Расмияб мацӀ гІараб
Миллатал {{{Миллатал}}}
Тахшагьар Ар-Рияд
ЧӀахӀиял шагьарал Ар-Рияд, Жидда, Макка, Мадина
Хан Салман ибн ГIабдул ГIазиз
Пачалихъ. дин Ислам
Ракь
• Кинниги
12-билеб дунялалда
2 149 000 км²
Халкъалъул къадар
• Къимат (2013)
Гъунки

26 939 583[1][2][3]чи (46-билеб)
12 чи/км²
ИПГӀИ (2013) 0,782[4] (борхатаб) (57-билеб)
ГӀарац СагIудиязул риал
Телефоналъул код +966
СагӀтил рачел +3

СагIудиязул ГIарабия яги СагIудиязул ГIарабазул Къираллъи (гIараб мацIалда:المملكة العربية السعودية; al-Mamlakah al-ʻArabīyah as-Saʻūdīyah), ккола гIарабазул бащдабчIинкIиллъиялда бугеб пачалихъ. СагIудиялъул гIорхъода руго, Кувайт, Имаратал, Урдун, ГIиракъ, КъатIар ва Йаман хIукуматал[5][6]. Гьединго СагІудиялъул ракьал чурула ГІарабазул ралъдал квачІалъ хьундабгун-бакъбаккудасан ва БагІараб ралъдаца — бакътІерхьудасан. Жакъа къоялда жаниб, СагIудиялъул гIадамазул къадар бахуна 27,136,977 миллион чиясде. Бусурбабазул къадар бахуна 99,9 % ялде.
СагIудиялъул тахшагьар - Ар-Рияд буго.

СагIудиязул ГIарабиялде гьединго абула «КІиябго хІарамалъул ракь» - абун, гьениб Маккагун Мадина букІиналъ. Гьеб пачалихъалъул къокъаб цІар гІараб мацІалдаас-СагІудия (гӀар. السعودية‎‎) - абун буго.

ЦІакъ цІикІкІараб нартил нахърателалгун СагIудиязул ГIарабия ккола — Нарт къватІибе кьолел пачалихъазул гІуцІиялъул аслияб пачалихълъун. 2009 соналъ гьелъ кІиабилеб бакІ ккун букІана (Россиялдаса хадуб) нарт бахъиялъе ва гьеб къватІибе кьеялъе[7]. СагІудиязул къватІибехун бугеб бича-хисиялдаса 95 % ккола нарт къватІибе кьеялъ ва гьебги ккола пачалихъалъул хайиралъул 75 %.

Тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Файл:Карта КСА.jpg
СагIудиязул ГIарабия

Цебесеб тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьанжесеб СагIудиязул ГIарабиялъул ракь ккола — гІарабазул къабилабазул тарихияб ватІанлъун, байбихьуда хьундабгун-бакъбаккуда жодоца гІумру гьабулел рукІарал, ва н.р. цебе II азарсоналъ жодоца ГІарабистаналъуд киналниги ракьазда кверщел гьабурал.

Нилъер рикІкІеналда цебе I азарсоналдсан байбихьун бащдабчІинкІиллъиялда къиблаяб рахъалда рукІана МагІиналъул ва Сабаалъул къираллъиял, ва гьезул нухда ругел бича-хисиялъул бакьулъбакӏазул хІисабалда лъугьана некІсиял ХІижазалъул шагьарал — Макка ва Мадина.

VII гІасруялъул байбихьуда Маккаялда МухІаммад аварагас байбихьана исламалде гІадамал ахІизе. 622 соналъ гьес гьижра гьабуна Ясрибалде (Мадинаялде), хадубккун къуватаб ва цебе тІураб исламияб пачалихълъун жиб лъугьараб. 632 - 661 соназде щвезегІан Мадина букІана Исламияб хилапаталъул тахшагьарлъун ва халипазул чІейбугеб бакІлъун.

Ислам тІобитІи[хисизабизе | код хисизабизе]

МухІаммад аварагас Ясрибалде гьижра гьабуралдаса хадуб, 622 соналъ МухІаммад аварагасул бетІерлъиялда гъоркь бусурбабаздаги ва гьенир рукІарал бакІалъул гІарабазул тухумаздаги ва жугьутІаздаги гьоркьоб къотІи-къай хъван букІана.

632 соналъ Мадина тахшагьарлъунги ккун гІуцІана Исламияб хилапат, ва гьелъ жаниб бачун букІана кинабниги гІарабазул бащдабчІинкІиллъи. КІиабилев халипа ГІумар ибнул-ХатІтІабил заманалде (634), киналниги жугьутІал къватІире ккезарун рукІана ХІижазалдаса.

Рагъазул хІасилалда, IX гІасруялде щвелалде исламияб хилапаталъ жанибе бачун букІана ГІагараб Машрикъалъул, Ираналъул, Гьоркьохъеб Азиялъул, Гъоркьасеб Кавказалъул, Хьундасеб Априкъаялъул ва гьединго Къиблаяб Европаялъул ракьал.


ГІарабистан Гьоркьохъел гІасрабазда[хисизабизе | код хисизабизе]

XVI гІасруялда турказ байбихьана ГІарабистаналда кверщел гьабизе. 1574 соналде ГІусманиязул пачалихъалъ султІан Салим II бетІерлъиялда гъоркь тІубанго бахъана ГІарабистан. СултІан МахІмуд I-сул (1730—1754) сиясияб загІиплъиялдасан мукагІатлъиги босун, гІарабаз байбихьана тІоцересел галаби гьаризе жалго жододаго чІараб пачалихъияб низам гІуцІиялъе. Гьеб заманаялда бищун къадру бугел хъизамаллъун ХІижазалда рукІана СагІудиял ва Рашидиял.

ТІоцебесеб СагІудиязул пачалихъ[хисизабизе | код хисизабизе]

СагІудиязул пачалихъ баккана 1744 соналъ ГІарабистаналъул бакьулъаб икълималда. Ад-ДиргІийя шагьаралъул хІаким МухІаммад ибн СагІуд ва исламияв гІалимчи МухІаммад ибн ГІабдул Вагьгьаб цолъана кутакаб ва гъункараб пачалихъ гІуцІиялъул мурадалда. Гьеб, XVIII гІасруялъ цолъараб гІуцІиялъ авал лъуна дакъа къо щвезегІанги хІукмуялда ругел СагІудиязул тухумалъе. Цо дагьабго заманаялдасан гІолохъанаб пачалихъалде хІал гьабизе лъугьана ГІусманиязул пачалихъалъ, жодорго къиблаяб рахъалда бугеб гІорхъода гьел къуватлъизе бокьичІого ва гьез Маккагун Мадина бахъиялда ццимги бахъун. 1817 соналъ гІусманиязул султІанас ГІарабистаналде МухІаммад ГІали Пашал бетІерлъиялда гъоркь аскар битІула, ва гьез щущухъ биххизабула Имам ГІабдуллагьил аскар. Гьединаб куцалда, ТІоцебесеб СагІудиязул пачалихъ хутІана 73 соналъ.

КІиабилеб СагІудиязул пачалихъ[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьанже гІун бачІунеб букІараб гІарабазул пачалихъ турказ щущахъ биххизабиялде балагьичІого, 7 сонидасан (1824 соналъ) Ар-Риядалда тахшагьаргун гІуцІула КІиабилеб СагІудиязул пачалихъ. Гьеб пачалихъ хутІана 67 соналъ ва щущахъ биххизабула СагІудиязул церегосел тушбаби — Рашидиязул тухумалъ. СагІудилазул хъизан лъутизе ккун лъутула гьеб мехалъ Кувейталде.

Лъабабилеб СагІудиязул пачалихъ[хисизабизе | код хисизабизе]

СагІудиязул ГІарабиялъул тІоцевесев къирал ГІабдул ГІазиз ибн СагІуд

1902 соналъ 22 сон барав СагІудиязул хъизаналдаса ГІабдул ГІазизица ккола Ар-Рияд, ва Рашидиязул тухумалдаса гьелъул вукІарав амирги чІвала. 1904 соналъ Рашиди тухумалъулаз ГІусманиязул пачалихъалдаса кумек тІалаб гьабула. Гьез жаваб гьабун жодорго аскар гьенибе битІула, амма гьаб нухалъ къун нахъе ине ккола. 1912 соналъ ГІабдулгІазизица тІубанго Нажд икълим кверде босула. 1920 соналъ, ингилисазул кумекалдалъун, ГІабдулгІазизица тІубанго Рашидиязул тухум лъугІизабула. 1925 соналъ Макка кверде босула. 1926 соналъул 10 январалъ ГІабдулгІазиз ибну СагІуд ХІижазалъул ханлъун лъазавула. 1927 соналъ КІудабиритІаниялъ СагІудиязул ханлъи жибго жиндаго чІараблъун рикІкІуна. Цо чанго сонидасан ГІабдулгІазизица ГІарабистаналъул хутІарал ракьалги кверде росула. 1932 соналъул 23 сентабиралъ Нажд ва ХІижаз цогьаруна, СагІудиязул ГІарабия абураб цо пачалихъалда жанир. Живго ГІабдулгІазизги лъугьана СагІудиязул ГІарабиялъул ханлъун.

1938 соналъул марталда СагІудиязул ГІарабиялда ратана нарт бахъизе бегьулел бакІал. КІиабилеб дунялалъул рагъ байбихьи сабаблъун нарт бахъи байбихьичІо гІицІго 1946 соналъ гурого. Нарт лъугьана пачалихъ цебетІеялъе сабалъун.

ГІабдулгІазизида хадув къираллъун вачІана гьесул вас СагІуд. Гьес ургъичІого бачунеб букІараб жанисеб сиясаталъ, пачалихъалда инкъилаб ккеялде бачана, СагІуд лъутана Европаялде, хІукму бачІана гьесул вац Пайсалихъе. Пайсалицин абуни гІемераб хІалтІи гьабуна пачалихъ цебетІеялъе. 1973 соналъ, Пайсалица Байтул Макъдис бусурбабазухъе буссинабизегІан, сагІудиялъул нарт къватІибехун биччаларин абун гьев чІедал, бакътӏерхьул пачалихъаз гьев чІвазе тІамана гьесул вацасул вас. Ва гьесдаса хадув хІукмуялде вачІана гьесул вац Халид. Гьесдаги хадув Пагьд, 2005 соналъ — ГІабдуллагь, ва 2015 соналъ — Салман.

2011—2013 соназда багъа-бачариял[хисизабизе | код хисизабизе]

2011 соналъул 10 марталъ Ал-КъатІип шагьарлда полициялъулаз ярагъ хІалтІизабуна, хІукуматалда данде рахъин сабалъун жанир тІамурал шигІиял къватІире риччаян дандечӏеял гьарурал шигІиязда данде ва гьелъул хІасилалда лъабго шигІияв чІвана.

2011 соналъул марталъул авалалдасан байбибхьун СагІудиязул ГІарабиялда Жанисел ишазул министерлъиялъ митингал гьукъун руго. Гьеб мехалъ полициялъе хІукъукъал щвана бокьараб куцалда митингалде рахъаразда дандечІей гьабизе[8].

2011 соналъул 4 октябралъ багъа-бачари лъугьана Бакъбаккул икълималда, аслияб куцалда шигІияз жаниб гІумру гьабулеб бугеб. СагІудиялъул тІадчагІаз рикІкІунеб буго, гьеб хІалуцин къватІисанхун, хасго Ираналдасан бачІине бугоян[9].


Пачалихъияб гІуцІи[хисизабизе | код хисизабизе]

Хан Салман

СагІудиязул ГІарабиялъул пачалихъияб гІуцІи чІезабула Ханлъиялъул Аслияб къануналъ, СагІудиязул ГІарабиялъул хІукмуялъул аслияб низам абун жинда цІар бугеб, ва жибги къабул гьабураб 1992 соналда. Гьелда рекъон СагІидиязул ГІарабия ккола тІубараб ханлъилъун, жиб цебе бачунеб тІоцевесев хан ГІабдулгІазизил лъималаз ва лъималазул лъималаз. Къануналъул кьучІое босун буго исламиял хІукмаби.

Пачалихъалъул бетІерлъун вуго хан. Гьаб сагІаталда пачалихъалъул хІукмуялда вуго ханлъиялъе кьучІ лъурасул вас Салман ибну ГІабдулгІазиз СагІуд. Пачалихъалъул кІвар бугел буюрухъал хъвала гІалимзабазулгун данде бан хадуб. Ханасе мутІигІлъула киналниги хІукмуялда ругел.

Буюрухъ тІобазабиялъулаб хІакимлъи гІуцІун буго министерзабазул Шураялдасан, бетӏерав министерасдасан, гьесул тІоцевесев наибасдасан ва къого министерасдасан. Киналниги министерзабазул хъулухъал рикьун руго ханасул хъизаналъул гІадамазда гьоркьоб.

Къанун бахъиялъул хІакимлъи чІезабун буго — Мажлису Шураялдасан[10]. Мажлису Шураялъул киналниги 150 гІахьалчи, тІамула ханас ункъго сонил болжалги цІан.

Диваналъул хІакимлъи ккола диниял диваназул система, ТІадегІанаб диваналъул шураялъ рихьизарураздасан ханас рищарал къадияца хІукму гьабулеб. ТІадегІанаб диваналъул шураян абуни гІуцІун буго 12 чиясдасан, гьелги рихьизарула живго ханас.

БакІалъул рищиял[хисизабизе | код хисизабизе]

Инсанасул ихтиярал[хисизабизе | код хисизабизе]

СагІудиязул ГІарабиялъул административияб бикьи[хисизабизе | код хисизабизе]

СагІудиязул ГІарабиялъул административиял округал

СагІудиязул ГІарабия бикьун буго 13 административиял округазде[11] (гӀар. المناطق الإدارية‎‎: almnat aladarih)[12], имиратал яги минтІакъаби (mintaqat, цолъул формаялда — mintaqah):

#
картаялда
Административияб
округ
гӀар. ‎‎ Административияб
центр
Ракь,
км²
Хаклъ,
чи
(2015)
[13]
Гъунки,
чи/км²
1 6 Ар-Рияд الرياض Ар-Рияд 404240 7910864 19,57
2 11 Макка مكة المكرمة Макка 153128 8099473 52,89
3 4 Мадина المدينة المنورة Мадина 151990 2061383 13,56
4 5 Ал-Къассим القصيم Бурайда 58046 1402974 24,17
5 7 Аш-Шаркъия المنطقة الشرقية Ад-Даммам 672522 4762871 7,08
6 8 ГІасир عسير Абгьа 76693 2194463 28,61
7 13 Табук تبوك Табук 146072 907494 6,21
8 9 ХІаил حائل ХІаил 103887 685820 6,60
9 2 Ал-ХІудуд-аш-Шамалия الحدود الشمالية ГІаргІар 111797 367433 3,29
10 10 Жазан جازان Жазан 11671 1568727 134,41
11 12 Нажран نجران Нажран 149511 581789 3,89
12 1 Ал-БахІа الباحة Ал-БахІа 9921 471755 47,55
13 3 Ал-Жауф الجوف Сакака 100212 506372 5,05
кинниги 2149690 31521418 14,66

Аслиял шагьарал[хисизабизе | код хисизабизе]

СагІудиязул ГІарабиялъул 88 % халкъалъул шагьаразда гІумру тІамун руго. Бищун кІудияб шагьар, ханлъиялъул тахшагьар, гьелъул сиясияб, маданияб (диниял бакІал рикІкІинчІого) ва гІелмияб центрлъун ккола — Ар-Рияд жинди жаниб 4 млн чи вугеб. Жидда — пачалихъалъул кІиабилеб кІудияб шагьар, гьелъул «экономикияб тахшагьар», БагІараб ралъдада кІвар бугеб порт. Макка ва Мадина, пачалихъалъул бищун чІахІиял шагьарал гурелги, гьел ккола СагІудиязул ГІарабиялъул ва тІолабго исламияб дунялалъул къадро тІадегІанал шагьаралъун.

География[хисизабизе | код хисизабизе]

РубгІ ал-Хали

СагІудиязул ГІарабиялъ ккола гІага-шагарго 80 % гІарабазул бащдабчІинкІиллъиялъул. Пачалихъалъул миллиял гІурхъалаби чІванкъотІун рихьизарун рукІунгутІиялъ, чІванкъотІун СагІудиязул ГІарабиялъул ракьалъул къадар чІезабун гьечІо. Расмиял (официалиял) баяназда рекъон гьеб бахунеб буго 2 217 949 км², цогидал баяназда рекъон — 1 960 582 км² - 2 240 000 км². Кин бугониги, СагІудиязул ГІарабия ккола ракьазул рахъалъ дунялалда 13-еб пачалихъ.

Пачалихъалъул бакътІерхьуда, БагІараб ралъдал рагІалда тІарадасан аххаде щвезегІан руго ал-ХІижаз абураб кьурабазул рахас. къиблаябгун-бакътІерхьуда кьурабазул борхалъи бахуна 3000 метраялде. Гьениб буго курорталъулаб мухъ Асир, жиндир гІурччинлъиялъ ва тамахаб гьаваялъ туристал жинца тІаде цІалеб. Бакъбаккул рахъин абуни, тІубанго бахчун буго салул авлахъаз. Къиблаяб рахъ ва къиблаябгун-бакъбаккул рахъ тІубанго ккун буго РубгІ ал-Хали салул авлахъалъ, гьенибго буго Йеменлъулгун ва ГІуманалъулгун гІурхъалабиги.

СагІудиязул ГІарабиялъул цІикІкІунисеб ракьал ккун руго салул авлахъаз, ва гьениб гІумру тІамен руго батІи-батІиял тухумазул гІалхул гІарабал. Аслияб халкъин абуни гІумру тІамун руго чІахІиял шагьаразда ва гьел сверун, аслияб бакъбаккуда яги бакътІерхьудахун, ралъдал рагІалда.

Ракьул тІалъиялъул гІуцІи[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьава[хисизабизе | код хисизабизе]

СагІудиязул ГІарабиялъ гьава цІакъго бакъвараб буго. ГІарабазул бащдабчІинкІиллъи ккола — Ракьалда гІемер гьечІел бакІаздаса цояблъун, риидал багІари чІечІого 50 °C эххедезун бахунеб. ГІазу бала гІицІго Жизаналъул мугІрузда, пачалихъалъул бакътІерхьуда, ва кидалго гуреб гьебги балеб. Январалъ гьоркьохъеб температура букІуна шагьаразда 8 °C - 20 °C, салул авлахъазда 20 °C - 30 °C.


Хурдузул дунял[хисизабизе | код хисизабизе]

ХІайваназул дунял[хисизабизе | код хисизабизе]

Экономика[хисизабизе | код хисизабизе]

Ар-Рияд
Saudi Aramco

ЦІакълъи: нартил ва газил чІахІиял нахърателал. ЧІахІиял харжал щола щибаб лъагІалие хІаж гьабун рачІарал 2 млн хІажичиясдасан.

ЗагІипал рахъал: профессионалияб лъай кьей гьечІо. ГІемерисеб бутІа бетІербахъи гьабулел жалазул къватІисанхун импорт гьабун бачІуна. ГІолилазда гьоркьоб хІалтІуларезул къадар цІакъго цІикІкІараб буго.

СагІудиязул ГІарабиялъул экономика бараб буго нартил касбоялда, ва гьеб бахуна пачалихъалъул гІаммаб жанисеб продукталдаса 45 %. Бюджеталъул харжалъул 75 % ва къватІибе кьолеб экспорталъул 90 % ккола нартилпродуктаздаса.

2005 соналъул декабралда СагІудиязул ГІарабия лъугьана ТІолгодунялалъул бича-хисиялъул гІуцІиялде.

КъватІисеб бича-хиси[хисизабизе | код хисизабизе]

КъватІибехун бичи (экспорт) (2008 сон) — 310 млрд доллар: нарт ва нартилпродуктал. Аслиял росарухъаби — АЦЩ (18,5 %), Япония (16,5 %), Китай (10,2 %), Къиблаяб Корея (8,6 %), Сингапур (4,8 %).

КъватІиса боси (импорт) (2008 сон) — 108 млрд доллар: промышленносталъул тІагІелал, квана-гьекъолел жал, химиялъулаб продукция, автомобилал, ххам. Аслиял къайи чІезабулел — АЦЩ (12,4 %), Китай (10,6 %), Япония (7,8 %), Алмания (7,5 %), Италия (4,9 %), Къиблаяб Корея (4,7 %).

2000-ел соназда хеккого тІаде борхана Китаялъул асар СагІудиялъул къватІисеб бича-хисиялда: 2002 соналъ Пекиналда ва Ар-Риядалда гьорькоб къайидул тІад тири бахана 5,1 млрд долларалде, 2008 соналъ 41,8 млрд долларалде[14].

Транспорт[хисизабизе | код хисизабизе]

Шагьранух Ар-Рияд — Ал-Хубар

Маххул нухал[хисизабизе | код хисизабизе]

Маххулнухлул транспорт гІуцІун буго чанго нусго километраялъул маххул нухаздасан, жиндир стандартияб колеяби 1435 мм ругеб, ва жинца Ар-Рияд хутІарал аслиял, ГІарабазул ралъдал квачІалъул рагІалда ругел порталгун хурхинабулеб.

2005 соналъ хІалтІизе биччана проект «Север — Къибла», жиндир хьулалда бугеб 2400 км маххулнухлул лъезе ва жиндир багьа $2 млрд цІикІкІун бахунеб. 2008 соналъул байбихьуда РАГІ (ОАО) «Россиялъул маххул нухал» компаниялъе можоро ьергьана 520 км халалъи бугеб «Север — Къибла» проекталъул цо бутІа базе, гьелъул багьа букІана $800 млн[15]. Амма 2008 соеалъул маялде можороялъул хІасилал нахъе рахъана, гьеб нахъе бахъиялъул гІилла сиясияб бугин рикІкІана РМН-ялъул (РЖД) президент Владимир Якуниница[16].

2006 соналъ нигат гьабуна Маккаялда ва Мадинаялда гьорькоь 440-км маххулнухлул бутІа базе.

Гьакил нухал[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьакинухазул гІаммаб халалъи бахуна 221 372 км[17]. Гьелдаса:

  • КъвакІараб хъалгун — 47 530 км.
  • КъвакІараб хъал гьечІого — 173 843 км.

СагІудиязул ГІарабиялда (кинаб миллаталъул йигониги) чІужугІаданалъе гьукъун букІана 2006 соналде щвезегІан автомобил бачине. Жакъайин абуни 30 сон базегІан автомобил бачине бегьула чІужугІаданалъ цадахъ рос, эмен яги вац вугони.

Гьаваялъул транспорт[хисизабизе | код хисизабизе]

СагІудиязул ГІарабиялъул гІадамал раччулел авиакомпаниял:

  • Al-Maha Airlines — жанисел гьавамухъал. Авиапарк Airbus A 320.
  • Nas Air — жанисел бюджеталъулал гьавамухъал. Авиапарк Airbus A319, Airbus A320, Embraer 190.
  • Saudi Arabian Airlines —СагІудиязул ГІарабиялъул цебе тІураб авиакомпания, жанисел ва къватІисел гьавамухъал.
  • SaudiGulf Airlines — жанисел гьавамухъал. Авиапарк Airbus A 320 ва Bombardier CS300.
  • Mid East Jet — чартералъулаб авиакомпания.

Аэропортазул къдар — 208, гьездаса 73 — бетонналъул роржунел-чІолел мухъалгун, 6-ялъул буго халкъаздагьоркьосеб статус:

Метрополитен[хисизабизе | код хисизабизе]

2014 соналъул марталда, хІалтІулеб букІана Маккаялъул метрополитен ; рагьизе хІадурулеб букІана Жиддаялъул метрополитен ва Ар-Риядалъул метрополитен.

Портал[хисизабизе | код хисизабизе]

БагІараб ралъад ГІарабазул ралъдал квачІ

ЯргъидгІуцІарал къуватал[хисизабизе | код хисизабизе]

Жанисеб сиясат. Диваналъул хасият[хисизабизе | код хисизабизе]

КъватІисеб сиясат ва халкъаздагьоркьосел хурхенал[хисизабизе | код хисизабизе]

Халкъ[хисизабизе | код хисизабизе]

Лъай кьей ва маданият[хисизабизе | код хисизабизе]

Спорт[хисизабизе | код хисизабизе]

Суртал[хисизабизе | код хисизабизе]

ХIужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Census.gov (2013). "Country Rank. Countries and Areas Ranked by Population: 2013". U.S. Department of Commerce. Архивация оригинал (2013-05-05). Халагьи 2013-05-09. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  2. "Справочник ЦРУ по странам мира (2012)". Архивация оригинал (2020-12-29). Халагьи 2014-01-30. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  3. В том числе около 5,6 млн. иностранных рабочих.
  4. "Human Development Report 2013" (PDF) (in английский). United Nations Development Programme. 2013. Архивация оригинал (PDF) (2014-02-09). Халагьи 2014-01-30. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  5. БСЭ — Саудовская Аравия
  6. "CIA — The World Factbook". Архивация оригинал (2020-12-29). Халагьи 2014-01-30. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки); no-break space character in |title= at position 4 (квеки)
  7. "CIA — The World Factbook". Архивация оригинал (2012-05-12). Халагьи 2016-02-12. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки); no-break space character in |title= at position 4 (квеки)
  8. Вести. Ru: В Саудовской Аравии полиция разогнала митингующих
  9. NEWSru.co.il :: Саудовская Аравия обвинила Иран в провоцировании беспорядков в королевстве
  10. What does ‘reform’ mean in Saudi Arabia? Archived 2007-01-05 at the Wayback Machine (инг.)
  11. Халип:Дунялалъул атлас
  12. Халип:ТІехь:СГНЗС
  13. "Распределение и прогноз динамики населения королевства по административным округам" (in арабский). Центральный департамент статистики и информатики Саудовской Аравии. 2014. Архивация оригинал (PDF) (May 9, 2016). Халагьи July 1, 2014. {{cite web}}: Check date values in: |accessdate= and |archivedate= (квеки); External link in |publisher= (квеки)
  14. http://cyberleninka.ru/article/n/kitay-i-saudovskaya-araviya-istoriya-vzaimodeystviya-i-perspektivy-sotrudnichestva-1980-2010 С. 205—206
  15. Анжела Сикамова. Прорыв РЖД // Ведомости, № 10 (2032), 22 января 2008
  16. РЖД не пустили в Аравию
  17. "CIA — The World Factbook". Архивация оригинал (2020-12-29). Халагьи 2014-01-30. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки); no-break space character in |title= at position 4 (квеки)