Перейти к содержанию

Фейсал ибн ГӀабдул ГӀазиз Ал СагӀуд

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
(«Фейсал ибн ГІабдул ГІазиз Ал СагІуд» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Халип:Пачалихъалъул хӀалтӀухъан

Фейсал ибн ГӀабдул ГӀазиз Ал СагӀуд (гӀараб: فيصل بن عبدالعزيز آل سعود; гь. 14 апрель 1906 — 25 март 1975) — СагӀудиязул ГӀарабиялъул лъабабилев хан 1964 - 1975 соназде щвезегӀан, СагӀудиязул тухумалдаса.

Фейсал — ккола ГӀабдул ГӀазиз ибн СагӀудил лъабабилев васлъун. ЧӀахӀиял васаздаса вукӀиналъ, кӀвар бугев асар гьабуна инсул кодоб ГӀарабистаналъул хӀукмо щулалъиялъе. 1925 соналъ гьесул бетӀерлъиялда гъоркь сагӀудиязул аскаралъ кверщел гьабуна ХӀижаз икълималда. Гьелъухъ, 1932 соналда, СагӀудиязул ГӀарабиялъул цолъараб ханлъи гӀуцӀун хадуб, Фейсалие щвана къватӀисел ишазул министерасул хъулухъ. Цо заманаялъ гьев вакиллъун вукӀана СагӀудиязул ГӀарабиялъул ООНалда. 1930 соназда инсул тӀадкъаялда рекъон гьев вачӀана Москваялде ва Ленинградалде[1]. Эмен хун хадуб 1953 соналда Фейсал лӀугьана тахбакӀалъул ирсилавлъун. Фейсал 1964 соналда лӀугьана ханлъун, амма гьеб хъулухъалъе гӀоло гьевгун къацандулев вукӀарав гьесул ва СагӀуд нахъегӀан къала гӀалимзабиги гьоркьоре лӀугьун ва гьев пачалихъалдаса къватӀизе ккезавун Женевалде витӀула[2]. Фейсалил хӀукмуялъул замана ракӀалда чӀола нарт бахъи цӀикӀкӀиналдалъун, жиб сабаблъун ккун ханлъиялъе цебе букӀинчӀеб бечелъи щвараб. Гьедин бечелъи цӀикӀкӀиндал, гьелъ рес кьуна пачалихъалда кьучӀдасан бахъун хиса-басиял гьаризе, цӀияб инфраструктура гӀуцӀизе.

Фейсалил заманаялъ СагӀудиялъул хурхенал «цӀорона» Гъарбиял пачалихъазулгун, ва хасс гьабун АЦШялъулгун, гьелъие сабаблъун ккана ГӀизраилалъ гӀараб пачалихъазда данде гьабураб рагъ. 1973 соналъул 17 октябралъ Фейсалица ракӀалда гьечӀеб бакӀалдасан сагӀудиялъул нарт нахъе босана дунялалъул базараздаса, букӀаралдаса гьелъул багьа бахинабуна 4 нухалъ, ва гьелъул хӀасилалда баккана кӀудияб энергетикияб кризис.

1975 соналъул 25 марталъ жиндирго вацасул вас Фейсал ибн МусагӀидица речӀчӀун чӀвана хан Фейсал, гьевуги вукӀана америкаялъул университеталда цӀалиги лӀугӀун ватӀаналде тӀад вуссарав чи[3].

Фкйсалидаса хадуб тахбакӀалде вачӀана гьесул вац Халид.

Цоги сагӀудиялъул амирзабазда данде ккун Фкйсалил васазе щвана цебе тӀураб европаялъул лъай. Амир Турки ибн Фейсал Ал СагӀуд цӀалана Ню-Жерсиялъул школалдав вв Жоржтаунил университеталда[4]. Амир СагӀуд ибн Фейсал цӀалана Принстоналъул университеталда.


  1. ↑ "Наследный Принц Саудовской Аравии — Почётный доктор МГИМО — 5ballov.ru". Архивация оригинал, 2013-12-11. Щвей 2016-02-12. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help); no-break space character in |title= at position 34 (help)
  2. ↑ Alrasheed M. (2002) A History of Saudi Arabia Cambridge University Press; pp. 108—109
  3. ↑ Commins, David (2006). The Wahhabi Mission and Saudi Arabia. гь. 110. ISBN 1-84511-080-3.
  4. ↑ Georgetown University (2008). "Reflections on US-Saudi Relations". georgetown.edu. Щвей 25 May 2009. {{cite web}}: Check date values in: |accessdate= (help)

Халип:СагІудиязул ГІарабиялъул ханзабазул хъизан