Пачалихъалъул хӀукмуялъул низам

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Пачалихъалъул хӀукмуялъул низам — гьеб буго пачалихъ политикияб куцалда цебеб бачине хIукуматалъ лъураб форма. Гьелъ чIезабула, пачалихъалъул хIукмуялъул тIадеганал органал, гьел гIуцIцIиялъул тартиб, гьел хIалтIулеб замана ва гьединго гьел органазда гьоркьоб хурхен.

Гьеб низам щибаб цо пачалихъалдаса цогиялдехун батIи-батIияб букIуна.

Асасиял низамал[хисизабизе | код хисизабизе]

Пачалихъалъул хӀукмуялъул низамал рукIуна:

Монархия[хисизабизе | код хисизабизе]

Монархия — гьеб буго пачалихъалда жаниб кинабниги пачалихъ цебеб бачунел хIалтIаби цо чиясе рукIин. Гьединаб пачалихъалъул монарх (хан) хIукмуялде вачIуна инсудаса хадуб ирсги босун ва ккараб жоялъе халкъалда цебе гьес ритIухълъи бихьизабизе кколаро.

Республика[хисизабизе | код хисизабизе]

Республика яги ЖумхIурият — гьеб буго хIукумат бачин, гьеб бачунел тIадегIанал бутIрул халкъалъ рищулеб система. Гьединаб системаялда вищарав бетIерас жив вищарав чиясе, ай гражданинасе ккараб жоялъухъ жаваб кьезе ккола.

Республикабазул тайпаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Республикаби яги ЖумхIуриятал цоцадаса батIа рукIуна, хIукмуялъул кинаб органалъ пачалихъ цебе бачунеб бугелда бан. Масала цо-цо пачалихъал рукIуна парламенталъ цере рачунел ва цогиял рукIуна президентас цере рачунел. 

  • Президентасулаб республика — гьеб буго жинда жаниб парламенталда ругел наибзабаздаго цадахъ хIукуматалъул киналниги ишал президентасул кодор рукIунеб пачалихъ. Гьединаб пачалихъалда хIукумат цебеб бачунел киналниги органал гIуцIцIизе яги гьел риххизаризе кIола гIицIго президентасда.
  • Парламенталъулаб республика — гьеб буго жинда жаниб кинабниги хIукуматалъул ишал наибзабазухъ букIунеб пачалихъ. Гьезда кIола бокьараб заманаялда президентасул ва хIукумат цебеб бачунел органазул хIалтIаби чIезаризе ва гьединаб пачалихъалда жаниб президентасул кодоб кIодолъи букIунаро наибзабазда данде ккун.
  • Жубараб республика — гьеб буго жинда жаниб президентасулги наибзабазулги (парламентарии) бащадаб хъулухъ бугеб пачалихъ.

ХIужаби[хисизабизе | код хисизабизе]