Аварал



Ава́рал (яги ава́рлъи) — этникияб къокъа ва миллат, кавказияб хъизаналъул авар мацӀалда жал кӀалъалел, гӀаммаб тарихги маданиятги жидер бугел. Ккола Кавказалъул кьибилал халкъазул цояб, тарихияб рахъалъ гӀумру гьабун МугӀрул Дагъистаналда (Авария), Азарбижаналда (ЦӀор) ва Бакъбаккул Гуржиялда[1] бугеб, гьанжесеб Дагъистаналъул бищун рикӀкӀен гӀемераб хъалкъ.Дунялалда ругелщинал аваразул къадар бахуна 1,2 миллион чиясде, гьезул цӀикӀкӀунисел (кинабгоялдаса 85 %) руго жидерго тарихияб ватӀаналда — Дагъистаналда (Аварлъуда), аваразул гӀ-ш. 6% буго Россиялъул цогидал регионазда, ва гӀ-ш. 9% гӀумру гьабун буго Россия тун къватӀиб, аслияб къагӀидаялъ Азарбижаналда — аваразул тарихияб ракь ЦӀоралда, ва Туркиялда диаспора хӀисабалда. Аварал руго Дагъистаналъул 41 мухъалъул 17 мухъалда ва 10 шагьаралъул 5 шагьаралда цӀикӀкӀаниселлъун.
Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]
Жидедаго абулеб ава́рал абураб цIар лIугьана протокавказияб *ʡwǝ̆hri абураб кьолбодасан.
РикӀкӀен ва ругеб бакІ[хисизабизе | код хисизабизе]


Дунялалда аваразул къадар буго 1 миллион чи: Россиялда — 850 аз., Азарбижаналда — 50 аз., Туркиялда — 50 аз.[2]
Аваразул бутӀа мухъалккун 2010 соналъул халкъалъул къадар рикӀкӀиналда рекъон:[3]
Мухъ | Икълим | % |
---|---|---|
ГӀахьвахъ мухъ | Дагъистан | 99,4 % |
ЦӀунтӀа мухъ | Дагъистан | 99,4 % |
Хьаргаби мухъ | Дагъистан | 99,3 % |
ЦӀумада мухъ | Дагъистан | 98,9 % |
Шамилил мухъ | Дагъистан | 98,7 % |
Бакълъул мухъ | Дагъистан | 98,6 % |
ЛъаратӀа мухъ | Дагъистан | 98,4 % |
Болъихъ мухъ | Дагъистан | 97,5 % |
Унсоколо мухъ | Дагъистан | 97,5 % |
Хунзахъ мухъ | Дагъистан | 97,5 % |
ЧӀарада мухъ | Дагъистан | 97,3 % |
Гъуниб мухъ | Дагъистан | 96,3 % |
НахъбакӀ мухъ | Дагъистан | 85,9 % |
Гелбахъ мухъ | Дагъистан | 83,4 % |
Гелбахъ шагьар | Дагъистан | 72,1 % |
Хьаруб мухъ | Чачания | 54,4 % |
БагӀархъала мухъ | Дагъистан | 46,6 % |
Салануб шагьар | Дагъистан | 46,1 % |
Шурагьиб шагьар | Дагъистан | 45,79 % |
Тарамухъ мухъ | Дагъистан | 35,8 % |
Хасавхъала мухъ | Дагъистан | 31,4 % |
Хасавхъала шагьар | Дагъистан | 30,6 % |
МахӀачхъала шагьар | Дагъистан | 26,7 % |
Шурагьиб мухъ | Дагъистан | 23,5 % |
Лаваша мухъ | Дагъистан | 22,4 % |
ЦӀиябтум мухъ | Дагъистан | 21,9 % |
Дибирилросу мухъ | Дагъистан | 20,3 % |
БагӀархъала шагьар | Дагъистан | 20,1 % |
Турхъалиб мухъ | Дагъистан | 18,4 % |
Каспихъ | Дагъистан | 14,7 % |
Черноземел мухъ | Хъармухъия | 7,2 % |
Аварал гӀумру гьабун руго Дагъистаналъул мугӀрулаб рахъалъул цӀикӀкӀанисеб территориялда (13 мухъ) ва бутӀаккун лъарагӀлъуда ругел мухъазда (Гелбахъ, БагӀархъала, Тарамухъ, Хасавхъала, Шурагьиб ва цогидал мухъал). Дагъистаналде гурелги, гӀумру гьабун аварал руго ЧачаналӀ (Хьаруб мухъ), Гъалмугъалда ва Россиялъул Федерациялъул цогидал субъектазда (кинабниги къадар — 912 090 чи). Дагъистаналда аварал ругеб аслияб территория буго ГӀанди-гӀоралъул, Авар-гӀоралъул ва ЧӀегӀер-гӀоралъул бассенал. Аваразул 28 % гӀумру гьабун буго шагьаразда (2002 соналъул баянал).
Антропология[хисизабизе | код хисизабизе]
Генетика[хисизабизе | код хисизабизе]
МацӀ[хисизабизе | код хисизабизе]
Авар мацӀ ккола шималкавказияб хъизаналъул нахъгин дагъистанияб къокъаялде, гьелъул руго сверелал, жал шималияб ва жанубияб тӀадкаламазде рикьулел. ТӀоцебесеб тӀелалде ккола бакъбаккулал, хундерилаб ва нахъбакӀалъулаб, кӀиабилелде — гьидерилаб, анцухъезулаб, цӀоралъулаб, къаралазулаб, къехӀдерилаб ва гьочотӀасезулаб сверелал; гьоркьохъеб позицион буго бакълъухъезулаб сверелалъул. БатӀи-батӀиял сверелазда ва сверелазул группабазда гьоркьор руго фонетикиял, морфологиял ва лексикиял батӀалъиял.
Авар мацӀалъе гӀагарал руго гӀандисезул ва цӀунтӀисезул мацӀал. И. М. Дьяконовасда рекъон, нахгин дагъистаниял мацӀазда цадахъ, авар мацӀ буго некӀсияб алародиял мацӀазул чӀагояб давам; гьел мацӀазда гъорлӀ руго гьединго агван, хуррит, урарт, гутий гӀадал хварал мацӀалги.[4] Гьедниго С. А. Старостиница рикӀкӀунаан тум мацӀалъул гьанжесел авариял мацӀазулгун гӀагарлъи букӀин.[5]
Россиялда ругел аваразда гьединго лъала гӀурус мацӀ, Туркиял ва Азарбижаналда ругел аваразда бицуна турк ва къажар мацӀалги.
Авар хъвай-хъвагӀиялъул традициялъул кьалбал уна гьоркьохъел гӀасрабазулӀе. ТӀоцересел хъвай-хъвагӀиял гӀарасал руго гуржи хӀарпаздалъун гьарурал. Ислам тӀибитӀиялдаса байбихьун ва 1927 соналде щвезегӀан авар хъвай-хъвагӀи букӀана гӀараб графикаялъул аслуялда (авар гӀажам), 1927–1938 соназда — латин графикаялда. 1938 соналдаса авар хъвай-хъвагӀи бачун буго кириллицаялъул аслуялде.
1938-абилелдаса байбихьун 1955 соналде щвезегӀан БакътӀерхьул Дагъистаналда (Авариялда) школабазда жо малълъи 5 классалде щвезегӀан букӀунаан авар мацӀалда, хадусел классазда байбихьулаан гӀурус мацӀалда. 6-абилеб классалдаса авар («рахьдал») мацӀ ва адабияб лъазарулаан хасал дисциплинаби хӀисабалда. 1955-56 цӀалул соналъ Авариялъул школабазда дарсал малълъи бачана авар мацӀалде. 1964-65 цӀалул соналъ Дагъистаналъул шагьаразда рукӀаралщинал миллиял школаби къана, дарсал малъиялъул процесс бачана гӀурусалде. Жакъа къоялъ аварал ругеб территориялда школабазда жо малъулеб буго авар мацӀалда 3-абилеб классазде щвезегӀан, хадуб — гӀурусалда. Шагьаразда абуни киналниги школабазда миллиял мацӀал хисун хӀалтӀизабулеб буго гӀурус мацӀ. Гьеб системаялъ цӀикӀкӀинабулеб буго ассимилациялъе рес. Дагъистаналъул конституциялда рекъон, авар мацӀалъул буго "пачалихъияб" статус Дагъистаналъул Ресбуликаялда; аваразул мухъазда, де факто, гьеб буго расмияб мацӀлъун.
2001–2016 соназда[6] авар мацӀалда санайил информация кьолеб букӀана Прагаялда американ «Эркенлъи/Эркенаб Эвропа» радиостанциялъул Шималкавказияб студия, жиб Цолъарал Штатазул Конгрессалъ финансинабулеб букӀараб.[7][8]
Халкъалъул тарих[хисизабизе | код хисизабизе]
Гьаб бутІа жеги хІадурун гьечІо. Нужеца проекталъе кумек гьабула, гьеб къачІан ва гьелда тІаде жо жубан.
|
Маданият[хисизабизе | код хисизабизе]
Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]
ГІелму[хисизабизе | код хисизабизе]
Музыка ва кьурди-хъат[хисизабизе | код хисизабизе]
Материалияб маданият[хисизабизе | код хисизабизе]
Росаби[хисизабизе | код хисизабизе]
Рукъ[хисизабизе | код хисизабизе]
ЖамгІиял бакІал[хисизабизе | код хисизабизе]
Росдал магІишат ва боцІи-панз хьихьи[хисизабизе | код хисизабизе]
Кверзул махщел[хисизабизе | код хисизабизе]
Миллияб ретІел[хисизабизе | код хисизабизе]
РукІа-рахъин[хисизабизе | код хисизабизе]
ЖамгІияб низам[хисизабизе | код хисизабизе]
Хъизан[хисизабизе | код хисизабизе]
Квен-тІех[хисизабизе | код хисизабизе]
Дин[хисизабизе | код хисизабизе]
Гьаб бутІа жеги хІадурун гьечІо. Нужеца проекталъе кумек гьабула, гьеб къачІан ва гьелда тІаде жо жубан.
|
Аварал буго бусурбанал.
ГІадатал[хисизабизе | код хисизабизе]
Галерея[хисизабизе | код хисизабизе]
-
Авар мацӀалда хъвай-хъвагӀаял тӀад ругел хъанч
-
Свастика бахъарал авар гӀадатиял берцинлъиялъул тӀагӀалаби
-
Авар нуцаллъиялъул байрахъ
-
Херай авар чӀужугӀадан
-
Лъада уней гӀолохъанай яс
Азарбижаналъул аварал[хисизабизе | код хисизабизе]
Закаталаялда нижеца бана кIиго анкьгIанасеб заман. Нижеда дандчIвана гIемерал батIи - батIиял гIадамал. Ниж щвана гIемерал аварал росабалъе - ЧIарихъе, Лъебел-убаялде, КIатIихъе, МацIихъе, Динчиялде, Къабахчолибалде ва гь.ц. Нижеда бицана гIицIго Закаталаялъулги Билканалъулги - кIиябго районалда 115 азариде гIунтIун авар халкъ бугилан. Гьеб дагьаб халкъ гуро. Гьединлъидалги батизе ккола, дир рекIее хIаталдаса ун асар гьабураб жо ккана гьезда жидерго авар мацIги аваразул гIадатги бацIцIадго цIунизе кIун букин. ЦIали ва хъвай-хъвагIай гьениб къажар мацIалда гурони гьечIо, школалда предмет хIисабалдацин авар мацIги малъулеб гьечIо, рахьдал мацIалда газета, тIехь, радио гьаниб гьечIо, амма рокъобги къватIибги бицунеб жо авар мацI буго.
Туркиялъул аварал[хисизабизе | код хисизабизе]
Гьаб бутІа жеги хІадурун гьечІо. Нужеца проекталъе кумек гьабула, гьеб къачІан ва гьелда тІаде жо жубан.
|
Медиафайлал[хисизабизе | код хисизабизе]
-
Авар археолог Мурад МухІамадовас бицула буго гьанжесеб Дагъистаналъул территориялда рачІунел рукІарал ираназул, тюрказул ва мангъулазул гочардулел къокъабазул карачелазул хІакъалъулъ.
-
Авар шагІир ГІадалло ГІалица (гьединго ГІадалло ГІалиев абун лъалев) бицунеб буго авар мацІалъул, шигІру ва адабияталъул. I бутІа.
-
Авар шагІир ГІадалло ГІалица бицунеб буго авар мацІалъул, шигІру ва адабияталъул. II бутІа.
ХIужаби[хисизабизе | код хисизабизе]
- ↑ Ю. А. Жданов. Энциклопедия культур народов Юга России: Народы Юга России. Ростов-на-Дону: Северо-Кавказский научный центр высшей школы, 2005. — 244 с.
- ↑ "Аварцы – прошлое и настоящее".
- ↑ Цитатинабиялъул гъалатӀ:Мекъаб тег
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалебДаг2010
-лъе текст бихьизабун гьечІо - ↑ И. М. Дьяконов. Старостин С. А., Хуррито-урартские и восточно-кавказские языки // Древний Восток: Этнокультурные связи- М.: 1988
- ↑ Дьяконов И. М., Старостин С. А. Хуррито-урартские и восточнокавказские языки // Древний Восток: этнокультурные связи. — Москва: Наука, 1988.
- ↑ "«Радио Свобода» прекратило вещание на черкесском (адыгском) языке". Архивация: оригинал 2017-06-15. Боси: 2022-10-06.
- ↑ 3 апреля 2001 года «Радио Свобода» приступило к регулярному вещанию на Северный Кавказ
- ↑ "Как Радио «Свобода» вещает на Северный Кавказ". Архивация: оригинал 2015-07-05. Боси: 2022-10-06.