Байcар II

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Байар II» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Байсар I
байрахъАваристаналъул нуцал
XII гІ. ахир
Цеве вукІарав Абу-Муслим
Хадув вачІарав Шайх Масум
Ирсилав ГІамир-СултІан I
 
Гьавуна: XII гІ.
ТІануси(?), Авар нуцаллъи
Хвана: XIII гІ.
?
Наслу: Нуцалзабазул наслу
Эмен: Суракъат I
Лъимал: ГІамир-СултІан I
Дин: Аваразул дин/Насранияб
 
Рагъул пиша
Рагь: ГІарабазде данде къеркьей

Байсар I, яги Байар[1] (XII гІ.-л ахир) — Аваразул нуцал, Суракъат I нуцаласул вас.

Байярица нуцаллъиялъул иш кодобе босана жидирго эмен Суракъатидаса I хадуб, ва нуцаллъун вукIана гІарабаз Хунзахъе тІоцебесеб рагъул сапар гьабизегІан. «Аргъвани росдал хІакъалъулъ бицен» абураб тарихияб асарги кьучІалъе босун, рикІкІуна тІоцебесеб рагъул сапар букІанин гьижраялъул 654 соналъ (1256 с.); цинги гъазиязде данде рагъ гьабунин 30 соналъ.[2][3]

Хунзахъ Абул-Муслим вугебгІан заманалъ, Байсар вукІана Тушетиялда. МагІарулазда гьоркьоб Ислам тІибитІулеб букІана захІматго. КватІичІого Абул-Муслим хола, ва Баярица къасд гьабула жиндрго ханлъиги тахги нахъ буссинабизе. Нуцалзабазул кидагосел рахъ ккурал тушетазулги, цІунтІисезулги, бацбиязулги кумакалдалъун, Байярица гъазиязда кьаби щвезабула ва нуцаллъиялда кверщел жиндихъего нахъбуссинабула. Амма цо чанго анкьидасан Шайх Майсумица Байсар тІаса рехула. Гьев Тушетиялде лъутула, ва жиндирго эмен гІадин, къватІив хола.

ХІужжаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Шихсаидов А.Р. Хроника "Тарихи Дагестана" С.110-111
  2. Криштопа А.Е. Дагестан в XIII - начале XV вв. М., 2007. С. 45
  3. Шихсаидов А.Р. Ислам в средневековом Дагестане. Махачкала, 1969.С.206.

Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]

  • История Дагестана: Учебное пособие; 8 кл. — Махачкала: Изд-во НИИ педагогики, 2002 г. 83 страница.