Перейти к содержанию

ГӀамир-СултӀан I (аваразул нуцал)

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
(«ГІамир-СултІан I (аваразул нуцал)» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
ГІамир-СултІан I
байрахъАваристаналъул нуцал
XIII гІ. тоцебесеб бащалъи
Цеве вукІарав ГІамир-АхІмад ибн Чупан
Хадув вачІарав Малик Саратан I
 
Гьавуна: XII гІ. ахир
?
Хвана: XIII гІ. бащалъи
?
Наслу: Нуцалзабазул наслу
Эмен: Байсар II
Лъимал: ГІамир-СултІан I
Дин: Аваразул дин/Насранияб ва Ислам
 
Рагъул пиша
Рагь: Гъазиязде данде рагъ, Гъумекиб чІунтизаби

ГӀамир-СултӀан I (XIII гӀ. тӀоцебесеб бащалъи) — Байсар нуцаласул вас, жинца умумузул тах Суракъатил наслуялъухъе нахъбуссинабурав.

Абу-Муслим хун гӀага-шагарго 30 сон индал, ГӀамир-СултӀаница бакӀарула аваразул аскар ва Хунзахъ жиндирго рукӀарал балъгоял рахъкколезул кумекалдалъун тӀаде кӀанцӀула гъазиязде. Гьездаго гьоркьов вукӀуна Аваристаналъул амир ГӀамир-АхӀмад ибн Чупан. Гьел яги гъурула, яги нахъе гъола, ГӀамир-СултӀан лӀугьуна Аваристаналъул нуцаллъун, гьедин Суракъатил наслуялъухъе нахъбуссуна нуцаллъиялъул тах, халкъалъ дагь-дагьккун Ислам тезе байбихьула.

«Тарих Дагъистан» абулеб Дагъистаналъул тарихияб хроникаялда рехсон буго: «... Гъумекиб ва Хайдакъалъул бутӀрузда гьоркьоб букӀараб ракълил матӀу бекула ЩайтӀаналъул хӀаракат бахъиялдалъун. Шагьидзабазул амирасул (ХӀамза) ирсилазул Хайдакъалъул бетӀергьабазул гьеб хӀинкъараб мехалъ нахъе рукӀарал МухӀамад-ханасдаги, Ашир-ханасдаги ГӀамир-ханасдаги рукӀел батула Аваристаналъул бетӀергьабазухъ ва гьезул рахъ кколеллъун рукӀине тӀаде босула... Гьенир гьездаги Гъумекиб бетӀерадаги гьоркьор лӀугьуна вахӀшиял рагъар... Аваразул ханас кагъатги ва, бищун кӀалъазе пагьму бугезда гьоркьоса рищун, чапарзаби ритӀула Каутар-шагьасухъе, тюрказул улкаялде... ва цебе лъола цолъиялъул ва гьудулъиялъул суал, мадугьалъиялъулги тушбабазде данде гьарурел рагъазда цоцазе кумек гьабиялъул шартӀазул къануназдаги рекъон», гьеб къотӀи-къай щула гьабула гӀагарлъи гӀуцӀиялдалъун — Каутар-шагьас жиндирго вас Кей-Кадие ячуна аваразул нуцаласул берцинай яс ва ахирисесул яц кьола Саратание, аваразул нуцаласул васасе... Ва гьеб къотӀи-къай тӀубазе «...Каутар-шагь тюрказул аскарги бачун уна Гъумекиве бакъбаккул рахъалдаса», ва «Авар вилаяталъулги» Хайдакъалъулги аскар бакътӀерхьул рахъалдасан.[1] Гьедин, гьеб хроникаялда рекъон, Саратанил эмен, ГӀамир-СултӀан, Исламалъул гъазиязухъа нуцаллъи бахъун хадув, кватичӀого, къотӀи-къай гьабун, цолъула магъулалгун ва Хайдакъалъул ханзабигун, ва гьез кьаби щвезабула гъазиязул централдаго — Гъази-Гъумекиб. Гьелъул хӀакъалъулӀ хроникаялъ рехсолеб буго: «гьел рачӀана талат къоялъ, тӀоцебесеб рамазаналъ Нажмужинил къоязда... Саратаница ва Каутарица чӀунтизабуна ГӀумекиб... ва гъумекалъул киналниги амирзаби, жалги ХӀамзал ирсилал, щущала дунялалъуд батӀи-батӀиял рахъазде».[2]

ГӀамир-СултӀанил ирс босула гьесул вас I Малик Саратница.

  1. ↑ Шихсаидов А. Р. Дагестанская историческая хроника «Тарих Дагестан» Мухаммада Рафи // Письменные памятники Востока: Историко-филологические исследования. 1972. — М., 1977. — С. 111.
  2. ↑ Тарих Дагестан Мухаммадрафи Архивация 2014-07-15 Wayback Machine