Нуцал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Аваристаналъул Нуцал
Awarenflag.png
Нуцалзабазул дугъ (гьанжесеб реконструкция)
Тайпа Монархия
Статус Пачалихъалъул бетӀер
Резиденция ТӀануси, Хунзахъ
Хъулухъ гӀуцӀи VI гӀ.
Хъулухъ хвезаби 1863
Аваразул байрахъ. Гьанжесеб реконструкция

Нуцал — жал Сариралъул бутӀрузул ирсиллалъунги кколел рукӀарал, жидер резиденцияги цин ТӀануси, хадуб Хунзахъ шагьаралда букӀарал Аваристаналъул бутӀрузул букӀараб титул.

Бещун тӀоцевесев нуцаллъун рикӀкӀуна VI гӀасруялда вукӀарав Авар-хан. МухӀамад Рафиясул «Дагъистаналъул тарихалда» Нуцалзабазул наслу байбихьулеб буго ГӀарацханидаса (ГӀарацхан Ӏ),живги VII гӀасруялда вукӀарав[1].

Аваристаналъул бищун къуватав ва рагӀи билӀарав нуцаллъун вукӀана КӀудияв ГӀумахан,[2] жиндир заманалда Авар нуцаллъиялъул пачалихълъиялъул цебетӀейги, сиясиябгин экономикияб къуватги завалалда букӀарав.

Ахирисев нуцаллъун вукӀана Мехтулиса Ибрагьимхан (1859 – 1863). 1863 соналъ Авар нуцаллъи тӀубанго Россиялъул империялде гъорлъе ана.

Титул бачӀараб бакӀ[хисизабизе | код хисизабизе]

Нуцал абураб титулалда ва гьеб бачӀараб бакӀалда сверун ругел суалазе мухӀканаб жаваб гьечӀо. Цо-цо гӀелмияб цӀех-рех гьабулез рикӀкӀунеб буго гьеб титул гуржи мацӀалъул «нацвал» абураб рагӀиялдаса бачӀин.[3][4] Амма гьеб теория битӀараб букӀин цӀакъ щакаб буго, щай абуни гьеб термин Гуржиялъ къанагӀатгицин хӀалтӀизабуларо стратификациялъул номенклатураяла. Гьеб рагӀул этимология балагьизе ккола жибго Авар мацӀалда, жинда жаниб -ал ахир бугел рагӀаби гӀезегӀан ругеб. ГӀинтӀамизе ккола авар мацӀалда «нуцал» абулеб термин гӀадин «нуцияв» абураб терминги хӀалтӀизабулеб букӀараблъиялъухъ.[lower-alpha 1][5] Гьеб терминалъулгун релълъенлъи гьабула хадусел терминазги: «нусияв», ай нусил бетӀер, ва «нуцӀияв» — нуцӀа цӀунулев. Гьеб кӀиябго версиялъ бихьизабулеб буго «нуцӀияв» абулеб термин бетӀерав нухмалъулесде абулеб «нуцал» терминалде цебетӀей. Гьеб пикру хӀакълъула Авар пачилхъ жиндир байбихьуда жиндирго хьундасел гӀорхъаби гочарухъабаздаса цӀунезе гӀорхъодасеб пачалихъ хӀисабалда Сасниязул Ираналъ кумек гьабун гӀуцӀун букӀин рикӀкӀиндал.[6]

Нуцалзабазул сияхӀ[хисизабизе | код хисизабизе]

ЦӀар Нуцаллъиялъул заман Баянал
Awarenflag.png Авар хан VI гӀ.
Лъаларел нуцалзаби
Awarenflag.png ГӀарацхан Ӏ VII
Awarenflag.png Хидиршагь VIII
Awarenflag.png Тараз
Awarenflag.png ГӀабас IX
Awarenflag.png Сапишагь
Awarenflag.png Хаважах
Awarenflag.png ПиргӀавн X
Awarenflag.png ГӀамир
Awarenflag.png Сайгид
Awarenflag.png Тагьмаз XI
Awarenflag.png Пардин (Перид)
Awarenflag.png Байсар Ӏ
Awarenflag.pngНамруд XII
Awarenflag.png Кад (Бакир)
Awarenflag.png Пирудшагь
Awarenflag.png ГӀумахан
Awarenflag.png ГӀарацхан Ӏ XIII
Awarenflag.pngСаратан Ӏ
Awarenflag.png Суракъат Ӏ
Black flag.svg АхӀмад
Black flag.svg Абу-Муслим
Awarenflag.png Байар II I Суракъатил вас
Black flag.svg Масумбек
Black flag.svg СултӀан ибн Масумбек
Black flag.svg Чупан ибн СултӀан
Black flag.svg ГӀамирахӀмад ибн Чупан
Awarenflag.png ГӀамир-СултӀан Ӏ 1272 - 1295 Байярил вас
Awarenflag.png Малик Саратан Ӏ гӀ.-ш. 1295 - гӀ.-ш. 1318
Лъаларел ханзаби
Awarenflag.png Суракъат ӀӀ 1353/1354 ?
Awarenflag.png Саратан ӀӀ
Awarenflag.png Дугърихан Ӏ
Awarenflag.png Ибрагьим Ӏ
Awarenflag.png МухӀамадмирза Ибрагьимил дурц, Дугъриханасул Ӏ вас
Файл:ГӀандуникӀ-нуцал I.jpg ГӀандуникӀ Ӏ 1460 - 1485 Ибрагьимил вас
Awarenflag.png Булач-нуцал I 1485 - 1510 МухӀамадмирзал вас
Awarenflag.png ГӀамирхӀамзат-нуцал 1510- 1540 Булач-нуцалил вас ГӀума-нуцаласул вас
Awarenflag.png Нуцалхан Ӏ 1540 - 1546
Awarenflag.png ГӀандуникӀ-хан ӀӀ 1546 - дек. 1569
Awarenflag.png АхӀмад 1569 - 1577
Awarenflag.png ТӀурарав 1577—1578
Awarenflag.png МухӀаммад-Шамхал 1578—1589 Нуцалханасул вас Турарасул вас
Awarenflag.png Канбулак-хан 1589—1595 цеве рехсарасул вас
Awarenflag.png Шамхалхан I 1595—1596 цеве рехсарасул вас
Awarenflag.png Ибрагьим II 1596—1605
Awarenflag.png Магьдихан 1605—1514 вас МухӀаммад-Шамхал
Awarenflag.png Барти-КӀилъилав 1614—1620 ГӀандуникӀ-ханасул II вас Бартил вас КӀушкӀантӀи-КӀилъиласул вас МухӀамадханасул вас,
Awarenflag.png ГӀумахан I 1620—1634 Шамхалхнасул вас
Awarenflag.png ГӀамир ХӀамзат-хан I гӀ. ш. 1634—1646 Барти-КӀилъиласул вас
Awarenflag.png Молдамирза 1646—1650
Awarenflag.png МухӀамад-хан I 1650—1656 Барти КӀилъиласул
Awarenflag.png Дугрихан II 1656—1668 ГӀумаханасул I вас
Awarenflag.png МухӀамад-хан II 1668—1688 цеве рехсарасул вас
Awarenflag.png ГӀумахан II 1688—1699 цеве рехсарасул вас
Awarenflag.png ГӀандуникӀ-хан III 1699—1706 цеве рехсарасул вас
Awarenflag.png Дугърихан III цеве рехсарасул вац
Awarenflag.png ГӀумахан III 1706—1707 яги КӀудияв Булач, Дугъриханасул III вас вукӀана
Awarenflag.png МухӀамад-хан III 1707—1722 цеве рехсарасул вац
Awarenflag.png ГӀумахан IV 1722—1735 Турурасул вас, Туралазул тухумалдаса
Awarenflag.png Анкалхан 1735—1740
Awarenflag.png Нуцалхан II 1740—1744 ГӀумаханасул IV вас
Awarenflag.png МахӀмудхан 1744—1765
Файл:МухӀамад-нуцал IV БахӀарчияв.jpg МухӀаммад-нуцал IV БахӀарчияв 1765—1774 Булачил ГӀумаханасул вас
ГӀумахан V КӀудияв 1774—1801, апрел цеве рехсарасул вас
Awarenflag.png Гебек-хан 1801—1802, январ цеве рехсарасул вас
Awarenflag.png СултӀан АхӀмад-хан 1802—1823 ГӀалисултӀан Мехтулил вас, Бахубикал рос
Awarenflag.png Сурхай-хан I 1818—1834 Гебек-ханасул вас
Awarenflag.png Аслан-хан I 1827—1828
Awarenflag.png Абу СултӀан-хан 1827—1834 СултӀан АхӀмадханасул вас
Awarenflag.png Баху-бика 1834 ГӀумаханасул V яс
Awarenflag.png МухӀамадмирза 1834—1837
1837—1859 саназда Авар нуцалъи букӀана Хьундасеб Кавказалъул имаматалда гъорлъ
Awarenflag.png Ибрагьим-хан Мехтулиса 1859—1863 СултӀан АхӀмадханасул вас
1864 соналдаса байбихьун Авар нуцалъи ана Россиялъул империялде гъорлъе

Комментариял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Мисалалъе, «нуцияв» термин буго рехсон 1761 соналъ Аваристаналъул къади Макъсудица гьабураб хъвай-хъвагӀиялъулъ

ХӀужжаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. МухӀамад Рафи, "Дагъистаналъул тарих"
  2. Краткий исторический взгляд на северный и средний Дагестан до уничтожения влияния лезгинов на Закавказье. Отрывок из рукописи полковника Неверовского. СПб. 1848. с. 33–34.
  3. Криштопа А.Е. О возможном происхождении титула нуцал (гІурус).
  4. Криштопа А.Е. Дагестан в XIII — в начале XV вв. (гІурус).
  5. Хрестоматия по истории права и государства Дагестана в XVIII–XIX вв. Ч. II. С. 6–7.
  6. ХӀапизилазул М-дил Ш. КӀудияв ГӀумахан (гІурус).

Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]

  • "Дагъистаналъул Тарих", т. 1, М., 1967;
  • МухӀамадов Р. М., "Дагъистаналъул Тарих", МахӀачхъала, 1961.
  • Сычев Н.В. Книга династий. М., 2008. с. 637-638.

Линкал[хисизабизе | код хисизабизе]