КӀудияв ГӀумахан
| КӀудияв ГӀумахан | |
|---|---|
КӀудияв ГӀума-ханги гуржи принц Александерги (Мусаясул Халилбегица бахъараб сурат) | |
| Мех | 1774 – 1801 |
| Цевесев | МухӀамад-нуцал |
| Хадусев | Гебек-хан |
| Гьави | 1761 Хунзахъ, Авария |
| Хвей | 22 март 1801 (ригь 39–40) Билкан, Авария |
| Лъудби |
|
| Лъимал |
|
| Эмен | МухӀамад-нуцал |
| Эбел | ХанмухӀамадил Баху |
| Дин | Ислам |
ГӀумахан V КӀудияв[1] гьединго КӀудияв ГӀумахан[2][3][4] (1761 яги 1762, Хунзахъ, Авар нуцаллъи — 22 март 1801, Билкан, ЧӀарахъ бо) — кӀудияв аваразул нуцал 1774 соналдаса 1801 соналде щвезегӀан бетӀерлъуда вукӀарав.[5]
Авар нуцаллъиялъул тахиде ГӀумахан вачӀана 12 яги 13 сон бараб гӀужалда, Хубаялъул хан ПатагӀалилгун къотӀи гьабулаго чияца рекӀкӀ гьабун жиндир эмен МухӀаммад-нуцала IV чӀван хадув.[6][7][8].
КӀудияв ГӀумаханил заманалда Авар нуцаллъиялъул гӀурхъаби гӀатӀилъана аваразул эркенал боял цолъизариялдалъунги,[9].|group=к}}, сверун ругел территориял мутӀигӀ гьариялдалъунги.[10][11].
КӀудияв ГӀумахание магъало кьолаан гуржиязул пача II ГьерекӀлица, Дербенталъул ханлъиялъ, Хубаялъул ханлъиялъ, Бакуялъул ханлъиялъ, Ширваналъул ханлъияялъ, Шекиялъул ханлъиялъ, Ахалсихъ пашаясги.[12][13] Гьезда гуребги, магъало тӀад лъун букӀана Гъарабагъалъул ханлъиялдаги,[14] Тушетиялдаги,[15][16] чачаназдаги.[17][18]. Гьесие мутӀигӀаб букӀана ЧӀарахъ республикаги.[19]
Биография
[хисизабизе | код хисизабизе]Гьесул эмен вукӀун вуго МухӀамад-нуцал IV, эбел – Хайдакъуцуми ХанмухӀамадил яс Баху. МухӀамаднуцалица Баху ячун Йиго Хайдакъалъул ханзаби Надиршагьасдаса тӀурун Хунзахъе рачӀараб мехалъ. 1741–1743 соназ магӀарулаз авалияб кьабгӀен швезабун буго «дунялго жиндасан хӀинкьулеб» Надирида. Надирица 1742 соналда Хунзахъе ритӀун рачӀун руго Сурхайханги Хаспулатшамхалги. Гьез абун буго: «Надирииа гьарулеб буго жиндихъе гъоркь – лъалие цо чанго чи кьеян, жив гьелдаса хадув Дагъистаналдаса нахъе инила». МухӀамаднуцалица жаваб кьун буго: «Дица гӀадамалги кьеларо. Надирида данде тӀарамагъадисеб гамачӀги багъизабила», – ян.
ГӀ. Бакихановас хъвалеб буго:
| XVIII гӀасруялде щвезeгIан магIарулал гьедигIан рагIарал чагIи рукIинчIила, гьелдаса нахъе гьезул къуватги, цIарги тIибитIанила кибго Кавказалда. |
Гьес мисалалъе бачунеб буго цо шагӀирасул кечӀ:
- «Кьерун чӀая, чӀужу, мун
- ЛекӀи вачӀине гурин,
- Чармидаса къвакӀараб
- ЛекӀиясул ракӀ бугин,
- Багъдадазул кьергицин
- Гьесде данде чӀоларо».
ГӀумаханасул талихӀаб лъимерлъи халатбахъун гьечӀо. 1772 соналъ ЦӀоралда чӀван руто гьесул имгӀал МухӀамадмирзаги гьесул вас Булачги.
- «Хунзахъ тӀалагӀанаб тӀухьи арабин.
- ТӀолабго кьвагьаги гьитӀинав Булач?
- ТӀалтӀа бараб сигӀан гьир харил анин,
- Кинабго бухӀаги МухӀамадмирза?»
1774 соналъ гьезул рецӀел босизе арав МухӀамаднуцал рекӀкӀ гьабун чӀван вуго ФатагӀали–ханасул чадпралда жанив. ГӀумаханасда тӀаса гьитӀинго ун буго инсул кваркьи. Гьев гьитӀииго кӀудияв гӀун вуго, 15 сон байдал. гьесне гьабун буго хвалчен бухьи – вас гӀеялъул байрам. ГӀумаханас дагьал чагӀиги цадахъ рачун сверун (С.55) буго кинабго улка, щун вую киналго кӀудиял ро – сабалъе. Гьев рещтӀунев вукӀун вуго мажгиталда. Гьес магӀарулазул росабалъ абулеб букӀун буго: «Дун вуго нужер росдал гьобол. Нужеда лъала дида тӀад бугеб налъи, дица рецӀел босизе ккола ФатагӀалиханасдаса дир инсулги, имгӀаласулги, вацгӀаласулги, цойги гьезда цадахъ чӀварал гӀагаразулги. Нужеца кумек кьечӀони, дида гьеб босизе кӀоларо», – ян. ГӀумаханас церехъабазе, гӀалимзабазе кьолел рукӀун руго сайгъатал. Гьес абулеб букӀун буго: «ГӀадамасе сайгъат къохьое нах гӀадинаб жо буго. Инсан гьелъ тамах гьавулаян».
ГӀумаханасул лъудби
[хисизабизе | код хисизабизе]ГӀумаханас ячун йиго ункъо чӀужу. ТӀоцеесей йикӀун йиго яцгӀал – МухӀамадмирзал яс КӀилъилай. Гьей йикӀун йиго цӀодорай, рагӀи чӀарай. Гьелъие букӀун бугоханасул магъалоялъул бутӀаги. Гьелъул букӀун буго гӀемераб бечелъиги, цӀакъ къачӀарал рукъзалги. МагӀарулазул кици буго: «КӀилъилалъул гьиниш, ГьетӀарасул сийищ?» Хадусей ккола ХъистӀаман – Хайдакъуцумиясул яс, Бахумеседол эбел. Лъабабилей чӀужу – Дарижа (Дареджан) Абашидзе. Вахан хъалаялъул князь Евгений Абашидзел яс. Гьей йикӀун йиго берцинлънялъул цӀар бугей гӀадан. ГӀумаханас Дарижа ячун йиго Вахан бахъараб мехаль. Гьелда цадахъ ГьерекӀли кӀиабилес кьун буго 3 гӀала, 1 барти, 3 лагъ – гъаравашги. Гьезда гьоркьоб букӀун буго цо гӀараб тайпаялъул гӀала, «Дарижал гӀала» абун бицен хутӀун буго гъелъул магӀарулазда гьоркьоб. Гъарабагъалъул Ибрагьим – ханас бачӀараб бартиялдасанги гьеб гӀалаялдасанги лӀугьун буго магӀарухъ цӀияб чуязул тайпа. Чуязул элхъи (завод) нуцалазул букӀун буго цӀакъго цебего. Элхъи риидал букӀунааннла ГӀарахъ – магӀарда, хасало – ЗагӀиб. ГӀумаханасул ункъабилев инсуда хурхараб кици буго: «Дугърил гӀули гӀадин риччан тун ругила». Ячун йиго ГӀумаханас КӀванада росулӀа ясги. Гьеб иш ккун буго гьадин. Бодулнухдасан унаго рекӀаралгун, лъелалгун нуцал шун вуто КӀванаде. Руччаби, лъимал тӀох – тӀохазде рахун ралагьун рукӀун руго. Циндаго абулеб рагӀун буго: «Гьагъав нуцаласул лъадуеги гьаб дунялалда гьагъасда аскӀойги йикӀун алжанги кьелеб батани, гьев дурги битӀараб гуро, БетӀергьан», – илан. Киналго эхеде ралагьун рую, йихьун йиго гьайбатай гӀолохъанчӀужу. ГӀумаханас ячун йиго гьей. Рокъор ругез цӀакъго рахӀат тун гьечӀо. Ханас цӀар тӀамизе ккун буго. Гьельул адаб гьабун КӀванада росдадаса магьалогн рехун буго.
ГӀумаханасул кумекчагӀи
[хисизабизе | код хисизабизе]Бодул бетӀерлъун (гьесда абулеб букӀун буго майиндурилан) вукӀун вуго ГӀумаханасул яцалъул рос Чупан. Гьев киналго рагьаздаги гӀахьаллъун вуго. Нахъа Чупан беццлъун вуго. ГӀумаханас, беццав вугониги. Чупан цадахъ вачунев вукӀун вуго. Халкъияб кочӀолъ гьесдасан абун букӀуна: «ГӀакълу камиллъарав беццав Чупанилан».
ГӀумаханасул тӀоцевесев вазир вукӀун вуго ГьоцӀалъа ГӀалиханил ГӀалисканди, кӀиабилев имам ХӀамзатил эмен. ГӀалисканди цӀодорав. бахӀарчияв чи вукӀун вуго.
КӀиабилев вазир вукӀун вуго Хъазантидада. Гьесде гӀурус документазда Дадайин абун букӀуна. КӀиабилев вазирасда тӀадаб букӀун буго магъало бакӀариги, дулугъ бахъинги, бегиги, ханзабазул хъалаялъул гӀадлуги. Хунзахъа Дибиркъади вукӀун вуго Аваристаналъул къадиги. ГӀумаханасул мирзаги (секретар). Гьесда лъалеб букӀун буго лъабго мацӀ: гӀараб, фарс, турк. Дибиркъадица гьел мацӀазул словарьги гьабун буго. ГӀумахан хведал Днбиркъадица гӀараб мацӀалда поэмаги гьабун буго. Гьел гурелги, ГӀумаханасда аскӀор киназго рикӀкӀунел чагӀи рукӀун руго Гушу (Гунаш), ГӀадалав, ГӀали, Гари.
Бодул санарал
[хисизабизе | код хисизабизе]Аваразул пачалихъалда рукӀана киназдаго лъалел болнухал. Болнухде нуцал вахъинелде, гьес хъалаялъул тӀохда чӀвалеб букӀун буго рагъулаб байрахь. «ТӀалла байрахъ чӀвала бодул кьал ккани» – ян буго халкъияб кочӀолъ. Цинги Тобтида чӀвалеб букӀун буго чадир. Гьелдаса хадуб ГӀалагӀарталда данде ахӀулеб букӀун буго 50 росдал бо. Гьеб букӀун буго хундерил бо. Гьеб богун къватӀиве вахъунев вукӀун вуго ГӀумахан Игьалиие, Болъи.хъ, КӀаратӀе, ГӀахьвахье, Анцухъе. Гьидалъе. ТӀелекье, Ругъжаве. ЧӀарале, Гъолоде. Нагагь болъе вахъинчӀев чиясда лъолеб букӀун буго рогьодал гӀакӀа.
Гъолода данделъулел рукӀун руго ЦӀоралъул магӀарулазул боялги. БодулӀ 15 – 20 азарго чи гӀолев вукӀун вуго. Рагъал гьарун ГӀумаханас рахъун руго: Кухна шагьар, Ахъсу, 17 кьояль сверунги ккун Нахичеван, гуржиязул хъала Гавази (лъабцӀул), къварели Вахан, Ахалцихалъул пачаясул гӀарадабиги рачун, Гумущ (9 моцӀаль сверунги ккун). Салян, 1785 соналда.
Тифлис
[хисизабизе | код хисизабизе]Гиничукьа ХӀайдарбегица хъвалеб буго: (С.56) «Гьес рахъарал шагьаралги, хъулбиги рикӀкӀун хӀалкӀоларо», – ян. Неверовскияс хъвалеб буго ГӀумаханасе магъало кьолаанила ЦӀоралъул 17 вилаяталъ. Нилъеда цӀарал лъалеб микьгоялъ кьолеб букӀун буго 115 азарго гӀарцул гъуруш, , хутӀаразги гьедигӀан кьолеб букӀун батани, гьеб ккола 230 азарго гъуруш. ГӀумаханасдаса цебе цониги нуцаласдаги, яги Дагъистаналъул цойгидал ханзабаздаги кӀун букӀинчӀо гьедин магъало лъезе ва гьеб бакӀаризе. Щибаб соналъ вазир ГӀалискандил бетӀерлъиялда унел рукӀун руго гьеб магъало бакӀаризе хъулухъчагӀиги нукарзабиги. БакӀарун бачӀараб магъало кьолеб букӀун буго вазир Дадахъе, гьес хазиначиясухъе. Гьес гьеб сокӀкӀунеб букӀун буго цагърахъ ва санкӀахъ.
Гьеб хазина ГӀумаханас сахаватаб квералъ бикьулеб букӀун буго бесдалазе, ятимазе, къорол руччабазе. Бахумеседо имам ХӀамзатица чӀвайдал гьабураб магӀуялъулӀ руго гьадинал рагӀаби: «ГӀарцул лал тӀамурав шагь ГӀабасил яс...» ГӀумахан данде кколев вуго ираназул цӀар рагӀарав шагь ГӀабасида. Щиб жоха «гӀарцул лал?» ТӀоцебе дида гьелъул магӀна лъачӀо, дагь – дагьккун хадув гъуна гьел рагӀабазул магӀнаялда.
ГӀумаханас бахъун буго ГьерекӀли кӀиабилесул магӀданалда тӀад бараб Гумушхъала. Гьениса нахъе баччун буго бацӀцӀадаб гӀарац ва хӀамузда, гӀорцӀабазда, варанабазда лъун бацӀцӀад гьабичӀеб магӀдангун (руда) Хунзахъе шведал, ханзабазул гьиналда аскӀоб бекизабун буго тӀалу, гьабун буго гьоцӀо. Гьабизабун буго кӀудияб михир, вахъун чӀарав чиясул рачлихъе бахунеб, маххул мохрочалаби, гьезда ран руго оцал, тӀамун буго «гӀарцул лал», хадуб рехун буго, лалго гӀадин хутӀараб «тӀоршел» лъаралъ чурун буго. Лал тӀамун лӀугӀун хадуб ГӀумаханасе бахъун буго лъабго къали гӀарцул (43 кг.)
ГӀумаханасул пикру ккола жиндирго пачалихъалъул ракьалда гӀарцул магӀдан (руда) балагьизе. Нахъисеб соналъ Гумущалдаса рачун руго магӀдан лъалел гӀадамал. Нукарзабигун цадахъ гьез сверун буго Аваристаналъул ракь. Гьезда гӀарцул магӀдан батун буго ГьимагӀурул тӀарада. Живго нуцал цадахъ чагӀигун ун вуго гьениве. Рагьун буго гьениб гӀарцул магӀдан, хӀамуз, гӀурцӀмуз Хунзахъе баччун буто гьеб. Гьелдаги тӀамун буго «гӀарцул лал». Гьеб магӀданалда гъорлӀ гӀарац мукъсанго батун буго.
ГӀумаханас кӀвар кьолеб букӀун буго росдал магӀишаталдеги. ЦӀоралдаса ккурал лагъзалерида гъорлӀа ралагьун руго церет пиринчӀ бекьулел рукӀарал чагӀи. Гьолокь росдал АваргӀурул рагӀалда бугеб Ахалахада абураб бакӀалда бекьун буго пиринчӀ. Гьеб гьениб барщулебги букӀун буго. Гьолокь ГӀумаханасул букӀун буго кӀудияб ракьги, рукӀун руго рукъзалги. 1795 соналда Ираналъул шагь АгъамухӀамадханасдаса лӀутун рачӀун руго Ибрагьимханги, Бахтикаги, лъималги.
Гьел нуцаласул Гьолокь ругел рукъзабахъ тун рукӀун руго дунял хинлъизегӀан. Жиндирго ракьалда Гьолокьги ЛъагӀилухъги бекьизабун буго самсаму (цӀоросаролъ).
Гьолокьги ЛъагӀилухъги букӀараб ханзабазул ракь имам Шамилица байтулмалалде хъван буго. Гьелдаса хадуб гӀурусаз къазнаялде босун, жидее хъулухъ гьабурал офицерзабазе кьолеб букӀун буго. ЦӀоралдаса ГӀумаханасе ритӀулел рукӀун руго пихъил гъутӀби (нуцабазул кокон, сабудаса гӀеч). Къоло шуго соналъ гьабун буго ГӀумаханас нуцаллъи. Гьес чӀвазе къотӀун буго цо чиясе – гьелдаги гьесул ракӀ бухӀун букӀун буго. ГӀумаханасул буюрухъалда рекъон пачалихъалда гьабун буго халкъалъул хъвай – хъвагӀайги. Гьеб хӀалтӀи тӀадкъан буго дибирзабазда. Хадуб данде босун буго къадар.
Халгьабураб мехалъ, аваразул пачалихъалда вукӀун вуго нусазарго чи. ГӀумаханасул заманаялда цӀикӀкӀун букӀун буго магӀарулазул жанисан гъунки. Киназдаго бичӀчӀун буго жал цо чагӀи рукӀинги, ГӀумахан нуцал вукӀинги, цо тахшагьар букӀинги. Гьеб цокӀаллъиялъги гъункиялъги магӀарулазе квербакъула Надиршагь щушахъ виххизавизеги. Гьев нуцаласул рагӀи Кавказалъе къанунлъун лӀугьун буго. Жанисан гъункичӀеб хӀукуматалъ къватӀире кьалбалги риччаларо. Гьелъие нугӀлъи гьабулел кочӀол мухъал нахъеги хутӀун руго:
|
1800 соналъ Тифлисалде бачӀуна инаралзаби Лазарев ва Гуляковасул бетӀерлъиялда гӀурусазул аскар. Гьеб аскаралде мугъги чӀван, гуржияз магъало кьоларо. ГӀумахан аскарги бакӀарун Тифлисалде тӀаде ун вуго. Цо бутӀа гуржиязул магӀарулазул рахъалда букӀун буго. ГӀурусазул аскаралъ нух ккун буго магӀарулазе. Нуцалас буюрухъ кьун буго, гӀурус аскарги рештӀаралъуб тун, цере аян. МагӀарулазул бо сордо базе рештӀун буго. Сордоялъ рилъун гӀурусаз нахъойги нух ккун батун буго. МагӀарулаз рагъ гьабун гьечӀо, ругелъур гӀурусалги тун Тифлисалдехун ун руго. Лъабабизеги Иори гӀурул рагӀалда гӀурусаз нух ккун батун буго. Гьеб мехалъ нуцалас (С.57) буюрухъ кьелалдего, АхӀмадхан юрталъул боги бачун гӀурусазде тӀаде кӀанцӀун вуго, рагъ гьабун буго. ГӀурусал нахъе къан руго. Вазир ГӀалискандица кьаби щвезабун буго гуржиязда, гьел лӀутун руго. ГӀалисканди богун гӀурус аскаралде нахъе лӀугьун вуго.
ГӀурусаз батальонал, гьоркьор гӀарадабиги лъун, ункъбокӀон (каре) гьабун чӀезарун руго. ТӀаде гӀарададул сачмаги гуллаги байдал, АхӀмадханил бо тӀурун буго. ГӀумаханас цойгидал боязе тӀаде кӀанцӀизе буюрухъ кьун буго. Гьезулги жо ккун гьечӀо. Цинги живго ГӀумахан кӀанцӀун вуго тушманасде тӀаде («угъузилал рачун, дайтилал рачун, маххулӀан бер баккун хунз цадахъ рачун»). Нахъе къалел ругел магӀарулазда гьес гьарулеб букӀун буго: «Нужеца яхӀ бахъе, гӀолохъаби! Нилъеда данде гьал чӀоларо», – ян.
Гьел тӀуридал, живго тӀаде ун вуго тушманасде. Гьесда сверун ругел Гушу, ГӀалибулат, гьесул гӀагарал чагӀи – дайтилазул анлъгояв гӀарададул сачмаялъ гъурун руго. АскӀор хутӀараз ГӀумахан нахъеун вуго. Боги нахъе биччан лӀукъарав живго ЧӀарахъ чӀун вуго гьев. ТалихӀкъосараб гьеб рагъ ккун буго 1800 соналъул 7 ноябралда.
ГӀумахан хун вуго 1801 соналъул апрелалда. Бицен букӀуна гьесие загьру кьун бугилан. Гьеб хӀалтӀи гьабун бугин абула гьобол ХӀалаж ГӀабдулагьицаги гьесул рагьтӀател АхӀмадил ГӀашибицаги. ГӀумахан вукъун вуго ЧӀарахъ росдал мажгиталъул азбаралда[20].
Адабият
[хисизабизе | код хисизабизе]- ГӀалибег Хъазанбиев. ХӀакъикъат. №№236–248. 2000. Гь.54–59. Макъала "КӀудияв ГӀумахан (1761 – 1801 сс.)"
ХӀужаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ Х. Геничутлинский. Историко-биографические и исторические очерки / Пер. с араб. Т. М. Айтберова. — Дагестанский научный центр РАН. — Мх., 1992.
- ↑ Атаев Б. М. Аварцы: язык, история, письменность. — Махачкала, 2005, стр. 192—193
- ↑ Гаджиева М. Н. Аварцы. История, культура, традиции. С. 14
- ↑ Омарова Г. А. Некоторые аспекты политики аварских ханов в отношении России (XVIII — нач. XIX в.)
- ↑ Р. М. Магомедов, А. М. Магомедов. Хронология истории Дагестана. — Институт востоковедения РАН. — Мх.: Эпоха, 1996. — 200 с. — ISBN 978-5-98390-111-7.
- ↑ Б. Г. Алиев. Традиционные институты управления и власти Дагестана XVIII — первая половина XIX в.. — Институт ИАЭ ДНЦ РАН. — Мх., 2006. — 378 с.
- ↑ Бакиханов 1991, гь. 161.
- ↑ Искендер-бек Гаджинский. Жизнь Фет-Али-хана Кубинского // газета «Кавказ». — Халип:Тф., 1947. — № 48.
- ↑ Вольные общества Дагестана // Большая советская энциклопедия. — М.: Советская энциклопедия.
- ↑ Ю. У. Дадаев. Государство Шамиля: социально-экономическое положение, политико-правовая и военно-административная система управления. — Мх.: Ихлас, 2005. — Гь. 21.
- ↑ Б. М. Атаев. Аварцы: язык, история, письменность. — Дагестанский научный центр РАН. — Мх., 2006. — 287 с. — ISBN 5-94434-055-X.
- ↑ А. А. Неверовский. Краткий исторический взгляд на северный и средний Дагестан до уничтожения влияния лезгинов на Закавказье. — Книга по Требованию. — СПб.: Халип:Тип. военно-учебных заведений, 1848. — 44 с. — ISBN 978-5-518-06845-2.
- ↑ Я. И. Костенецкий. Записки об Аварской экспедиции на Кавказе 1837 года. — Книга по Требованию. — СПб.: Халип:Тип. Э. Праца, 1851. — 122 с. — ISBN 978-5-518-08193-2.
- ↑ М. М. Гасаналиев. Взаимоотношения России с Аварским ханством в 1774—1801 гг. // Вопросы истории. — М., 2012. — № 5.
- ↑ Хрисанф. Сведения об Аварском ханстве // История, география и этнография Дагестана XVIII—XIX вв.. — М. : Восточная литература РАН, 1958. — С. 273.
- ↑ Г. М. Мирзамагомедов, Н. И. Стоянова. Дибир-кади Хунзахский — письмоводитель правителей Аварии // Дибир-кади из Хунзаха и вопросы гуманитарного наследия дореволюционного Дагестана. — Мх. : Институт языка, литературы и искусства им. Г. Цадасы Дагестанского научного центра РАН, 2012. — С. 20—45.
- ↑ У. Лаудаев. Чеченское племя // Сборник сведений о кавказских горцах. — Халип:Тф.: Халип:Тип. Главного управления Наместника Кавказского, 1872. — Вып. 6. — ISBN 978-5-4458-0423-9.
- ↑ Ф. В. Тотоев, П. А. Кузьминов. Общественный строй Чечни: вторая половина XVIII — 40-е годы XIX века. — Нальчик: Эль-Фа, 2009. — Гь. 238. — 374 с. — ISBN 978-5-88195-977-7.
- ↑ М. Г. Магомедов. История аварцев. — Мх.: Дагестанский государственный университет, 2005. — 250 с. Архивация 11 юл 2012 соналъул.К:Википедия:Халипал мекъи хӀалтӀизарурал гьумерал:ТӀехь (бихьизабун буго archiveurl) "Архивированная копия". Архивация оригинал, 2012-07-11. Щвей 2017-12-22.
{{cite web}}: Unknown parameter|deadlink=ignored (|url-status=suggested) (help) - ↑ "ГIалибег Хъазанбиев. ХIакъикъат. Макъала". Архивация оригинал, 2015-07-28. Щвей 2015-08-12.
{{cite web}}: Invalid|url-status=хвараб(help)