Перейти к содержанию

Авар нуцалзабазул наслу

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Аваразул ханзабазул сияхӀ» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
ТӀад свердероги бахъараб штандартгун бацӀ — авар нуцаллзабазул дугъ[1].

Нуцалзабазул наслу, Нуцабазул наслу букӀана гьанжесеб Дагъистаналъул бакътӀерхьуда букӀараб Аваразул пачалихъалъе (XI–XIX гӀ.)[2][3] бетӀерлъи гьабулел рукӀаразул наслу. Гьезул тахшагьарлъун букӀана цин ТӀануси, хадуб Хунзахъ, жеги гӀарабал рачӀиналдего жиб букӀараб[4]

Сариралъул ханзаби

[хисизабизе | код хисизабизе]
  • Абухуасро. Гьев вукӀун вуго «тушазул, хунзахъезул ва гьел бакӀазул киналниги хъанчие лагълъи гьабулезул» бетӀерлъун.[5] Гуржиязул тариххъваялда рекъон, Абухуасро вукӀун вуго VIII гӀасруялъул 40-лел соназ.[6]
  • Авар/Аваз. Ибн-Рустаца рехсон буго, Срирлъул бетӀерасда «Авар абураб цӀар» бугилан. Гъардзиица хъвалеб буго Сариралъул «пачаясда Аваз абула» — ян.[7] Гьел баянал кколел ратизе руго IX гӀасруялъул кӀиабилеб бащалъиялде.
  • Бухт-Йишо I (1025—26 )?. Гьав Сариралъул ханаса гь. 292/905 соналъ «хилиплъиялдалъун асир» гьавул Чоралъул амир МухӀамад ибн Гьишам.[8]
  • Филан-шагь (940—950)?. Ал-МасгӀудияс хъвалеб буго Сариралъул бетӀерасда «Филан-шагь абула» — ян, хадубго тӀаде жубалеб буго Филан-шагь «Сариралъул киналниги ханзабазул цӀар» бугилан.[9] Цогидал иццазулги, живго МасгӀудиясулги информациялъул анализ гьабидал, пикру бачӀуна Филан-шагь X гӀасруялъул 40 — 50 соназул Сариралъул ханзабазул титул гуреб, жидерго цӀар букӀанин абураб.
  • Бухт-Йишо II. Сарийс абурай ясалъул эмен; гь. 416/1025 соналъ гьей росасе кьола Чоралъул амир Мансурие.[10]
  • (Фируджа)
  • Т...ку/ТӀокъу (рехсон вуго 457/1065 соналъ). Ф-руджил (К-рух, цӀар тӀубан цӀалихе кӀолеб гьечӀо) вас, Чоралъул раис Муфаридж ибн Музаффарил вакъад.[11] XVII гӀасруялда авар аристократиялда гьоркьоб гьеб цӀар дандчӀвалеб букӀун буго[12]

Сариралъул ханзабазда ва нуцалзабазда гьоркьоб бугеб хурхен

[хисизабизе | код хисизабизе]

Сариралъул ханзабаздаги нуцалзабаздаги гьоркьоб букӀараб бухьен бихьизе бегьула Сариралъулги Аланиялъул рукӀарал гьоркьоблъабаздасан. Ибн Рустаца Х гӀ. байбихьуда рехсарав Авар абураб цӀар бугев Сариралъул ханасулги нартазул эпосалда рехсон вугев Ауар-ханасулги цӀаразда гьоркьоб буго баянаб аналогия, гьенисан бачӀунеб буго пикур Авар абулев бетӀерги (нуцал) Сариралъул жинца аланиязул ханасул яс ячун вукӀарав цӀар лъаларев ханги цого гӀадмал ругин абураб.[13][14][15] Авар нуцалзабазда гьоркьоб тӀибитӀун рукӀун руго жидер бачӀин осетиязул мацӀалдаса ругел цӀарал. Мисалалъе ГӀандуникӀ абураб (гӀемерисебни гьеб рикӀунеб буго Андроникос (грек Ἀνδρόνικος), абураб цӀаралдаса бачӀараб бугин абун), рес бугеб жо буго, гьири мацӀалъул æндан (осет. æндан — чаран) абураб рагӀудаса бачӀун бати, цогидаб цӀар — Сиртан — гьединго лӀугьараб батизе буго гьириязул мацӀалдаса, нартазул эпосалда рехсон буго гьеб Сырдон, Ширдан хӀисабалда.[14]

Нуцалзабазул сияхӀ

[хисизабизе | код хисизабизе]

МухӀамад Рафиясул «Дагъистаналъул тарихалда» I Суракъатиде щвелалде рехсон руго гьесул умумул, амма гьеб ицц тӀубанго битӀараблъун кколаро.[16][17][18]

  • Авар-хан

Лъаларел цогидал ханзаби

Лъаларел цогидал ханзаби

18371859 сс. — Хьундасеб Кавказалъул имаматалда гъоркьо уна.

1863 соналдаса нахъе Авар ханлъи Россиялда гъорлӀе уна.

  1. Исалабдуллаев М. А. Мифология народов Кавказа. — Махачкала: КСИ, 2006
  2. Магомедов Р. М. 2002.
  3. Д. Ю. Арапов. Аварское Ханство // БРЭ.
  4. Айтберов Т.М. Аваро-чеченские правители из династии Турловых и их правовые памятники XVII в. Махачкала, 2006.
  5. Летопись Картли / Тарж., цеберагӀм ва баянал: Г.В. Цулая. Тулпис, 1982, гь. 40, 41
  6. Бердзеншвили Н.А., Дондуа В.Д. Грузинские земли в VII – IX вв. – В кн.: Очерки истории СССР. III – IX вв. М., 1958, с. 506
  7. Ибн-Руста о Дагестане. – В кн. Минорский В.Ф. История Ширвана и Дербенда X – XI веков. М., 1963, с. 220
  8. Минорский В.Ф. История…, с. 65, 136
  9. Масуди о Кавказе. – В кн.: Минорский В.Ф. История…, с. 202, 203
  10. Минорский В.Ф. История…, с. 70, 136
  11. Минорский В.Ф. История …, с. 77, 136
  12. Айтберов Т. Материалы по истории Дагестана XV – XVII в. – В кн.: Восточные источники по истории Дагестана. Махачкала, 1980, с. 99
  13. Гаджиев М.С., Давудов Ш.О. Об одной группе раннесредневековых металлических зеркал Дагестана // Проблемы истории, филологии, культуры. 2018 № 4 С. 153–164.
  14. 1 2 Айтберов Т. Осетинские имена у аварцев XIV – XVII вв.
  15. УРУЗМАГ: К ВОПРОСУ ОБ ЭТНОКУЛЬТУРНЫХ СВЯЗЯХ САРИРА И АЛАНИИ В СРЕДНИЕ ВЕКА, Ш. М. Хапизов , Т. М. Айтберов
  16. Шихсаидов А.Р. Дагестанская хроника «Тарих Дагестан» Мухаммада Рафии. – В кн.: Письменные памятники Востока: Ежегодник 1972, М., 1977, с. 104, 105, 108
  17. Айтберов Т.М. О хронике «Тарих Дагестан».
  18. Маллачиханов Б. О прошлом Аварии. Махачкала, 1928, с. 4, 5
  • "Дагъистаналъул Тарих", т. 1, М., 1967;
  • МухӀамадов Р. М., "Дагъистаналъул Тарих", МахӀачхъала, 1961.
  • Сычев Н.В. Книга династий. М., 2008. с. 637-638.