Аварал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
МагIарулал» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Аварал
Avaral
ТӀолаб популация
гІ.-ш. 1.5 миллион [1]
Регионал цӀиккӀанисел популациябигун
 Россия 1,012,074 (2021)[2]
 Азарбижан114,000[5]
 Украина1,496[6]
 Хъазахстан1,206 (2009)[7]
 Гуржия10,000[8]
МацӀал
Авар __
Дин
Ислам[9]
ГӀагарал этникиял къокъаби
Цогидал хьондакавказиял

Ава́рал (романизация: aváral) — этникияб къокъа ва нация, кавказияб хъизаналъул авар мацӀалда жал кӀалъалел, гӀаммаб тарихги маданиятги жидер бугел. Ккола Кавказалъул кьолболал халкъазул цояб, жиб историкияб рахъалъ гӀумру гьабун бугеб МугӀрул Дагъистаналда (Авария), Азарбижаналда (ЦӀор) ва Бакъбаккул Гуржиялда.[10] Ккола Дагъистаналъул бищун рикӀкӀен гӀемераб халкъ, 2020–2021 сонил ценсалда рекъон, Россиялда рикӀкӀадул рахъалъ аварал руго анлӀабилеб бакӀалда.

Аваразул тӀолаб рикӀкӀен бахуна 1,5 миллион чиясде,[1] гьезул цӀикӀкӀанисел (85-ниги %) руго Дагъистаналда, элъул 41 мухъалъул 17-ялда ва 10 шагьаралъул 5-ялда. Жеги гӀ-ш 6% буго Россиялъул цогидал регионазда, ва гӀ-ш 9% гӀумру гьабун буго аслияб куцалъ Авар ЦӀоралда, гьабсагӀат Азарюижаналда гъорлӀ бугеб, ва Туркиялда диаспора гӀадин.

Этимология[хисизабизе | код хисизабизе]

Жидедаго абулеб ава́рал абураб цIар лIугьана протокавказияб *ʡwǝ̆hri абураб кьолбодасан.[11][12]

История[хисизабизе | код хисизабизе]

РикӀкӀен ва ругеб бакІ[хисизабизе | код хисизабизе]

Аварал ругеб бакӀ Дагъистаналда, Чачаналда ва ЦӀоралда (Азарбижан), %-азда, 2010 соналъул Россиялъул ва 2009 соналъул Азарбижаналъул халкъалъул къадар рикӀкӀиналъул баяназда рекъон.
Жанубияб Федералияб Сверухълъиялда ва Шималияб Кавказалъул Федералияб Сверухълъиялда аварал ругеб бакӀ, шагьаралъул ва росдал поселениязда, %, 2010 соналъул къадар рикӀкӀин.

Дунялалда аваразул къадар буго 1,5 миллион чи: Россиялда — 1 млн, Азарбижаналда — 200 аз., Туркиялда — 80 аз., Гуржистаниялда - 20аз.[13]

Аваразул бутӀа мухъалккун 2010 соналъул халкъалъул къадар рикӀкӀиналда рекъон:[14]

Мухъ Регион %
ГӀахьвахъ мухъ Дагъистан 99,4 %
ЦӀунтӀа мухъ Дагъистан 99,4 %
Хьаргаби мухъ Дагъистан 99,3 %
ЦӀумада мухъ Дагъистан 98,9 %
Шамилил мухъ Дагъистан 98,7 %
Бакълъул мухъ Дагъистан 98,6 %
ЛъаратӀа мухъ Дагъистан 98,4 %
Болъихъ мухъ Дагъистан 97,5 %
Унсоколо мухъ Дагъистан 97,5 %
Хунзахъ мухъ Дагъистан 97,5 %
ЧӀарада мухъ Дагъистан 97,3 %
Гъуниб мухъ Дагъистан 96,3 %
НахъбакӀ мухъ Дагъистан 85,9 %
Гелбахъ мухъ Дагъистан 83,4 %
Гелбахъ шагьар Дагъистан 72,1 %
Хьаруб мухъ Чачания 54,4 %
БагӀархъала мухъ Дагъистан 46,6 %
Салануб шагьар Дагъистан 46,1 %
Шурагьиб шагьар Дагъистан 45,79 %
Тарамухъ мухъ Дагъистан 35,8 %
Хасавхъала мухъ Дагъистан 31,4 %
Хасавхъала шагьар Дагъистан 30,6 %
МахӀачхъала шагьар Дагъистан 26,7 %
Шурагьиб мухъ Дагъистан 23,5 %
Лаваша мухъ Дагъистан 22,4 %
ЦӀиябтум мухъ Дагъистан 21,9 %
Дибирилросу мухъ Дагъистан 20,3 %
БагӀархъала шагьар Дагъистан 20,1 %
Турхъалиб мухъ Дагъистан 18,4 %
Каспихъ Дагъистан 14,7 %
Черноземел мухъ Хъармухъия 7,2 %

Аварал гӀумру гьабун руго Дагъистаналъул мугӀрулаб рахъалъул цӀикӀкӀанисеб территориялда (13 мухъ) ва бутӀаккун лъарагӀлъуда ругел мухъазда (Гелбахъ, БагӀархъала, Тарамухъ, Хасавхъала, Шурагьиб ва цогидал мухъал). Дагъистаналде гурелги, гӀумру гьабун аварал руго ЧачаналӀ (Хьаруб мухъ), Гъалмугъалда ва Россиялъул Федерациялъул цогидал субъектазда (кинабниги къадар — 912 090 чи). Дагъистаналда аварал ругеб аслияб территория буго ГӀанди-гӀоралъул, Авар-гӀоралъул ва ЧӀегӀер-гӀоралъул бассенал. Аваразул 28 % гӀумру гьабун буго шагьаразда (2002 соналъул баянал).

Азарбижаналъул аварал[хисизабизе | код хисизабизе]

Туркиялъул аварал[хисизабизе | код хисизабизе]

МацӀ[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацӀ ккола шималкавказияб хъизаналъул нахъгин дагъистанияб къокъаялде, гьелъул руго сверелал, жал шималияб ва жанубияб тӀадкаламазде рикьулел. ТӀоцебесеб тӀелалде ккола бакъбаккулал, хундерилаб ва нахъбакӀалъулаб, кӀиабилелде — гьидерилаб, анцухъезулаб, цӀоралъулаб, къаралазулаб, къехӀдерилаб ва гьочотӀасезулаб сверелал; гьоркьохъеб позицион буго бакълъухъезулаб сверелалъул. БатӀи-батӀиял сверелазда ва сверелазул группабазда гьоркьор руго фонетикиял, морфологиял ва лексикиял батӀалъиял.

Авар мацӀалъе гӀагарал руго гӀандисезул ва цӀунтӀисезул мацӀал. И. М. Дьяконовасда рекъон, нахгин дагъистаниял мацӀазда цадахъ, авар мацӀ буго некӀсияб алародиял мацӀазул чӀагояб давам; гьел мацӀазда гъорлӀ руго гьединго агван, хуррит, урарт, гутий гӀадал хварал мацӀалги.[15] Гьедниго С. А. Старостиница рикӀкӀунаан тум мацӀалъул гьанжесел авариял мацӀазулгун гӀагарлъи букӀин.[16]

Россиялда ругел аваразда гьединго лъала гӀурус мацӀ, Туркиял ва Азарбижаналда ругел аваразда бицуна турк ва къажар мацӀалги.

Авар хъвай-хъвагӀиялъул традициялъул кьалбал уна гьоркьохъел гӀасрабазулӀе. ТӀоцересел хъвай-хъвагӀиял гӀарасал руго гуржи хӀарпаздалъун гьарурал. Ислам тӀибитӀиялдаса байбихьун ва 1927 соналде щвезегӀан авар хъвай-хъвагӀи букӀана гӀараб графикаялъул аслуялда (авар гӀажам), 1927–1938 соназда — латин графикаялда. 1938 соналдаса авар хъвай-хъвагӀи бачун буго кириллицаялъул аслуялде.

1938-абилелдаса байбихьун 1955 соналде щвезегӀан БакътӀерхьул Дагъистаналда (Авариялда) школабазда жо малълъи 5 классалде щвезегӀан букӀунаан авар мацӀалда, хадусел классазда байбихьулаан гӀурус мацӀалда. 6-абилеб классалдаса авар («рахьдал») мацӀ ва адабияб лъазарулаан хасал дисциплинаби хӀисабалда. 1955-56 цӀалул соналъ Авариялъул школабазда дарсал малълъи бачана авар мацӀалде. 1964-65 цӀалул соналъ Дагъистаналъул шагьаразда рукӀаралщинал миллиял школаби къана, дарсал малъиялъул процесс бачана гӀурусалде. Жакъа къоялъ аварал ругеб территориялда школабазда жо малъулеб буго авар мацӀалда 3-абилеб классазде щвезегӀан, хадуб — гӀурусалда. Шагьаразда абуни киналниги школабазда миллиял мацӀал хисун хӀалтӀизабулеб буго гӀурус мацӀ. Гьеб системаялъ цӀикӀкӀинабулеб буго ассимилациялъе рес. Дагъистаналъул конституциялда рекъон, авар мацӀалъул буго "пачалихъияб" статус Дагъистаналъул Ресбуликаялда; аваразул мухъазда, де факто, гьеб буго расмияб мацӀлъун.

2001–2016 соназда[17] авар мацӀалда санайил информация кьолеб букӀана Прагаялда американ «Эркенлъи/Эркенаб Эвропа» радиостанциялъул Шималкавказияб студия, жиб Цолъарал Штатазул Конгрессалъ финансинабулеб букӀараб.[18][19]

Материалияб маданият[хисизабизе | код хисизабизе]

Росаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Рукъ[хисизабизе | код хисизабизе]

ЖамгІиял бакІал[хисизабизе | код хисизабизе]

Росдал магІишат ва боцІи-панз хьихьи[хисизабизе | код хисизабизе]

Кверзул махщел[хисизабизе | код хисизабизе]

Миллияб ретІел[хисизабизе | код хисизабизе]

РукІа-рахъин[хисизабизе | код хисизабизе]

ЖамгІияб низам[хисизабизе | код хисизабизе]

Хъизан[хисизабизе | код хисизабизе]

Квен-тІех[хисизабизе | код хисизабизе]

Дин[хисизабизе | код хисизабизе]

Аварал буго бусурбанал.

ГІадатал[хисизабизе | код хисизабизе]

Галерея[хисизабизе | код хисизабизе]

Медиафайлал[хисизабизе | код хисизабизе]

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. 1,0 1,1 "Национальный состав населения" [Популациялъул националаб гӀуццӀи]. Пачалихъияб статистикадул федералияб сервис. Халагьи 30 Декембер 2022.
  2. 2,00 2,01 2,02 2,03 2,04 2,05 2,06 2,07 2,08 2,09 2,10 2,11 2,12 "Национальный состав населения Российской Федерации согласно переписи населения 2021 года" (in русский). Архивация оригинал (2022-12-30). Халагьи 2023-01-05.
  3. 3,00 3,01 3,02 3,03 3,04 3,05 3,06 3,07 3,08 3,09 3,10 3,11 3,12 3,13 3,14 3,15 3,16 3,17 3,18 3,19 3,20 3,21 3,22 3,23 3,24 3,25 3,26 3,27 3,28 "Итоги Всероссийской переписи населения 2021 года по Республике Дагестан, том 3 Национальный состав". Архивация оригинал (2014-03-19). Халагьи 2014-03-19.
  4. "Перепись 2021 года. Дагстат. Том 5. Национальный состав населения республики Дагестан по городским округам и муниципальным районам". dagstat.gks.ru (in русский). Архивация оригиналалдаса (2023-07-08). Халагьи 2023-07-09.
  5. "Ethnic composition of Azerbaijan 2009". pop-stat.mashke.org.
  6. State statistics committee of Ukraine – National composition of population, 2001 census (Ukrainian)
  7. Къазахстаналъул Республикалъул статистикадул агентлъи. ХЪвай-хъвагӀай 2009. Archived 2012-05-01 at the Wayback Machine (Популациялъул националаб гӀуццӀи Archived 2011-05-11 at the Wayback Machine
  8. "Ethnic composition of Georgia 2014". Pop-stat.mashke.org. Халагьи 2022-03-04.
  9. "Avars - Encyclopedia.com". www.encyclopedia.com.
  10. Ю. А. Жданов. Энциклопедия культур народов Юга России: Народы Юга России. Ростов-на-Дону: Северо-Кавказский научный центр высшей школы, 2005. — 244 с.
  11. (Chirikba V.A. Baskskij i severokavkazskije hazyki//Drevnja Anatolija. Moscow. Nauka, 1985, p. 100; See also: Nikolaev S.L., Starostin S.A. A North Caucasian etymological dictionary. Moscow, 1994
  12. Starlingdb.org
  13. "Аварцы – прошлое и настоящее".
  14. Цитатинабиялъул гъалатӀ:Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб Даг2010 -лъе текст бихьизабун гьечІо
  15. И. М. Дьяконов. Старостин С. А., Хуррито-урартские и восточно-кавказские языки // Древний Восток: Этнокультурные связи- М.: 1988
  16. Дьяконов И. М., Старостин С. А. Хуррито-урартские и восточнокавказские языки // Древний Восток: этнокультурные связи. — Москва: Наука, 1988.
  17. "«Радио Свобода» прекратило вещание на черкесском (адыгском) языке". Архивация оригинал (2017-06-15). Халагьи 2022-10-06. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  18. 3 апреля 2001 года «Радио Свобода» приступило к регулярному вещанию на Северный Кавказ
  19. "Как Радио «Свобода» вещает на Северный Кавказ". Архивация оригинал (2015-07-05). Халагьи 2022-10-06. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)