Перейти к содержанию

Билкан

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Халип:ГӀБ+ Билкан (падар. Balakən, 1991 соналде щвезегӀан Белокан) — Азарбижаналъул Билкан мухъалъул идараталъул марказ, КӀудияб Кавказ мугӀрузул хӀатӀакь Белакенчай гӀорул рагӀалда (Алазаналъул гӀаркьел), Евлах — Лагодехи нухда, Евлах маххул нухалдаса 178 км севергун-бакътӀерхьуда бугеб. Гьеб ккола Азарбижаналда гъоркь бугеб аваразул шагьарлъун.

Билкан рехсон буго XII гӀасруялдаго, гьанир рукӀарал халкъал христианлъи диналде ахӀизе къеркьолев вукӀарав гуржиязул миссионер Пимен Блаженний сабаблъун.

Сон Халкъалъул къадар
1930 7800
2002 27,008
2017 47,800

Машгьурал бакӀал

[хисизабизе | код хисизабизе]
Билкан шагьаралъул парк

Шагьаралда цӀунун буго XVII—XIX гӀасрабазул гӀажаибаб мажгит халатаб михӀмаргун. Музеялда ракӀарун руго гьаб икълималъул гӀадатиял кверзул махщалил тӀагӀелал, батӀи-батӀиял археологиялъул ракьулӀ ратарал тӀагӀелалги.

Билканалда буго кӀудияб шагьаралъул парк 17,5 гектаралъул кӀодолъиялъул ва кварил нухгун[1].

2004 соналдаса бахъун Билканалда буго аэропорт.

Шагьаралда руго гӀемерал заводал.

Билкан ккола 1985 соналда бараб Евлах-Билкан маххул нухлул ахирияб станциялъун.

  1. ↑ "Белакенский район Азербайджана". Архивация оригинал, 2014-12-20. Щвей 2017-02-09.