Перейти к содержанию

Генуб

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Генуб
Росу
Росдал цо роххен
Росдал цо роххен
Генуб герб
Этимология: "Ге́ни" абураб рагӀудаса
Генуб бугеб мес
Карта
Генуб бугеб Онсоколо мухъ
Генуб
Генуб
Генуб бугеб Дагъистаналъул Республика
Генуб
Генуб
Генуб бугеб Россия
Генуб
Генуб
Координатал: 42°45′28″N 46°50′32″E / 42.75778°N 46.84222°E / 42.75778; 46.84222
ПачалихъРоссия
РеспубликаДагъистан
Адм. районОнсоколо мухъ
Росдал советГенуб росу[1]
Борхалъи
495 m (1624 ft)
ЧагӀазул рикӀкӀен
 (2025 ценз)[2]
 • ТӀолаб
5365
 (Аварал)
ДемонимГена́л
Мехалъул зонаUTC+3 ([3])
Почалъул индекс(ал)[4]
368951Edit this on Wikidata
ОКАТО код82253000003
OKTMO код82653420101

Гéнуб ккола Дагъистан республикалъул Унсоколо мухъалъул кӀиабилеб кӀудияб росу.

Генуб росу буго Гендерил щобикь, АваргӀорул рагӀалда. Шура ва МахӀачхъала шагьаралгун гьеб рекӀинабун буго Гендерил тунел.

Ге́нуб лӀугьана авар ге́ни абураб рагӀудасан, -б локативалъул (5 серия) квекудалъун. Гьелда рекъон Генуб-алъул магӀна ккола «гени жаниб бугеб [бакӀ]».

ГӀадамазул къадар

[хисизабизе | код хисизабизе]

Генур бетӀербахъи гьарулел ругел чагӀазде гена́л абула.

2002 соналъ тӀобитӀараб тӀолабго Россиялъул халкъазул рикӀкӀада рекъон, Генуб росдал гӀадамазул къадар бахана 3500-го чиясде. Киналго гьел ккола аварал (магӀарулал).

Цо тарихчагӀазул рикӀкӀадуда рекъон, жакъасеб Генуб росу бугеб бакӀалда гӀадамаз бетӀербахъи гьабулеб букӀанин 400-го соналдаса цебегоян цо пикруги буго, амма гьеб мекъ буго. Генур, аскӀоса гӀебедего гӀадин, гӀасрабаца руго бетӀербахъи гьабулел чагӀи. ТӀоцебе хъвалеб пикру буго росдал тарихчи МухӀамаднабил Ибрагьимовас жиндирго «Генуб. Тарихалъул нугӀзал» абураб тӀохьода [5].

Тарихчи, устаз Расул МухӀамадовасул, рикӀкӀадуда рекъон, Генуб росу ккола некӀсияб Сарир (яги Авар) абураб пачалихълъиядул тахшагьарлъун. Гьеб рикӀкӀен мекъ бугин чӀезабуна тарихчи Тимур Айтберовас. Гьелдаса бахъун Генуб росдал тарих тӀалаб гьабун гьелъул цӀех-рех гьабичӀого тана гӀалимзабаз. Гьединлъидал Генуб росдал кьучӀаб тарих жакъаги мажгьулго хутӀулеб буго.

Генуб Кавказалъул рагъулӀ

[хисизабизе | код хисизабизе]
Паранц Рубоца бахъараб «Штурм аула Гимры» — абураб сурат (1891)

Генуб ккола Кавказалдаго ва тӀолабго дунялалдаго жал машгьурлъарал, кӀиявго Дагъистаналъул Имам ГъазимухӀамад ва Шамил, жанир гьарураб ва гӀураб росулъун.

1817—1864 с.с. Россиялъул пачаяс Кавказалъул халкъал мукӀур гьарун, гьел Россиялда гъоркь инаризелъиялъул мурадалда гьабураб, кӀудияб Кавказалъул рагъул заманаялъ, Генуб росулӀ Пачаясул рикӀкӀен гӀемерал рагъухъабазда данде вагъана Дагъистаналъул тӀоцевесев имам Генуса ГъазимухӀамад. 1832 соналъул 17 октябралъ генерал Розенил бетӀерлъиялда гъоркь букӀараб рагъулазул къокъаялъ Генуб росу кверде босана, халат бахъараб рагъудаса хадуб. ГӀурусазул рикӀкӀен букӀана гьеб рагъулӀ 10 азаргоялдаса цӀикӀкӀун.

Гьеб къоялъ букӀараб хӀалуцараб, захӀматаб, чванлъаб рагъудаса хадуб, гӀурусал Генуре лӀугьана. Гьеб заманаялъ, Дагъистаналъул имам ГъазимухӀамад 15 муридгун цадахъ Гендерил къварилъухъ бугеб рокъор жанир рукӀана. Муридзабазда гьоркьов вукӀана Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул вукӀинисев имам Шамилги. РикӀкӀен цӀикӀкӀарал гӀурусазул боялдаса хвасарлъиялде щаклъи ккедал, имам ГъазимухӀамадица хиял гьабуна, гӀурусазул боялде тӀаде кӀанцӀизе, гьелдалъун гьелги машгъул гьарун, рокъор жанир ругел муридзаби нахъасан къватӀире рорчӀизе. ХӀакъикъаталдаги гьедин ккана, рокъосан къватӀиве «Аллагьу Акбар»-инги ахӀулаго кӀанцӀарав ГъазимухӀамад тушбабазул хучдузда тӀаде ккана ва гьеб бакӀалда шагьидлъана. Рокъор жанир рукӀарал муридзаби нахъасан лӀутун инчӀо, «имам хваралъур хвезе хӀадур руго» — янги ахӀулаго гьез байбихьана тущманасда кьаби щвезабизе. Гьенир гьел киналго шагьидлъана цо имам Шамилги гьесда цадахъ вукӀарав гендерил будунги хутӀизегӀан, гьев кӀиявго квачараб хасало мехалъ ругънада рецӀцӀулаго рохьосан лӀутун Унсоколоре ана.

Гьеб рагъулӀ гӀурусазул 480 го чиясе зарал ккана ва 41 чи чӀвана. ГъазимухӀамад чӀваялдалъун ва Генуб росу гӀурусаз босиялдалъун Кавказалъул рагъул тӀоцебесеб бутӀа лӀугӀана.

Генуб жакъасеб мехалъ

[хисизабизе | код хисизабизе]
2007 соналъ Генуб росдал рохьобе бомба бай

1990 - билеб соналдаса байбихьун жакъа-къоялде щвезегӀанги Генуб росулӀ рачӀун, гӀурусаз росу хъирщула. 2007 соналъул 15 декабралъ росулӀ лъазабуна КТО (гъачагъазда данде гьабулеб рагъулаб ищ) — абун цӀарги лъун, росдал сахал гӀолохъаби хъирщун гьел чӀвазе. Гьеб "рагъулаб ищ" гьабиялъе хӀужжалъун бачана 15 декабрялъ росулӀ, Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул депутат ГъазимухӀамад МухӀамадов чӀвай[6].

2012 соналъул 10 январалъ Генубе бачӀана 150 гоялдаса цӀикӀкӀун рагъулаб бакӀаб техника. Россиялъул низам цӀунулез росу сверун ккуна. Жанире—къватӀире гӀадамал риччачӀо. Къаси сагӀат 8-гоялдаса радал сагӀат 7-го тӀубазегӀан рукъалъул рагьдегицин рахъине изну букӀинчӀо гендерие. Росу чанго батӀияб секторалде бикьун, щибаб рокъоре лӀугьун рукъзал хъирщана[7].

13 январалъ рузманалдаса рахъарал гендерил гӀолилал рукӀана росдал къулгӀадухъ хабар-кӀалалда. Цересан ине рукӀарал низам цӀунулез гьезие рагӀи балагьана. Ккана дагӀба, низам цӀунулез гьаваялде кьвагьана цо чанго нухалъ. Гьеб рагӀарал росуцоял ва рузман къоялъ росулъе бичи-хисиялъе рачӀун рукӀарал гьалбал тӀаде руссана. ЧӀахӀиял гӀадамаз гӀолилал нахъе рачана ва низам цӀунулел нахъе ана. Гьелдаса хадуб росулӀ кӀудияб данделъи гьабуна[8], ва росдал жамагӀаталъ жидерго вакилзаби ритӀана, росдал аххада чадралги чӀван ругел низам цӀунулезухъе. Вакилзабаз гьезда абуна, метералде росулӀа къватӀире инчӀони Рихьуни ГЭСги рахан, республикаялъулаб нух МахӀачхъала - Мамрашги рахан жамагӀаталъ рази гьечӀеблъи загьир гьабизе буго-ян. Нахъисеб къоялъ радал 10-го тӀубалелде гьез росу тана.

  • Генуб буго 400 МВт къуваталъул, лъагӀалида жаниб 1,28 млрд кВт·ч. кьолеб Рихьуни, яги Иргьан ГЭС.
  • Консервазул завод ООО «Генуб».

Тарихиял бакӀал

[хисизабизе | код хисизабизе]
  • Гендерил сангар (Имам ГъазимухӀамад шагьидлъараб бакӀ)
  • Имамзабазул аллея (росдал бакьулӀ)
  • Накъшубандияб тӀарикъаталъул щайих Генуса ГӀабдуллагь хӀажияс бараб бихьиназул хӀамам
  • Шамилги ГъазимухӀамадги цӀалараб мадраса
  • Гендерил тарихияб музей
  • Мадраса
  • Гендерил машинабазул тоннель

Машгьурал росуцоял

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. ↑ "Закон Республики Дагестан от 13 января 2005 года № 6 «О статусе муниципальных образований Республики Дагестан»" [Дагъистаналъул Республикаялъул акт 2005 сонил 13 январалдаса N 6 «Дагъистаналъул Республикаялъул муниципалал гӀуцӀабазул статусалъул»]. Архивация оригинал, 2022-04-07. Щвей 2022-06-20.
  2. ↑ Численность постоянного населения Российской Федерации по муниципальным образованиям на 1 января 2025 года (гІурус) — М.: Росстат, 2025.
  3. ↑ "Об исчислении времени". Официальный интернет-портал правовой информации. 3 юн 2011. Щвей 19 январ 2019.
  4. ↑ Почта России. Информационно-вычислительный центр ОАСУ РПО. (Russian Post). Поиск объектов почтовой связи (Postal Objects Search) (мацӀ: гӀурус)
  5. ↑ «Гимры. Свидетели истории» Магомеднаби Ахмадович
  6. ↑ Режим СКПО в дагестанском селе Гимры будет снят в начале августа, сообщает МВД (хвараб регӀел)
  7. ↑ В Дагестане жители Унцукульского района заявляют о блокировании силовиками селения Гимры
  8. ↑ "В Гимрах состоялся сход сельчан". Архивация оригинал, 2013-05-14. Щвей 2012-06-04.

Халип:Унсоколо мухъалъул росаби