ГӀабдулаев, ХӀажил МухӀамад

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ГІабдулаев, ХІажил МухІамад» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
ГІабдулаев ХІажил МухІамад
ГІабдулаев ХІажил МухІамад
Байрахъ
Байрахъ
4-ев Имарат Кавказалъул амир
12 август 2015 — 17 августа 2015
(цІаралда гъоркь Абу Дуджана Гимравий)
Цеве вукІарав: МухІамад Сулайманов
Байрахъ
Байрахъ
2-ев Вилайят Дагъистаналъул МугІрузул бутІаялъул амир
30 сентябрь 2014 [1] — 12 август 2015
Цеве вукІарав: МухІамад Сулайманов
 
Дин: Ислам, салафияб мазгьаб
Гьави: 26.12.1984
Генуб росо, Унсоколо мухъ, Дагъистан, Россия
Хвей: 17.08.2015
Генуб росо, Унсоколо мухъ, Дагъистан, Россия
Эмен: ГІабдулаев ХІажи
Лъимал: 3
Миллат: МагІарулав
Лъай: Димишкъалъул Тагьзиб ва ТагІлим институт
Хъулухъ: гъазичи
 
Рагъул хъулухъ
Гъорлъе уна: Халип:Флаг / Имарат Кавказ (2014-2015)
Рагъул цІар: баянал гьечІо
Къеркьей: Шималияб Кавказалда къеркьей


ГІабдулаев ХІажил МухІамад, гьев вуго МухІаммад абу Дуджана ал-Гимравий (гь. 1984 соналъ, Генуб, Унсоколо мухъ, Дагъистаналъул АССР, РСФСР, СССР — хв. 2015 соналъул 17 августалъ, гьебго бакІалда) — дагъистаналъул мужагьид, 2015 соналъул 30 сентябралдаса бахъун «вилайят Дагъистаналъул» «МугІрузул бутІаялъул» амир[2]. МухІамад Сулайманов чІван хадуб гьев вачІана Имарат Кавказалъул ункъабилев амирлъун ва гьеб хъулухъалда анлъго къо гурони бачІо.


Биография[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьавуна 1984 соналъ Унсоколо мухъалъул Генуб росулъ.

2003 соналдасан байбихьун шаргІиял гІелмаби цІалан Сириялда, 2010 соналъ лъугІизабуна Димишкъалъул Тагьзиб ва ТагІлим абураб шаргІиял гІелмабазул институт, цинги Дагъистаналде тІад вуссана.

2013 соналдасан бахъун вукІана дагъистаналъул мужагьидзабазул къокъабазда гъорлъ.

2013 соналъ Сириялде ана Башар Асадил пачалихъибя армиягун вагъиялъул мурадалда ва гьебго соналъ Сириялъул шималияб рахъалде щвейгун «Шайх Сулейман» абулеб ХІалаб шагьаралъул бакътІерхьуда бугеб лагералда рагъул гьунарал лъазаруна. ГІахбаллъи гьабуна Асадил армиялде данде гьарурал чанго рагъазулъ[1]

2014 соналъул бакьулъ заманаялда Дагъистаналде тІад вуссана лъикІаб рагъул гьунарги щун ва заманго инчІого Абу ГІусманил бетІерлъиялда гъоркь бугеб «Гендерил жамагІат» абулеб жигьад гьабулезда гъорлъе лъугьана. 2015 соналъ байгІат кьуна дагъистаналъул мужагьидзабазул амир ГьаракІуниса СагІидие[3].


Хвел[хисизабизе | код хисизабизе]

2015 соналъул 17 августалъ Генуб росдал парсазда гІурусазулгун ккараб рагъул хІасилалда шагьидлъана[4].



ХІужаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. 1,0 1,1 МухIаммад Абу Дуджана Гимринский — амир ГС ВД. (хвараб регӀел)
  2. Боевиков горного Дагестана возглавил воевавший в Сирии уроженец Гимров
  3. Присяга амира ГС МухIаммада абу Дуджаны Гимринского. (ВИДЕО) (хвараб регӀел)
  4. "Один из убитых в Гимрах предварительно опознан как амир горного сектора»".
Цеве вукІарав:
МухІамад Сулайманов
Имарат Кавказалъул амир
12 - 17 август 2015
Хадув вачІарав:
'