Мах
Мах (ма́хил, ма́хал) — Махилал (Betulaceae) хъизамулӀе унел тӀабортулел гъутӀбузулги хъархъазулги сибтӀ. ГӀатӀидго мах тӀибитӀун буго Шималияб гьемисфералда; Россиялъул ракьазда буго гьеб бищун гӀемер. ГӀаммго букӀине бегьула нусго яги гьелдаса цодагьалъ цӀикӀкӀун регӀал. ГӀемерисел махил регӀал тӀиритӀун ун руго, гьел ккола рохьлӀугьинабулеб жадаб брид (гӀур.: порода).

Махил бутӀаби хӀалтӀизарула къайи-цӀелӀ: цӀул, макъар, махистӀа (махил макърал тӀасияб тӀала), махил лъинча. ТӀаби ги тӀанхал медициналда хӀалтӀизарула: тӀанхазулги тӀабазулги релъ гьекъола бактериял чӀвавуе, кӀващтӀагӀуе, ругънал ракъвавуе, цӀа нахъекьабуе, цинги махил тӀабазул экстракт хӀалтӀизабула тӀомол лъилъуе. Цо-цо махил регӀал хӀалтӀизарула хурзалцӀунуе гӀоло, цинги декоративияб ахихъанлъулӀ.
Цо-цо миллатазул културазда (славазул, скандинавал, финно-угорал) махие кьола аслияб мес.
Этимология
[хисизабизе | код хисизабизе]Латинаб сибтӀулаб цӀар галл мацӀалдаса (хвараб келтазул мацӀ) бачӀараб ккола.
Авараб «мах» абураб рагӀи лӀугьана инскавказияб *mħĕrqwĕ ( ~ -ʕ-, -ɨ̆) кьолболӀан (гьенисанго рачӀана лак. мархъ «тӀохокь лъолел хӀубал», дарг. махъ, дарг. чирахъ. махъв «мах, махигъветӀ», таб. мурхлун гьар, криз., будух. мерх «мах, махигъветӀ»).[1]
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ Старостин, Сергей. "*mħerqwe ( ~ -ʕ-, -ɨ)". The Tower of Babel.