Перейти к содержанию

Авар сверухълъи

Координатал: 42°32′42″N 46°42′25″E / 42.54500°N 46.70694°E / 42.54500; 46.70694
Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Авар сверухълъи
Авар округ
Авар округ Дагъистаналъул областалда
Авар округ Дагъистаналъул областалда
ПачалихъРоссиялъул империя
СардарлъиКавказ
ОбластДагъистан
ГӀуцӀи1864
ТӀагӀинаби1928
ЦентерХунзахъ
ГӀатӀилъи
 • ТӀолаб
1306,80 km2 (0504 sq mi)
ЧагӀазул рикӀкӀен
 (1916)
 • ТӀолаб
35 749
 • Гъункел27/km2 (71/sq mi)
 • Росдалаб
100,00%

Авар сверухълъи, ялъуни Авар округДагъистаналъул вилаяталда ва Совет Дагъистаналда гъорлӀ административияб цвел (округ), жиб 1864–1928 соназда букӀараб. Элъул административияб центер букӀана Хунзахъ.[1]

Дагъистаналъул вилаяталда гъорлӀ Авар сверухълъи гӀуцӀана 1864 соналъ, Авар ханлъи тӀагӀинабун, элъул букӀараб территориялда. 1865 соналъ, Авар сверухълъуде гъорлӀе бачана хьиндалазул бодул цӀикӀкӀанисеб территория, Хьиндал наиблъи гӀадин.[2] Хьиндалазул бодул БуцӀра, ГӀуркӀачӀиб, Могьохъ, ХӀоцоб, Шагьада росаби рачана Хунзахъ наиблъуде гъорлӀе.[3]

1921 соналъ эб ана Совет Дагъистаналде гъорлӀе. 1928 ноябралда Дагъистаналъул АССРалда гьабуна кантоназде рикьи, ва киналго сверухълъаби гӀадин, Авар сверухълъиги тӀагӀинабуна.

Административияб рикьи

[хисизабизе | код хисизабизе]

1895 соналъ, 1493.8 кв. км. гӀатӀилъи бугеб Авар сверухълъуда букӀана 81 росу, жиндица 55 росдал жамагӀат гӀуцӀулеб, эл рикьун рукӀана 4 наиблъуде: Бакълъухъ (центер — Гъоркьбакълъухъ), Хьиндал (центер — Унсоколо), Хунзахъ, ЦӀатӀанихъ (центер — Харахьи).[4][5]

Бакълъухъ наиблъи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Наиблъи гӀуцӀун букӀана анкьо росдал жамагӀаталдаса, жиндица Жанисеб Авариялъул Кьурукь регионалъул анцӀабго росу жанибе бачараб. Гьенир рукӀана 970 цӀаракиги, 3251 чиги. Наибасулаб чӀел букӀана Гъоркьа Бакълъухъ.[6]

Бакълъул наиблъул росаби
ЖамагӀат Росу ЦӀараки ЧагӀазул
рикӀкӀен
Бо
1 Бакълъухъ Гъоркьа Бакълъухъ 180 571 Кьурукьел
ТӀаса Бакълъухъ 73 239 Кьурукьел
2 Гьандихъ 172 595 Кьурукьел
3 Гьолокь 231 735 Кьурукьел
4 ЗанатӀа 59 202 Кьурукьел
5 Къваниб 84 292 Кьурукьел
6 Могьохъ 74 243 Кьурукьел
7 НитӀаб Малиданахъа 22 80 Кьурукьел
НакӀкӀикь (БатинчӀиб) 35 130 Кьурукьел
НитӀаб 40 164 Кьурукьел

Хунзахъ наиблъи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Наиблъи гӀуцӀун букӀана 22 росдал жамагӀаталдаса, жинца 39 росу жанибе бачараб. Эзда гъорлӀ рукӀана хундерил бодул киналгоги, хӀебдалазул бодул цӀикӀкӀаниселги, хьиндалазул щугоги росаби. Эб кколаан Авар сверухълъул бищун чи гӀемераб наиблъи, гьениб букӀана 3,764 цӀараки, чагӀазул рикӀкӀен букӀана 15,336 чи. Сверухълъулги, наиблъулги чӀел букӀана Хунзахъ.[7]

Хунзахъ наиблъул росаби
ЖамагӀат Росу ЦӀараки ЧагӀазул

рикӀкӀен

Бо
1 БакьайичӀиб 183 788 ХӀебдалал
2 БуцӀра БуцӀра 177 675 Хьиндалал
Шагьада 63 279 Хьиндалал
3 Гиничукь 118 457 Хунз
4 ГьамищтӀа ГьамищтӀа 32 141 Хунз
Жалакьури 50 190 Хунз
ЦӀалкӀитӀа 29 97 Хунз
5 ГьацӀалухъ 85 364 ХӀебдалал
6 ГьоцӀалӀ 312 1089 Хунз
7 ГӀахьалчӀиб 237 843 ХӀебдалал
8 ГӀобода Гозолоколоб 43 146 Хунз
Гъоркьколоб 63 272 Хунз
ГӀобода 183 734 ХӀебдалал
9 ГӀуркӀачӀиб 79 298 Хьиндалал
10 Ингердахъ (Ингурдахъ) 105 490 ХӀебдалал
11 КӀахъ КӀахъ 46 221 Хунз
ХӀариколоб 71 330 Хунз
12 ЛъагӀелухъ ЛъагӀелухъ 37 171 Хунз
ТӀекитӀа 28 111 Хунз
13 МестӀерухъ 117 504 ХӀебдалал
14 Могьохъ ЧӀабтӀи-Могьохъ 164 622 Хьиндалал
ХӀоцоб 38 160 Хьиндалал
15 Сивухъ 173 772 ХӀебдалал
16 ТӀагьада ТӀагьада 39 160 Хунз
ХъахӀикӀкӀал 29 124 Хунз
Уздалросу 44 184 Хунз
17 ТӀанусиб ГӀебутӀа 23 108 ХӀебдалал
ТӀанусиб 148 589 ХӀебдалал
18 ТӀукитӀа 156 643 Хунз
19 Хунзахъ Байикь 36 176 Хунз
Гъонохъ 44 172 Хунз
ИлӀа 36 153 Хунз
Хунзахъ 406 1768 Хунз
ЦӀада 45 189 Хунз
ЧӀондокь 48 199 Хунз
20 Хьимакъоро Хьимакъоро 44 196 Хунз
Шотода 68 231 Хунз
21 ЦӀелмес 61 260 Хунз
22 ЦӀолода 101 430 Хунз

Хьиндал наиблъи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Наиблъи гӀуцӀун букӀана 14 росдал жамагӀаталдаса, жиндица хьиндалазул бодул 15 росу жанибе бачараб. Гьенир рукӀана 2921 цӀаракиги, 9958 чиги. Наибасул чӀел букӀана Онсоколоб.[8]

Хьиндал наиблъул росаби
ЖамагӀат Росу ЦӀараки ЧагӀазул

рикӀкӀен

Бо
1 Балахьуни Балахьуни 292 904 Хьиндалал
ЩулалъутӀа 16 64 Хьиндалал
2 БекьилӀ 90 335 Хьиндалал
3 Генуб 315 1125 Хьиндалал
4 ГьаракӀуни 385 1190 Хьиндалал
5 ГӀашилтӀа 115 478 Хьиндалал
6 Зирани 44 160 Хьиндалал
7 Игьали 325 1135 Хьиндалал
8 ИнкӀкӀвалитӀа 40 176 Хьиндалал
9 Къудукь 214 658 Хьиндалал
10 МокӀсохъ 80 309 Хьиндалал
11 Онсоколо 611 288 Хьиндалал
12 Рихьуни 188 613 Хьиндалал
13 ХарачӀиб 108 382 Хьиндалал
14 ХъахӀабросу 98 341 Хьиндалал

ЦӀатӀанихъ наиблъи (Нахъахьиндал)

[хисизабизе | код хисизабизе]

Наиблъи гӀуцӀун букӀана 11 росдал жамагӀаталдаса, жиндица 17 росу жанибе бачараб. Эзда гъорлӀ рукӀана нахъахьиндалазулги хӀебдалазулги росаби. Гьенир рукӀана 1716 цӀаракиги, 6236 чиги. Наибасул чӀел букӀана Харахьи.[9]

ЦӀатӀанихъ наиблъул росаби
ЖамагӀат Росу ЦӀараки ЧӀагӀазул

рикӀкӀен

Бо
1 Гьамущи Бакъда Гьамущи 147 550 Нахъахьиндалал
Хьунда Гьамущи 30 137 Нахъахьиндалал
2 Гьарадерихъ БакьулӀ-Гьарадерихъ 66 235
Гъоркьа-Гьарадерихъ 39 148
ТӀаса-Гьарадерихъ 65 260
3 ГӀоротӀа 183 629 Нахъахьиндалал
4 ГӀочӀло ГӀочӀло 52 221
ТӀадколоб 22 96
5 ИштӀибури ИштӀибури 53 292 ХӀебдалал
ИштӀибури-Колоб 75 286 ХӀебдалал
6 Кьохъ 327 1032 Нахъахьиндалал
7 МочӀохъ 116 418
8 Мущули 72 294 Нахъахьиндалал
9 Харахьи 184 699 Нахъахьиндалал
10 Хьиндахъ ГохӀаколоб 57 191 Нахъахьиндалал
Хьиндахъ 74 254 Нахъахьиндалал
11 ЦӀатӀанихъ 148 603 ХӀебдалал

1913 соналде Авар сверухълъи бикьулаан кӀиго бутӀаялде: Хунзахъ бутӀа, 596.71 кв. км. гӀатӀилъигун, Хьиндал бутӀа, 710.09 кв. км. гӀатӀилъигун.[10] Хунзахъ бутӀаялъул гӀатӀилъи букӀана 596.71 кв. км., элъ гъорлӀе бачунаан 64 росу, 26 жамагӀаталде бикьараб. Гьениб букӀана 4,521 цӀараки, чагӀазул рикӀкӀен букӀана 19,676.[11]

Хунзахъ участок
ЖамагӀат Росу ЦӀараки ЧагӀазул рикӀкӀен
1 БакьайичӀиб 1 168 876
2 БуцӀра 3 246 1136
3 Гиничукь 1 106 396
4 Гьамущи 1 163 578
5 ГьацӀалухъ 1 86 366
6 Гьарадерихъ 3 157 564
7 ГьоцӀалӀ 4 331 1204
8 ГӀахьалчӀиб 6 202 1041
9 ГӀобода 3 283 1223
10 ГӀоротӀа 1 164 732
11 ГӀочӀло 2 72 322
12 ГӀуркӀачӀи 1 79 310
13 Кьохъ 1 330 1320
14 КӀахъ 2 118 510
15 ЛъагӀелухъ 2 65 230
16 МочӀохъ 2 122 490
17 Мущули 1 89 328
18 Сивухъ 1 177 844
19 ТӀагьада 5 109 520
20 ТӀанусиб 2 172 858
21 Харахьи 2 205 975
22 Хунзахъ 11 657 3222
23 Хьимакъоро 2 104 435
24 Хьиндахъ 2 143 501
25 ЦӀалкӀитӀа 3 105 425
26 ЦӀелмес 1 68 279
ТӀолго 64 4,521 19,676

1926 соналде сверухълъиялъул административияб гӀуцӀи букӀана хадусеб ункъго бутӀа: Бакълъухъ (центер — Гьандихъ), Хьиндал (центер — Унсоколо), Харахьи ва Хунзахъ.

Россиялъул империялъул ценз (1897)

[хисизабизе | код хисизабизе]

1897 соналъул Россиялъул империялъул агьлулъиялъул къадар рикӀкӀиналъул бяназда рекъон, Авар сверухълъиялъул агьлулъи букӀана 37 639 чи, гьезул 18 890 бихьинчи ва 18 749 чӀужугӀадан. Халкъалъул цӀикӀкӀанисезул рахьдал мацӀлъун букӀана Авар.[12]

Авар сверухълъиялъул лингвистикияб гӀуцӀи (1897 сон)[12]
МацӀ КӀалъалезул къадар %
Авар 36,063 95.81
ГӀараб 912 2.42
ГӀурус 428 1.14
Украин 83 0.22
Пол 26 0.07
Дарги 18 0.05
Тум 13 0.03
ЖугьутӀ 12 0.03
Гуржи 11 0.03
Герман 7 0.02
Армен 6 0.02
ЛъарагӀ 5 0.01
Курал 4 0.01
Татар[a] 4 0.01
Чачан 1 0.00
Парс 1 0.00
Цогидал 45 0.12
КИНАВНИГИ 37,639 100.00

Сверухълъиялъул марказ Хунзахъ гӀумру гьабун вукӀана 1587 чи.[13]

Кавказияб Календар (1917)

[хисизабизе | код хисизабизе]

Кавказияб Календаралъул 1917 соналъулаб басмаялда рекъон, 1916 соналъ Авар сверухълъиялда гӀумру гьабун вукӀана 35 749 чи, гьезул 17,956 бихьинчи ва 17 793 чӀужугӀадан, гьел киназдасаго 34 935 чи вукӀана кидаго гӀумру гьабун вугев, 814 чи вукӀана заманалъ чӀарав:[14]

Халкъ Къадар %
Шималкавказиял 34,957 97.78
ГӀурусал[b] 666 1.86
Цогидал европиял 91 0.25
ЖугьутӀал 31 0.09
Армениял 4 0.01
КИНАВНИГИ 35,749 100.00
  1. ^ Хадуб Къажар мацӀилан гьабураб.
  2. ^ Кавказияб Календаралъ ратӀа гьарун гьечӀо гӀурусал, украинал, ва белорусал.
  1. ^ Tsutsiev, Arthur (2014). Atlas of the Ethno-Political History of the Caucasus. Буссинаби: Nora Seligman Favorov. New Haven: Yale University Press. ISBN 9780300153088.
  2. ^ РД: Адм. устройство 2001, гь. 20.
  3. ^ Воронов, Н. И. (1869). "II. Список населенных мест в Дагестанской области". Сборник статистических сведений о Кавказе [Кавказалъул рахъалъ статистикиял баяназул бакӀари]. Т. 1. Тифлис: Кавказский Отдел Императорского Русского Географического Общества. гь. 32. Щвей 20 август 2025.
  4. ^ Памятная книжка 1895, гь. 166.
  5. ^ РД: Адм. устройство 2001, гь. 21.
  6. ^ Памятная книжка 1895, гь. 168.
  7. ^ Памятная книжка 1895, гь. 184.
  8. ^ Памятная книжка 1895, гь. 174.
  9. ^ Памятная книжка 1895, гь. 186.
  10. ^ Кавказский календарь на 1913 год [Caucasian calendar for 1913] (68th ред.). Tiflis: Tipografiya kantselyarii Ye.I.V. na Kavkaze, kazenny dom. 1913. гьгь. 144–151. Архивация оригинал, 19 април 2022.
  11. ^ РД: Адм. устройство 2001, гь. 46.
  12. ^ a b "Демоскоп Weekly - Приложение. Справочник статистических показателей". www.demoscope.ru. Щвей 2022-07-03.
  13. ^ Демоскоп Weekly — Приложение. Справочник статистических показателей (гІурус). Дата: 24 декембер 2009. Архивация: 16 септембер 2011 сон.
  14. ^ Кавказский календарь на 1917 год [Caucasian calendar for 1917] (72nd ред.). Tiflis: Tipografiya kantselyarii Ye.I.V. na Kavkaze, kazenny dom. 1917. гьгь. 186–193. Архивация оригинал, 4 новембер 2021.

42°32′42″N 46°42′25″E / 42.54500°N 46.70694°E / 42.54500; 46.70694