Перейти к содержанию

Итал мацӀ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Итал мацІ (italiano [itaˈljaːno] яги lingua italiana [ˈliŋɡwa itaˈljaːna]) — гьиндгин европаялъулал мацІазул хъизаналъул романияб мацІ. Итал мацІ лІугьана Румалъул империлъул вулгарияб латиналдаса. это романский язык из индоевропейской языковой семьи. Миллиялги регионалиялги мацІазул хал-шал гьабулаго бихьула итал ва сардин мацІал кІиябго цадахъ латин мацІалдаса бищун батІиял рукІин.[1] Итал мацІ буго расмияблъун Италиялда, Швейцариялда (Тичино ва Граубюнден), Сан-Мариноялда ва Ватиканалда. Гьелъул буго дагьбутІаялъул расмияб мацІалъул статутс БакътІерхьул Истриялда (Хорватия ва Словения).

Цебе гьелъул букІана расмияб статус Албаниялда, Мальтаялда, Монакоялда, ЧІегІермагІарда (Котор), Грециялда (Иониял чІинкІиллъаби ва Додеканес), гьединго цере рукІарал Италиялъул Бакъбаккул Африкаялъу ва Италиялъул Шималияб Африкаялъул колониалиял районаздаги, жеги-жеги гьениб итал мацІалъ хІалеб буго кІвар бугеб роль батІи-батІиял секторазда. , where it still has a significant role in various sectors.

Итал мацІалда кІалъала иммигрантазул ва экспатриантазул чІахІиял жамагІатал Америкаялда ва Австралиялда.[2] Итал мацІ гъорлІе бачун буго Европаялъул регионалиял ва дагьбутІабазул мацІазул хартиялъ кколел мацІазул сияхІалде Босния ва Гьерцеговинаялда ва Румыниялда, итал мацІ гьел пачалихъазда я расмияб, я цІунараб мацІлъун кколеб гьечІониги.[3][4] ГІемерисел итал мацІалда кІалъалел гІадамал ккола билингвал, жидеца итал (яги стандартияб, яги регионалияб форма) ва гьединго Италиялъул цогидаб регионалияб мацІ бицунел.[5] ГІаммаб къагІидаялъ итал мацІ бичІчІула Корсикаялда корсик мацІалда кІалъалезда (гІемерисел лингвистаз корсик мацІ классификинабула итал мацІалъул сверел гІадин).

  1. ^ "Romance languages". Encyclopædia Britannica. Щвей 19 February 2017. ...if the Romance languages are compared with Latin, it is seen that by most measures Sardinian and Italian are least differentiated... {{cite encyclopedia}}: Check date values in: |access-date= (help)
  2. ^ Ethnologue report for language code:ita (Italy) – Gordon, Raymond G., Jr. (ed.), 2005. Ethnologue: Languages of the World, Fifteenth edition. Dallas, Tex.: SIL International. Online version
  3. ^ "Languages covered by the European Charter for Regional or Minority Languages" (PDF). (PDF)
  4. ^ "MULTILINGVISM ŞI LIMBI MINORITARE ÎN ROMÂNIA" (PDF) (in румынский). Архивация оригинал (PDF) (14 December 2019). Щвей 13 June 2019. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= ва|archive-date= (help)
  5. ^ "Italy". Ethnologue. 19 February 1999. Щвей 22 October 2015. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= ва|date= (help)

КъватІисел регІелал

[хисизабизе | код хисизабизе]
«Википедиялъул» логотип
«Википедиялъул» логотип

«Википедиялда» буго бутІа
[[:{{{1}}}:| {{{3}}} мацІалда ]]
[[:{{{1}}}:{{{2}}}|«{{{2}}}»]]

Халип:Sister project links