Перейти к содержанию

Авар–гӀандиял мацӀал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Авар–гӀандиял мацӀал
Географияб
тӀибитӀи
Дагъистан
Чачан
Лингвистикияб классификацияХьондакавказияб
  • Авар–гӀандиял мацӀал
Инс-мацӀИнс-авар-гӀандияб
Гъоркьрикьи
GlottologГьечӀо
  Авар–гӀандиял

Ава́р–гІанди́ял мацІал ккола хьонда-бакъаккул кавказияб мацӀазулаб хъизамул анкьго кьучӀаб гӀаркьалил цояблъун; цо-цо цӀунтӀиял мацӀазда цадахъ эб цойиде бачуна авар–гӀандияб–цӀунтӀияб къокъаялде. ГӀаркьел бикьула авар ва гӀандиял мацӀазде. Жинда 800,000 гӀанасев чи кӀалъалеб авар мацӀ буго литературияблъун гӀандиял мацӀал рахьдалаблъун кколев 60,000 чиясеги , гьединго гӀагарал цӀунтӀиял мацӀазда кӀалъалезеги.

Хронологиял гӀурхъаби авар–гӀандияб, гьединго жибго гӀандияб къокъаги бикьиялъул руго батӀиял: авар–гӀандияб — НЩ 2-абилеб азарсонидаса нилӀер эралде щун, гӀандияб — НЩ 1-себ азарсонил кьороса VIII нусраде щвезегӀан. М. Е. Алексеевас тӀарамагъадисеб букӀараб мехлъун рикӀкӀунеб буго нилӀер эра байбихьаралдаса VIII нусриде щвезегӀан;[1] Ю. Б. Коряковас, глоттохронологиялъул баяназде мугъчӀвайги гьабун, авар–гӀандияб къокъа бикьи босулеб буго НЩ 2-абилеб азарсонил, гӀандияб бикьи — НЩ 1-себ азарсонил кьоробе.[2]

ГъорлӀе рачуна Авар, багвалазул, балъхъадерил, гъодоберисезул, гӀандисезул, кӀкӀаратӀисезул, тӀиндисезул, гӀахьвалазул, чӀамалазул мацӀал.[3][4][5] Авар мацӀ буго киназего, цадахъ цӀунтӀсезеги болмацӀлъун.

Main areas of Northeast Caucasian languages

Шулцида (2009) рекъон Авар–гӀандиял мацӀазул буго хадусеб хъизамулаб гъветӀ:

ГӀандиял мацӀал, И. М. Дяконовасдаги С. А. Старостинидаги рекъон, рикьула щуго гьитӀинаб субгрупалде, (авар мацӀ хъалеб буго авар–гӀандиял мацӀазул анлӀабилеб (бакъаккул) субгрупалъун)[6]:

Глоттохронологиял баяназ бихьизабулеб буго инс-гӀандияб мацӀ групазде биххи цомехда лӀугьинчӀолъи. Гьелда хурхун Ю. Б. Коряковасл батӀахъулеб буго лъабго група батӀиял цӀаралгун.[7]:

Инс-форма АВ БГВ БЛЪ ГЪД ГӀНД ГӀХЬ ККӀР ТӀНД ЧӀМЛ
1 *di-n dun / дун dẽ den(i) den den dene den de dī̃
2 *mi-n mun / мун mẽ min min men mene men me
7 hab / гьаб гьабе
11 щив
12 щиб
22 *ci- co / цо se-b se-b se-b ce-w če-be ce-b se-b se-b
23 *ḳi- ḳi-go / кӀиго ḳ́e-ra ḳe-da ḳ́e-da č̣e-gu ḳe-da ḳe-da ḳ́e-ja eč̣i-da
45 ччугӀа
47 *χʷoʔi hoj / гьой hʷaj χʷaj χʷaji χʷoj χʷē χʷaj χʷā χʷaj
48 наццӀ
64 *biHV, *ħinHi bi / би hin hini
65 *roƛ̣:i raƛ̣:á / ракьа raƛ̣: raƛ̣:ir raƛ̣:in roƛ̣:i raƛ̣:i raƛ̣:e raƛ̣:i jaƛ̣:il
67 *qonu χonó / хоно χanu qonu qanu hanu χan
68 лӀар
69 *roč̣:V rač̣: / раччӀ
73 *ħandi ʕin / гӀин haḳ́iṭa hanṭuḳa hanṭiḳa hãde hanṭiḳa hanḳ́iṭa anna
74 *ħarHi ber / бер hač̣a haj haj harḳu ḳeha harḳa haḳ́a hač̣a
75 *mihar meʕér / мегӀер miʕar miʕar mihar mahar miʕa miʕar mijar maj
77 *coluj ca / ца salu salu sol čilo sale salu salʷ
78 *mic̣:i mac̣: / маццӀ mic̣: mic̣:i mic:i mic̣:i *mic̣:i mac̣:i mic:i miṣ
83 *kʷo- kʷer / квер
103 лъазе
109 хвезе
128 кьезе
147 *bV(r)q̇:V, *miʎi baq̇: / бакъ miʎ mĩhi miʎi miʎi miʎi miʎe miʎi miʎ
148 *birc̣:ʷi moc̣: / моцӀ boc̣: purc̣:u purc:u borc̣:i boc̣:o borc̣:o boc:u boṣ
150 *ʎ:inʔi ʎ:im / лъим ʎ:ẽ ʎ:eni ʎ:eni ʎ:en ʎ:eni ʎ:ẽji ʎ:ẽ ʎ:ī̃
155 *c̣:onʔi c̣:am / цӀам c̣:ãʔi c̣:ãʔi c:ãji c̣:on c̣:ani c̣:ãji c:ā̃ ṣā̃
156 гамачӀ
163 гьури
179 *c̣aʔi c̣a / цӀа c̣aj c̣aj c̣aji c̣a č̣ari c̣aj c̣ā c̣ā
179 лъагӀел
182 *=ic̣- цӀураб
183 *c̣inhV- c̣íja-b цӀияб c̣inu-b c̣ĩu c̣ĩju c̣iw č̣ĩ-da c̣ijo-m c̣ĩhu-b c̣ĩw
207 *c̣:iri c̣:ar / цӀар c̣:er c̣:eri c̣:eri c̣:er c̣:eri c̣:eri c:era
Авар–гӀандиял
Авар
Хьондасел

Хундерил

Бакъаккул

БакътӀерхьул

БолмацӀ
Бакъдасел

Гьидерил

ГӀандалазул

Анцухъдерил

ГьочотӀисезул

Закаталисезул

Къаралазул

Бакълъухъезул

Къелдерил

КъехӀдерил

БецӀдерил

ГӀунтӀадерил

Щулелъдерил

Инс-авар
ГӀандиял
ГӀандисезул

ТӀаса-гӀандисезул

Гъоркьа-гӀандисезул

ГӀахьвалазул

ЦӀунтӀа-гӀахьвалазул

Кьанусезул

КкӀаратӀисезул

КкӀаратӀисезул

ГӀанчихъезул

РацилӀезул

Инхелосезул

Сивухъезул

ТӀукитӀисезул

Балъхъадерил

Болъихъезул

МигӀарсосезул

Гъодоберисузул
ЧӀамалазул

ГьигьалӀезул

ЧӀамалазул

Багвалазул

Кванадисезул

Хуштадисезул

Лъиссисезул

ТӀиндисезул

ТӀаса-тӀиндисезул

Гъоркьа-тӀиндисезул

авар група
гӀандияб група
Инс-мацӀ

Ралагье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. ^ Алексеев 1999, гь. 216.
  2. ^ Коряков 2006, гь. 26.
  3. ^ "Avar alphabet, language and prounciation". omniglot.com. Щвей 2022-12-13.
  4. ^ Concise Encyclopedia of Languages of the World (in английский). Elsevier. 2010-04-06. ISBN 978-0-08-087775-4.
  5. ^ "Caucasian Languages". georgehewitt.net. Щвей 2022-12-13.
  6. ^ Дяконов & Старостин 1988, гь. 165.
  7. ^ Коряков 2006, гь. 28.

Халип:Авар–гӀандиял мацӀал