ГӀандиял мацӀал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ГӀандиял мацӀал
Географияб
тӀибитӀи
Дагъистан
Лингвистикияб классификацияХьондакавказиял
Glottologandi1254

ГӀандиял мацӀал руго хьондакавказияб хъизамул мацӀал. Авар мацӀалда цадахъ эл уна гьеб хъизамул авар–гӀандияб гӀаркьалиде гъорлӀе. Гьединго цӀунтӀиял мацӀазда цадахъ эл цойиде рачуна авар–гӀандияб–цӀунтӀияб къакъа гӀадинан. ТӀиритӀун руго гӀандиял халкъазда гьоркьоб Дагъистаналъул бакътӀерхьуда, аслияб куцалъ ГӀанди гӀурул расалъуда (Болъихъ, ЦӀумада, ГӀахьвахъ мухъазда) ва Азарбижаналъул хьондасеб бакътӀерхьул рахъалда (Закатала район); 1950-л соназдаса хада эл мацӀазда кӀалъалезул гӀемерисел чагӀи рахъана лъарагӀлъуде. ГӀандиял мацӀазда кӀалъалезул риккӀен буго гӀ-ш 15 азар чи (2010 сонил), литературияб мацӀлъун эзие ккола авар.

Жанисеб гӀаркьи[хисизабизе | код хисизабизе]

Традиционго гӀандиял мацӀазулӀе бачуна 8 мацӀ. Шулцица (2009)[1] кьолеб буго хадусеб хъизамул гъветӀ:

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Schulze, Wolfgang (2009). "The Languages of the Caucasus" (PDF).