Перейти к содержанию

Кудалиб

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Кудалиб росу

Кудалиб (гlур. Кудали) — Гъуниб мухъалда бугеб росу.

Кудалиб гӏуцӏун буго ичӏго росабаздасан: Ухичур, Къавохъ, Цӏадгьарихъ, Гъунабазул-Болола, Кӏибичӏараб-Ганчӏихъ, Сидохъ, Укикь, Кӏудаламаарда, Агьадиб, Кьодохъ, Багӏаралъул-Бакъдаб, Гӏенчӏасул-Гъегъ. Гьел росаби нахъа данделъуна, доб заман квешаб заманги букӏун.

Доб мехалда цо квещаб заманги букӏун куделдерица базе байбихьана куллаби. Гьединал куллаби рукӏана Дарада, Мурада, Магӏлиб, Кулиб. 1837 соналъ анив вукӏарав цо гӏурусав Костеницкиясда Мурада росулӀ ратун руго 125 сон барав цо херав, гьесул чӏужуялъеги 117 сон букӏун буго, гьездаса ккун рагӏула гьеб росуги, гьезул рукӏана 6 васги 4 ясги. Цо заманаялдасан 100 чи гӏуна гьеб хъизамалдасан. Гьанжеги Хъвартихьуниб, Дарада, Мурада, Тунзиб, Магӏлиб, Кулиб, Хъварада, Горгониб, Баганиб, Хъуллиб, СилтӀа, Укикь, Ипутӏа, Гӏахъушалиб росабазда ругел гӏадамаз Кудалида Кӏудаб росу абулеб буго. Гьел киналго кӏалъалел руго куделдерил гаргаралда, жиб авар мацӀалъул гӀандалазул свералиде унеб.

Цере рукӏарал куделдерил росабазул бицилин: Укикь цӏар букӏун буго Икикь. Ик абула куделдерил гаргаралда цӏулакьода. Гьанжеги гьеб бакӏалда руго цӏулакьодул гъутӏби. Ухичурги букӏараб батила «ухи чурулеб бакӏги». Цӏадгьарихъги ккола «цӏад гьарулеб бакӏ». Гьанжеги гьеб бакlалде рачӏула цӏад гьаризе. Сидохъ росуги букӏун буго бищун борхатаб 2005 метра бугеб магӏарда. Гьеб бакӏ букӀана хъаравуллъи гьабулеб бакӏ. Кӏибичӏараб-Ганчӏихъ росуги букӏана кӏибичӏараб ганчӏида. Къавохъ букӏараб росулӀ гьанже куделдерица гӏиял, гӏачи хьихьула. Гъуниб буго Рохьдол-Хъавохъ букӏараб росо. Гьунабазул-Болола букӏараб росу букӏана Ухичурги Кӏибичӏараб-Ганчихъги рукӏарал росабазда аскӏоб. Кӏудаламаарда букӏана Рохьомегӏералда. Гӏенчӏасул-Гъегъ букӏана Агьадиб лъаралда аскӏоб.

Кудалиб росулӀ киналго гӏадамал бусурбаби ккола. Бусурбан динги куделдерица къабул гьабуна 14 гӏасруялда.

Кудалиб росулӀ кӏудияб кӏвар кьолаан гӏелмуялде. 33-ниги гӏалимчи вахъана росулӀ. Гьездаса гьоркьоса бищун цӏарарал гӏалимзаби рукӏана Кӏудияв Хӏасан, Гьитӏинав Хӏасан, Гӏумаржан, Салман, Давуд ва цогидал гӏалимзаби. Гьанжеги исламияб гӏелмуялъе кӏудияб кӏвар кьолеб буго куделдерица, кудел цӏалана батӏи-батӏиял улкабазда, масала, Мисриялда, Сириялда, Сагӏудиялда ва цогидал улкабазда.

Цо кӏиго рагӏи куделдерил гаргаралъулги бицилин. Куделдерил гаргар уна Гӏандалалазул свералиде гъорлӀе.

Мацӏ Рагӏаби Рагӏаби Рагӏаби Рагӏаби Рагӏаби Рагӏаби Рагӏаби Рагӏаби
Болмацӏ гьабизе гьабуна гьабила гьабула Цӏулакьо Нилъ Рукӏкӏен Тӏи
Куделдерил буде буна була буня Ик Нил Тӏокӏкӏен И
Болмацӏ Кӏалъазе Кӏалъана Кӏалъала Кӏалъала Тӏехь Къандалъо Хвел Къалал
Куделдерил Кӏалгьаде Кӏалгьана Кӏалгьала Кӏалгьаня Эхь Къандало Хӏвел Хонех
Болмацӏ Кваназе Кванана Кванала Кванала Бетӏер Бусен Мажгит Торгӏо
Куделдерил Кунаде Кунана Кунала Куниня Бел'эр Босен Межгит Хӏоркӏо
Болмацӏ Баражизе Бажарана Бажарила Бажарула Гьоко Росу Будун Лъай
Куделдерил Бажалде Бажалана Бажалла Бажалиня Гьорко Росо Мудун Гьай
Болмацӏ Тӏетӏезе Тӏутӏуна Тӏутӏила Тӏутӏула Гьакибер Мухъ Лъалкӏ Даци
Куделдерил Тӏутӏуде Тӏутӏуна Тӏутӏла Тӏутӏуня Гьиркибер Нухъ Гьакӏ Аци
Болмацӏ Лъазе Лъана Лъазабила Лъала Тӏокъо Нилъер Гӏаг Тӏоцебе
Куделдерил Гьаде Гьана Гьадебула Гьаня Гьокъо Нелълъер Гӏакӏ Оцебе
Болмацӏ Цӏехезе Цӏехана Цӏехела Цӏехола Гьуинлъи Ахбазан Бергьенлъи Тӏатӏала
Куделдерил Цӏухуде Цӏухуна Цӏухла Цӏухуня Гьоэли Ахсан Бергьели Ал-ала
Болмацӏ Тӏубазе Тӏубана Тӏубазабила Тӏубала Беэнлъи Ралъад Цӏодорлъи Хур
Куделдерил Обаде Обана Обадебула Обаня Беэли Ралгьад Цӏодоли Хӏур
Болмацӏ Кьабизе Кьабана Кьабила Кьабула Эркенлъи Лъар Тӏех Багӏари
Куделдерил Кьапӏде Кьапӏана Кьапӏла Кьапӏиня Эркели Гьар Эх Багӏали

Болмацӏ: Метер дун хӏалтӏуде ине вуго. Лъимал цӏализе ине руго. Дир лъимал лъикӏго цӏалула. Дир лъималазда магӏарул мацӏ лъикӏго лъала. Дир лъималаз малълъараб жо гьабула. Лъимал рагьтӏа хӏалел руго. Дие бокьула тӏахьал цӏализе. Метер базаралде ине ккела цӏияб ретӏел босизе, цинги цӏияб ретӏелги ретӏун берталде ине ккола. Жакъа радалгоги вахъун векеризе ун вукӏана дун. Маркӏачул как кватӏулеб буго. Гьакалги гӏемерлъулел руго, ахир-къадги киналго лъелго хьвадизе руго. Мун щай велъулев? Рорхатал мугӏрул. Дур чвантиниб щиб бугеб? Кӏукьмахх буго. Гӏазу балеб буго. Гьаб квар тӏеренаб буго. Гьесул ботӏрода берцинаб тӏагъур бугоан. Жакъа цӏияб тӏажуги хьиталги ретӏине ккела. Хасало росулъ тӏимугъ къваригӏуна. Малълъараб гьабичӏони, тӏилаца чухӏизе ккола. Дие тӏорахь бокьула.

Куделдерил гаргар: Метер дун хӏалтӏоле энде вуго. Гьимал цӏалдоле энде руго. Дир гьимал лъикӏго цӏалиня. Дир гьималазда маарул мацӏ лъикӏго гьаня. Дир гьималаз малълъараб жо буня. Гьимал рагьла хӏанел руго. Де бокьиня ухьдул цӏалде. Метер базаралъе энде ккела цӏияб рел-эл босде, ценги цӏияб рел-элги рогьон бахӏаразде энде ккена. Якъад рогьолего вахъун векерде омо вукӏана дун. Маркӏаяде как кватӏинеб буго. Гьаркалги гӏемелинел руго, ахир-къадги киналго гьелдго хьвадте руго. Мун щимо вохинев? Роркӏадал муърул. Дур цахбиниб щиби бугеб? Кӏвецӏмахх буго. Гӏасо банеб буго. Гьаб квар эренаб буго. Гьесул болола берценаб угъур бугоан. Якъад цӏияб ажуги хьаталги регьеде ккела. Кьиндала росолъ имогъ къваригӏиня. Малълъараб бучӏони, илаца чухӏде ккена. Де орахь бокьиня.

Миллатазул рикьи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Кудалиб росулӀ киналго аварал руго.

Гӏадамазул къадар

[хисизабизе | код хисизабизе]
1869 1886 1889 1896 1899 1902 1904 1905 1906 1913
683 978 988 969 900 929 1029 930 934 919

Гӏадамазул къадар гьанже бугеб

[хисизабизе | код хисизабизе]
2000 2002 2007 2010
900 904 925 913

Росу бугеб бакӏ

[хисизабизе | код хисизабизе]

Кудалиб росу буго Дагъистан республикалъул Гъуниб мухъалда бугеб росу. Кудалиб росу буго ралъдал гьумералдаса тIадегIан 1463 метралъ.

Кудалиб росу
Кудалиб росдал ушкул
Тӏаса бахъараб сурат

Кудалиб росулъ хасало цӏакъго цӏорораб бакӏ гуро, риидала багӏарун букӏуна.

Цӏар рагӏарал гӏадамал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Ахӏмадкъади Ахтаев - цӏар рагӏарав гӏалимчи, цевехъан.

Кудалиса Хасан - цӏар рагӏарав гӏалимчи.

Салманил Мухӏамад - цӏар рагӏарав гӏалимчи.

Жахӏпарилазул Мухӏамад - гӏурус пачаясул аскаралъул полковник.

Кудалиса Гӏумаржан - цӏар рагӏарав гӏалимчи.

Кудалиса Давуд - цӏар рагӏарав гӏалимчи.

Патагӏалиев Халил - пизика гӏелмуялъул гӏалимчи.

Муртаза Хӏасанов Кудалиса (1873–1937)

Хӏасанов Мухӏамадбасир - гӏалимчи, Московалда бугеб исламияб университеталъул декан

Односельчане сайталда бугеб росдал тарих Архивация 2016-09-19 Wayback Machine

Гӏурус википедиялда бахъараб тӏамач Кудалиб хӏакъалъулъ

Кудалиб росдал тарих - З.А. Магомедова С.Х. Газимагомедова

Кудалиб росдал тарих - З.А. Магомедова С.Х. Газимагомедова

Кудалиб росдал тарих - З.А. Магомедова С.Х. Газимагомедова

Кудалиб росдал тарих - З.А. Магомедова С.Х. Газимагомедова

Кудалиб росдал тарих - З.А. Магомедова С.Х. Газимагомедова

Кудалиб росдал тарих - З.А. Магомедова С.Х. Газимагомедова

Юкоз сайталда Кудалиб сайт

Вики-вики сайталда Кудалиб росдал тарих (хвараб регӀел)

Цӏар рагӏарав гӏалимчи Гӏумаржанил хӏакъалъулъ

Кудалиб росдал тарих (хвараб регӀел)

Блогспоталда Кудалиб сайт

Кудалиб росдал шураялъул вакиллъи Архивация 2022-07-03 Wayback Machine

Кудалиса Кӏудияв Хӏасанил хӏакъалъулъ

Вконтакте сайталда Архивация 2015-04-12 Wayback Machine