АхӀмадкъади Ахтаев

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Ахӏмадкъади Ахтаев» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

АхӀмадкъади Ахтаев (1948—1998) гьавуна Кудалиб росулъ. АхӀмадкъади вукӀана динияв гӀалимчи. Гьев вукӀана Ислам цӀилъи абулеб партиялъул цевехъан.

ГӀолохъанлъи[хисизабизе | код хисизабизе]

АхӀамадкъади гьавуна 1942 соналда Гъуниб мухъалъул Кудалиб росулъ. Гьесул эмен хвана рагъул заманаялда. ГьитӀинго вугев мехалдаса нахъе байбихьана динияб гӀелму лъазабизе. ЦӀалана батӀи-батӀиял гӀалимзабазда цеве. Гьесда лъикӀго лъалеб букӀана гӀараб мацӀ. ГӀадамазда цеве вахъун кӀалъазе букӀана гьесул гьунар. 15 сон барабго хехаб къагӀидаялда меседил медалги щун лъугӀизабуна ушкул. Цинги Дагъистаналъул ГӀадамал сах гьаризе малълъулеб институталде жанив лъугьана. ЦӀалун вахъаравго 20-ниги соналъ хӀалтӀана тохтурлъун батӀи-батӀиял бакӀазда.

Пища-ищ[хисизабизе | код хисизабизе]

1984 соналда Кавказалъул бусурбабазул данделъиялда АхӀмадкъади вищана Кавказалъул бусурбабазул багъа-бачариялъул цевехъанлъун. 1990 соналда Астарханалда тӀобитӀараб Совет ХӀукуматалъул бусурбабазул данделъиялда АхӀмадкъади вищула Ислам ЦӀилъи абулеб партиялъул цевехъанлъун, жеги вищула гӀалимзабазул шураялъул цевехъанлъун. Совет ХӀукумат биххун хадуб АхӀмадкъади вищула Исламия абулеб гӀуцӀиялъул цевехъанлъун. Гьес кумек гьабуна Россиялдаса гӀебеде 200-ниги мажгит рагьизе, гьединго кумек гьабуна мадрасаби рагьизе.

1992 соналда АхӀмадкъади вищула болвакиллъун Дагъистан Жумгьурияталъул Мажлисалде.

1998 соналда АхӀмадкъади хвана Кудалиб росулъ. Мунагьал чураги гьесул.

Линкал[хисизабизе | код хисизабизе]

http://www.idmedina.ru/books/history_culture/?6176