Перейти к содержанию

ЦӀадаса ХӀамзат

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ЦӀадаса ХӀамзат
Файл:Гамзат Цадаса и Расул Газатов.jpg
ТӀубараб цӀар ЦӀадаса ХӀамзат
Гьави ЦӀада, Хунзахъ мухъ, Дагъистаналъул АССР
Хвей Махачкала, Россия
Вукъараб бакӀ Махачкала
ВатӀанчилъи Халип:Флаг / СССР
 Россия
Миллат Аварав
Эмен Юсупил МахӀама
Лъимал ХӀамзатил Расул ХӀамзатил ХӀажи
Адабияб гьунар
Пишаялъул тайпа
  • ШагІир
  • прозачи
  • публицист
  • жамгІияв ва сиясияв хъулулухъчи
  • таржамачи
 Медиафайлал Викигъамасалда

ХӀамзат ЦӀадаса (21 август 1877 — 11 июн 1951) — авар совет поэт ва драматургист, пачалихъияв хъулухъчи. Дагъистаналъул Автономияб Совет Социалистияб Республикалъул халкъияв поэт (1934). КӀиабилеб даражадуо Сталинилаб премиялъул лауреат (1951).

Файл:Гамзат Цадаса и Расул Газатов.jpg
ЦӀадаса ХӀамзат ва ХӀамзатил Расул

Гьев гьитӀинго бесдаллъана, эмен хведал гьесул 7 сон букӀана, гьитӀинго камуна эбелги. Гьев цӀалана мадрасаялда ва лъабго соналъ хӀалтӀана имамлъун ЦӀада росулӀ. 1917—1919 соназ хӀалтӀана Хунзахъ мухъалъул шаргӀияб махӀкамаялда. 1921—1922 хӀалтӀана «БагӀарал мугӀрул» джаридаталъул бетӀерав мухбирлъун, гьениб загьирлъана ХӀамзатил шагӀирчиясул гьунарги.

Файл:Памятник Гамзату Цадаса Махачкала.jpg
МахӀачхъалаялда ЦӀадаса ХӀамзатил памятник

ТӀоцебесеб кечӀ "ГӀалибегил гьве" хъвана I4 сон барав ХӀамзатица. Гьес жиндирго шигӀрабазулӀ махсаруялдалъун хъватӀир чӀвазарулаан доб заманаялъ рилъанхъун рукӀарал гӀадатал, бечедал бегавулазул, ричарухъабазул, муллабазул гӀумру-яшав.[1] Гьесул шигӀрабазул тӀоцебесеб мажмугӀ "ГӀадатазул жул" къватӀибе биччана 1934 соналъ. Гьебго соналъ гьесие щвана тӀоцебе Дагъистаналъул АССРалъул Халкъияв шагӀирасул цӀар - щапакъатги.

  • Дагъистаналъул АССРалъул Халкъияв шагӀир (1934)
  • БагӀараб захӀматчагӀазул байрахъалъул орден (31.01.1939)
  • «Кавказ цӀунаралъухъ» медаль
  • «КӀудияб ватӀанияб рагъда гӀахьаллъаралъухъ 1941—1945» медаль
  • Ленинил орден (22.02.1944) — хъвадарухъанлъиялъул 50 сон тӀубаялъе
  • Ленинил орден (1947) — гӀумрудул 70 сон тӀубаялъе
  • Сталинил премия II даражаялъул (1951)
  • Дагъистаналъул АССРалъул пачалихъиял грамотаби
  1. ↑ Гамзат Цадаса "Сказка о зайце и льве".


тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.