ХӀамзатил Расул

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ХӀамзатил Расул
Гьави 8 септембер 1923
ЦӀада, Хунзахъ мухъ, ДАССР, РСФСР, СССР
Хвей 3 новембер 2003 (80 сон)
Москов, Россия
Вукъараб бакӀ Таргъуялъул басриял хабзал
ВатӀанчилъи Халип:Флаг / СССР
 Россия
Миллат Авар
Эмен ЦӀадаса ХӀамзат
Адабияб гьунар
Лъайщвей Адабияталъул институт, А. М. Горькиясул цӀаралда бугеб
Пишаялъул тайпа
  • ШагӀир
  • прозачи
  • публицист
  • жамгӀияв ва сиясияв хъулулухъчи
  • таржамачи
Гьунаралъул санал 1932–2003
Адабияб мазгьаб Социалитикияб реализм
Жанр
  • шигӀру
  • поэма
Асаразул мацӀ Авар
Машгьурал асарал
Дебют 1943 сон — авар мацӀалда тӀехь
Премиял
Шапакъатал
 Медиафайлал Викигъамасалда
Викицитатаялъул логотип Цитатаби Викицитатаялда

ХӀамзатил Расул (8 септембер 1923, ЦӀада, Хунзахъ мухъ, ДАССР, РСФСР, СССР — 3 новембер 2003, Москов, Россия) — авар шагIир, прозаикчи, публицист, совет ва россиялъулав жамгӀияв ва сиясияв хъулухъчи, таржамачи. Социалистикияб захӀматалъул гьерой (1974), Дагъистаналъул халкъияв шагӀир (1959), III даражаялъулаб Сталинилаб (1952), Ленинилаб (1963) премиязул лауреат, гьединго М Горькиясул цӀаралда бугеб премиялъул лауреат(1980). Мукъадасав апостол Андрей ТӀоцевеахӀарасул орденалъул (2003) ва ункъго Ленинил орденалъул кавалер (1960, 1973, 1974, 1983).


ХӀамзатил Расул ва Туркия[хисизабизе | код хисизабизе]

Файл:Гамзат Цадаса и Расул Газатов.jpg
ЦӀадаса ХӀамзат ва ХӀамзатил Расул

Дагъистаниязулги турказулги маданиялгун адабиял бухьеназул буго кӀудияб ва бечедаб тарих. Гьезул байбихьи уна хӀатта анцӀила лъабабилеб гӀасруялде щвезегӀан. БатӀи-батӀияб къисмат букӀана гьезул: цин загӀиплъун, цинги камиллъун, амма, сундухъго балагьичӀого, гьел кидаго церетӀолел рукӀана. Жакъа гьел бухьенал рахана цӀияб даражаялде, цӀилъана гьезул хӀасилги хасиятги ва гьениб кӀудияб, аслияб бутӀа лъугьана ХӀамзатил Расулил адабияб хӀаракатчилъиялъ.

Араб гӀасруялъул 50-абилел соназда байбихьана магӀарул шагӀирасул бухьенал Турциягун. Гьел соназда Расул вукӀана Дагъистаналъул хъвадарухъабазда гьоркьоса Турциялде щварав тӀоцевесев шагӀир. Хадуб гьев гӀемер ана гьеб улкаялде батӀи-батӀиял къокъабазда цадахъги живго хасаб сапаралъги.

Дагъистаналъул шагӀирас Турциялде гьарурал зияратаз квербакъулаан гьесул гьудуллъи-гьалмагълъи цӀикӀкӀиналъе, турказул жамгӀиябгун културияб дунялалда гьесул лъиданиги релълъенчӀеб гьунар гӀатӀидго тӀибитӀиялъе. Хасаб рокьигун, чӀухӀигун ралагьулаан Расулил адабияб гьунаралъухъ Турциялда бугеб дагъистаниязул жамагӀаталъул вакилзаби – гьеб улкаялъул ватӀанчагӀи.

Турциялда Расулил рукӀарал гӀемерал гьудулзабазда, лъале-хъвалезда гьоркьоб хасаб бакӀ кколаан гьеб улкаялъул машгьурал хъвадарухъабаз: Назим ХӀикметица, ГӀазиз Несиница, Яшар Кемалица, Демирташ Жейхуница ва цогидазги. Гьел ва гьел гурел цогидалги турк миллияб адабияталъулги култураялъулги вакилзабазда лъикӀ лъалаан Расул, ракӀ-ракӀалъ загьир гьабулаан гьесдехун букӀараб жидерго гьоркьоблъи, кӀудияб къимат кьолаан гьев машгьурав магӀаруласул напсалъеги гьесул хасаб гьунаралъеги. Гьелъие мисаллъун гьанир рачине бегьула хъвадарухъан ва жамгӀияв хӀаракатчи, турк адабияталъул классик Яшар Кемалица Расулида абурал гьал хадусел рагӀаби:

«Хирияв Расул, дие рокьула лъикӀал ва рохиялъ цӀурал гӀадамал, щай гурелъул гӀумру бокьулел гӀадамаз берцин гьабула ракь… Мун гӀадиналгун лъай-хъвай букӀин – гьеб ккола инсанасе хӀакъикъияб талихӀлъун. Мун вуго ракӀ лъикӀав, гӀагарав чи, сверухъ гьурмал гвангъула, мун ваккараб мехалъ. Дица цо чанго шигӀру цӀалана дур, гьебги турк мацӀалда, ва пикру гьабуна: хасго гьединал гӀадамазул лъугьуна кӀудиял шагӀирзаби, тӀубараб гӀумруялъ жидерго лъимерлъи цӀунизе кӀварал…»

Амма Расулги хутӀулароан налъулавллъун турк гьудулзабаздехун ругел жиндирго хинал ва гьудуллъиялъулал гьорькорлъаби загьир гьариялда цеве. Гьев чӀухӀарав вукӀана турказул шагӀир Назим ХӀикметилгун букӀараб гьудуллъиялдаса, бетӀер къулулаан гьесул бахӀарчилъиялдаги къвакӀиялдаги цебе. Расулица кӀудияб къимат кьолаан ракълие, халкъалда гьоркьоб гьудулъиялъе, жиндирго къо бихьараб ватӀаналдехун ва гьелъул язихъаб халкъалдехун бугеб рокьуе рецц гьабун ахӀараб гьесул пагьмуяб гьунаралъе. Гьелдаго цадахъ гӀолохъанав Расулие рекӀее гӀолаан ХӀикметил поэзия, гьелъул гуманистияб хасият, философияб хӀасил, оригиналияб поэтика, гвангъараб ва такрарлъи гьечӀеб сипатлъи. КӀудияв гьалмагъасул шигӀрияб дунял, пикраби ва гьесул рекӀел хӀал лъикӀ ричӀчӀулаан магӀарул шагӀирасда, гьел тӀуранго данде кколаан гьесул жиндирго рекӀел асараздаги.

РФ президент В.Путингун

Расулил асаралгун, гьесул бечедаб, такрар гьечӀеб гьунаргун турказул лъай-хъвай гьабиялъулъ жиндирго кӀудияб бутӀана лъуна Мазлум Бейханица. Гьес турк мацӀалде руссинаруна ва басмаялда рахъана «Дир Дагъистан» абураб тӀехьги (1984) кӀиго шигӀрияб мажмугӀги – «Лирика» (1986), «МагӀарул гӀор, гӀакълу гьечӀеб лъим» (1991).

ХӀамзатил Расулил асарал турк мацӀалда басмаялда рахъи хутӀулароан тӀахьал цӀалулез, адабият бокьулез, критиказ гьезда тӀасан жидерго пикру загьир гьабичӀого. Гьезул рецензиябиги макъалабиги зама-заманалда раккулаан газетаздаги журналаздаги. Хасго кӀудияб кӀвар кьуна турказул цӀалулез «Дир Дагъистан» тӀехьалъе. Щай гурелъул гьениб авторасул адабияб гьунар рагьиялда цадахъ турказда бихьизабуна Дагъистаналъул гӀажаибаб дунялги, гьелъул гӀадамалги, нексияб тарихги, бечедаб култураги ва гь. ц. Адабияталъул гӀалимчӀужу Зарема Казбековалъ абухъего, гьеб тӀехь лъугьана турказе «Дагъистаналъул географиялдасанги тарихалдасанги бищунго лъикӀаб цӀалул тӀехьлъун».[1]

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. ХӀамзатил Расул ва Турция: Адабиял Бухьенал, АхӀмад МуртазагӀалиев

РегӀелал[хисизабизе | код хисизабизе]