Ругъжаса Элдарилав

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Ругъжаса Элдарилав

Ругъжаса Элдарилав (1847 — 1884)

Поэт гьавуна Ругъжаб росулъ гIадатав векьарухъан Элдарил хъизаналда, цIарги лъуна МухIамадилан. Гьесул лъимерлъиялъул гIумру rIapaб цIалуда ана. Амма балугълъараб мехалъ гьес дибирлъи къабул гьабичIо. КечI гьабизе ва гьеб ахIизе МухIамадил букIана кIудияб гьунар. МутагIиллъун ЧIохъ вугеб мехалъ, рокьи ккарай гьайбатай ясалде ахIарал кучIдуз гьесул тавуш ана магIарул росабалъ Ругъжаса Элдарилав хIисабалда. Жиндирго ясалъ тIасавищаравлъи лъарав наибас, гьоболлъухъги ахIун, Элдариласда загьру гьекъезабула. Гьединаб букIана доб мехалъ гIашикъаб рокьуеги гьунар тIокIал кочIохъабазеги суд. [1]


Примечания[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. http://www.fatiha.ru/regiony/daghestan/avary/avar/abubakaraimaki.htm