Перейти к содержанию

Авар рикӀкӀен

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Авар мацӀалда рикӀкӀенал руго къадаралъулги (цо, кӀиго, лъабго, анцӀго, нусго) иргадулалги (цоабилеб/тӀоцебесеб, кӀиабилеб, лъабабаилеб, анцӀабилеб, нусабилеб). Формабазде балагьун, рикӀкӀенал рикьула гӀадатаздеги, жубараздеги, гӀуцӀараздеги.

ГӀадатал рикӀкӀенал ккола цо кьибилалдасан гӀуцӀарал: цо-ялдаса анцӀго-ялде щвезегӀан ругелги, гьединго къого, лъеберго, нусго, азарго, миллион. Гьездасан лъугьарал иргадул рикӀкӀеналги гӀадатазде гьоркьоре ккола.

Журарал рикӀкӀенал ккола жал кӀиго яги лъабго рикӀеналъул кьибил жубан лъугьаразда (гьединго журараллъун ккола гьездасан лъугьарал иргадул рикӀкӀеналги).

КӀиго кьибил бугел Лъабго кьибил бугел
  • кӀинусго
  • лъабнусго
  • ункънусго
  • щунусго
  • анлънусго
  • анкьнусго
  • микьнусго
  • ичӀнусго
  • кӀиазарго
  • лъабазарго
  • ункъазарго
  • щуазарго
  • анлъазарго
  • анкьазарго
  • микьазарго
  • ичӀазарго
  • анцӀазарго
  • нусазарго
  • кӀинусазарго
  • лъабнусазарго
  • ункънусазарго
  • щунусазарго
  • анлънусазарго
  • анкьнусазарго
  • микьнусазарго
  • ичӀнусазарго

Журарал рикӀенал лъугьунаго -го ахир гӀицӀго ахирисеб рикӀкӀеналъулъ гурони хутӀуларо: кӀиго + нусго = кӀинусго, лъабго + нусго = лъабнусго, ункъго + азарго = ункъазарго.

гӀуцӀарал рикӀкӀенал ккола кӀиго ва цӀикӀкӀун гӀадатал ва журарал рикӀкӀеназдаса жал лъугьарал: анцӀила цо, къоло лъабго, лъебералда ункъго ва ц. Гьел лъугьунаго ахирисеб рикӀкӀен бугеб хӀалалда босула, гьелда церехун кколел рикӀкӀеназде тӀаде -ло, -ла, -да ахирал журала; 11-ялдаса 19-де щвезегӀан ругел рикӀкӀеназда хӀалтӀизабулеб форма ккола анцӀи-ла: анцӀила цо, анцӀила кӀиго, анцӀила ичӀго; лъабабилеб тартибалъул цӀарубакӀазда хӀалтӀизабула къоло: къоло лъабго, къоло ункъго, къоло щуго. Авар мацӀалъул рикӀкӀиналъул система буго къоцӀулаб, тӀоцебесеб нусил рикӀенал лъугьунеб форма — рикӀеналъул аслу-къоялда + (анцӀила) + гӀадатаб рикӀкӀен: кӀикъоялда кӀиго, лъабкъоялда анцӀила ункъго[1].

Предметияб цӀаралда цадахъ бугеб мехалда къадаралъул рикӀкӀен жинсалдеги формаялдеги хисуларо, гьелда хадуб бачӀунеб предметияб цӀарги кидаго цолъул формаялда хӀалтӀизабула: кӀиго вас, лъабго яс, анцӀго гъветӀ.

Субстантивацияб иргадулаб рикӀкӀен игӀрабазде хисула сифат гӀадин: кӀиабилев вас, лъабабилей яс, анцӀила цоабилеб класс, къоабилел санал, амма цӀаргун цадахъ ругел мехалда иргадул рикӀкӀеналги падежазде сверуларо: микьабилеб класс, микьабилеб классалъ.

ЦӀаргун цадахъ бугеб мехалъ, рикӀкӀен баянлъун букӀуна, амма цӀар цадахъ гьечӀони, жумлаялда жаниб гьеб ккезе бегьула батӀи-батӀиял гӀахьалбутӀабилъун.

Къадаралъул рикӀкӀен

[хисизабизе | код хисизабизе]

Къадаралъул рикӀкӀеналъ бихьизабула рикӀкӀунеб жоялъул къадар ва гьеб чан? абураб суалалъе жаваблъун бачӀуна. Сундул букӀаниги къадар гьелъ бихьизабула батӀи-батӀияб магӀнаялда. Авар мацӀалда къадаралъул рикӀкӀенал рикьизе бугьула анлъго тайпаялде[2].

Тайпа Лъугьенеб куц Мисалал Суал Баян
1 Къадар бихьзарулел цо рикӀкӀеналъул гӀицӀго аслу; хутӀарал: рикӀкӀеналъул аслу + -го цо, кӀиго, лъабго, ункъго, щуго, анцӀго, нусго чан? Баян гьабула гӀаммаб къадар
2 Чан цадахълъи бичӀчӀзабулел
  • гӀадатал рикӀкӀеназул аслу такрарлъун: кӀиго, кӀи-кӀи
  • къого рикӀкӀеналдаса лъугьараб жубараб рикӀкӀен тӀубанго такрарлъула ва кӀиабилеб -го цӀунула: кӀикъо-кӀикъого
  • азарго рикӀкӀеналдаса лъугьунаго тӀоцебесеб бутӀаялъул горкьоса уна: аза-азар


цо-цо, кӀи-кӀи, лъаб-лъаб, ункъ-ункъ, щу-щу, анцӀ-анцӀ, нус-нус чан-чан? Гьел рикӀкӀеназ бичӀчӀизабула жиб рикӀкӀунеб бугеб жо кигӀан гӀемераб къадаралда бугониги батӀалъи гьечӀого, чан-чан цадахъккун батӀа гьабулеб бугебали
3 тӀолголъи бичӀчӀизабулелел рикӀкӀеназул аслу + ахир -абго (-ябго) кӀиябго, лъабабго, ункъабго, щуябго, анцӀабго, нусабго чан? Гьел рикӀкӀеназ баян гьабула гӀемерал предметазда гьоркьоса цо чанго батӀаго босун рикӀкӀуна бук1ин.
4 тӀолголъи бичӀчӀизабуларел рикӀкӀеналъул аслу + -го + -яв/-яй/-яб/-ял цояв, кӀигояв, лъабгояв, ункъгояв, щугояв, анцӀгояв, нусгояв Гьел рикӀкӀеназ баян гьабула гӀемерал предметазда гьоркьоса цо чанго батӀаго босун рикӀкӀуна букӀин.
5 Къадаралъул щаклъи бичӀчӀизабулел гьеркьоб дефисги лъун рикӀкӀеналги журан цо-киг1о, лъабго-ункъго, щуго-анлъго Гьез баян гьабула рикӀунеб предметазул къадар щакаб букӀин.
6 ЧанцӀуллъи бичӀчӀизабулел рикӀкӀеналъул аслу + ахир -цӀул цоц1ул (цин), к1иц1ул, лъабц1ул, ункъц1ул, щуц1ул, анц1ул, нусц1ул чанцӀул? Сундул букӀаниги такрарлъиялъул къадар.
Иргадул рикӀкӀен
[хисизабизе | код хисизабизе]

Иргадул рикӀкӀеналъ бихьизабула рикӀкӀунеб жоялъул ирга ва чанабилеб? абураб суалалъе жаваблъунги бачӀуна. Лъугьуна къадаралъул рикӀкӀеналъул -го ахирги нахъе рехун, аслуялде тӀаде жинсалдеги формаялдеги балагьун -абилев, -абилей, -абилеб, -абилел ахиралги журан: кӀи-го — кӀи-абилев (кӀиабилей, кӀиабилеб, кӀиабилел), анц1го — анц1абилеб, нусго — нусабилеб.

ЦӀаргун бугеб мехалда иргадул рикӀкӀен цолъул яги гӀемерлъул формаялъулъ ва жинсалъулъ цӀаргун рекъола, амма сифатал гӀадинигӀрабазде хисуларо: кӀиабилев вас, лъабабилей яс, ункъабилеб гьумер, анцӀабилел къоял. ЦӀарги гьечӀого хӀалтӀизабун бугони, иргадул рикӀкӀенги, сифаталда релълъун, игӀрабазде сверула[3].

РикӀкӀен игӀрабазде свери
[хисизабизе | код хисизабизе]
Цояб (яв/яй/ял)
ИгӀраб Цолъул форма ГӀемерлъул форма
чиясул жинс чӀужуялъул жинс гьоркьохъеб жинс
Аслияб цо-яв цо-яй цо-яб цо-ял
Актив цо-яс цо-ялъ цо-яз
Хаслъул цо-яс-ул цо-ялъ-ул цо-яз-ул
Кьовул цо-яс-е цо-ялъ-е цо-яз-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб цо-яс-да цо-ял-да цо-яз-да
жиндихъ игӀраб цо-яс-ухъ цо-ялъ-ухъ цо-яз-ухъ
жиндилъ игӀраб цо-яс-улъ цо-ялъ-улъ цо-яз-улъ
жиндикь игӀраб цо-яс-укь цо-ялъ-укь цо-яз-укь
жаниб игӀраб цо-ялъ-уб(в/й/р)
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб цо-яс-де цо-ял-де цо-яз-де
жиндихъе игӀраб цо-яс-ухъе цо-ялъ-ухъе цо-яз-ухъе
жиндилъе игӀраб цо-яс-улъе цо-ялъ-улъе цо-яз-улъе
жиндикье игӀраб цо-яс-укье цо-ялъ-укье цо-яз-укье
жанибе игӀраб цо-ялъ-убе

(-уве/-уйе/-уре)

РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб цо-яс-даса(н) цо-ял-даса(н) цо-яз-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраб цо-яс-ухъа(н) цо-ялъ-ухъа(н) цо-яз-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀраб цо-яс-улъа(н) цо-ялъ-улъа(н) цо-яз-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀраб цо-яс-укьа(н) цо-ялъ-укьа(н) цо-яз-укьа(н)
жаниса(н) игӀраб цо-ялъ-уса(н)
Лъабгояб (-яв/-яй/-ял)
ИгӀраб Цолъул форма ГӀемерлъул форма
чиясул жинс чӀужуялъул жинс гьоркьохъеб жинс
Аслияб лъабго-яв лъабго-яй лъабго-яб лъабго-ял
Актив лъабго-яс лъабго-ялъ лъабго-яз
Хаслъул лъабго-яс-ул лъабго-ялъ-ул лъабго-яз-ул
Кьовул лъабго-яс-е лъабго-ялъ-е лъабго-яз-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб лъабго-яс-да лъабго-ял-да лъабго-яз-да
жиндихъ игӀраб лъабго-яс-ухъ лъабго-ялъ-ухъ лъабго-яз-ухъ
жиндилъ игӀраб лъабго-яс-улъ лъабго-ялъ-улъ лъабго-яз-улъ
жиндикь игӀраб лъабго-яс-укь лъабго-ялъ-укь лъабго-яз-укь
жаниб игӀраб лъабго-ялъ-уб(в/й/р)
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб лъабго-яс-де лъабго-ял-де лъабго-яз-де
жиндихъе игӀраб лъабго-яс-ухъе лъабго-ялъ-ухъе лъабго-яз-ухъе
жиндилъе игӀраб лъабго-яс-улъе лъабго-ялъ-улъе лъабго-яз-улъе
жиндикье игӀраб лъабго-яс-укье лъабго-ялъ-укье лъабго-яз-укье
жанибе игӀраб лъабго-ялъ-убе

(-уве/-уйе/-уре)

РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб лъабго-яс-даса(н) лъабго-ял-даса(н) лъабго-яз-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраб лъабго-яс-ухъа(н) лъабго-ялъ-ухъа(н) лъабго-яз-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀраб лъабго-яс-улъа(н) лъабго-ялъ-улъа(н) лъабго-яз-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀраб лъабго-яс-укьа(н) лъабго-ялъ-укьа(н) лъабго-яз-укьа(н)
жаниса(н) игӀраб лъабго-ялъ-уса(н)

Къадаралъулаб рикӀкӀеналъул тӀелалда гъорлъа тӀололъи бичӀчӀизабулел рикӀкӀеналги игӀрабазде сверула (бакӀалъул падежалги гьадинанго руго):

ИгӀраб Цолъул форма ГӀемерлъул форма
чиясул жинс чӀужуялъул жинс гьоркьохъеб жинс
Аслияб лъабавго лъабайго лъабабго лъабалго
Актив лъабас-го лъабалъ-го лъабаз-го
Хаслъул лъабас-ул-го лъабалъ-ул-го лъабаз-ул-го
Кьовул лъабас-е-го лъабалъ-е-го лъабаз-е-го
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб лъабас-да-го лъабалъ-да-го лъабаз-да-го
жиндихъ игӀраб лъабас-ухъ-го лъабалъ-ухъ-го лъабаз-ухъ-го
жиндилъ игӀраб лъабас-улъ-го лъабалъ-улъ-го лъабаз-улъ-го
жиндикь игӀраб лъабас-укь-го лъабалъ-укь-го лъабаз-укь-го
жаниб игӀраб лъабалъ-уб-го

(-ув/-уй/-ур)-го

РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб лъабас-де-го лъабал-де-го лъабаз-де-го
жиндихъе игӀраб лъабас-ухъе-го лъабалъ-ухъе-го лъабаз-ухъе-го
жиндилъе игӀраб лъабас-улъе-го лъабалъ-улъе-го лъабаз-улъе-го
жиндикье игӀраб лъабас-укье-го лъабалъ-укье-го лъабаз-укье-го
жанибе игӀраб лъабалъ-убе-го

(-уве/-уйе/-уре)-го

РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб лъабас-даса(н)-го лъабалъ-даса(н)-го лъабаз-даса(н)-го
жиндихъа(н) игӀраб лъабас-ухъа(н)-го лъабалъ-ухъа(н)-го лъабаз-ухъа(н)-го
жиндилъа(н) игӀраб лъабас-улъа(н)-го лъабалъ-улъа(н)-го лъабазулъа(н)-го
жиндикьа(н) игӀраб лъабас-укьа(н)-го лъабалъ-укьа(н)-го лъабаз-укьа(н)-го
жаниса(н) игӀраб лъабалъ-уса(н)-го

Иргадулаб рикӀкӀен игӀрабазде сверула сифатал гӀадин цӀаргун гьечӀеб мехалъ:

ИгӀраб Цолъул форма ГӀемерлъул форма
чиясул жинс чӀужуялъул жинс гьоркьохъеб жинс
Аслияб лъабабилев лъабайго лъабабго лъабалго
Актив лъабабилес лъабабилелъ лъабабилез
Хаслъул лъабабилес-ул лъабабилелъ-ул лъабабилез-ул
Кьовул лъабабилес-е лъабабилелъ-е лъабабилез-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб лъабабилес-да лъабабилел-да лъабабилез-да
жиндихъ игӀраб лъабабилес-ухъ лъабаабилелъ-ухъ лъабабилез-ухъ
жиндилъ игӀраб лъабабилес-улъ лъабабилелъ-улъ лъабабилез-улъ
жиндикь игӀраб лъабабилес-укь лъабабилелъ-укь лъабабилез-укь
жаниб игӀраб лъабабилелъ-уб(в/й/р)
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб лъабабилес-де лъабабилел-де лъабабилез-де
жиндихъе игӀраб лъабабилес-ухъе лъабабилелъ-ухъе лъабабилез-ухъе
жиндилъе игӀраб лъабабилес-улъе лъабабилелъ-улъе лъабабилез-улъе
жиндикье игӀраб лъабабилес-укье лъабабилелъ-укье лъабабилез-укье
жанибе игӀраб лъабабилелъ-убе

(-уве/-уйе/-уре)

РатӀалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб лъабабилес-даса(н) лъабабилел-даса(н) лъабабилез-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраб лъабабилес-ухъа(н) лъабабилелъ-ухъа(н) лъабабилез-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀраб лъабабилес-улъа(н) лъабабилелъ-улъа(н) лъабабилез-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀраб лъабабилес-укьа(н) лъабабилелъ-укьа(н) лъабабилез-укьа(н)
жаниса(н) игӀраб лъабабилелъ-уса(н)
  1. ^ Аварский язык. Атавев, Алексеев.
  2. ^ Авар мацӀ, § 29, 65 − 66 гьум. М.-С. СагӀидов.
  3. ^ Авар мацӀ, § 30, 66 гьум. М.-С. СагӀидов.