Авар адвербал
| Сериябазул бутӀа: |
| Авар грамматика |
|---|
ТӀадрагӀиялъ авар мацӀалда баян гьабула фигӀлуялъ бихьизабулеб иш лӀугьараб куц, заман, бакӀ ва гьеб лӀугьиналъе гӀилла-мурад. Жумлаялда жаниб тӀадрагӀи букӀуна хӀаллъун, ва гьеб хурхараблъун букӀуна предикаталда: жакъа дун цудунго вахъана — гьаниб цудунго абураб тӀадрагӀиялъ бихьизабун буго иш лӀугьараб заман, ва гьеб вахъана абураб предикаталда бухьараб буго. ТӀадрагӀиялъе жаваблъун рачӀуна кин?, кибе?, киб?, кисан?, щай?, щиб гӀиллаялъе гӀоло?, щиб мурадалда?, гӀадал суалал.
Авар мацӀалъул, ва гьединго моариязул мацӀалъул тӀадрагӀабазул буго, жиб тӀокӀаб цониги мацӀалда гьечӀеб, данде ккезабиялъул суффиксал.[1] Мисалалъе: аскӀо-б, аскӀо-в, жани-б, це-б-е, хаду-б, гьани-б ва ц. Чанго бакӀалъул тӀадрагӀи хӀалтӀизабула заманалъул магӀна кьезеги. ГӀемерисел бакӀалъул тӀадрагӀабазул дифференциация гьабула локативалъул, аллативалъул ва аблативалъул формабазде: жани-б, жани-б-е, жани-са.
ГӀуцӀиялъул рахъалъ авар мацӀалда тӀадрагӀаби рикьула кӀиго тӀелалде: асляздеги лӀугьараздеги. Аслиял ккола жал цоги каламалъул бутӀаяздаса жал лӀугьинчӀел: сон, метер, жакъа, сах, лъикӀ, хъахӀ, берцин ва гь. ц. Гьездехун рекӀинабизе бегьула кутаклъизабулеб бутӀа — -го (сон-го, метер-го). Аслиял тӀадрагӀабаздаса лӀугьуна цогидал каламалъул бутӀаби:
- сифатал: сахаб, лъикӀаб, хъахӀаб, берцинаб;
- цӀарал: сахлъи, лъикӀлъи, хъахӀлъи, берцинлъи;
- фигӀлаби: сахълъизе, лъикӀлъизе, хъахӀлъизе, берцинлъизе;
- сифат-фигӀлаби: сахлъараб — сахлъун; лъикӀлъараб — лъикӀлъун, хъахӀлъараб — хъахӀлъун, берцинлъараб — берцинлъун;
ЛӀугьарал наречиял ккола жал цоги каламалъул бутӀазабаздасан лӀугьарал:
| ЛӀугьуна | ЛӀугьунеб къагӀида | Мисал | |
|---|---|---|---|
| ЦӀаралдаса |
|
|
|
| ЦӀарубакӀаздаса |
|
|
|
| РикӀкӀеназдаса |
|
|
|
| Конвербаздаса |
|
|
|
МагӀнаялъул рахъалъ авар тӀадрагӀаби рикьула хадусезде:
- Кинлъи бичӀчӀизабулел тӀадрагӀаби (кин? щиб куцалда?): циндаго, гьартӀан, гьединго, лъикӀ, квеш;
- Заманалъул тӀадрагӀаби (кида? кидалъагӀан?): сон, жакъа, нолӀ, риидал, метер, сезе, лезе, гьанже, кидаго, рогьинегӀан;
- БакӀалъул тӀадрагӀаби (киб? кибе? кисан?): квараниса, квегӀиса, рикӀкӀад, тӀасан, добасан;
- Къадаралъул тӀадрагӀаби (кигӀан? кигӀаналъ?): гӀемер, дагь, миркалъ;
- ГӀилла-мурадалъул тӀадрагӀаби (щай? щибизе?): щайго, чӀалгӀаде, махсараде;
Цо-цо тӀадрагӀаби, сифатал гӀадин, жинсалде балагьун, цолъул яги гӀемерлъул формалде балагьун, хисула, амма тӀадрагӀабазулӀ бачӀуна -р суффикс, сифатазда гӀадин -л бачӀунаро: хадув, хадуй, хадуб, хадур.
| Суал | Мисал |
|---|---|
| кибе? | рикӀкӀаде |
| киса(н)? | рикӀкӀадаса(н) |
| киб? | рикӀкӀад |
| кида? | радал |
| кидаялде? | радалалде |
| кидаялдаса(н)? | радалалдаса(н) |
- ↑ Anderson, Stephen. Where's Morphology? // Linguistic Ӏnquiry. — 1982. — № 13. — P. 571–612.