Авар вербал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Авар мацӀалда верб ккола сунца яги лъица букӀаниги гьабулеб иш, гьезие лъугьунеб ва гьел щиб хӀалалда ругебали бицунеб каламалъул бутӀа; щиб лъугьунеб? щиб гьабулеб? щиб хӀалалда бугеб? абурал суалазул цоялъе жаваблъунги бачӀуна. Жумлаялда жаниб фигӀлу букӀуна предикатлъун; жинсияб фигӀлу ккун бугони предикатлъун, гьеб кидаго субъектгун яги тӀадежубайгун жинсалъулъ ва формаялъулъ рекъон ккун букӀуна[1].

Сарп[хисизабизе | код хисизабизе]

ФигӀлуялъул категориял[хисизабизе | код хисизабизе]

ФигӀлуялъул категориязде гъорлъе уна: аспекталъул (фреквентативалъул), каузативалъул, классалъул, заманалъул, модусалъул (фигӀлу буссинабиялъул), гьечӀолъиялъул категориял.[2]

Фреквентатив ва каузатив[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацӀалъу фигӀлабазул аспектияб категориялде гъорлъе ккола фреквентативияб (такрарлъул) форма. Гьелъ жидеца цо-цо ишазул цадахълъи ялъуни цоцада хадуб ккей бихьизабула; лъугьуна фреквентатив такрарлъунгутӀиял фигӀлабаздаса хадусел къагӀидабаз:

КъагӀида Хаслъи ва хӀалтӀизаби Мисал
Суффиксация -ар аслияб ва бищун продуктивияб суффикс бохьизе — бохь-ар-изе, хисизе — хис-ар-изе, малълъизе — малълъ-ар-изе
-дар CV тайпадул фигӀлиял аслуязда ва цӀараздаса лъугьарал фигӀлабазда хъвазе — хъва-дар-изе, пузе — пу-дар-изе, хех-дар-изе, щак-дар-изе
-а- бугел тӀоцересел аслуязда ва редупликациял ва гьаркьада релълъарал аслуязда. лъалъазе — лъалъа-д-изе, чӀаразе — чӀара-д-изе; мими-д-изе, къвакъва-д-изе, гӀергӀе-д-изе
-ахъд хурхинабула жидер тӀоцересел такрарлъул формантал ругел аслуязда кӀобокӀ-ахъд-изе, бекер-ахъд-изе, багъар-ахъд-изе
-де аслияб къагӀидаялъ сонорияб, ларингалияб яги лабиалияб гьаракь бугел аслуязда гьализе — гьал-де-зе, кьвагьизе — кьвагь-де-зе, ахӀизе — ахӀ-де-зе, амма къап-е-зе, хьвагӀ-е-зе
-анхъ багъа-бачариялъул фигӀлабазда боржине — борж-анхъ-изе, билълъине — билълъ-анхъ-изе, белъизе — белъ-анхъ-изе
Аблаут у/и > е аслияб къагӀидаялъ CVRC тайпаялъул аслуязда, ударениялъ бакӀ хисула гъа́нчизе —гъанч-е́-зе, пи́рххизе — перхх-е́-зе, кӀу́тӀизе — кӀетӀ-е́-зе
Ударениялъ бакӀ хиси кӀа́нцӀана — кӀанцӀа́на, хӀа́нчӀана — хӀанчӀа́на
Кьибилалъул редупликация бихьизабула ишалъул цо чанго фаза букӀин къотӀизе — къотӀ-къотӀизе, хъарсине — хъарс-хъарсине, кьуризе — кьур-кьуризе
Баян: цо-цо фигӀлабазул такрарлъул формаби лъугьуна кӀиго къагӀидаялъги: кӀутӀизе — кӀетӀезе (аблаут) — кӀутӀ-кӀутӀизе (редупликация)

Жинда жаниб аслияб ахӀвал-хӀалалде агенсалъул роль бугев гӀахьалав чи яги гӀахьалаб иш, тӀагӀел (ва/яги гӀилла) тӀаде вачӀин/жубай лъугьунеб борхизабулеб активияб деривациялъул тайпалъун ккола каузатив, гьелъ бихьизабула иш гьабизабизе тӀами. Лъугьуна каузативиял формаби инфинитив ва гьа-б-изе кумекалъул фигӀлу цоцалъе иналдалъун (инфинитивалъул ахираб рагьараб ва кумекалъул фигӀлуялъул байбихьул гь- тӀагӀуна): гьабизе — гьабизабизе, хӀалтӀизе — хӀалтӀизабизе, хъвазе — хъваз-а-б-изе.

Классалъул (жинсияб) категория[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацӀалъул фигӀлаби рукӀуна жидер кьибилалда жинсияб гӀаламат бугелги ва гӀаламат гьечӀелги. Жинсиял гӀаламатал (в-, й-, б-, р-) гъорлъ ругел фигӀлабазул букӀуна ункъабго классалъулаб форма, гьел формабазул кумекалдалъул фигӀлу хасаб жинсалда бугеб цӀаргун рекъон ккола: вас в-ачӀана, яс я-чӀана, къо б-ачӀана, ниж р-ачӀана.

Заманалъул категория[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацӀалъул фигӀлуялъул системаялда руго синтетикиял ва аналитикиял заманалъул формаби. Синтетикиязде гъорлъе ккола:

  • гьанжесеб гӀаммаб заман, жинца кидаго лъугьунеб ялъуни жиндир заманаялъул гӀурхъи гьечӀеб иш бихьизабулеб (суффиксал -(у)ла/-уна);
  • бачӀунеб заман, жинца лъугьине бугеб иш бихьизабулеб (суффиксал: -(и)ла/-ина);
  • араб заман (аорист), жиндица цебе лъугьараб иш бихьизабулеб (суффиксал: -(у)на, -(а)на);

Аналитикиял формаби лъугьуна гьанже заманалъул сипат-фигӀлу (бутӀагьаби, яги причастие), араб заманалъул трансгрессив ва инфинитив «букӀине» фигӀлуялъул финитияб формагун цадахъ лъун. Аналитикиял формабазде гъорлъе уна:

  • Гьанжесеб баянаб заман (гьанже заманалъул сипат-фигӀлу + гьанже заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабула иш, жиб гьабулеб бугеб каламалъул заманалда лъугьунеб бугеб: дун вухӀулев вуго!; гьанжесеб гӀаммаб заманалъул формаялде бугеб кумекалъул фигӀлуялъ аналитикияб формаялъе кьола итеративияб магӀна: Кинабго жо хисулеб-сверулеб букӀуна.
  • Перфект (араб заманалъул трансгрессив + гьанже заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабула цебеккун гьабун бахъараб иш, жиндир хӀасил гьанжесеб заманалде бугеб: дун гьанже сахлъун йиго; кӀиявго хутӀун вуго.
  • Имперфект (гьанже заманалъул сипат-фигӀлу + араб заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабула иш, жиб араб заманалъул цо къотӀелалда лъугьунеб букӀараб: Балеб букӀана цӀад (ХӀ. Р.).
  • Плюсквамперфект (араб заманалъул трансгрессив + араб заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабула араб заманалъул цо параялде гьабун лъугӀараб иш яги гьелъул хӀасил (араб заманалдаго): Ахирал соназ эмен захӀматго унтун вукӀана (ХӀ. Р.).
  • БачӀунеб баянаб заман (инфинитив + гьанже заманалъул кумекалъул фигӀлу) — бихьизабул иш, жиб бачӀунеб заманалда лъугьине кватӀичӀого лъугьине бугеб (гӀемерисеб букӀуна гьабизе ялъуни лъугьине ккеялъул сипат): Ясалъ ретӀел хисизе буго.

Араб заманалъул формаби гьединго лъугьине бегьула гьанжеселдаса -ан суффиксалъул кумекалдалъун[3]: Дун хонжрокьа хӀинкъулаан.

Буссинабиялъул (модусалъул) категория[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацӀалда фигӀлуялъул буго анкьго буссинаби: хабарияб, тӀалабияб, шартӀияб, суалияб, мурадияб, теялъулаб ва гьесизарул.

  • Хабарияб буссинаби (индикатив) — бичӀчӀизабула процесс реалияб букӀин, иш хӀакъикъаталда лъугьин, гьелдехун субъекталъул (агенсалъул) бугеб бербалалъи рикӀкӀинчӀого; хӀалтӀизабула киналниги заманалъул формабигун: гьабуна, гьабула, гьабила, гьабулеб букӀана, гьабулеб буго, гьабулеб букӀина, гьабун букӀана, гьабуна буго, гьабун букӀина, гьабулаан, гьабизе буго.
  • ТӀалабияб буссинаби (императив) — бичӀчӀизабула тӀалаб гьаби, буюрухъ, малъи, мисалалъе: гьаб-е, хӀалтӀе, хъвай. Императивалъул суффиксал ккола -е: бос-е, хӀалтӀ-е, цӀал-е; (аслу е хутӀизегӀан цогидал рагьаразда лъугӀулел): лъа-й, кӀалъа-й, хъва-й, амма ккве, тӀе; -а (транзитивиял фигӀлабазул бутӀаязул, жидер аслуялъулъ Се структура бугел, яги инфинитивалъул форма -ине бугел): а, вачӀ-а, чӀа.
  • ШартӀияб буссинаби (субъюнктив) — субъективияб бербалагьиялдалъун бихьизабула лъугьине рес бугеб, анищаб, шартӀияб иш, мисалалъе, гьабу-ни, хӀалтӀани, хъвани. Субъюктивалъул суффиксал ккола -ни ва -ани.
  • Суалияб буссинаби — фигӀлияб ишалъул цӀехей, гьикъи бичӀчӀизабула[4], хӀалтӀизабула суалиял жумлабазда суалияб рагӀиги гьечӀого[5]. Лъугьуна -ищ бутӀаялъул кумекалдалъун: гьабунищ, хӀалтӀанищ, хъванищ.
  • Мурадияб буссинаби (оптатив) — бихьизабула фигӀлияб ишалдехун кӀалъалесул рекӀел мурад, лъие букӀаниги щиб букӀаниги гьари, нагӀана кьей ва хьами. Лъугьуна императивалде тӀаде -ги суффикс жубаялдалъун: гьабе-ги, хӀалтӀаги, хъваги.
  • Теялъулаб буссинаби — бихьизабула кӀалаълесул рекӀел мурадалда, къасдалда, гьабураб ишалъул, ялъуни лъугьа-бахъиналъул гӀаксалда кколеб иш. Лъугьуна субъюнктивалде тӀаде -ги жубаялдалъун: гьабуни-ги, хӀалтӀаниги, хъваниги.
  • Гьесизарул буссинаби — бихьизабула фигӀлияб ишалдехун къасд, гьесизари: гьабилин, хӀалтӀилин, хъвалин.
ГьечӀолъиялъул форма[хисизабизе | код хисизабизе]
Транзитивлъи[хисизабизе | код хисизабизе]

ФигӀлуялъул битӀараб тӀадежубайгун (пациенсгун) бухьен гьабизе кӀвеялде балагьун, авар мацӀалъул фигӀлаби рикьула транзитивияздеги транзитивиял гурездеги.

Транзитивияб фигӀлуялъе жумлаялда жаниб букӀине ккола битӀараб тӀадежубай яги пациенс, жинде тӀаде субъекталъ гьабулеб иш кколеб: васас (агенс, акт. и.) кагъат (пациенс) Халип:КӀихӀучч (иш). Гьаниб «хъвазе» фигӀлу ккола транзитивияблъун, ай жинца пациенсалда (ишалъул объекталда) хурхенлъи тӀалаб гьабулеб, гьеб гьечӀого ишалъул магӀна загьирлъуларо.

Авар мацӀалъул транзитивияб фигӀлугун бугеб агенс гӀемерисеб букӀуна актив игӀрабалда: дица (агенс, акт. игӀр.) хӀалтӀи (пациенс) Халип:КӀихӀучч (иш); лъай босул, жо рагӀиялъул, бичӀчӀиялъул фигӀлабигун бугеб агенс букӀуна жинда игӀрабалъул (локатив Ӏ) формаялда: дида (агенс, жинда и.) гьеб хабар (пациенс) хеко Халип:КӀихӀучч; рекӀел асар бихьизарулел фигӀлабигун агенс букӀуна кьовул игӀрабалда: дие (агенс, кьов. и.) Халип:КӀихӀучч тӀахьал (пациенс). ФигӀлуялъул аналитикиял формабигун букӀине бугьула эргативияб яги номинативияб конструкция: васас (агенс) хӀалтӀи (пациенс) гьабулеб буго (иш) — эргавтив; вас (субъект) хӀалтӀи (объект) гьабулев вуго (иш) — номинатив.

Транзитивияб гуреб фигӀлабазу жумлаялда жаниб объект гурони, битӀараб тӀадежубай букӀунаро, жибго объект букӀуна аслияб игӀрабалда (номинативалда): ихх (агенс, асл. игӀр.) Халип:КӀихӀучч (иш), гьаниб лъугьараб иш — тӀаде щвана — буссараб буго жибго агенсалде.

Контексталде балагьун, транзитивияб фигӀлу, жиндирго аслу хисичӀого, лъугьине бегьула транзитивияб гуреблъун: Гьес кагъат босун Халип:КӀихӀучч (транзитивияб фигӀлу), гьесул чу чӀалде бищун цебе Халип:КӀихӀучч (транзитивияб гуреб фигӀлу). Гьел фигӀлабазул дифференциация гьабизе бегьула жидер императивалъул суффиксазде балагьун: суффикс бугел ккола транзитивиял (гьаб-е — гьабизе, те — тезе, къотӀе — къотӀизе), суффикс бугел ккола транзитивиял гурел (а — ине, бачӀа — бачӀине, бега — бегизе). Кидаго транзитивияллъун рукӀунел фигӀлабилъун ккола ккола каузативал: хӀалтӀизабула, бачӀинабула, хъвазабула. Кидагосел транзитивиял гуреллъун ккола френквентативал (такрарлъул фигӀлаби): хъвадарула, цӀехолдана, кьвагьдана).

ФигӀлуялъул хасал формаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Инфинитив[хисизабизе | код хисизабизе]
Масдар[хисизабизе | код хисизабизе]
Сифат-фигӀлу[хисизабизе | код хисизабизе]
Конверб[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. Авар мацӀ.
  2. Аварский язык. Глагол. Атаев, Алекссев
  3. Аварский язык. (Михаил Алексеев, Борис Атаев)
  4. Авар мацӀ. М.-с. СагӀидов.
  5. Аварский язык. Атаев, Алексеев