Авар адйективал
Сериябазул бутӀа: |
Авар грамматика |
---|
Авар мацӀалъул сундул букӀаниги сипат-сурат жинца бихьизабулеб ва кинаб?, кинай?, кинаб?, кинал? абураб суалазе жаваблъун бачӀунеб каламалъул бутӀа ккола сифат: тирияв вас, берцинай яс, хехаб чу, лъикӀал гӀадамал, дираб, меседилаб.
Жумлаялда жаниб сифат гӀемерисеб баянлъун ккола, ва жинца баян кьолеб рагӀиялде балагьун, сифат жинсалда ва гӀемерлъул формаялда рекъон хисула: хирияв эмен, хирияй эбел, хирияб тӀалъи, хириял тӀахьал.
Авар мацӀалъул сифатал рукӀуна гӀадаталги (берцинаб, кӀудияб, лъикӀаб), жураралги (кантӀогьилаб, чӀегӀерккараб), тӀубаралги (багӀараб) къокъалги (багӀар). Сифаталъул къокъаб формаялъул буго стиллистикияб релъен ва гӀемерисеб хӀалтӀизабула поэзиялда. А. А. Бокаревас жиндирго монографиялда рехсон буго къокъал сифатал хӀалтӀизарулел бакӀал[1]:
- поэзиялда хасаб стилалъулаб къагӀида хӀисабалда;
- хасал ва географиял цӀаразда;
- сорт бихьизабулел ва сундул букӀаниги батӀалъаби бихьизабулел бакӀазда;
- къокъаб формаялдалъун бегьула жиндалъун цогияб классалдаса предмет батӀа гьабулеб кинаб букӀаниги хаслъи бихьизабизе гуребги, жибго предметги баян гьабизе.
ТӀубараб фарма лъугьуна къокъаб сифаталде тӀаде -а- суффикс ва классалъулаб ахир жубан: лъикӀ-а-в, лъикӀ-а-й, лъикӀ-а-б, лъикӀ-а-л. Сифат каламалда жаниб магӀнаялъул рахъалъги формаялъул рахъалъанги цӀаралда бухьараб буго; гьеб жинсалъулъги цолъул ва гӀемерлъул формаялъулъги предметияб цӀаргун рекъола. Жинсалде балагьун: тамашаяв вас, тамашаяй яс, тамашаяб тӀехь; гӀемерлъул формаялде балагьун: тамашаял васал, тамашаял тӀахьал.
Сифатазул цо-цо тайпаби руго жинсияб ва цолъулгун гӀемерлъул формалъул гӀаламат ахиралъулъги кьибилалъулъги такрарлъулел: ворхатав вас, йорхатай яс, борхатаб гъветӀ, рорхатал мугӀрул. Сифаталъул данде кквеялъул даражаби рихьизарула авар мацӀалда цогидал рагӀабазул кумекалдалъун: лъикӀаб — дагьабги лъикӀаб — бищун лъикӀаб.
Жиндир гӀаламат бихьизабулеб предметияб цӀаргун цадахъ бугеб мехалда прилагательное падежазде хисуларо, аслияб падежалда хутӀула: лебалав чи, лебалав чияс, лебалав чиясул, лебалав чиясе. Жиндир гӀаламат бихьизабулеб предметияб цӀаргун цадахъ гуреб, жибго батӀаго бугони, сифатал игӀрабазда рекъон хисула. Субстантивациялда суффиксазул кумекалдалъун сифаталъул лъугьуна хъвалсараб аслу ва тӀагӀуна класс бихьизабулеб ахир: лъикӀа-с (Ӏ класс), лъикӀа-лъ (II—III класс).
ИгӀраб | Цолъул форма | ГӀемерлъул форма | |||
---|---|---|---|---|---|
чиясул жинс | чӀужуялъул жинс | гьоркьохъеб жинс | |||
Аслияб | лъикӀ-а-в | лъикӀ-а-й | лъикӀ-а-б | лъикӀ-а-л | |
Актив | лъикӀ-ас | лъикӀ-алъ | лъикӀ-аз | ||
Хаслъул | лъикӀ-ас-ул | лъикӀ-алъ-ул | лъикӀ-аз-ул | ||
Кьовул | лъикӀ-ас-е | лъикӀ-алъ-е | лъикӀ-аз-е | ||
ЧӀовул
(локатив) |
жинда игӀраб | лъикӀ-ас-да | лъикӀ-ал-да | лъикӀ-аз-да | |
жиндихъ игӀраб | лъикӀ-ас-ухъ | лъикӀ-алъ-ухъ | лъикӀ-аз-ухъ | ||
жиндилъ игӀраб | лъикӀ-ас-улъ | лъикӀ-алъ-улъ | лъикӀ-аз-улъ | ||
жиндикь игӀраб | ликӀ-ас-укь | ликӀ-алъ-укь | ликӀ-аз-укь | ||
жаниб игӀраб | — | — | лъикӀ-алъ-уб(в/й/р) | — | |
РачӀул
(аллатив) |
жинде игӀраб | лъикӀ-ас-де | лъикӀ-ал-де | лъикӀ-аз-де | |
жиндихъе игӀраб | лъикӀ-ас-ухъе | лъикӀ-алъ-ухъе | лъикӀ-аз-ухъе | ||
жиндилъе игӀраб | лъикӀ-ас-улъе | лъикӀ-алъ-улъе | лъикӀ-аз-улъе | ||
жиндикье игӀраб | лъикӀ-ас-укье | лъикӀ-алъ-укье | лъикӀ-аз-укье | ||
жанибе игӀраб | — | — | лъикӀ-алъ-убе | — | |
РатӀалъул
(аблатив/транслатив) |
жиндаса(н) игӀраб | лъикӀ-ас-даса(н) | лъикӀ-ал-даса(н) | лъикӀ-аз-даса(н) | |
жиндихъа(н) игӀраб | лъикӀ-ас-ухъа(н) | лъикӀ-алъ-ухъа(н) | лъикӀ-аз-ухъа(н) | ||
жиндилъа(н) игӀраб | лъикӀ-ас-улъа(н) | лъикӀ-алъ-улъа(н) | лъикӀ-аз-улъа(н) | ||
жиндикьа(н) игӀраб | лъикӀ-ас-укьа(н) | лъикӀ-алъ-укьа(н) | лъикӀ-аз-укьа(н) | ||
жаниса(н) игӀраб | — | — | лъикӀ-алъ-уса(н) | — |
- ^ Бокарев А. А. Синтаксис аварского языка. М.; Л.: Изд-во АН СССР, 1949. [150-162]