Перейти к содержанию

Авар цӀарубакӀал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Авар мацӀалда цӀарубакӀ хӀалтӀизабула цӀаралъул, сифаталъул, рикӀкӀеналъул бакӀалда, ва гьеб магӀнаялъул рахъалъан цӀаралдаса, сифаталдаса, рикӀкӀеналдаса жиндир магӀна дагьабги цӀикӀкӀун гӀаммаб букӀиналдалъун батӀалъула. МагӀнаялде балагьун, цӀарубакӀал рикьула:

  1. Гьумералъул цӀарубакӀал: 1-себ гьумер — дун, ниж, нилъ; 2-леб гьум. — мун, нуж; 3-леб гьум. — дов, дой, доб, дол; жив, жий, жиб, жал. ТӀоцебесеб гьумералъул цӀарубакӀазул гӀемерлъул формаялъе авар мацӀалда буго эксклюзивияб ниж ва инклюзивияб нилъ (нилӀ) формаби. Ниж хӀалтӀизабула жиндехун кӀалъай буссарав чи гъорлъ гьечӀолъи бичӀчӀизабизе. Нилъ цӀарубакӀ хӀалтӀизабула жиндехун кӀалъай буссарав чи гъорлъ вукӀин бичӀчӀизабизе.
  2. Ишараялъул цӀарубакӀал: ав, эв, гьав, дов, гьадав, гъов, гьагъав, лъов, гьалъав. Гьумералъул цӀарубакӀазул цо-цо формаби ишараялъул цӀарубакӀаздаги хӀалтӀизабула, масала: дов. Цо-цо мехалда гьел цӀарубакӀазул авалалда гьа- жубала (гьа- тӀаде жубараб форма лъугьунаго аслуялъулъ о гьаракь а гьаракьалде сверула): дов > гьадав. Ишараялъул цӀарубакӀаз манзилги бичӀчӀизабула: гьав — кӀалъалесда аскӀов цун вугев; гьев — жинда кӀалъалесда аскӀов чӀун вугев; дов — рикӀкӀад вугев; лъов — кӀалъалесдаса ворхалъуда вугев; гъов — кӀалъалесдаса гъоркьехун вугев;
  3. Суалиял цӀарубакӀал: щив? щий? щиб? щал? кинав? кинай? кинаб? кинал? чан?
  4. Баяналъул цӀарубакӀал: щибав, щибай, щибаб, щибай, кинавго, киналго, тӀолго;
  5. Баянлъи гьечӀолъиялъул цӀарубакӀал: щивалиго, щиялиго, щибалиго, щалалиго, кинавалиго, кинаялиго, кинабалиго, киналалиго;
  6. Абсолютиял цӀарубакӀал: щивниги, щалниги;

ЦӀарубакӀ жумлаялда жаниб гӀемерисеб мехалъ субъектлъун букӀуна, гьединго гьеб, жиб хӀалтӀизабун бугеб магӀнаялъухъ ва формаялъухъ балагьун, букӀуна батӀиял гӀахьалбутӀабилъунги: битӀараб тӀадежубайлъун (объект), предикатлъун, баянлъун, хъвалсараб тӀадежубайлъун.

ЦӀарубакӀ игӀрабазде свери

[хисизабизе | код хисизабизе]

Гьумералъул, суалиял, ишариял ва гьездаса лъугьарал цӀарубакӀал хисиялъул руго хадусел хаслъалаби:

  • цолъул формаялъул гумералъул цӀарубакӀазул ва суалиязул букӀуна супплетивияб хъвалсараб аслу: ди-е, ду-е, лъи-е, сунду-е — кьовул игӀраб.
  • стандартияб гуреб къагӀидаялда лъугьуна хъвалсараб аслу гӀемерлъул формаялда ругел гьумералъул цӀарубакӀазул: ниже-е, нуже-е, жинди-е, жиде-е — кьов. и.
  • щиб ва жив цӀарубакӀазул актив игӀрабалда тӀагӀуна аслуялъул кӀиабилеб къотӀел: сун-ца, жин-ца;
  • нахъруссиналъул ва гьумералъул цӀарубакӀазул хаслъул падеж лъугьуна -р суффиксалъул кумекалдалъун: ди-р, ду-р;
  • жал гьумералъул цӀарубакӀаллъун хӀалтӀизарулел баяналъул цӀарубакӀазул хъвалсараб аслу лъугьуна -с- (Ӏ кл.), -лъ- (II—III), -з- (гӀем. ф.) суффиксазул кумекалдалъун ва класс бихьизабуле ахир къотӀиялдалъун;
  • рихьизарул цӀарубакӀазул кьовул падеж лъугьуна -ие суффиксалдалъун: гьес-ие, гьелъ-ие.
Гьумералъул цӀарубакӀал игӀрабазде свериялъул парадигма
ИгӀраб Цолъул форма ГӀемерлъул форма
1-себ гьумер 2-леб гьумер 3-леб гьумер 1-себ гьумер 2-леб гьумер 3-гьумер
Аслияб дун мун дов дой доб ниж
нилъ
нуж дол
Актив ди-ца ду-ца дос долъ ниже-ца
нилъе-ца
нуже-ца доз
Хаслъул ди-р ду-р дос-ул долъ-ул ниже-р
нилъе-р
нуже-р доз-ул
Кьовул ди-е ду-е дос-ие долъ-ие ниже-е
нилъе-е
нуже-е доз-ие
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб ди-да ду-да дос-да дол-да ниже-да
нилъе-да
нуже-да доз-да
жиндихъ игӀраб ди-хъ ду-хъ дос-ухъ долъ-ухъ ниже-хъ
нилъе-хъ
нуже-хъ доз-ухъ
жиндилъ игӀраб ди-лъ ду-лъ дос-улъ долъ-улъ ниже-лъ
нилъе-лъ
нуже-лъ доз-улъ
жиндикь игӀраб ди-кь ду-кь дос-укь долъ-укь ниже-кь
нилъе-лъ
нуже-кь доз-укь
жаниб игӀраб долъ-уб
(-ув/-уй/-ур)
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб ди-де ду-де дос-де дол-де ниже-де
нилъе-де
нуже-де доз-де
жиндихъе игӀраб ди-хъе ду-хъе дос-ухъе долъ-ухъе ниже-хъе
нилъе-хъе
нуже-хъе доз-ухъе
жиндилъе игӀраб ди-лъе ду-лъе дос-улъе долъ-улъе ниже-лъе
нилъе-лъе
нуже-лъе доз-улъе
жиндикье игӀраб ди-кье ду-кье дос-укье долъ-укье ниже-кье
нилъе-кье
нуже-кье доз-укье
жанибе игӀраб долъ-убе
(-уве/-уйе/-уре)
РатӀлъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб ди-даса(н) ду-даса(н) дос-даса(н) дол-даса(н) ниже-даса(н)
нилъе-даса(н)
нуже-даса(н) доз-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраб ди-хъа(н) ду-хъа(н) дос-ухъа(н) долъ-ухъа(н) ниже-хъа(н)
нилъе-хъа(н)
нуже-хъа(н) доз-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀраб ди-лъа(н) ду-лъа(н) дос-улъа(н) долъ-улъан(н) ниже-лъа(н)
ниже-лъа(н)
нуже-лъа(н) доз-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀраб ди-кьа(н) ду-кьа(н) дос-укьа(н) долъ-укьа(н) ниже-кьа(н)
нилъе-кьа(н)
нуже-кьа(н) доз-укьа(н)
жаниса(н) игӀраб долъ-уса(н)

Ишараялъул цӀарубакӀал

ав (й/б/л), гьав (й/б/л), гъов (й/б/л)
ИгӀраб Цолъул форма
Аслияб ав ай аб гьав гьай гьаб гъов гъой гъол
Актив ас алъ гьас гьалъ гъос гъолъ
Хаслъул ас-ул алъ-ул гьас-ул гьалъ-ул гъос-ул гъолъ-ул
Кьовул ас-ие алъ-ие гьас-ие гьалъ-ие гъос-ие гъолъ-ие
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб ас-да ал-да гьас-да гьал-да гъос-да гъол-да
жиндихъ игӀраб ас-ухъ алъ-ухъ гьас-ухъ гьалъ-ухъ гъос-ухъ гъолъ-ухъ
жиндилъ игӀраб ас-улъ алъ-улъ гьас-улъ гьалъ-улъ гъос-улъ гъолъ-улъ
жиндикь игӀраб ас-укь алъ-укь гьас-укь гьалъ-укь гъос-укь гъолъ-укь
жаниб игӀраб алъ-уб

(-ув/-уй/-ур)

гьалъ-уб

(-ув/-уй/-ур)

гьолъ-уб

(-ув/-уй/-ур)

РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб ас-де ал-де гьас-де гьал-де гъос-де гъол-де
жиндихъе игӀраб ас-ухъе алъ-ухъ гьас-ухъе гьалъ-ухъ гъос-ухъе гъолъ-ухъе
жиндилъе игӀраб ас-улъе алъ-улъе гьас-улъе гьалъ-улъе гъос-улъе гъолъ-улъе
жиндикье игӀраб ас-укье алъ-укье гьас-укье гьалъ-укье гъос-укье гъолъ-укье
жанибе игӀраб алъ-убе

(-уве/-уйе/-уре)

гьалъ-убе

(-уве/-уйе/-уре)

гьолъ-убе

(-уве/-уйе/-уре)

РатӀлъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб ас-даса(н) ал-даса(н) гьас-даса(н) гьал-даса(н) гъос-даса(н) гъол-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраб ас-ухъа(н) алъ-ухъа(н) гьас-ухъа(н) гьалъ-ухъа(н) гъос-ухъа(н) гъолъ-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀраб ас-улъа(н) алъ-улъа(н) гьас-улъа(н) гьалъ-улъа(н) гъос-улъа(н) гъолъ-улъан(н)
жиндикьа(н) игӀраб ас-укьа(н) алъ-укьа(н) гьас-укьа(н) гьалъ-укьа(н) гъос-укьа(н) гъолъ-укьа(н)
жаниса(н) игӀраб алъ-уса(н) гьалъ-уса(н) гъолъ-уса(н)
ал, гьал, гъол
ИгӀраб ГӀемерлъул форма
Аслияб ал гьал гъол
Актив аз гьаз гъоз
Хаслъул аз-ул гьаз-ул гъоз-ул
Кьовул аз-ие гьаз-ие гъоз-ие
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб аз-да гьаз-да гъоз-да
жиндихъ игӀраб аз-ухъ гьаз-ухъ гъоз-ухъ
жиндилъ игӀраб ас-улъ гьаз-улъ гъоз-улъ
жиндикь игӀраб ас-укь гьаз-укь гъоз-укь
жаниб игӀраб
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб аз-де гьаз-де гъоз-де
жиндихъе игӀраб аз-ухъе гьаз-ухъе гъоз-ухъе
жиндилъе игӀраб аз-улъе гьаз-улъе гъоз-улъе
жиндикье игӀраб аз-укье гьаз-укье гъоз-укье
жанибе игӀраб
РатӀлъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб аз-даса(н) гьаз-даса(н) гъоз-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраб аз-ухъа(н) гьаз-ухъа(н) гъоз-ухъа(н)
жиндилъа(н) игӀраб аз-улъа(н) гьаз-улъа(н) гъоз-улъа(н)
жиндикьа(н) игӀраб аз-укьа(н) гьаз-укьа(н) гъоз-укьа(н)
жаниса(н) игӀраб

Суалиял цӀарубакӀал:

щив (-й/-б), щал
ИгӀраб Цолъул форма ГӀемерлъул форма
ч. ж. чӀ. ж. гь. ж.
Аслияб щив щий щиб щал
Актив лъи-ца сун-ца лъица
Хаслъул лъи-л сунду-л лъил
Кьовул лъи-е сунду-е лъи-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб лъи-да сун-да лъи-да
жиндихъ игӀраб лъи-хъ сунду-хъ лъи-хъ
жиндилъ игӀраб лъи-лъ сунду-лъ лъи-лъ
жиндикь игӀраб лъи-кь сунду-кь лъи-кь
жаниб игӀраб
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб лъи-де сун-де лъи-де
жиндихъе игӀраб лъи-хъе сунду-хъе лъи-хъе
жиндилъе игӀраб лъи-лъе сунду-лъе лъи-лъе
жиндикье игӀраб лъи-кье сунду-кье лъи-кье
жанибе игӀраб
РатӀлъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб лъи-даса(н) сун-даса(н) лъи-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраб лъи-хъа(н) сунду-хъа(н) лъи-хъа(н)
жиндилъа(н) игӀраб лъи-лъа(н) сунду-лъа(н) лъи-лъа(н)
жиндикьа(н) игӀраб лъи-кьа(н) сунду-кьа(н) лъи-кьа(н)
жаниса(н) игӀраб

Баяналъул цӀарубакӀал (лъугьуна суалиял цӀарубакӀаздаса -а- ва классалъул ахиралъул суффиксазул кумекалдалъун: щиб — щиб-а-в, гьанире гъорлъе рачӀуна гьединго тӀолго ва гьадинаб (-в/-й/-л) цӀарубакӀалги[1]).

щибав (/), кинавго (-айго/-абго), щибал, киналго
ИгӀраб Цолъул форма ГӀемерлъул форма
Аслияб щибав щибай щибаб кинавго кинайго кинабго щибал киналго
Актив щибас щибалъ кинас-го киналъ-го щибаз киназ-го
Хаслъул щибас-ул щибалъ-ул кинас-ул-го киналъ-ул-го щибаз-ул киназ-ул-го
Кьовул щибас-е щибалъ-и кинас-е-го киналъ-е-го щибаз-е киназ-е-го
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб щибас-да щибал-да кинас-да-го киналъ-да-го щибаз-да киназ-да-го
жиндихъ игӀраб щибас-ухъ щибалъ-ухъ кинас-ухъ-го киналъ-ухъ-го щибаз-ухъ киназ-ухъ-го
жиндилъ игӀраб щибас-улъ щибалъ-улъ кинас-улъ-го киналъ-улъ-го щибаз-улъ киназ-улъ-го
жиндикь игӀраб щибас-укь щибалъ-укь кинас-укь-го киналъ-укь-го щибаз-укь киназ-укь-го
жаниб игӀраб щибалъ-уб

(-ув/-уй/-ур)

киналъ-уб-го
(-ув/-уй/-ур)-го
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб щибас-де щибал-де кинас-де-го кинал-де-го щибаз-де киназ-де-го
жиндихъе игӀраб щибас-ухъе щибалъ-ухъе кинас-ухъе-го киналъ-ухъе-го щибаз-ухъе киназ-ухъе-го
жиндилъе игӀраб щибас-улъе щибалъ-улъе кинас-улъе-го киналъ-улъе-го щибаз-улъе киназ-улъе-го
жиндикье игӀраб щибас-укье щибалъ-укье кинас-укье-го киналъ-укье-го щибаз-укье киназ-укье-го
жанибе игӀраб щибалъ-убе
(-уве/-уйе/-уре)
киналъ-убе-го
(-уве/-уйе/-уре)-го
РатӀлъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб щибас-даса(н) щибал-даса(н) кинас-даса(н)-го кинал-даса(н)-го щибаз-даса(н) киназ-даса(н)-го
жиндихъа(н) игӀраб щибас-ухъа(н) щибалъ-ухъа(н) кинас-ухъа(н)-го киналъ-ухъа(н)-го щибаз-ухъа(н) киназ-ухъа(н)-го
жиндилъа(н) игӀраб щибас-улъа(н) щибалъ-улъа(н) кинас-улъа(н)-го киналъ-улъа(н)-го щибаз-улъа(н) киназ-улъа(н)-го
жиндикьа(н) игӀраб щибас-укьа(н) щибалъ-укьа(н) кинас-укьа(н)-го киналъ-укьа(н)-го щибаз-укьа(н) киназ-укьа(н)-го
жаниса(н) игӀраб щибалъ-уса(н) киналъ-уса(н)-го

Баянлъи гьечӀел цӀарубакӀал (лъугьуна суалиял цӀарубакӀаздаса -алиго тӀаде жубан: щиб — щиб-алиго).

щивалиго, щиялиго, щибалиго, щалалиго
ИгӀраб Цолъул форма ГӀемерлъул форма
ч. ж. чӀ. ж. гь. ж.
Аслияб щивалиго щиялиго щибалиго щалалиго
Актив лъицаялиго сунцаялиго ГӀемерлъул формаялда ругел баянлъи гьечӀел цӀарубакӀал

игӀрабазде сверула цолъул

формаялда релълъун.

Хаслъул лъилалиго сундулалиго
Кьовул лъиеялиго сундуеялиго
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб лъидаялиго сундаялиго
жиндихъ игӀраб лъихъалиго сундухъалиго
жиндилъ игӀраб лъилъалиго сундулъалиго
жиндикь игӀраб лъикьалиго сундукьалиго
жаниб игӀраб сундунибалиго*
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб лъидеялиго сундеялиго
жиндихъе игӀраб лъихъеялиго сундухъеялиго
жиндилъе игӀраб лъилъеялиго сундулъеялиго
жиндикье игӀраб лъикьеялиго сундукьеялиго
жанибе игӀраб сундунибалиго*
РатӀлъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб лъидасаялиго/лъидасаналиго сундасаялиго/сундасаналиго
жиндихъа(н) игӀраб лъихъаялиго/лъихъаналиго сундухъаялиго/сундухъаналиго
жиндилъа(н) игӀраб лъилъаялиго/лъилъаналиго сундулъаялиго/сундулъаналиго
жиндикьа(н) игӀраб лъикьаялиго/лъикьаналиго сундукьаялиго/сундукьаналиго
жаниса(н) игӀраб сундасаялиго/сундасаналиго*

Абсолютиял цӀарубакӀал

щивниги, щийниги, щибниги, щалниги
ИгӀраб Цолъул форма ГӀемерлъул форма
ч. ж. чӀ. ж. гь. ж.
Аслияб щивниги щийниги щивниги щалниги
Актив лъицаниги сунцаниги ГӀемерлъул формаялда ругел абсолютиял

цӀарубакӀал игӀрабазде сверула цолъул

формаялда релъун.

Хаслъул лъилниги сундулниги
Кьовул лъиениги сундуениги
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб лъиданиги сунданиги
жиндихъ игӀраб лъихъниги сундухъниги
жиндилъ игӀраб лъилъниги сундулъниги
жиндикь игӀраб лъикьниги сундукьниги
жаниб игӀраб сундунибниги*
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб лъидениги сундениги
жиндихъе игӀраб лъихъениги сундухъениги
жиндилъе игӀраб лъилъениги сундулъениги
жиндикье игӀраб лъикьениги сундукьениги
жанибе игӀраб сундунибениги*
РатӀлъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб лъидасаги (лъидасаниги) сундасаги/сундасаниги
жиндихъа(н) игӀраб лъихъаги (лъихъаниги) сундухъаги/сундухъаниги
жиндилъа(н) игӀраб лъилъаги (лъилъаниги) сундулъаги/сундулъаниги
жиндикьа(н) игӀраб лъикьаги (лъикьаниги) сундукьаги/сундукьаниги
жаниса(н) игӀраб сундасаниги*

Нахъбуссиналъул цӀарубакӀал (лъугьуна гьумералъул цӀарубакӀаздаса гьезде тӀаде -го суффикс жубаялдалъун: дун — дун-го, мун — мунго; лъабабилеб гьумералъе нахъбуссиналъул цӀарубакӀлъун хӀалтӀизбула жив/жий/жиб/жал)

ИгӀраб Цолъул форма ГӀемерлъул форма
ч. ж. чӀ. ж. гь. ж.
Аслияб жив жий жиб жал
Актив жинди-ца жиде-ца
Хаслъул жинди-р жиде-р
Кьовул жинди-е жиде-е
ЧӀовул

(локатив)

жинда игӀраб жинди-да жиде-да
жиндихъ игӀраб жинди-хъ жиде-хъ
жиндилъ игӀраб жинди-лъ жиде-лъ
жиндикь игӀраб жинди-кь жиде-кь
жаниб игӀраб
РачӀул

(аллатив)

жинде игӀраб жинди-де жиде-де
жиндихъе игӀраб жинди-хъе жиде-хъе
жиндилъе игӀраб жинди-лъе жиде-лъе
жиндикье игӀраб жинди-кье жиде-кье
жанибе игӀраб
РатӀлъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игӀраб жинди-даса(н) жиде-даса(н)
жиндихъа(н) игӀраб жинди-хъа(н) жиде-хъа(н)
жиндилъа(н) игӀраб жинди-лъа(н) жиде-лъа(н)
жиндикьа(н) игӀраб жинди-кьа(н) жиде-кьа(н)
жаниса(н) игӀраб
  1. ^ Аварский язык. Местоимение. Атаев, Алексеев