Авар интерйекцияби

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Авар мацӀалда интерйекциябаз бихьизабула кӀалъалев чиясул батӀи-батӀиял хӀалал ва рекел асарал загьир гьаризе. Цого гьоркьоберехалъ, каламалъул бакӀалде ва гьелъул мурадалде балагьун, батӀи-батӀиял асарал ричӀчӀизаризе бегьула. Масала: огь абураб рагӀи рохел, пашманлъи, тамашалъи, хӀинкъи, рекӀекълъи бичӀчӀизабизе хӀалтӀизабун букӀине бегьула. Гьоркьобрехиязда гъорлъе уна ле, огь, я, ия, ияхӀ, вай, гьа, огьо-гьой, вала-лай, ваба-бай, гьай залин, унго, вахӀ, гьуя, гьая. Горкьорехал рикьула хадусел тайпабазде:

  • батӀи-батӀиял рекӀел асарал: вабабай — гӀузру букӀин, гӀажаиблъи, ия — щаклъи, огь — ургъел, роххи, вай — хӀинкъи, къварилъи, ракӀбуссин, ияхӀ, вахӀ — гӀажаиблъи;
  • цо жоялде гьуси: воре — цӀодорлъи гьаби;
  • хитӀаб: ле — бихьинчиясле, йо — чӀужугӀаданалде;
  • аскӀоре ахӀи (хӀайванал ахӀизе/хъамизе).

Гьоркьоберехазде гьоркьоре уна гьединго алхӀамдули-лагь, шукру Аллагьасе! гӀадал цочӀарал калимабиги. Гьоркьоберахездехун хурхинарула гьединго гаркьазул къагӀидабиги.[1]

Гьоркьорехал рукӀуна гӀадаталги журалралги. Журарал хъвала гьоркьоб хӀучч цӀан (гьа-гьа, ваба-бай). Цоцада хадуб чанго гьоркьоберех хъван бугони, гьезда гьоркьоб рачӀ-тӀанкӀ (лъалхъул ишара) лъола. Горкьоберехазда хадур хӀалтӀизарун ругони бутӀаби, гьел гьоркьоберехгун рекӀун хъвала (унхале, огьха).

  1. Аварский язык. Атавев, Алексеев