БетӀераб гьумер
ГьабсагӀат Авар Википедиялда буго 3582 макъала. Жакъа буго АрбагI къо, 2024 сонил 27 новембер | 25 Жумада ал-авал 1446 гь. | |||||||||||
Жакъа тӀасабищараб макъалаАвар мацӀ ккола Кавказияб хъизамул авар гIаркьалил авар-гIандисезул къокъадул мацIлъун. ТӀибитӀун буго аслияб куцалъ Дагъистаналда ва ЦӀоралда. Ккола Дагъистаналъул официалал мацӀазул цояб. Авар мацӀалъул буго чанго сверел, литературияб мацӀалъул кьучӀда буго хьондасеб тӀадгаруде кколеб болмацӀ. Фонетикияб гӀуцӀиялда буго гӀатӀидаб рагьукъал гьаркьазул (консонантазул) система, рагьараб гьаракь буго щуго. Морфологияб рахъалъ авар ккола аглутинативияб мацӀ, жиндилӀ гьединго фузиялъулги аналитизмалъулги элементалги ругеб. Авар уна эргатив–абсолутив рекъонккеялъул мацӀазулӀе. Буго цӀакъ гӀатӀидаб вербазулаб система. Жакъасеб лъикӀаб макъалаСуракъат — аваразул нуцал, жив, цо-цо баяназда рекъон, XI гІасруялда, цогидал баяназда, XII вукІарав. Нуцал Саратанил вас. Бакихановасда рекъон, Абу Муслим вукІун вуго гьижрияб V гІасруялда, ай 1009 ва 1107 соназда гьоркьоб заман. Суракъат нуцалил заманалда гІуцІула тах ирсалъе кьеялъул тартиб, жинда рекъон Суракъатил ирсалъул варисзабазе гурони ихтияр букІинчІеб Аваристаналъул тахида рукІине. Суракъатил рагІият букІана насранияб ва жугьутІ дин ккурал, хъанчие лагълъи гьабулел. Нуцал рикІкІунев вукІана цІакъ къуватав, рагІи билъарав бетІерлъун. Авар нуцаласе мутІигІал рукІана Шамахалдаса бахъараб Кабардаялде щвезегІан ругел киналниги халкъал, тушал ва чачанал. Императорасулаб географияб жамагІаталъул хъвай-хъвагІаялда рекъон, Суракъатица «ханлъи гьабулаан буго Шамахалдаса бахъараб Кабардаялъул гІорхъоде щвезеган ругел халкъазе, чачанал ва тушиял абуни рукІана гьесул рагІиятчагІилъун».
Жакъа тӀасбищараб сурат
Балагье энциклопедиялда
РачӀа данде бан хъвазе!Хириял магӀарулал! ХӀурматиял авар мацӀ бокьулел!
Авар Википедиялда жидорго лъалкІ тезе бокьараз гІахьаллъи гьабизе бегьула авар мацІалъулги, миллаталъулги ватІан Аваристаналда хурхарал темабазда гъорлъ. Гьаб Википедияги Авар мацІалда бугелъул, гьанир цогидазда цадахъ рукІине рекърал руго Авар мацІалдаги, миллаталдаги, маданияталдаги тарихалдаги, тІолго Аваристаналдаги хурхарал макъалаби, гьединлъидал Авар Википедиялда гьаб моцІ хас гьабун лъазабулеб буго |
ЦӀияб макъала хъвазеАвар Википедиялда жакъа къоялда жаниб буго 3582 макъала. Дуе хъвазе бокьараб махъала гьаниб жаниб батизеги бегьула, гьединлъидал макъала хъвалалде цебе дуца гьеб балагье гьаб формаялда. Гьеб батичӀони, дуе хъвазе бокьун бугеб макъалаялъул цІар хъвай гьаб гъоркьехун бугеб мухъалда жаниб ва макъала хъвай.
КӀвар кье! Хъвазе бугеб макъалаялъул цӀаралда ругони хадуб хӀучч лъезе кколел хӀарпал (тӀ, кӀ, чӀ, цӀ ва гьел гурелги) , нужеца хӀалтӀизабе кириллияб алипбаялъул хӀучч. Гьеб лъезе бегьула гьаниса насхуги гьабун (Ӏ). Бегьуларо рукӀине латин I хӀарп, l хӀарп, 1, кириллицаялъул І хӀарп. Лъалищ дуда?
Википедиялъул ракӀалде щвезаби
Жакъа тӀасбищараб порталЖакъа тӀасбищараб портал…Аваристан |
ГӀагарал проектал
|