ГӀандуникӀ I

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ГІандуникІ I» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
ГIандуникI
Байрахъ
Байрахъ
Аваристаналъул хан
14601485
Цеве вукІарав: Ибрагьим I
Хадув вачІарав: Булач-нуцал I
 
Дин: Ислам
Гьави: XV гIасру
Хунзахъ, Аваристан -
Хвей: 1485 сон
Аваристан
Эмен: Ибрагьим
Миллат: МагӀарулав

ГІандуникI I (грек. Ανδρόνικος) — XV гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда жив вукIарав Аваристаналъул нуцал. Жиндирго эмен Ибрагьимица гIадин, ГIандуникIица Аваристаналъул ракь гIатIид гьабулеб букIана. Гьесул заманалда Аваристаналъул рукIарал ракьал ракьал хъван руго ГIандуникIица вацасул васасе хъвараб машгьураб васияталда.

ГIандуникIил васият[хисизабизе | код хисизабизе]

"Дир вацасул вас, дуца росе Аваристаналъул кӀулал. Гьелъул тӀоцебесеб — ГӀалигъиличилал, кӀиабилеб — Жунгутдерил ханзаби, лъабабилеб — Бакълъулазул умарал‚ ункъабилеб — гӀандалал, щуабилеб — Хьарусел‚ анлъабилеб — Бакълъал. Дуца гьал кӀулал росани, дуе цӀам, гьоцӀо, цӀибил, махх, ччугӀа — цойгидалги мун хӀажалъулел жал дуда аскӀор рукӀинеги руго. Гьединан дуца гьел росичӀони, дудаса щибаб жоялъ мугъ бала. Цинги хал гьабе дуца нилъер умумуца жидеда милклъи гьабурал бак1ал, гьезул гӀорхъалабиги: бакътӀерхьул рахъ — Мийасу-гьатӀан‚ бакъбаккул рахъ — ГьоцӀдерил росу бакьулъ, жанубалъул рахъ — Хучадаса бахъараб Гьаркьадерил кьотӀе швезег1ан‚ шималалъул рахъ — Сала-мегӀер, Таргьуялде щвезегӀан. Цинги хал гьабе дуца нилъерго умумузул Дагъистаналъулъ абулеб рагӀиядухъ: нилъер Дагъистаналда вуго кӀинусазаралдаа лъабкъоялда анцӀ азарго чи (270000). Лъабкъого азарго чи тавасаразул ханасе руго‚ лъебер азарго чи Хайдакъалъул руго, нусазарго чи Гъумеки ханасул руго, къоазарго чи нуцалил аскаралъул руго. Гьев бищун гӀаскар цӀакъав‚ гуч бугевги вуго. ГӀенекке, дир вацасул вас, дуца цӀакъ бахье гьал гӀорхъабадаса жани лъугьине. Дуца тезеги тогее мун гурезе рокьоб гӀанасеб ракь, мун, дурго умумул гlадин, ханлъи гьабулев чи ватини".

Гьаб тарих хъварав чийилан буго ГӀандуникӀ нуцалил къади ГӀандиса ГӀали Мирза гьаб соналда — 890..[1]

ГIандуникI хвана 1485 соналъ, гьесда хадуб нуцаллъун лъугьана Булач-нуцал.

Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]

  • Магомедов Р. М. История Дагестана: Учебное пособие; 8 кл. — Махачкала: Изд-во НИИ педагогики, 2002 г.
  • Саидов М.С.Д. Возникновение письменности у аварцев // Языки Дагестана. Вып. 1. Махачкала, 1948. С. 137-138
  • Шихсаидов А.Р. «Завещание Андуник-нуцала» (к вопросу об изучении) // Вестн. Дагестанского научного центра. Вып.1. Махачкала, 1988.
  1. Список А — входит в рукописный сборник исторических материалов, хранящийся в Рукописном фонде ИИЯЛ (см.: ф.16, оп.1, д.498, N 2646):«Завещание Андуника Булач-нуцалу Аварскому и Хаджиали-шамхалу Гидатлинскому» (л.7а-7б) от 1485 г.