Шава
| Росу
{{{1}}}
|
Шава́ (гІур. Шава́, лъар. Шава) — ккола Россиялъул Дагъистан жумгьурияталъул ЦӀумада мухъалъул росу.
Ракьхъвай
[хисизабизе | код хисизабизе]Шава буго Бабаюрт мухъалда. Мухъалъул марказ, Бабаюрталдасан шималалъул магърибалда ва гьелдаса 30 км рикӀкӀад буго гьеб. Шаваилан абула чамалиго данде ракӀарарал ЦӀумада мухъалдасан гочарал росаби, гьездасан: Къеди (яги цо-цо картабазда рекъон - Инко) - Шаваялъул марказ, Шугъури (ТӀинди), ТӀисси, Гьигьалъ, Гьадири, ЦӀунтӀа.
ГӀадамал
[хисизабизе | код хисизабизе]Шаваялда киналго руго магӀарулал, амма къанагӀатго цоги миллатазул чагӀиги рукӀизе бегьула. ГӀемерисел руго ЦӀумада мухъалдасан гочарал гӀадамал. ГӀадамазул къадар: 2433 чи.[4]
Тарих
[хисизабизе | код хисизабизе]ЦӀумада мухъалъул лӀугьизегӀан, жеги хӀуригаталда цебе, Шава букӀана бечедал гӀиял хьихьун рукӀарал, лъарагӀал, Яхсаевазул хъутан. Советияб хӀукумат бачӀаралдаса гьеб кьуна ЦӀумада мухъалъул Къеди росдал, Ленинил цӀаралда букӀараб колхозалъухъе. Гьелдаса хадубе гьенире ритӀана цоги-цогидал росабаздасан гӀадамал[5].
МагӀишат-яшав
[хисизабизе | код хисизабизе]БоцӀцӀи-панз хьихьун ва хур-ах гьабун гӀумру, магӀишат гьабула цӀикӀарал гӀадамаз.
Динияб гӀуцӀцӀи
[хисизабизе | код хисизабизе]Шаваялда руго бусурбаби, сунитал. Шаваялъул гӀадамал сверухълъиялда динияллъун рикӀкӀула.
Машгьурал росуцоял
[хисизабизе | код хисизабизе]ХӀужаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- ↑ "Майданалъул борхалъи ва цогидал данныял..." Архивация оригинал, 2016-03-05. Щвей 2014-08-16.
{{cite web}}: Invalid|url-status=хвараб(help) - ↑ "Дагъистаналъул шагьаразул ва росабазул гІадамазул къадарал. РикІкІана 1 июналъ 2014 соналъ". Архивация оригинал, 2014-04-07. Щвей 2014-06-14.
{{cite web}}: Invalid|url-status=хвараб(help) - ↑ Код ОКАТО Шава
- ↑ "Дагъистаналъул шагьаразул ва росабазул гІадамазул къадарал. РикІкІана 1 июналъ 2014 соналъ". Архивация оригинал, 2014-04-07. Щвей 2014-06-14.
{{cite web}}: Invalid|url-status=хвараб(help) - ↑ Cеление Шава, около реки Терек в Бабаюртовском районе, бывшего до революции кутаном Яхсаевских помещиков и разбогатевших овцеводов, а в советское время ставшего кутаном колхоза Цумадинского района.
| Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо. Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай. |
