Авар мацӀалъул цӀар

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Авар мацІалъул цІар» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Каламалъул бутІа: ЦІар

Авар мацІалда цIар (субстативияб цІар) ккола жиндир грамматикияб формаги бугеб, сундул букІаниги магIнаги бичIчIизабулеб каламалъул бутIалъун; магIнаялде балагьун, цIарал щив? щий? щиб? щал? абурал суалазе жаваблъун рачIуна; цIаралъе сифаталдалъун гьабизе бегьула сипат-сурат.

ЦІарул гІаламатал[хисизабизе | код хисизабизе]

ЦIаралъул руго хадусел грамматикиял гIаламатал:

  1. Хассалги гIаммалги рукIин. Хасал цIаразде гъорлъе ккола гIадамазда (хасго), хIайваназда, бакIазда лъурал цIарал: МухIамад, ГIали, Москва. ГIаммал цIаразде гъорлъе уна хутIаралщинал: лъар, бетIер, зоб, ракь, мегIер;
  2. Цолъул ва гIемерлъул форма букIин: бетIер — бутIрул, ракь — ракьал, мегIер — мугIрул;
  3. Чиясул, чIужуялъул ва гьоркьохъеб жинс букIин. Авар мацIалда рагIаби жинсазде рикьула гьел щив? щий? щиб? абурал суалазда рекъон: чиясул жинс (щив?) — вас, эмен, вац; чIужуялъул жинс (щий?) — яс, эбел, яц; гьоркьохъеб жинс (щиб?) — хIалтIи, ракь, гIор.
  4. ИгІрабазда рекъон свери: вац — вацас — вацас ва гь. ц.

Классалъул (жинсалъул) категория[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацІалъул цІарал рикьула лъабго классалде. I классалде гъорлъе ккола бихьинчиясда хурхарал цІарал: бихьинчи, эмен, вас, вац, устар в. ц. Цолъул формаялда гьеб класс бихбизабулеб гІаламатлъун ккола В ([w]) гьаракь: лъикІав, лебалав, вачІарав ва ц. II классалде гъорлъе уна чІужугІаданалда хурхарал цІарал: чІужугІадан, лъади, эбел, яс, яц ва ц. Цолъул формаялда гьеб класс бихбизабулеб гІаламатлъун ккола Й/Я ([j]) гьаракь: лъикІай, лебалай, яачІарай ва ц. ХутІарал цІарал, чІагоял рукІа, чІагоял гурел рукІа, гъорлъе уна III классалде, класс бихьизабулеб гІаламат — Б ([b]). ГІемерлъул форма бихьизабулеб гІалматлъун ккола Р/Л ([r]/[l]).

Жинсиял гІаламатал
Класс Жинс Цолъул форма Мисал ГІемерлъул форма Мисал
I чиясул в вас вачІана р/л васал рачІана
II чІужуялъул й яс ячІана ясал рачІана
III гьоркьохъеб б чу бачІана чуял рачІана

ГІемерлъул формаялъул категория[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацІалда цІаразул буго цолъул ва гІемерлъул формаби. Руго цІарал, жал гІицІго цолъул формаялда гурони рукІунарел, гьезде гъорлъе уна абстрактивиял цІарал (рокьи, яхІ ва ц.), бищун цересел гІасаразул цІарал (дада, баба, даци, ада), гІемерисел хасал цІарал ва цадахълъи бичІчІизабулел цІарал (ярагъ, чехь-бакь ва ц.).

Руго цо-цо pluralia tantum рагІаби: кагътал (хІай, цолъул формаялда кагъат — жинда тІад хъвадаризе хІалтІизабулеб жо), цІороберал, цІадираби. Гьабго тІелалде гъорлъе рачине бегьула рос-лъади, эбел-эмен гІадал рагІабиги. Гьенирго руго батІи-батІиял росабазул гІадамазде абулел цІаралги, щай гурелъул гьезул корреляталлъун цолъул формаялда рукІуна адъективал, жал топонимаздаса лъугьарал[1] (балагье Авар росабазул гІадамазда абулел цІарал).

Цо-цо цІаразул цолъул формаялъул рукІине бегьула цадахълъиялъул магІнаги: гамачІ — цо яги гІемерал цадахъ, материал хІисабалда.

ГІемерлъул формаялъул суффиксал[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацІалда гІемерлъул форма лъугьунел суффиксал рикьизе бегьула кІиго тІелалде:

  • Продуктивиял:
    • -аби[2] (ахиралда рагьарал ва суффиксалиял , ругел, ахирисеб рагьараб [+н] тІагІуна): дару — дар-аби, рагІи — рагІ-аби, хІалтІухъан — хІалтІухъ-аби;
    • -заби — гІадамазда хурхарал цІаразулъ: чапар — чапар-заби, гІалим — гІалим-заби, гьудул — гьудл-заби;
    • -ал — рагьукъаб ахиралда ругел рагІабазулъ: бис — бис-ал, бер — бер-ал, кІул — кІулал; авар мацІалъул жиндирго журарал аслу бугел рагІабазулъ (тІадецуй бугеб суффиксалъулъ) аслуялъул кІиабилеб рагьаралъул лъугьуна редукция: гудур — гудр-ал, лъимер — лъим-ал, лъим — лъин-ал; къанагІат суффикс -ал дандчІвала ахиралда рагьараб бугеб битІараб аслуялъулъ, жиндие гІемерлъул формаялда редукция лъугьунеб: гьобо — гьабал; гІурус мацІалдаса рачІарал рагІабазулъ суффикс ккола тІадецуй гьечІеб ва редукция лъугьунаро: трактор — трактор-ал;
    • -ял — цожубараб CV аслу бугел рагІабазулъ: къо — къо-ял, цІа — цІа-ял, чу — чу-ял, амма ца — ца-би, цІва — цІва-би, чІва — чІва-би;
  • Продуктивиял гурел:
    • -зал (цожубарал рагІабазулъ): лагъ — лагъ-зал, нугІ — нугI-зал, хур — хур-зал;
    • -дул, -ул (аслуялъул вокализм хисула V > у): гъадаро — гъудр-ул, кету — кут-ул, тІегь — тІугь-дул;
    • (аслу хисиялъул низам гьечІел): тІинчІ — тІанчІ-и, хIинчI — хIанчI-и, гIака — гIач-и; гьабго цоцаца хиси хутІула цо-цо жубараб аслу бугел рагІабазулъ, жидер кІиабилеб бутІалъун -чи компонент бугел: захІмат-чи — захІмат-чагІи, гІолохъан-чи — гІолохъ-аби;
    • -би (аслуялъул вокализм хисула V > у): кIветI — кIутI-би, гIанса — гIунсби, квартIа — куртI-би.

ГІемерлъул форма лъугьунеб супплетивияб къагІида бихьизабун буго чІужу — руччаби параялда. Гьединго дандчІвала цо-цо рагІабазул гІемерлъул форма лъугьунеб кІи-кІи къагІидабиги: хабар — хар-бал/хабарал, кету — кут-ул/кат-ал, хоб — хобал/хабал/хабзал ва ц. Гьениб параллелияб формабазул цояблъун ккола ударение гьечІеб суффикс -ал, жинца цо ккураб къадар бихьизабулеб, гьебго заманалда гьелъул корелляталъ бихьизабула къадар гьечІеб букІин: дагьалго рукъал — гІемарал рукъзал[3]. Цо-цо нухалда плюралисалъул батІи-батІияб формация гьабиялдалъун лексикияб магІна хисула. Жибго гІемерлъул формаялъул категория гуребги, авар мацІалда буго дистрибутивияб гІемерлъи бихьизабиялъул къагІидаги (цІарул аслу такрарлъиялдалъун): рокъо-рокъоре, рахъ-рахъалде.

ИгІрабалъул категория[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацІалда кинабниги буго 24 игІраб, гьезул ункъго ккола гІадатаблъун, хутІараб 20 — бакІалъул игІраблъун. ГІадатал игІрабазде гъорлъе уна аслияб, жиб цІаралъул битІараб аслулъун кколеб, актив, хаслъул ва кьовул игІрабал, жал хъвалсараб аслуялдаса лъугьунел.

Аслиял игІрабал[хисизабизе | код хисизабизе]

ИгІраб Суал Суффиксал ХIалтIизабула
Аслияб игІраб

(номинатив/абсолюютив)

щив? щий? щиб? щал?
  • унгутІияб (транзитивияб гуреб) фигІлуялъул субъект бихьизабизе: жакъа цІад бана;
  • аналитикиял континуалиял формабазда транзитивиял фигІлабазул субъект бихьизабизе (номинативияб конструкция): бацІги церги давла бикьулел рукІана[4];
  • транзитивияб фигІлуялъул пациенс (битІараб тІадежубай) бихьизабизе: васас кагъат хъвана; гьабго модель хутІула гьединго лугбузул багъа-бачари бихьизабулел фигІлаби ругел жумлабаздаги: Дица, бералги къанщун, бетIер гьанкIезабуна [ХI. ХI.]
  • жубараб предикаталъул цІарулаб бутІаялда -лъун бутІагун цадахъ: гьурилъун роржун ана сонал.
  • хитІаб гьабиялда;
  • аппозитивиял конструкциязда, гІемерисеб гІагарлъиялда хурхарал терминазда, хІалтІи-пишаялъул цІаразда, топонимазда ва ц.: дирго вац МухІамадкамил; гьанибго бегьула аслияб игІра батІи-батІиял дандраязда цадахъ букІинеги: Щибаб кечI тIаде вачIунев гьобол гIадин букIуна (ХІ. Р.);
  • бутІрул хъваялда, суратазда гъоркьваязда, къамусияб ва абулеб форма хІисабалда.
Актив игІраб

(эргатив)

лъица? сунца? -с/-лъ/-ца
  • транзитивияб фигІлуялъул агенс бихьизабизе (эргативияб конструкция): Ханас гьесухъе чи витIанила (Ф. ГІ.);
  • инструменталияб тІадежубайлъун: васас къалмица сурат бахъана;
  • иш лъугунеб куцалъул хІаллъун: дунго матІуялъ вихьана;
  • заманалъул хІаллъун: гьеб къоялъ ниж дандчІвана;
  • бакІалъул ва гІилла-мурадалъул хІаллъун: гIемер хъвадариялъ килщал унтула.
Хаслъул игІраб

(генетив)

лъил? сундул? -(у)л
  • щиб букІанги сундуе букІанги кколеб букІин бихьизабизе: инсул рукъ, тІехьалъул жилд, гьоболасул чу;
  • киналдасаго бутІа бихьизабизе: гІадамасул берал, кочIол рагIаби, нусалъул бал;
  • щиб букІаниги кинаб букІаниги материалалъул гьабураб букІин бихьизабизе: меседил баргъич, щагIил гъадаро, цIулал гъуд;
  • гІемерлъиялдаса цо элемент бихьизабизе: рекIаразул цевехъан;
  • субъекталъул иш/хІал бихьизабизе: гІалимзабазул бахІс, бетІералъул унти, рекІел кьаби; шартІияб къагІидаялъ гьанибго бачине бегьула субъект — ишалъул хІасил бихьизабиги[5]: моцІрол канлъи, зурма-къолол гьаракь;
  • гІуцІулеб элементалъул къадар бихьизабизе: лъел гІеретІ, ханждал хъап, тІорщалил роцен;
  • группаялъул гІуцІи бихьизабизе: тІогьол квацІи, ясазул тІел, боцІул рехьед;
  • гІаммаб баянлъиялъул гьоркьолъи бихьизабизе: рокьул гІаламат, эркенлъиялъул бакънал, лъикIаб тайпаялъул айгъир;
  • заманалъул гьоркьолъи бихьизабизе: роол гІуж, хасалил сордо, ихдалил заман;
  • бакІалъул гьоркьолъи бихьизабизе: авлахъалъул тIугьдул, росдал гIадамал;
  • гІаламатазул ва гьел тІаде кколезул гьоркьолъи бихьизабизе: мугIрузул борхалъи, гІадамасул чІухІи, халичабазул гьайбатлъи;
  • сундуе букІаниги щиб букІаниги жо хІалтІизаби: чол тIикъва, оцазул рукь;
  • тІаде цІаялъулаб конструкциялъул субъект бихьизабизе: Гьав ханасул йикIанила цIакъ берцинай цо яс (Ф. ГІ.);
  • цо-цо фигІлабигун хъвалсараб тІадежубай хІисабалда: Киназго жиде-жидер поэзи-ялъул, халкъазул бицана (ХІ. Р.)
Кьовул игІраб (датив) лъие? сундуе? -е
  • цIаралъ гьабулеб иш цогиялдехун буссараб букIин бихьизабизе: дица васасе кумек гьабуна.
  • бокьизе фигІлуялда субъект бихьизабизе: дие мун йокьула.
  • цогидал предикалгун цадахъги: Цо замандаласан бацIи-е-ги цара-е-ги кIи-кIи тIинчI гьабун буго (Ф. ГІ)

БакІалъул игІрабал[хисизабизе | код хисизабизе]

БакІалъул игІрабал рикьула хадусел тІелазде:

  • локатив яги чІовул игІрабал, жидеца бугеб бакІ бихьизабулел, цо хӀалалда сасиналъул, чӀеялъул магӀна бичӀизабулел;
  • аллатив яги рачІул игІрабал (суффикс -е), жидеца кибехун букІаниги рачІин/ин бихьизабулел (букІине бегьула -хун бутІагун);
  • аблатив яги ратІалъул (суффикс -са/-а), жидеца сундаса букІаниги киса букІаниги батІалъун ин бихьизабулел;
  • транслатив (суффикс.-[с]а-н), жинца сунда жанисаниги ин бичІчІизабулеб.

Гьелги жеги рикьула щу-щу сериялде, жидер игІрабал суффиксал хъвалсараб аслуялда хурхун ва локализация бихьизабулеб гІаламат тІаде жубаялдалъун лъугьунел:

ИгІраб Серия/игІраб Суал Суффиксал ХIалтIизабула (бакІалъул, ин/бачІиналъул магІнаялда)
Локатив I/жинда игІраб лъида? сунда? -да
  • I серия — щиб букІаниги лъиде/сунде букІнии данде ккун тІадехун букІин (локатив), тадехун ин/бачІин (аллатив), тасІа ин/бачІин (аблатив), тІасан ин/бачІин (транслатив) бичІчІизабизе;
  • II серия — щиб букІаниги лъида/сунда букІаниги гІагарлъухъ букІин (локатив), гІагарлъухъе ин/бачІин (аллатив), гІагарлъухъа ин/бачІин (аблатив), гІагарлъухъан ин/бачІин (транслатив) бичІчІизабизе;
  • III серия — щиб букІаниги лъида/сунда букІаниги гъорлъ букІин (локатив), гъорлъе ин/бачІин (аллатив), гъорлъа ин/бачІин (аблатив), гъорлъан ин/бачІин (транслатив) бичІчІизбизе;
  • IV серия — щиб букІаниги лъида/сунда букІаниги гъоркь букІин (локатив), гъоркье ин/бачІин (аллатив), гъоркьа ин/бачІин (аблатив), гьоркьан ин/бачІин (транслатив) бичІчІизабизе;
  • V серия — щиб букІаниги сунда букІаниги жаниб букІин (локатив), жинибе ин/бачІин (аллатив), жаниса ин/бачІин (аблатив), жанисан ин/бачІин (транслатив) бичІчІизабизе;
II/жиндихъ игІраб лъихъ? сундухъ? -ухъ
III/жиндилъ игІраб лъилъ? сундулъ? -улъ
IV/жиндикь игІраб лъикь? сундукь? -укь
V/жаниб игІраб киб? -ни/-у + -в/-й/-б/-р
Аллатив I/жинде игІраб лъиде? сунде? -де
II/жиндихъе игІраб лъихъе? сундухъе? -ухъе
III/жиндилъе игІраб лъилъе? сундулъе? -улъе
IV/жиндикье игІраб лъикье? сундукье? -укье
V/жанибе игІраб кибе? -ниве/-уве

-нийе/-уйе

-нибе/-убе

-нире/-уре

Аблатив I/жиндаса игІраб лъидаса? сундаса? -ухъа
II/жиндихъа игІраб лъихъа? сундухъа? -ухъа
III/жиндилъа игІраб лъилъа? сундулъа? -улъа
IV/жиндикьа игІраб лъикьа? сундукьа? -укьа
V/жаниса игІраб киса? -ниса/-уса
Транслатив I/жиндасан игІраб лъидасан? сундасан? -ухъан
II/жиндихъан игІраб лъихъан? сундухъан? -ухъан
III/жиндилъан игІраб лъилъан? сундулъан? -улъан
IV/жиндикьан игІраб лъикьан? сундукьа(н)? -укьан
V/жанисан игІраб кисан? -нисан/-усан

БакІалъул игІрабазул гьединго руго бакІазул магІнаялда гуребги, цогидаб магІнаялда хІалтІизабиги. Мисалалъе, I сериялъул локатив хІалтІизабула:

  • рекІее асар лъугьиналъул фигІлабигун субъект бихьизабизе: васасда гьеб бичІчІана, дида кинабго жо кІочон тана;
  • адресатияб ва цогидал тІадежубаял рихьизаризе: АбутIалибица авар мацIалда дие жиндирго цIияб кечI цIалана (ХІ. Р.)
  • физикияб асар гьабиялъул фигІлабазул объект гьабизе: дос таманча речIана долда;
  • дандекквеялъул объект лъугьинабизе: гьев вукІана вацасдаса къуватав вуго.

ЦІаралъул свери[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар мацІалъул цІарал, жидер актив игІрабалда букІунеб ахиралде ралагьун, рикьула лъабго свериялде; I свериялъул ахиралда букIуна суффикс -с, II свериялъул — -лъ, III свериялъул — -ца.

I свери[хисизабизе | код хисизабизе]

ТIоцебесеб свериялда рекъон рачIуна гIемерисел чиясул жинсалъул гIаммал цIарал, чиясул жинсалъул жидер ахиралда жинсияб гІаламат бугел хасал цІарал (-ав ахиралда ругел авар хъизан-цІаралги), гьединго -ов, -ев ахирал ругел гІурус фамилиялги[6], .

чи, вац, Хириясулав
ИгІраб Цолъул форма
Аслияб чи вац Хириясулав
Актив чи-яс вац-ас Хириясул-ас
Хаслъул чи-яс-ул вац-ас-ул Хириясул-ас-ул
Кьовул чи-яс-е вац-ас-е Хириясул-ас-е
ЧІовул

(локатив)

жинда игІраб чи-яс-да вас-ас-да Хириясул-ас-да
жиндихъ игІраб чи-яс-ухъ вац-ас-ухъ Хириясул-ас-ухъ
жиндилъ игІраб чи-яс-улъ вац-ас-улъ Хириясул-ас-улъ
жиндикь игІраб чи-яс-укь вац-ас-укь Хириясул-ас-укь
жаниб игІраб
РачІул

(аллатив)

жинде игІраб чи-яс-де вац-ас-де Хириясул-ас-де
жиндихъе игІраб чи-яс-ухъе вац-ас-ухъе Хириясул-ас-ухъе
жиндилъе игІраб чи-яс-улъе вац-ас-улъе Хириясул-ас-улъе
жиндикье игІраб чи-яс-укье вац-ас-укье Хириясул-ас-укье
жанибе игІраб
РатІалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игІраб чи-яс-даса(н) вац-ас-даса(н) Хириясул-ас-даса(н)
жиндихъа(н) игІраб чи-яс-ухъа(н) вац-ас-ухъа(н) Хириясул-ас-ухъа(н)
жиндилъа(н) игІраб чи-яс-улъа(н) вац-ас-улъа(н) Хириясул-ас-улъа(н)
жиндикьа(н) игІраб чи-яс-укьа(н) вац-ас-укьа(н) Хириясул-ас-укьа(н)
жаниса(н) игІраб

II свери[хисизабизе | код хисизабизе]

КIиабиле свериялда рекъон рачIуна чIужуялъул жинсалъул гIаммал цIарал ва цо-цо, жидер ахиралда жинсияб гІаламат бугел, хасал цIарал, гьоркъохъеб жинсалъул гІезегІан гIаммал ва хасал цIарал[6]. Аслияб игІрабалда -ия, -ие абурал ахираздалъун лъугIулел батIиял мацIаздаса рачIарал цIарал игІрабазде сверулаго, ахирияб / гьаракь гьоркьоса тIагIуна, амма руго гьоркьосарахъиялги, мисалалъе, школа, аптека гІадал рагІаби

чІужу, яц, рукъ, хІули
ИгІраб Цолъул форма
чІужуялъул жинс гьоркьохъеб жинс
Аслияб чІужу яц рукъ хІули школ-а
Актив чІужу-ялъ яц-алъ рукъ-алъ хІули-ялъ школа-алъ
Хаслъул чІужу-ялъ-ул яц-алъ-ул рукъ-алъ-ул хІули-ялъ-ул школ-алъ-ул
Кьовул чІужу-ялъ-е яц-алъ-е рукъ-алъ-е хІули-ялъ-е школ-алъ-е
ЧІовул

(локатив)

жинда игІраб чІужу-ял-да яц-ал-да рукъ-ал-да хІули-ял-да школ-ал-да
жиндихъ игІраб чІужу-ялъ-ухъ яц-алъ-ухъ рукъ-алъ-ухъ хІули-ялъ-ухъ школ-алъ-ухъ
жиндилъ игІраб чІужу-ялъ-улъ яц-алъ-улъ рукъ-алъ-улъ хІули-ялъ-улъ школ-алъ-улъ
жиндикь игІраб чІужу-ялъ-укь яц-алъ-укь рукъ-алъ-укь хІули-ялъ-укь школ-алъ-укь
жаниб игІраб рукъ-алъ-уб(в/й/р) школ-алъ-уб(в/й/р)
РачІул

(аллатив)

жинде игІраб чІужу-ял-де яц-ал-де рукъ-ал-де хІули-ял-де школ-ал-де
жиндихъе игІраб чІужу-ялъ-ухъе яц-алъ-ухъе рукъ-алъ-ухъе хІули-ялъ-ухъе школ-алъ-ухъе
жиндилъе игІраб чІужу-ялъ-улъе яц-алъ-улъе рукъ-алъ-улъе хІули-ялъ-улъе школ-алъ-улъе
жиндикье игІраб чІужу-ялъ-укье яц-алъ-укье рукъ-алъ-укье хІули-ялъ-укье школ-алъ-укье
жанибе игІраб рукъ-алъ-убе школ-алъ-убе
РатІалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игІраб чІужу-ял-даса(н) яц-ал-даса(н) рукъ-ал-даса(н) хІули-ял-даса(н) школ-ал-даса(н)
жиндихъа(н) игІраб чІужу-ялъ-ухъа(н) яц-алъ-ухъа(н) рукъ-алъ-ухъа(н) хІули-ялъ-ухъа(н) школ-алъ-ухъа(н)
жиндилъа(н) игІраб чІужу-ялъ-улъа(н) яц-алъ-улъа(н) рукъ-алъ-улъа(н) хІули-ялъ-улъа(н) школ-алъ-улъа(н)
жиндикьа(н) игІраб чІужу-ялъ-укьа(н) яц-алъ-укьа(н) рукъ-алъ-укьа(н) хІули-ялъ-укьа(н) школ-алъ-укьа(н)
жаниса(н) игІраб рукъ-алъ-уса(н) школ-алъ-уса(н)

III свери[хисизабизе | код хисизабизе]

Лъабабилеб свериялда рекъон сверула чиясул ва чІужуялъул жинсалъул хасал цIаралги гьоркьохъеб жинсалъул гIезагIанго цIаралги. Лъабабилеб свериялда рекъон рачIунел гьоркьохъеб жинсалъул рагIабазул кьибилалъулІ лІугьуна флексия: ракІ — рекІе-ца, цо-цо рагІабазул актив игІрабалда бачІине бегьула, гІурус мацІалдаса рачІарал рагІабазул ахиралдаса тамахаб ишара тІагІуна[6].

МухІамадкамил, ПатІимат, ракІ, рахь
ИгІраб Цолъул форма ГІемерлъул форма
чиясул жинс чІужуялъул жинс гьоркьохъеб жинс
Аслияб МухІамадкамил ПатІимат ракІ рахь
Актив МухІамадкамили-ца ПатІимати-ца рекІе-ца рахьда-ца
Хаслъул МухІамадкамили-л ПатІимати-л рекІе-л рахьда-л
Кьовул МухІамадкамили-е ПатІимати-е рекІе-е рахьда-е
ЧІовул

(локатив)

жинда игІраб МухІамадкамили-да ПатІимати-да рекІе-да рахьда-да
жиндихъ игІраб МухІамадкамили-хъ ПатІимати-хъ рекІе-хъ рахьда-хъ
жиндилъ игІраб МухІамадкамили-лъ ПатІимати-лъ рекІе-лъ рахьда-лъ
жиндикь игІраб МухІамадкамили-кь ПатІимати-кь рекІе-кь рахьда-кь
жаниб игІраб
РачІул

(аллатив)

жинде игІраб МухІамадкамили-де ПатІимати-де рекІе-де рахьда-де
жиндихъе игІраб МухІамадкамили-хъе ПатІимати-хъе рекІе-хъе рахьда-хъе
жиндилъе игІраб МухІамадкамили-лъе ПатІимати-лъе рекІе-лъе рахьда-лъе
жиндикье игІраб МухІамадкамили-кье ПатІимати-кье рекІе-кье рахьда-кье
жанибе игІраб
РатІалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игІраб МухІамадкамили-даса(н) ПатІимати-даса(н) рекІе-даса(н) рахьда-даса(н)
жиндихъа(н) игІраб МухІамадкамили-хъа(н) ПатІимати-хъа(н) рекІе-хъа(н) рахьда-хъа(н)
жиндилъа(н) игІраб МухІамадкамили-лъа(н) ПатІимати-лъа(н) рекІе-лъа(н) рахьда-лъа(н)
жиндикьа(н) игІраб МухІамадкамили-кьа(н) ПатІимати-кьа(н) рекІе-кьа(н) рахьда-кьа(н)
жаниса(н) игІраб

ГІемерлъул формаялъул свери[хисизабизе | код хисизабизе]

ГІемерлъул формаялда ругел цІарал игІрабазде сверула хадусеб куцалда.

вацал, яцал, рукъзал, ракІал
ИгІраб ГІемерлъул форма форма
I свери

ч. ж.

II свери

чІ. ж.

II свери

гь. ж.

III свери

гь. ж.

Аслияб вацал яцал рукъзал ракІал
Актив вац-аз яц-аз рукъзаб-аз ракІ-аз
Хаслъул вац-аз-ул яц-аз-ул рукъзаб-аз-ул ракІ-аз-ул
Кьовул вац-аз-е яц-аз-е рукъзаб-аз-е ракІ-аз-е
ЧІовул

(локатив)

жинда игІраб вас-аз-да яц-аз-да рукъзаб-аз-да ракІ-аз-да
жиндихъ игІраб вац-аз-ухъ яц-аз-ухъ рукъзаб-аз-ухъ ракІ-аз-ухъ
жиндилъ игІраб вац-аз-улъ яц-аз-улъ рукъзаб-аз-улъ ракІ-аз-улъ
жиндикь игІраб вац-аз-укь яц-аз-укь рукъзаб-аз-укь ракІ-аз-укь
жаниб игІраб
РачІул

(аллатив)

жинде игІраб вац-аз-де яц-аз-де рукъзаб-аз-де ракІ-аз-де
жиндихъе игІраб вац-аз-ухъе яц-аз-ухъе рукъзаб-аз-ухъе ракІ-аз-ухъе
жиндилъе игІраб вац-аз-улъе яц-аз-улъе рукъзаб-аз-улъе ракІ-азс-улъе
жиндикье игІраб вац-аз-укье яц-аз-укье рукъзаб-аз-укье ракІ-аз-укье
жанибе игІраб
РатІалъул

(аблатив/транслатив)

жиндаса(н) игІраб вац-аз-даса(н) яц-аз-даса(н) рукъзаб-аз-даса(н) ракІ-аз-даса(н)
жиндихъа(н) игІраб вац-аз-ухъа(н) яц-аз-ухъа(н) рукъзаб-аз-ухъа(н) ракІ-аз-ухъа(н)
жиндилъа(н) игІраб вац-аз-улъа(н) яц-аз-улъа(н) рукъзаб-аз-улъа(н) ракІ-аз-улъа(н)
жиндикьа(н) игІраб вац-аз-укьа(н) яц-аз-укьа(н) рукъзаб-аз-укьа(н) ракІ-аз-укьа(н)
жаниса(н) игІраб

ХІужжаби[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. арский язык. Морфология, категория числа. Атаев, Алексеевв
  2. Атаевасул ва Алексеевасул Авар мацІалда гьединго рехсон буго гьаб аффикс продуктивияб букІиналъ, гьалъ ахиралда бугел рагІабазулги лъугьинарулин гІемерлъул форма абун: маргьа — маргьаби, къункъра — къунр-аби, ракета — ракет-аби
  3. Сулеманов. 1985
  4. Конструкция буго номинатив-абсолютив, «бацІги церги» — кІиябго цІар, субъектал (агенсал) — буго номинативалда, «давала» — объект (пациенс) буго абсолютивалда.
  5. арский язык. Категория падежа. Атаев, Алексеевв
  6. 6,0 6,1 6,2 Авар мацI. М.-С. СагIидов

Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]

МугъчІваял[хисизабизе | код хисизабизе]