Перейти к содержанию

Хириясул ГӀалибек

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
(«Хириясул ГІалибек» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Хириясул ГӀалибек
Эмен Хириясулав
Эбел Бегичу
Лъимал Ханзадая
Дин Ислам
Рагъал АхІулгохІ цІуни/Кавказалъул рагъ 1817–1864

Хириясул ГӀалибег (1805–5 июл, 1839) — аваразул рагъул цевехъан, Имам Шамилил наиб ва гьесдаса цере рукӀарал кӀиявго имамасул цадахъчи, Аваристаналъул наиб.

Лъимерлъи ва гӀолохъанлъи

[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀалибек гьавуна 1805 соналъ рагъухъабазул хъизаналда, Аваристаналъул тахшагьаралда. Гьесул эмен Хириясулав ва кӀудияв эмен Чупан рукӀана КӀудияв ГӀумаханил ханлъиялъул заманалда Аваристаналъул аскаразул церехъабилъун. Рагъ хӀалуцинегӀан ГӀалибег хӀалтӀулев вукӀана ГӀочӀло росдал къадилъун, хадув гьев тӀамуна Рихьуни росдал къадилъун. Кавказалда эркенлъи цӀуниялъул рагъ байбихьидал, ГӀалибекица цин ккуна ГъазимухӀамадил рахъ, гьев хведал, ХӀамзат-бекил рахъги. 1834 соналъ Шамил имамлъун вищидал, ГӀалибег Шамилица тӀамуна хунздерил наиблъун ва гьесда тӀадкъана цо хунздерил боялъе бетӀерлъи гьаби.

ГӀалибекица бахӀарчилъи бихьизабуна генерал Фезил Авар экспедициялда, гьесул рагъухъабаз нахъчӀвана гӀурусазул Аргъвани тӀаде кӀанцӀи, гӀахьаллъи гьабуна ГӀашилтӀа рукӀарал рагъазулӀ[1].

Наибасул ахирисеб рагъ

[хисизабизе | код хисизабизе]

1839 соналъ Шамил сверун ккун вукӀана АхӀулгохӀда. ГӀалибек тун вукӀана Сурхайил си цӀуние. Гьеб букӀана рагъулӀ аслияб щулалъи, щай абуни гьеб букӀана бищун борхатаб бакӀалда. Гьелъ, АхӀулгохӀ цӀунулезда кӀолеб букӀана гӀурусазул аскарал ругелщинал бакӀазде тӀаде гулла базе.

29 июналъ, сагӀат ичӀгоялда, Апшерон ва Кураялъул полказул батальонал лъабабго рахъалъ тӀаде къана ва байбихьана си бахъизе. МагӀарулаз гьезул кьаби нахъчӀвана, гӀурус боял нахъе къана ва байбихьана сиялде гӀарадабазул гулла базе. Гьениб гуллица ГӀалибегил гъеж тӀезабуна, амма, гьелъухъ балагьичӀого, гьев вагъулев вукӀана.

ГӀалибек щварал ругънадасан хола 5 июлалъ, кӀиго къоялдасан бахъула Сурхайил си, гьеб цунун рукӀаралщинал топханадул гуллида гъоркь хун хадуб. Гьеб щулалъи бахъиялъ тӀолго рагъалъул ахир баян гьабула, жеги лъабгогӀанасеб моцӀидасан АхӀулгохӀги бахъула (22 август, 1839 сон). Гьенивго, си цӀунун рукӀаразда цадахъ вукъула ГӀалибегги.

  1. ↑ "Аличул Магомед — талантливый предводитель обществ Нагорного Дагестана в период Кавказской войны". Архивация оригинал, 2015-02-14. Щвей 2020-02-12. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help); no-break space character in |title= at position 15 (help)