Хунзахъа Дибир-къади

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Хунзахъа Дибир-къади
Аваристаналъул къади
1783(?) — 1814(?)
Цевесев Макъсуд-къади
Нуцал КӀудияв ГӀумахан

Гьави 1742
Хунзахъ, Авар нуцаллъи
Хвей 1817
 ?
Миллат Аварав
Тухум Шалапилал
Эмен Макъсуд-къади
Лъимал МухӀамад атӀ-ТӀалтӀи
Профессия гӀалимчи, таржамчи, катиб
Дин Ислам

Хунзахъа Дибир-къади (гьавидал: Шалапилазул Макъсуд-къадил МухӀамадшапигӀ; 1742, Хунзахъ, Авар нуцаллъи — 1817, ?) — Аваристаналъул къади, КӀудияв ГӀумаханил мирза, кӀудияв гӀалимчи, жинца авар, гӀараб, парс ва турк мацӀзул къамусал данде ракӀарарав, гӀажмалъе реформа гьабурав, гьел мацӀаздаса гьунариял асарал ва гӀелмиял хӀалтӀаби таржма гьрурав,[1] шагӀир, таржамачи, дипломат.

Дибир къади гьавула умумул къадизабилъунги гӀалимзабилъунги букӀараб хъизаналда. Гьев цин цӀалула жив Аваристаналъул къадилъун вукӀарав инсуда цеве, хадув цӀалула Кудалис ХӀасанидаги Чохъа МахӀадаги цеве. Машгьгьурал гӀлимзабазда цеве цӀалиялъ, Дибир-къадиясе щола кьучӀб лъай, ва щвараб лъайги цебетӀезабизе, гьев уна ГӀагараб Машрикъалде.

Гьесда лъалеб букӀана гӀараб, парс, гуржи ва турк мацӀал. КӀудияв ГӀумаханил мирза, вакил ва божарав чи хӀисабалда, Дибир-къадица хӀаракатаб гӀахьаллъи гьабулаан пачалихъалъул сиясияб гӀумруялда.

Дибир-къади вукӀуна гӀатӀидаб батӀи-батӀиял гӀелмиял маззгьабузул: къанун-гӀелмуялъул, астрономиялъул, мантӀикъ гӀелмуялъул, чанго мацӀазул грамматикаялъул, гьунарияб прозачлъул ва поэзиялъу лъай бугев чилъун. Гьес нахъе тола бечедаб гӀелмияб ирс. Дибир-къадица кӀиго ва лъабго мацӀалъул цадахъ бугеб къамус гьабиялда тӀад хӀалтӀиялъ аслу лъола Дагъистаналда лексикография цебетӀеялъе.

Гьави ва тухум-кьибил[хисизабизе | код хисизабизе]

Дибир-къадил тухум-кьибил, Макъамат ал-ХӀаририялъул ахиралда хъван бугеб

Дибир-къадил жиндирго цӀар букӀана МухӀамадшафигӀ (тӀубараб цӀар: МухӀамадшафигӀ, Макъсуд-къадил вас, атӀ-ТӀалтӀи, ал-Хунзахи ал-Авари). Гьев гьавуна Аваристаналъул къадилъун вукӀарав Шалапил Макъсуд-къадил хъизаналда, Хунзахъ, 1742 соналъ.[2][3]

Дибир-къадил тухумалъул чанго сияхӀ буго, бищун мухӀканаблъун кколеб буго жиб Дибир-къадица насху гьабун хъвараб Абу-МухӀамад ал-Къасими ал-ХӀаририясул «Макъамат ал-ХӀарири» (гӀар. ماقامت الحريرى‎‎, XI–XII гӀ.) абураб асаралъул ахиралда рехсон бугеб.[4][3] Гьеб сияхӀалда рехсон вуго умумузул 19 чи:

Шамалдаса АхӀмад, гьесул вас ГӀусман, гьесул вас ГӀали ал-Фарукъи, гьесул вас ХӀусейн, гьесул вас Багин, гьесул вас Канкут, гьесул вас Макъсуд, гьесул вас НурмухӀамад, гьесул вас ДинмухӀмад, гьесул вас ГӀабдурахӀман, гьесул вас НурмухӀамад, гьесул вас ГӀабдал, гьесул вас ГьитӀинмухӀамад, Гьесул вас Шалаф, гьесул вас Макъсуд, гьесул вас Дибир, гьесул вас МухӀамад-къади, гьесул васал ХӀассан, Дибир, ХӀажибек, ГӀабдусамад ва Шалап, ахирисесул васал БацӀал, ГӀабдусамад, Дибир-ХӀажияв ва ХӀажибек.

Оригиналияб текст (гІараб.)
احمد الشامي وابنهه عثمان وابنه علي الفرقى وابنه حسين وابنه باغين وابنه كنكوت وابنه مقصود وابنهه نورمحمد وابنه عبدالرحمن وابنه نورمحمد وابنه عبدال وابنه هطنو محمد وابنه شلف وابنه مقصود وابنه دبير وابنه محمد قادى وابنه حصان و دبير و حج بيك و عبدالصمد و سلف و وابنائه بژال و عبدالصمد و دبير حاجيو و حاج بيك

Гьеб генеалогияб гъветӀ бачӀунеб буго гӀага-шагарго ХӀӀӀ гӀ. ахиралде — ХӀV гӀ. байбихьуде; гьеб заманалда Дибир-къадил умумузул чи АхӀмад аш-Шами вачӀун вуго Дагъистаналде, батизе бугеб жо, ислам тӀибитӀизабиялъе гӀоло. Дибир-къадил тухумлъул хӀакъалъул хъвай-хъвагӀиялда рекъон, гьесул умумуз гӀумру гьабун букӀун буго Ругъжа, ХVΙ гӀ. рахъун руго ГӀахьалчӀи росулъе (Шалапилазул тухум-кьибилалъул хъвай-хъвагӀабазда рекъон, Дибир-къдил умумул ДинмухӀмадил, ГӀбдулил, ГӀитӀинмухӀамадил ва цо-цо Макъсудилги нисбу букӀун буго «Ал-ГӀахьалчӀи»[3]), ХVΙΙ гӀ. Хунзахъе.[1]

ГӀумрухъвай[хисизабизе | код хисизабизе]

ГӀелму цӀали[хисизабизе | код хисизабизе]

Байбихьул лъай Дибир-къадие щола жиндирго эмент Макъсуд-къадихъа, хадув Дибир-къади цӀалула жидерго мактабалги мутагӀилзабиги рукӀарал кӀудиял гӀалимзаби Кудалиса ХӀасанидаги ЧӀохъа МахӀадаги цеве. Киналниги цӀаларалщинал гӀалимзабазда цевеги цӀалун, Дибир-къадие щола гӀелмуялъул батӀи-батӀиял рахъазул кьучӀаб лъай.

Шушаялда Жамал Джаванширида цеве цӀалун лъазабула Дибир-къадица парс мацӀ. Дибир-къадида мухӀканго лъалеб букӀана гӀараб, парс, тур, гуржи ва тумазул мацӀал. Жиндирго гӀелму-лъай мухӀкан гьабизе гьев уна Туркиялде ва Шамалде. Бакъваккул мацӀал лъаял рес кьола Дибир-къадие бусурбабазулаб юриспрюденциялъул, мантӀикъалъу, теологиялъул, бакъ-моцӀалъул гӀелмабазулги, гьел мацӀазул грамматикаялъулги, гьунарияб прозаялъулги поэщиялъулги гӀатӀидб лъай щвезе.[3]

Пачалихъалъул хӀалтӀуда[хисизабизе | код хисизабизе]

ХӀалтӀаби[хисизабизе | код хисизабизе]

Дибир-къадил ДжамигӀ ал-лугъатайн ли тагӀлим ал-ахавайн. 367 гьум.

Лексикографиял асарал:

  • «МаджмугӀ ал-лугъат» — парсгин турк къамус (1198/1783–84);
  • «МаджмагӀ ал-гӀасам» («РагӀабазул мажмугӀ»)– паср-гӀараб-турк къамус (1199/1784);
  • «ДжамигӀ ал-лугъатайн ли тагӀлим ал-ахавайн» (гӀар. جامع الّلغتین لتعلیم الاخوین‎‎, «КӀиго вацасда малъизе кӀигӀо мацӀалъул мажмугӀ») – паср-гӀараб-турк къамус (1214/1800);
  • ГӀарабгин парс къамус мухъазда гъоркь турк мацӀалде таржамгун;
  • ГӀараб рагӀабазул къамус парс мацӀалде таржамагун;
  • ГӀараб, парс, турк ва авар мацӀазул камус;
  • Турк мацӀалъул къамус мухъазда гъоркь парс, гӀараб ва авар мацӀалде таржамагун.

ШигӀриял асарал:

  • «Чоралъул хӀакъалъулъ къасида» — гӀараб мацӀлда шигӀру.
  • «ТӀалтӀисесул малъа-хъваял» — гӀараб мацӀалда малъахъваял;
  • «Зарифат ал-къасид ли рагъмал-хӀасид» гӀараб мацӀалда;
  • «БадаигӀ ас-салат би лавамигӀ ал-василат» — гӀараб мацӀалда асар;
  • «Тухфат ал- ахавайан гӀан сафар ан-накдайн» гӀараб мацӀалда асар (батун гьечӀо);
  • «Авар ГӀуммаханиде» — авар мацӀалда элегия (гӀажамалъ хъвараб);

«МавагӀиз» — авар мацӀалда хӀутӀбаби.

Таржамаби*

  • «Калилал ва Димнал» таржман — адабиял харбазул мажмугӀ авар мацӀалда;
  • Парс шигӀрабазул таржамар авар ва гӀараб мацӀазде;
  • МухӀамад Аварагасул васияталъул таржама парс мацӀалдса;
  • Къуръаналъул цо-цо сурабазул таржма парс мацӀалде.

Галерея[хисизабизе | код хисизабизе]

Ралагье гьединго[хисизабизе | код хисизабизе]

МугъчӀваял[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. 1,0 1,1 Хунзахъа Дибир-къади. ГӀалибегилазул М. П.
  2. Саидов М.-С.Д. Возникновение письменности у аварцев // Языки Дагестана. Махачкала, 1948. Вып. 1.С. 140
  3. 3,0 3,1 3,2 3,3 Хунзахъа Дибир-къадил гӀумру ва гьунарияб ирс. ГӀалибегилазул М. П.
  4. РФ ИИАЭ. Ф.14. № 2085. Л. 178б.

Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]

РегӀелал[хисизабизе | код хисизабизе]