Перейти к содержанию

КӀкӀаралал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
КІкІаралал» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

КІкІаралал (кӀкӀар. кӀкӀирди) — этникияб гьитӀинаб миллат аваразде гъорлъ унеб.

ГӀахьвахъ мухъалда росаби: КӀкӀаратӀа, ГӀанчихъ, ЦӀумали, ГӀарчо, Инхело, ТӀадинхело (Чабакоро), МаштӀада, РацилӀ, ТӀукитӀа, Рачабу-Сивухъ, ахирисел руго Хасавмухъалда гӀумру тӀобалел.

Болъихъ мухъалда ругел росаби: Гъоркьинхело.

Хасавхъала мухъалда ругел росаби: Сивухъ, ТӀукитӀа, ГӀанчихъ-хъутан, Андуз, Индира, Кирпич-хъутан, ва цодагьалго Кокрек, Муцалаул.

Гочарал цодагьалго кӀкӀаралал гӀумру тӀобалел руго БагӀархъал мухъалда, Бабаюрт мухъалда ва Кизилюрт мухъалда.

Цоги гочарал кӀкӀаралал руго Курчалой росулъ Чачаназулъ ва гъорлъ ккола тейпалда Дагъистаналъул миллаталдаса - кӀирди

Киналго росабазул цӀарал руго авар мацӀалдаса.

Бищун кӀудияб росу - КӀкӀаратӀа

Жалго кӀкӀирди абула. Авар мацӀалда кӀкӀаралал, гӀандисез - кӀкIарадирал, гӀахьвалаз - кӀкIиридо, багвалаз - чӀириди/кӀичӏвад, чӀамалаз - кӀирди, тӀиндаз - чӀириди.

Кавказияб рагъ лъвараб мехалда кӀкӀаралал рачана ГӀанди мухъалда жанир.



тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.