Перейти к содержанию

Авар фонология

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Авар фонология — бицунеб авар мацӀалда ругел каламалъул гьаркьазул система. Цогидал мацӀаздаго гӀадин, авар мацӀалъулги буго абулеб куцалъул батӀалъи диалекталдаса диалекталде. Авар мацӀалъул фонетикияб анализалъул концентрация гьабула стандартаб мацӀалъул акценталда; гьединго руго свералаби, жиде-жидер хасаб фонетикияб батӀалъи бугел.

Рагьаразулги рагьукъазулги рикӀкӀадул рахъалъ, цогидал кавказалъулал мацӀазда гьоркьоб, авар мацӀалъ ккола гьоркьохъеб бакӀ. Рагьарал гьаркьал цӀикӀкӀун руго БакътӀерхьул Кавказалъул мацӀазде данде ккун, амма Бакъаккул Кавказалъул цогидал мацӀазулалдаса дагьал; картвел, вайнах ва дагъистаниял мацӀазде данде ккун, рагьукъал руго гӀемерал, хӀо абхаз ва адигъ мацӀазулаздаса дагьал.[1]

МацӀалъул яги диалекталъул фонема ккола гьеб конкретияб мацӀалъул яги диалекталъул кӀалъалезда цохӀого функция бугеблъун биччӀулеб каламалъул гьаркьил яги батӀи-батӀиял гьаркьазул групалъул абстракция. Мисалалъе, ракӀ абураб рагӀи гӀуцӀун буго лъабго фонемалдаса: тӀоцебесеб "р", "кӀ" гьаракь, ва рагьараб гьаракь.

Авар мацӀалда ругел фонемабазул рикӀкӀен ва рикьа-къотӀи буго батӀи-батӀияб свералидаса свералиде. Рагьукъал фонемабазул рикӀкӀен буго 75–80, максималаб буго стандарталда, диалектазда рагьукъал руго гьелдасаги дагь, амма гьенир рукӀине бегьула стандарталда данчӀваларел фонемабиги. Рагьарал фонемабазул рикӀкӀен гӀемераб гьечӀо, цогидал гӀагарал мацӀазде дандеккун. Стандартаб мацӀалда буго щуго рагьараб, диалектазда гьел рукӀине бегьула цӀикӀкӀунги.

Хадусеб таблода руго кьун стандарталъулги диалекталъулги фонемаби, лабиаллъарал рагьукъал руго ратӀаго гъоркьегӀан. Аваралда руго зирарал, гъугъал, эйективиял (глотталлъарал), интенсивиял (хӀалуцарал) обструентал,[2] ва гьезул лабиаллъарал вариантал. Щибаб серия буго цохӀо алвеолариял ва посталвеолариял фрикативазул.[2]

Авар мацӀалъул рагьукъал фонемаби[3]
Лабиал Алвеолар Пост-
алвеолар
Палатал Велар Увуляр Фарингал Глоттал
Централ Латерал
ленис фортис лен. фор. лен. фор. лен. фор. лен. фор. лен. фор.
Назалал m n
Плозивал зирарал b d ɡ
гъугъал p t k q[a] ʔ
эйективал [b]
Аффрикатал зирарал d͡z[c] d͡ʒ[d] ɢ͡ʁ[e]
гъугъал t͡s t͡sː t͡ɬː t͡ʃ t͡ʃː k͡xː q͡χ[f] q͡χː
эйективал t͡sʼ t͡sːʼ t͡ɬʼ[g] t͡ɬːʼ t͡ʃʼ t͡ʃːʼ kxːʼ q͡χʼ[h] q͡χːʼ
Фрикативал зирарал z ʒ ʁ ʕ
гъугъал f[i] s ɬ ɬː ʃ ʃː x [j] χ χː ħ ħː[k] h
Вибрантал r
Аппроксимантал w l[l] j
  1. ^ ГӀандалазул свералил бухдисезул гаргарул кӀиго къватӀиса бачӀараб рагӀулӀ гурони данчӀвалареб фонема. Гьел рагӀабиги руго къуруш /quruʃ/, къаравул /qarawuɫ/, стандарталда гъурущ /ʁu.ˈruʃː/, хъаравул /q͡χːäräwul/.[4]
  2. ^ Гъугъаб билабиалаб эйектив гӀатӀидго данчӀвала диалектазда, хасго анцухъдерилалда.[5] гӀандалазул данчӀвала цо чанго рагӀулӀ: кьапӀде /t͡ɬːʼapʼde/'кьабизе'.[4] Закаталисезул свералида эб фонема гьединго буго дагь гурони хӀалтӀизабулареб, батула цо-цо къватӀиса рачӀарал рагӀабазулӀ: пӀенсия 'пенсия', пӀанкӀа 'банка', чӀипӀи 'чванта'.[6] Эб фонема батула гьединго хундерил свералил цо-цо рагӀабазулӀги, мисалалъе, чӀапӀтӀи /t͡ʃʼapʼ.ˈtʼi/ 'чӀабтӀи'. Прото-хьондакавказияб мацӀалъул букӀараб *ṗ /pʼ/ гьаркьил рефлекс авар мацӀалда буго /b/.[7]
  3. ^ ДанчӀвала анцухъдерил свералида. ЛӀугьуна коартикулациялдалъун /d/-ги /z/-ги жубан, цӀцӀикӀаниселъ эб фонема букӀуна фреквентативазулӀ: свердзи /sːʷerd͡zi/ 'свердизе', гӀугӀедзи /ʕuʕed͡zi/ 'гӀегӀедизе', сонориял /r/, /l/, /n/ гьаркьазда хадубги: бандзи 'бачине/, гӀандзи 'гӀодизе'. Коартикулациялда бачӀогоги данчӀвала d͡z: чихӀдзи 'ччукӀизе'.[5] Лъедерго данчӀвала закаталисезул свералидаги: дзагъу 'цӀакъго'.[8]
  4. ^ Фонема буго анцухъдерил свералил чӀадаколосезул гаргаралда, гьениб эб букӀуна цогидазул /d͡z/ бугелъуб: гьарджи /hard͡ʒi 'гьардезе', буссджи /busːd͡ʒi/ 'буссине'.[9] Къаралазул свералил риссдерил гаргаруда[10] ва гьидерил свералида[11] гьеб фонема букӀуна стандарталъул /ʒ/ бугеб цо-цо къватӀиса бачӀараб рагӀул: джаваб /d͡ʒawab/ 'жаваб', джуджахӀ /d͡ʒud͡ʒaħ/ 'жужахӀ'. ГӀандалазул свералида: джухи /d͡ʒuχi/ 'жух', баджарде /bad͡ʒarde/ 'бажаризе'.[4] Закаталисезул свералида данчӀвала цо-цо рагӀулӀ стандарталъул /ʒ/ гьаркьил бакӀалда: неджер /ned͡ʒer/ 'нижер', гъедж /ʁed͡ʒ/ 'гъеж', гьедже /hed͡ʒe 'гьанже', ва къватӀиса рачӀаразулӀ: джубур /d͡ʒubur/ 'чали'.[12] Гьединго фонема данчӀвала цо-цо хьондасел гаргаразда,[13] мисалалъе, хундерил свералил хьиндадерил гаргарул цо рагӀулӀги: гьандже /ˈhand͡ʒe/, стандарталда гьанже /ˈhanʒe/.
  5. ^ Закаталисезул свералил фонема, дандеккола стандарталъул увуларияб эйективияб аффрикаталъе /q͡χːʼ/: къʼези /ɢ͡ʁe.zi/ 'гьекъезе', къʼогу /ɢ͡ʁo.ɡu/ 'къого', къʼутӀзи /ɢ͡ʁutʼ.zi/ 'къотӀизе'. Гьениб гъугъаб увуларияб аффрикат зирараблъун лӀугьин буго позиционияб.[14]
  6. ^ Диалектазул фонема, мисалалъе, чӀадаколосезул стандарталда гьечӀо. Инс-кавказияб ва инс-авар-гӀандияб мацӀазул букӀараб *q гьаркьица авар мацӀалде аслияб куцалъ рефлекслъун кьуна /h/ яги :[7] *qVrV > hor (гьор);[15]
  7. ^ Стандарталдаги хьондасал свералабаздаги гьечӀеб, амма бакъдасезда гӀатӀидго данчӀвалеб фонема, буго анцухъдерил, гьидерил свералабазда, къаралазул цо-цо гаргаразда.[16] Эб ккола инс-авар ва инс-хьондакавказияб мацӀаздаго букӀараб фонема, жиб хьондасел свералабазда алвеоларияб эйективияб стопалде сверараб: *ƛ̣ /t͡ɬʼ/ > ṭ /tʼ/[7] Мисалалъе, бекьӀер /beˈt͡ɬʼer/ 'бетӀер', кьӀад /t͡ɬʼad/ 'тӀад', кьӀехь /t͡ɬʼex/ 'тӀехь'.
  8. ^ ЧӀадаколосезул гаргаруда /q͡χːʼ/ гьаркьил рефлекс: бакъӀ /baq͡χʼ/ 'бакъ'.[17] Инс-кавказияб ва инс-авар-гӀандияб мацӀазул*q̇ /q͡χʼ/ гьаркьил рефлекслъун авар стандармацӀалда лӀугьана /ʕ/:[7] *moV > maʕ (магӀ).[18]
  9. ^ Цогидал мацӀаздаса рачӀарал рагӀабазулӀ гурони букӀунареб фонема.[19] Авар алфабеталда бихьизабула Ф хӀарпалдалъун.
  10. ^ Закаталисезул свералида дагьалго рагӀабазулӀ, стандарталъул интенсивияб гъугъаб веларияб аффрикаталъул бакӀалда: ххьури /xːuri/ 'ккуна', хьхьала /xːala/ 'ккола', хьхьал xːal 'ккал'.[20]
  11. ^ ДанчӀвала закаталисезул свералида стандартаб аваралъул ħ фонема букӀунелъуб: хӀхӀе /ħːe/'хӀе', махӀхӀал 'махӀаби'. ХӀалуцинчӀеб гъугъаб фарингеалаб /ħ/ гьениб дандеккола стандартаб /χ/ гьаркьие: хӀуб 'хоб', нахӀ 'нах'.[21]
  12. ^ Авар мацӀалда /l гьаракь буго кӀиго аллофоналда: /i e/ гьаркьазда аскӀоб палаталлъараб [lʲ], хутӀарал бакӀазда веларлъараб [ɫ] ([lˠ].

Халалъул гӀужур ⟨ː⟩ рагьукъазе транскрипция гьабиялъул анализалъул буго кӀиго батӀияб куц. Халалъи ккола батӀабахъул бутӀалъун, амма гьединго гьеб ккола артикулационияб къуватлъунги, гьединлъидал рагьукъал гьанир баян гьарун руго фортис ва ленис (хӀалуцаралги хӀулуцинчӀелги) гӀадин. ХӀалуцарал (фортис) аффрикатал халатал руго фрикативияб бутӀаялда, мисалалъе [tsː] (tss), контуралъул плозивияб бутӀаялда гуреб, итал мацӀ гӀадазул геминатиял аффрикатазда гӀадин [tːs] (tts). Лейверица (1994) анализ гьабулеб буго, мисалалъе, t͡ɬː гьаракьие кӀисегментияб аффрикативиябгин фрикативияб цебе-нахъа лъей /t͡ɬɬ/ (/tɬɬ/) гӀадин.[22]

Авар мацӀалъул рагьукъал гьаркьал рикьула кӀиго тӀелалде: обструэнтал (хъуй-бугел) ва соноратал. Жиндаго жаниб обструэнтазул аслияб система бикьула жеги лъабго системалде: 1) плозивазул лъабилаб система; 2) аффрикатазул ункъилаб система; 3) спирантазул лъабилаб система.[23] Гьеб рикьиги бараб буго гьел гьаркьазул кинлъуда.

Плозивазул система
Зирараб Гъугъаб Эйективияб
b ⟨б⟩ p ⟨п⟩ ⟨пӀ⟩
d ⟨д⟩ t ⟨т⟩ ⟨тӀ⟩
ɡ ⟨г⟩ k ⟨к⟩ ⟨кӀ⟩

Плозив, яги стоп стандартаб авар мацӀалда буго ичӀго. Эл рукӀуна зираралги гъугъалги, гьединго эзие хасиятаб буго эйективлъи, гьаракь бахъулаго гьаркьил кьватӀел эххеде хӀалуцинаби, амма плозивазе букӀунаро хӀалуцин. Эйективияб плозив буго алвеолариябги /tʼ/ велариябги /kʼ/, билабиалаб эйективияб стоп стандарталда буго цохӀо гьопӀа интерйекталъулӀ, диалектаздани эб данчӀвала гӀатӀидго.[24] Эйективал рихьизарула хӀарпалда цадахъ гӀучӀ хъван: ⟨тӀ кӀ пӀ⟩ щибалъе. Плозиваз гӀуцӀула лъабилаб система зирараб–гъугъаб–эйектив, хӀалуцарал вариантал гьечӀелъул. Гьенибе гъорлӀе кколаро жибго цохӀо бугеб гъугъаб глотталаб плозив.

Аффрикатал руго короналалги дорсалалги, тӀоцересез гъорлӀе рачуна алвеолариялги пост-алвеолариялги, кӀиабилез — велариялги увулариялги. Стандарталъул системалда гьечӀо зирарал аффрикатал, диалектаздани данчӀвала /d͡z d͡ʒ/.

Алвеолариял ва пост-алвеолариял аффрикатазул руго /t͡s/ ⟨ц⟩-ги /t͡ʃ/ ⟨ч⟩-ги, гьезул хӀалуцарал /t͡sː t͡ʃː/, эйективиял /t͡sʼ t͡ʃʼ/, хӀалуцарал эйективиял /t͡sːʼ t͡ʃːʼ/ варианталги, гьединлъидал гьез гӀуцӀула ункъилаб система. Гьоркьоса бахъилъун ккола латералал аффрикатал. Стандартаб авар мацӀалда буго кӀиго интенсивияб алвеоларияб латералаб аффрикат: жибго /t͡ɬː/ ⟨лӀ⟩ ва эйективияб /t͡ɬːʼ/ ⟨кь⟩, жидер хӀалуцинчӀел коррелатал гьечӀел.[25] Инс-авар мацӀалдаго букӀараб алвеоларияб латералаб эйективияб аффрикат хутӀун буго бакъдасел свералабазда, стандарт мацӀалда гьеб гьаракь сверун буго алвеоларияб эйективияб стопалде.[7]

Веларияб аффрикат буго кӀиго: интенсивияб гъугъаб /k͡xː/ ⟨кк⟩-ги интенсивияб веларияб эйективияб аффрикат /k͡xːʼ/ ⟨кӀкӀ⟩-ги. Гьел гьаркьазул гьечӀо хӀалуцинчӀел коррелатал.[26] Гьениб аффрикатизациялъул буго кӀого момент: тӀоцебеселъ артикулациялда /k/ яги /kʼ/ лӀугьин, кӀиабилелъ фрикативизация букӀин ва гьаракь /xː/-ялдалъун лӀугӀи.[27] Гьединго кидаго хӀалуцарал ккола увулариял аффрикаталги, гьелги руго интенсивияб гъугъаб увуларияб аффрикат /q͡χː/ ⟨хъ⟩ ва элъул эйективияб вариант /q͡χːʼ/ ⟨къ⟩.[28]

Аффрикатазул система
Алвеолариялги пост-алвеолариялги Алвеолариял латералиял Велариялги увулариялги
Гъугъаб Интенсивияб Эйективияб Интенсивияб
эйективиияб
Интенсивияб
гъугъаб
Интенсивияб
эйективияб
Интенсивияб
гъугъаб
Интенсивияб
эйективияб
t͡s ⟨ц⟩ t͡sː ⟨цц⟩ t͡sʼ ⟨цӀ⟩ t͡sːʼ ⟨цӀцӀ⟩ t͡ɬː ⟨лӀ⟩ t͡ɬːʼ ⟨кь⟩ k͡xː ⟨кк⟩ k͡xːʼ ⟨кӀкӀ⟩
/t͡ʃ/ ⟨ч⟩ /t͡ʃː/ ⟨чч⟩ /t͡ʃʼ/ ⟨чӀ⟩ /t͡ʃːʼ/ ⟨чӀчӀ⟩ /q͡χː/ ⟨хъ⟩ /q͡χːʼ/ ⟨къ⟩
Фрикативазул система
Зирараб Гъугъаб Интенсивияб
z ⟨з⟩ s ⟨с⟩ ⟨сс⟩
ɬ ⟨лъ⟩ ɬː ⟨лълъ⟩
ʒ ⟨ж⟩ ʃ ⟨ш⟩ ʃː ⟨щ⟩
x ⟨хь⟩
ʁ ⟨гъ⟩ χ ⟨х⟩ χ ⟨хх⟩
ʕ ⟨гӀ⟩ ħ ⟨хӀ⟩

Фрикатив, яни кӀиго артикулаторалда гьоркьоб бугеб чӀедераб нухдасан хӀухьел цун абулеб рагьукъаб аваралда буго 16, эзул лабиаллъарал вариантал рикӀкӀинчӀого. Авар фрикативазул гьечӀо эйективлъи, амма эл рукӀине бегьула хӀалуцараллъун. Алвеолариялги пост-алфеолариялги фрикативаз гӀуцӀула лъабилаб система, жиндилӀ зирарабги, гъугъабги, гъугъаб интенсивиябги бугел:[25] /z//s///, /ʒ//ʃ//ʃː/. Зирарал интенсивиял фрикативал авар мацӀалда гьечӀо. Латералал фрикативазул руго гъугъаб алвеоларияб /ɬ/ ⟨лъ⟩-ги, элъул интенсивияб вариант /ɬː/ ⟨лълъ⟩-ги, гьедин эз гӀуцӀула кӀибилаб кьер.[25]

Велариял фрикативазул авар мацӀалда буго гъугъаб веларияб фрикатив /x/, жиндир интенсивияб форма гьечӀеб.[26] Увулариял фрикативазулги буго лъабилаб кьер: зирараб /ʁ/ ⟨гъ⟩, гъугъаб /χ/ ⟨х⟩-ги /χː/ ⟨хх⟩-ги. Фарингеалазул фрикативазул руго гъугъаб /ħ/ ⟨хӀ⟩-ги зирараб /ʕ/ ⟨гӀ⟩-ги.[28]

Гьединго авар мацӀалда реализация буго гъугъаб лабиоденталаб фрикативалъулги /f/ ⟨ф⟩, жиб цогидал мацӀаздаса рачӀарал рагӀабазулӀ гурони, авар жиндирго рагӀабазулӀ букӀунареб. Инс-хьондакавказияб мацӀалда букӀараб *f гьаркьица авар мацӀалда рефлексиялъун кьуна /x ~ χ/ яги /ʃː/ гьаркьал: *fănV[29] > хьонлъи, *fiwɨ ( ~ -b-,-o)[30] > хоб, *f_ɦä̆[31] > щу. ЦӀакъго цересел къватӀиса рачӀарал рагӀабазулӀ, мисалалъе, гӀарабалдаса, оригиналаб /f/-ялъул бакӀалда батула /p/ гьаракь: ГӀараб: فناء, romanized: fanāʾ > пана /pana/; парс فال‎ > пал цги. ГӀурус ва гьелдасан рачӀарал европиял мацӀазул рагӀабазулӀ /f/ цӀунула.

Сонориял рагьукъал ккола жал гьаракьалъул тракталда хӀухьелалъул турбулентияб чвахи гьечӀого лӀугьунел, эзул руго кӀиго назалияб /m/, /n/, цо вибрант /r/, лъабго аппроксимант /l/, /w/, /j/.

Зирараб алвеоларияб латералаб аппроксиманталъул авар мацӀалда буго кӀиго аллофон: палаталлъараб [lʲ] ва веларлъараб [ɫ] (яги [lˠ], хъвалаго эзул батӀалъи бихьизабуларо. Палаталлъараб варианталъул реализация букӀуна /i/, /e/ цебесел рагьарал аскӀоре ккани: ле́маг [ˈlʲe.maɡ], эбе́л [ʔɛ.ˈbelʲ], билта́ [bɪlʲ.ˈtä], лъе́ла [ˈɬe.lʲa] (лъезе-fut), гьединго /j/ гьаркьида хадуб бугони: хъва́йла [ˈq͡χːʷäj.lʲa] (хъвазе-fut). ХутӀанщинаб бакӀалда букӀуна веларлъараб аллофон: лалу́ [ɫa.ˈɫu], бал [baɫ], хъва́ла [ˈq͡χːʷä.ɫa] (хъвазе-prs).

Лабиаллъарал рагьукъал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Лабиализация буго авар мацӀалда гӀатӀидго данчӀвалеб кӀиабизесеб артикулация, эб лӀугьуна гьаракь бахъулаго кӀутӀбиги цадахъ хӀалтӀизарун, хъвавуда бихьизабула В хӀарпил квекудалъун. Эб артикулация букӀуна цӀикӀкӀанисел рагьукъазул, лабиалазулги сонорантазулги хутӀизегӀан, цо сонорант буго лабиалаб, эбги зирараб лабиал–веларияб аппроксимант /w/. Лабиализация букӀуна силлаб-инициалаб, ай байбихьуда данчӀвалеб. Буго гьединго рагӀуда жаниб лабиализацияги, эб хасго данчӀвала вербазулӀ, мисалалъе, бакъвазе /bä.ˈq͡χːʷʼä.ze/. Силлаб-финалаб лабиализация, рагӀул тӀарамагъада букӀунеб, авар мацӀалда гьечӀо. РагӀи хисулаго, гургинлъарал рагьаразде цебе /u o/ лабиаллъарал рагьукъазе лӀугьуна делабиализация:[19] гъветӀгъотӀо́-, хвезехола цги.

А ПА В У Ф Г
централ латерал
л. ф. л. ф. л. ф. л. ф. л. ф.
Плозив з ɡʷ
гъ ʔʷ
э tʼʷ kʼʷ
Аффрикат гъ t͡sʷ t͡sːʷ t͡ɬːʷ t͡ʃʷ t͡ʃːʷ kxːʷ q͡χːʷ
э t͡sːʷ t͡sːʷʼ t͡ɬːʷʼ t͡ʃʼʷ t͡ʃːʷʼ kxːʷʼ q͡χːʷʼ
Фрикатив гъ sːʷ ɬʷ ɬːʷ ʃʷ ʃːʷ χʷ χːʷ ʕʷ
з ʒʷ ʁʷ ħʷ
Аппроксимант w
Рагьарал фонемаби
Борхи Кьер
Цебесеб БакьулӀеб Нахъисеб
ТӀасияб i u
ТӀад-гьоркьохъеб e o
Гъоркьияб ä

Авар мацӀалда буго щуго рагьараб гьаракь: /i/, /u/, /e/, /o/, /ä/.[32][33] Руго гьединго гьел гьаркьазул назаллъарал варианталги,[33] хъвавуда гьел рихьизаруларо. Диалектазда данчӀвала цӀикӀкӀунги рагьарал гьаркьал, гьединго халалъарал вариантал.

Артикуляция кӀутӀбузул позициялде балагьун, авар мацӀалъул рагьарал руго гургинлъарал /u, o/ ва гьезде данде лъолел гургинлъичӀел /i, e, ä/. Абулаго гӀебедемухъалда мацӀалца кколеб бакӀалда рекъон, рагьарал данде лъола цебесеб кьералъул /i/, /e/ ва нахъисеб кьералъул /u, o/. Гьезде данде ккуна /ä/ буго бакьулӀ кьералъул. МацӀалзул эхедемухъалда позициялда рекъон данде лъола тӀасияб борхул i, u ва гъоркьияб борхул /ä/. Гьеб кӀибго борхуда гьоркьор руго тӀад-гьоркьохъел /e, o/.[34]

РагӀул байбихьуда рагьарал рацӀцӀадго дандчӀваларо, гьезда цебе букӀуна глотталаб плозив /ʔ/: эбел /ʔe.ˈbel/, анкьго /ˈʔäntɬːʼ.ɡo/, ине /ˈʔi.ne/, гьединго гьеб гьаракь букӀуна силлабазул байбихьуда рагӀуда жанибги, кӀиго рагьараб аскӀобе ккун, гьиатус лӀугьинчӀого букӀиналъе:[1] рии /ri.ˈʔi/, роол /ro.ˈʔol/, беэнаб /be.ˈʔe.nabl/.[32] Гьединго гьиатус лӀугьинчӀого букӀиналъе хӀалтӀизабула зирараб палаталаб аппроксимант /j/: цӀияб /ˈt͡sʼi.jäb/, лъабгоял /ˈɬäb.ɡo.jäɫ/, дие /ˈdi.je/ цги.[1]

Назалал рагьарал

[хисизабизе | код хисизабизе]
Цебе БакьулӀ Нахъ
ТӀаса ĩ ũ
ТӀад-гьоркьоб õ
Гьоркьа ã

Авар мацӀалда руго назалал рагьарал,[33] эл ратула цо-цо рагӀабазулӀ: у /ʔũ/, гӀоло /ʕo.ɫõ/ ва гьездаса лӀугьарал цогидазулӀ. Цо-цо бакӀалда назалала рагьаразул букӀуна магӀна батӀахъул ролги: у(н)гьи /ˈʔũ.hi/ 'хӀухьел биччай' — угьи /ˈʔu.hi/ 'ххамида расен лъей'. Назализация цӀиккӀаниселъ дандчӀвала гьаркьихъе-рагӀабазулӀги[1][34] интерйекциябазулӀги:[33] гьа /hã/, хIе /ħẽ/ (хӀама хъамизе абулеб) цги. Дагьабги цӀиккӀун назализация батула хундерил свералил цо-цо гаргаразулӀ.

Авар мацӀалъул кьабизабиялъе хасиятал сипатал руго хадусел: хьвадарулеб (динамикияб) букӀин, эспираторияб букӀин, гӀезегӀан мухӀканго загьираб ва рагӀул цоккураб гьижаялде тӀаде кколеб букӀин. Кьабизаби кидаго тӀаде ккола рагӀиялъул тӀоцебесеб яги кӀиабилеб гьижаялде; ва киданиги рагӀул байбихьудаса бугеб кӀиабилеб гьижаялдаса добегӀан унаро: на́ку, кере́н, бéрцинаб, квара́наб, гьабу́ларо, у́на.

Кьабизабиялъул хьвадари (динамика) загьирлъула рагӀи хисулелъуб, ва гьелъул хӀасилалда рагӀулӀ лӀугьуна батӀи-батӀиял хиса-басиял. Кьабизаби лъабабилеб гьижаялде тӀаде бачӀунеб бугони, кьабизабиялда цебесеб рагьараб тӀагӀуна (синкопа): бетӀе́р (ном.) — ботӀро́-л (ген.), кагъа́т (ном.) — кагъти́ца (ген.), гомо́г (ном.) — гонги́ца (ген.) ва ц.

РагӀиялъул гӀемерлъул форма лъугьунелъул, кьабизаби тӀоцебесеб гьижаялде тӀаде ккани, тӀагӀуна кӀиабилеб гьижаялъул рагьараб: гама́чӀга́нчӀал; гIере́къгIе́ркъал, лъеле́хьлъе́лхьал ва ц.

Кьабизабиялъ хасаб роль хӀала рагӀиялъул хъвалсараб аслу лъугьиналда, мисалалъе, аблаутияб хисунккей, рагӀулъ кьабизабиялъул бакӀалда бараб гьечӀониги, цадахъ регӀула кьабизаби хьвадигун: тӀехь (ном. ц. ф.) — тӀахь-а́л (ном. гӀ. ф.тӀохь-а́л (ген.), гъе́ду (ном. ц. ф.) — гъуд-у́л (ном. гӀ. ф.) — гъад-и́л (ген.).

Кьабизабиялъ хӀала батӀи-батӀиял релъарал рагӀабазул магӀна батӀа бахъиялъул роль: рагъи́ (цӀар.) — ра́гъи (масд.), лъикӀлъи́ (цӀар) — лъи́кӀлъи (масд.), рикьи́ (цӀар) — ри́кьи (масд.).

Гьединго кьабизабиялъ хӀала рол номинативалъулги хъвалсараб аслуялъул форма релълъарал рагӀабазул магӀна батӀа бахъиялъеги: лъар (ном.) — лъа́рал (ном. гӀ. ф.) — лъара́л (ген.); тIул (ном.) — тIу́лал (ном. гӀ. ф.) — тIула́л (ген.); цIул (ном.) — цIу́лал (ном. гӀ. ф.) — цIула́л (ген.).

Кьабизабиялъул бакӀалда бараб чӀедерал ва гӀатӀидал рагьарал данде лъей ккола батӀи-батӀиял категориалиял формаби лӀугьиналъул къагӀидалъун: рухье́н (цӀар) — ру́хьин (масд.), къотIе́л (цӀар) — къо́тIи (масд.), рате́л (цӀар) — ра́ти (масд.). Кьабизабиялъул бакӀ ккола гьел рагӀабазул статус мухӀкан гьабиялъул критерияздаса цояб. Жубараб рагӀиялъул кӀиабилеб компоненталъул кьабизаби тӀагӀуна, щай гурелъул гьеб кӀиабилеб гьижаялдаса хадуса букӀине бегьуларо, мисалалъе: на́хъарукъ, бетӀе́рчIахъад, бетӀе́ргьанчи. Цогидал мацӀаздаса рачӀарал лъаб- яги цӀикӀкӀун журарал рагӀабазулъ кьабизаби бачӀуна кӀиабилеб къотӀелалде тӀаде: теле́пон, гене́рал.

Морфофонология

[хисизабизе | код хисизабизе]

Бищун кӀвар бугел морфофонологиял процессал руго аблаут, рагьаразул синкопа, ассимилация, мутация, рагьукъазул алтернация ва метатезис.[35]

Аблаут (рагьарал хиси) — форма яги рагӀи лӀугьунаго, рагӀи хисулаго: [i]/[u]: налъи — налъуца (эргатив); [i]/[e]: тиризе — терезе (гӀахьалаб заман); [i]/[o]: кьили — кьолоца (эргатив); [u]/[e]: тункизе — тенкезе (гӀахьалаб заман); [u]/[o]: нус — носоца (эргатив); [e]/[i]: хleтle — хIатIица (эргатив); [e]/[u], кету — кутул (гӀем. ф.); [e]/[o]: пер — пороца (эргатив); [e]/[a]: бече — бачица (эргатив); [o]/[i]: чохтIо — чахтIица (эргатив); [o]/[a]: гьоло — гьалица (акт. игӀр.); [a]/[i]: бугъа — бугъица (эргатив); [a]/[u]: хъала — хъулби (гӀем. ф.); [a]/[o]: гIаштIи — гIоштIоца (эргатив) ва ц.

Рагьаразул синкопа

[хисизабизе | код хисизабизе]

Синкопа, яги рагьарал тӀагӀин, загьирлъула рагӀи хисулаго, форма ва рагӀи лӀугьунаго, кьабизаби лъабабилеб гьижаялде тӀаде ккеун, кӀиабилеб гьижаялъул рагьараб тӀагӀиналдалъун (кӀижурарал рагӀабазул хъвалсараб аслуялъул кӀидаго ккола кьабизабиялъулаблъун): буру́тIбуртIи́ца (эргатив), гомо́ггонги́л (ген.), кагъа́ткагъти́ца, гlepeтlгIертIица (эргатив) ва ц.

Рагьаразул ассимиляция

[хисизабизе | код хисизабизе]

Ассимиляция, яги цо гьаракь цогидалда релъин, авар мацӀалда дандчӀвала прогрессивиябги регрессивиябги ассимиляция хӀисабалда.

Прогрессивияб ассимиляция, яги цебе бугеб гьаракьалъ хадуб бугелде асар гьаби, лӀугьуна:

  • гӀемерлъул формаялъулъ кӀижурарал рагӀабазул, гьел игӀрабияб ва цолъул яги гӀемерлъул формаялъулаб къагӀидаялъ хисулаго, кӀиабилеб гьижа тӀагӀиналъ (кьабизаби бачӀуна тӀоцебесеб гьижаялде тӀаде): бетIе́рбу́тIрул (гӀем. ф.), кьенсе́ркьу́нсрул (гӀем. ф.), лаче́нлу́чнул (гӀем. ф.), габу́рга́рбал (гӀем. ф.), тIагъу́ртIа́гърал (гӀем. ф.). Аслуялъул рагьаразул элизия лъугьине бегьула гӀемерлъул формаялъулъ кьабизаби тӀоцебесеб гьижаялде бачӀинчӀогоги: кьиби́лкьалба́л (гӀем. ф.), хьиби́лхьалба́л (гӀем. ф.), миччи́лмаччли́л (гӀем. ф.), ва ц.
  • гӀемерлъул формаялъул цожурарал рагӀабазул кьибилалъул рагьаразе хъвалсараб аслуялъулъ (аслуялъул рагьараб гьениб тӀагуна): кечӀку́чӀдул (гӀем. ф.), тӀегьтӀу́гьдул (гӀем. ф.), хӀехьхӀу́хьдул (гӀем. ф.), ва ц.

Регрессивияб ассимиляция, яги хадуб бугеб гьаракьалъ цебе бугелде асар гьаби, лӀугьуна:

  • цолъцъул формаялъулъ, кӀижурарал рагӀабазул, игӀрабияб ва цолъул яги гӀемерлъул формаялъулаб къагӀидаялъ хисулаго, кӀиабилеб гьижа тӀагӀиналъ (кьабизаби бачӀуна тӀоцебесеб гьижаялде тӀаде): бетIе́рботIро́л (ген.), кьенсе́ркьонсро́л (ген.), лаче́нлочно́л (ген.), габу́ргорбо́л (ген.), тIагъу́ртIогъро́л (ген.).
  • цолъул формаялъул цожурарал рагӀабазул кьибилалъул рагьаразе хъвалсараб аслуялъулъ: кечӀкочӀо́л (ген.), тӀегьтӀогьо́л (ген.), хӀехьхӀохьо́л (ген.).
  • рагӀи хисулаго кьабизаби тӀоцебесеб гьижаялде тӀаде бачӀинчӀони: тӀехьтӀохьо́л (ген.), чехьчохьо́л (ген.), кьили́кьоло́л (ген.), ва ц.

Хъвалсараб аслуялъулъ ва гӀемерлъул формаялъул ассимиляиялъул данде кколел формаби кидаго гуро рукӀунел, ва гьеб процесс лӀугьуна гӀицӀго цолъул формаялъул хъвалсараб аслуялъулӀ, гӀемерлъул формуялъул рагьараб абуни хисуларо: гIусгIосо́л (ген.) — гIуса́л (гӀем. ф.), гIучIгIочIо́л (ген.) — гIучIа́л (гӀем. ф.), рукъ — рокъо́б (лок. V) — рукъза́л (гӀем. ф.), ракIрекIе́л (ген.) — ра́кIал (гӀем. ф.), цIацIе́л (ген.) — цIа́ял (гӀем. ф.), лъимлъел (ген.) — лъи́нал (гӀем. ф.), ва ц.

Цо-цо букӀине бегьула гӀемерлъул формаялда ассимиляцияги, цолъул формаялда — диссимиляцияги загьирлъи, гьениб байбихьулаблъун рикӀкӀуна хъвалсараб аслуялъул формаби: гьоко́гьаки́л (ген.) — гьака́л (гӀем. ф.), сордо́сарди́л (ген.) — сарда́л (гӀем. ф.), чӀорто́чӀарти́л (ген.) — чӀарта́л (гӀем. ф.), ва ц.

Авар мацӀалда редукциялъул, ай кьабизабуларел рагьаразул гьаркьилаб тӀабигӀат хисиялъул даража буго дагьа-макъаб, гӀаммго абуни, редукция буго къадаралъулаб. Гъоркьияб борхиялъул гьоркьохъеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб /ä/ кьабизабуларел гьижабазда редуцилъула загӀипго: рахIáт, хали́ча, рачéл, вáчIана . Цогидал рагьаразеги лӀугьуна гьединалго загӀипал хиса-басиял, жидеца гьезул фонологияб статусалъе асар гьабуларел: къебéд, керéн, векéрухъан, тIокъó, бусéн, бигьáро ва ц.

Алтернация [m] > [n] лӀугьуна мацӀалъул цересел ва нахъисел рагьукъазда цебе рагӀи ва форма лӀугьунагоги, рагӀи хисулелъубги: гъамас — гъансил (ген.), гамачI — ганчIил (ген.), тамахьу — танхьил, чIимих — чIинхал (гӀем. ф.); цо-цо мехалъ гьел гьаркьал хисичӀогоги хутӀула: ханжархонжроца (эрг.) ва ц.

Алтернация [n] > [m] лӀугьуна [r] гьаракьалда хадуб: гъаран — гъармил (генетив); чаран — чармил (генетив) ва ц.

Лабиализация, яги артикуляциялъулъ кӀутӀби цебе цутӀи, буго авар мацӀалъе гӀемер хасиятаб ва дандчӀвала кидаго рагӀабазул байбихьуда (журарал рагӀабазулӀ гьоркьобги букӀине бегьула): гвай, гвенд, квар, кквезе, квер, кӀвар, свак, ххвел, хъвазе ва ц.

Делабиализация

[хисизабизе | код хисизабизе]

Делабиализация, яги лабиализация тӀагӀин, лӀугьуна рагӀи хисулаго лабиалиял рагьукъазда хадур лабиалиял, яги гургинлъарал рагьарал /u/ ва /o/ рачӀиналъ: кlветlкIутIби (гӀем. ф.); гъветIгъутIби (гӀем. ф.), гъотIоца (эргатив) ва ц.

Метатеза лӀугьуна диссимиляциялъул аслуялда лабиалияб гьаракьалдаги соноранталдаги гьоркьоб бугеб рагьараб тӀагӀун ва гьеб кӀиябго рагьукъалъ тартибияб бакӀ хисун (лабиалияб + сонорияб > сонорияб + лабиалияб): габур — гарбал (гӀем. ф.); хабар — харбил (генетив); тIамур — тIармил (генетив); цIибил — цIолбол (генетив) ва ц.

Рагьукъазул синкопа

[хисизабизе | код хисизабизе]

ЛӀугьуна [n], [m], [d], [t] рагьукъазе рагӀи хисулаго, форма ва рагӀи лӀугьунаго: рехъенрехъаби (гӀем. ф.); бусенбусадул (ген.); хIалтIухъанхIалтIухъаби (гӀем. ф.), лъимлълъел (ген.) — лъадаца (акт.), гӀaтӀид (тӀадрагӀи) — гӀатӀилъи (цӀар); къебедкъебелъи, щулат(го) (тӀадр.) — щулалъи (цӀар) ва ц.

РагӀул силлабияб структура буго гӀадатаб, минималияб гьижа гӀуцӀараб буго цохӀо рагьаралъ (V), гьезул руго хадусел тайпабиги: CV, CVC, CVRC (гьениб R ккола кинаб букӀаниги сонорант r, l, n, m, j), тӀоцебесеб кӀигояб буго бищун гӀемер данчӀвалеб. Силлабалъул кӀал (анлаут) букӀунаро комплексияб, яни кӀиго рагьукъалъ гӀуцӀараб, комплексияблъун букӀине бегьула кода (ахир), гӀаммаб куцалда гьижадул схема бихьизабизе беьула CV(R)(C) гӀадин. ТӀоракӀал гьижабазул цохӀо бугеб тайпа ккола CVRC, гьенибги кодаялъул тӀоцебесеб рагьукъаблъун букӀине бегьула цохӀого-цо сонорант.[35]

РагӀул кьибилалъул тайпаби:

  1. цожубараб аслу C(w)V: къо, чу, цӀа, ца, цӀцӀва, чи, кьо, ци ва ц.;
  2. цожубараб аслу C(w)VC: махх, лагъ, нугӀ, ригь, рукъ, хур, лълъим, бис, бер, кӀул, чӀетӀ, чан, кӀветӀ, гел, тӀегь, рос, гохӀ, агӀ, ах , оц, ицц, их ва ц.;
  3. цожубараб аслу VRC: анкь, ирс ва ц.;
  4. цожубараб аслу C(w)VRC: тӀинчӀ, хӀинчӀ, гӀанкӀ, гӀоркь, къарз, гвенд, гарцӀ ва ц.;
  5. кӀижубараб аслу VCV: ада, угьи, уба ва ц.;
  6. кӀижубараб аслу VCСV: урба, ургу, амру, аслу ва ц.;
  7. кӀижубараб аслуC(w)VCV: гӀари, гьобо, гъеду, кету, лъади, дару, рагӀи ва ц.;
  8. кӀижубараб аслу VCVС: агъаз, асар, эмен, эбел, адаб, ахир, авал ва ц.;
  9. кӀижубараб аслу VCСVC: адрес, азбар, айгъир, аскар, авлахъ, амбар, аргъан, ахӀмакъ, илбис ва ц.; (гьаб тайпаялде гъорлъе ккола цоги мацӀаздаса рачӀарал рагӀаби);
  10. кӀижубараб аслу C(w)VRC(в)V: тӀанса, гӀанса, квартӀа, гъванща, гвангва, ханжу, торгӀо, гордо ва ц. Гьединго интервокалиял комплексал, тӀоцебесеб хъуй бугеб рагьукъаб бугеб: дагӀба, кӀуштӀа, гӀаштӀи, гӀузру, мусру, сихӀру (гьаб конструкциялда руго аслияб къагӀидаялда цогидал мацӀаздасан рачӀарал рагӀарал рагӀаби);
  11. кӀижубараб аслу C(w)VCVC: гамачӀ, чапар, гьудул, гӀалим, лъимер, гудур, рехъен, рукӀел ва ц.;
  12. кӀижубараб аслу C(w)VRCVC: хвалчен, ханжар, гьалмагъ, салмаг, сандукӀ, саргъас, баргъич ва ц. Гьединго интервокалиял комплексал, тӀоцебесеб хъуй бугеб рагьукъаб бугеб (цогидал мацӀаздасан рачӀарал рагӀаби): хашхаш, гӀужрукъ, гужгат, сухъмахъ, сухӀмат ва ц.;
  13. кӀижубараб аслу CVCVRC: туманкӀ;
  14. лъабжубараб аслу VCCVCV: аздагьо;
  15. лъабжубараб аслу (C)VCVCV: можоро, сумало, габани, гъадаро, гьереси, катӀари, гӀарада ва ц.;
  16. лъабжубараб аслу (C)VCVRCV, (C)VRCVCV: итаркӀо, гвангвара, гӀанхвара, газаргъо ва ц.;
  17. лъабжубараб аслу (C)VCVCVC: аманат, апараг, жанавар, апараг, годекӀан, малаик ва ц.
  18. лъабжубараб аслу (C)VСCVCVC: ахбазан;

Цогияздаса лъугьунарел фигӀлуялъул аслуял: V (ине), CV (кке-зе), CVC (лъу-гьи-не; гьанирго рачӀуна бабихьуда жинсиял гӀаламатал ругел фигӀлабиги: в-ачӀ-ине), CVRC (гьурщ-изе)[36].

Ралагье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]
  1. ^ a b c d Магомедов, М.А. (2014). "Некоторые вопросы системы гласных аварского языка" [Авар мацӀалъул рагьаразул системалъулцо-цо суалал]. Вестник института языка, литературы и искусства им. Г. Цадасы ДНЦ РАН (6): 14–186. ISSN 2227-7978.
  2. ^ a b Форкер 2020, гь. 245.
  3. ^ Consonant Systems of the North-East Caucasian Languages on TITUS DIDACTICA
  4. ^ a b c МикагӀилилазул 1959, гь. 179.
  5. ^ a b МикагӀилилазул 1959, гь. 59.
  6. ^ СагӀидова 2007, гь. 24.
  7. ^ a b c d e Николаев, С. Л.; Старостин, С. А. (1994). A North Caucasian Etymologocal Dictionary (pdf). Москва: Asterisk Publishers. гь. 53. Щвей 2024-08-01.
  8. ^ СагӀидова 2007, гь. 31.
  9. ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 60.
  10. ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 149.
  11. ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 305.
  12. ^ СагӀидова 2007, гь. 32.
  13. ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 58.
  14. ^ СагӀидова 2007, гь. 38.
  15. ^ "*qVrV ( ~ χ-, h-)". StarLing database server. The Tower of Babel. The Global Lexicostatistical Database. Щвей 2024-08-15.
  16. ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 53.
  17. ^ "*bV(r)q̇:V". StarLing database server. The Tower of Babel. The Global Lexicostatistical Database. Щвей 2024-08-14.
  18. ^ "*moq̇V". StarLing database server. The Tower of Babel. The Global Lexicostatistical Database. Щвей 2024-08-15.
  19. ^ a b Форкер 2020, гь. 246.
  20. ^ СагӀидова 2007, гь. 35.
  21. ^ СагӀидова 2007, гь. 38–39.
  22. ^ Лейвер (1994) Principles of Phonetics гь. 371.
  23. ^ Алексеев ва цгд. 2012, гь. 30.
  24. ^ Алексеев ва цгд. 2012, гь. 31.
  25. ^ a b c Алексеев ва цгд. 2012, гь. 34.
  26. ^ a b Алексеев ва цгд. 2012, гь. 36.
  27. ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 56.
  28. ^ a b Алексеев ва цгд. 2012, гь. 37.
  29. ^ "*fănV". StarLing database server. The Tower of Babel. The Global Lexicostatistical Database. Щвей 2024-08-06.
  30. ^ "*xʷibV ( ~ -b-,-o)". StarLing database server. The Tower of Babel. The Global Lexicostatistical Database. Щвей 2024-08-06.
  31. ^ "*f_ɦä̆". StarLing database server. The Tower of Babel. The Global Lexicostatistical Database. Щвей 2024-08-06.
  32. ^ a b Алексеев ва цгд. 2012, гь. 26.
  33. ^ a b c d Форкер 2020, гь. 244.
  34. ^ a b Алексеев ва цгд. 2012, гь. 27.
  35. ^ a b Форкер 2020, гь. 247.
  36. ^ Аварский язык. Фонетика. (М. Алексеев. Борис Атаев)
ГӀурусалда:
  • МикагӀилилазул, Ш. И. (1959). Бокарев, Е. А. (ред.). Очерки аварской диалектологии [Авар диалектологиялъул хъвай-хъвагӀаял]. Ленинград: СССРалъул гӀелмабазул академиялъул пресса. гь. 510.
  • Алексеев, М. Е.; Атаев, Б. М.; МухӀамадов, М. А.; МухӀамадов, М. И.; Магьдиева, Г. И.; СагӀидова, П. А.; Самедов, Дж. С. (2012). Современный аварский язык. МахӀачхъала: АЛЕФ. гь. 420. ISBN 978-5-91431-110-7.
  • СагӀидова, П. А. (2007). Закатальский диалект аварского языка [Авар мацӀалъул закаталисезулаб сверел]. МахӀачхъала. гь. 216.{{cite book}}: CS1 maint: location missing publisher (link)
Инглисалда:
  • Форкер, Диана (2020). "Chapter 6: Avar" [БетӀер 6: Авар]. Гъоркь: Полински, Мария (ред.). The Oxford handbook of languages of the Caucasus [Кавказалъул мацӀазул Оксфордияб квертӀехь]. Oxford handbooks. Оксфорд, Цолъараб Къиралат: Оксфорд университеталъул пресс. гьл. 243–280. ISBN 9780190690694. LCCN 2020021155.