Дагъистан

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Дагъистан Республика» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Россиялъул Федерациялъул субъект

Дагъистаналъул Республика
гІур. Республика Дагестан
дарг. Дагъистала Республика
лъар. Дагъыстан Джумгьурият
лезг. [Республика Дагъустан] Error: {{Lang}}: unrecognized language tag: Ӏez (help)
лак. Дагъусттаннал Республика
таб. Дагъустандин Республика
чач. ДегІестан Республика
падар. Дағыстан Республикасы[1]

Байрахъ Герб

Дагъистаналъул Республика Россиялъул картаялда

Тахшагьар

Махӏачхъала

Ракь

52-билеб

- Кинниги
- % лъим

50270 км²
0,4

Халкъалъул къадар

13-билеб

- Кинниги
- Гъунки

2 946 303 (2013)

58.61 чи/км²

ГІИП

35-билеб

- Кинниги, ругел багьаяздалъун
- Халкъалъул цо чиясе

623,4[3] млрд. гъур. (2017)

145,4 азар. гъур.

Федералияб округ

Шималияб-Кавказалъул

Экономикияб мухъ

Шималияб-Кавказалъул

Пачалихъияб мацІ

гІурус, агъул, даргин, лъарагІ, лак, лезги, магІарул, нугъай, падар, рутул, табасаран, тат, цахур, чачан[4]

БетІер

Сергей Меликов

ХІукуматалъул Вакил

ГІабдулмуслим ГІабдулмуслимов[5]

Халкъияб Мажлисалъул БетӀерчи

Заур Аскендеров

Гимн

Дагъистаналъул гимн

РФ субъекталъул код

05
Код ISO 3166-2 RU-DA

Код ОКАТО

82

СагІтил рачел

MSK (UTC+3)

Шапакъатал:

Ленинил Орден  — 1965 Зах1маталъулаб Баг1араб Байрахъалъул Орден — 1923 Октябралъул революциялъул орден — 1971 Халкъазул Вацлъиялъул Орден  — 1972

Официалияб сайт:

government-rd.ru

Дагъистан, официалго Дагъистаналъул Республика, — Бакъбаккул Европаялъул Хьондасеб Кавказалда, Каспий ралъдал рагӀалда бугеб республика. Ккола КӀудияб Кавказалдаса хьондехун; жиндир кьолболал халкъал гӀумру гьабун ругеб Дагъистаналъул историкияб территориялъул цо бутӀа буго бакъдехунги, гьанжесеб Азербайджаналъухъ. Уна Россиялъул Федерациялде гъорлӀе ва ккола Шималияб Кавказалъул федералияб дистрикталъул бутӀалъун. КӀудияб Кавказалдаса жанубалдехун бугеб территория буго Азарбижаналда гъорлӀ. Дагъистан буго Россиялъул бищун жанубияб бакӀ, гьелъул территориалаб гӀурхъи буго бакъдехун Азарбижангун ва жанубиябгин бакътӀерхьуда Гуржиягун; Россиялда жаниб гьелъул гӀурхъи буго бакътӀерхьуда Чачан ва хьондехун Гъалмугъ республикабигун, хьондасебгин бакътӀерхьуда Ставропол крайгун. Дагъистаналъул тахшагьар ва бищун кӀудияб шагьар буго МахӀачхъала; цогидал чӀахӀиял шагьарал руго Дербенд, БагӀархъала, Туралиб ва Шурагьиб.

Дагъистаналъул ракьалъул гӀатӀилъи буго 53 270 квадратияб килеметр, 3.1 миллионалдаса цӀикӀкӀун чи вугеб популяциягун,[6] гьениб буго 30-ялдаса цӀикӀкӀун этникияб къокъа.[7] 14 официалияб мацӀгун ва 12 этникияб къокъагун, щибалъул кинабниги популяциялъул 1%-алдаса цӀикӀкӀараб къадар бугеб, Дагъистан ккола Россиялда гъорлӀ бугеб лингвистикияб ва этникияб рахъалъ бищун батӀалъи гӀемераб республикалъун ва дунялалда бищун гьетерогениял административиял бутӀабазул цояблъун.[8] ГӀемерисел гӀадамал кӀалъалеб мацӀлъун ккола Шималбакъбаккул Кавказалъулал мацӀаздаса цояб;[7] амма лингва франкалъул республикаялда буго гӀурус мацӀ.[9]

Этимология

Жакъасеб Дагъистаналъул ракь, ва цІикІкІунисеб бутІаялда мугІрузул Дагъистан, тарихалъулаб адабияталда жаниб батІи-батІияб цІаралдалъун рехсон буго. Гьеб гьедин рехсеялъе сабаблъун ккола, рагъун тІаде кІанцІарал ва гІагардухъа ругел халкъазда хурхараб, гьез жодорго мацІалдалъун кьун букІана гьелъие цІарал.

Цо-цо тарихчагІаз, Бакъдасеб Дагъистаналде цебе букІараб цІар «Албания» хІалтІизабула. ГІарабазул тарихчи Ал-Купица, X гІасруялъ Дагъистан рехсон буго «Ард ас-Сарир» абун, нилъер мацІалда «Тах-бакІалъул Ракь» абураб магІнаялда бугеб[10]. Гуржияца Дагъистаналда цІар «Лекетия» абун хІалтІизабула[11].

«Дагъистан» абун цІар машгьурлъана XVII гІасруялдаса байбихьун ва гьелъул магІна ккола «мугІрузул улка» абураб (турк мацІалдаса дагъ — мегІер, парс мацІалдаса стан — улка, ракь)[12]. Василий Бартолдил рагІабазда рекъон, «Дагъистан» абураб цІар баккана гІицІго X/XVI гІгІ.[13].

Дагъистаналъул тӏабигӏаталъулаб карта
Марка «50 сон Дагъистаналъул АССРалъе». СССРалъул почта 1971 с.
«Дагъистан Республика». Россиялъул банкалъул ракІалдещвеялъул монетаялъул нахъисеб рахъ
Нарин-хъала кІалгІа. ш. Чор
Дербент
Армяназул килиса. ш. Чор

«Дагъистан» абураб цӏар хӏалтӏизаби битӏараб буго гӏицӏго тарихияб къагӏидаялдалъун, щайгурони Дагъистаналъул АССРалда (гьанже Республика Дагъистан) гъорлъе Гъизларалъул лъарагӏлъи ва нугъаязул авлахъги бачиндал, мугӏрузул бутӏа гӏицӏго 56 % кколеб буго кинабниги гьелъул ракьалдаса[12].

Тарихияб Дагъистаналъул ракь букӏана апшерон бащадаб чІинкІиллъиялде щвезегӏан (гьанже Азарбижаналъухъ бугеб ракь)[14].

Дагъистаналъул цӀар гьелъул расмиял мацӀазда

  • Авар — Дагъистаналъул Республика (Дагъистаналъул Жумгьурият)
  • ГӀурус — Республика Дагестан
  • Дарги — Дагъистан Республика
  • ЛъарагӀ — Дагъыстан Жумгьурият
  • Курал — Республика Дагъустан
  • Тум — Дагъусттаннал Республика
  • Табасаран — Дагъустан Республика
  • Рутул — Республика Дагъустан
  • Агъул — Республика Дагъустан
  • Цахур — Республика Дагъустан
  • Нугъай — Дагыстан Республикасы
  • Чачан — Дегӏестан Республика
  • Къажар — Дағыстан Республикасы
  • Тат — Республикей Догъисту

География

Дагъистан буго Кавказалъул хьундасебгун бакъбаккул рахъалда, Каспий ралъдал рагӏал ккун эхедехун. Республикалъул хьундасеб рахъалда буго — гӏодоблъи, бакъдасеб рахъалда — мугӏрузул ракьанлъаби ва Кӏудияб Кавказалъул мугӏрул. Хьундасеб рахъалдаса бакъдасеб рахъалде щвезегӏан ракьалъул халалъи бахуна гӏага-шагарго 400 км, бакъбаккул рахъалдаса бакътӏерхьул рахъалдехун — гӏага-шагарго 200 км. Дагъистаналъ хьундасеб рахъалдасан гӏурхъи гӏахьал гьабула Иставрапал вилаяталъулгун ва Гъалмухъалъулгун, бакътӏерхьул рахъалда Буртиялъулгун ва Гуржиялъулгун, бакъдасеб рахъалда Азарбижаналъулгун. Ракьдадасан ва ралъдадасан Дагъистаналъул гӏорхъода буго щуго пачалихъ — Азарбижан, Гуржи, Хъазахъистан, Туркменистан ва Иран. Азарбижаналъулгун гӏорхъода буго — Россиялъул бищун ахирисеб тӏанкӏ (41°10' с. ш.).

Гидрография

Дагъистаналъул бакъбаккул рахъалда буго Каспий ралъад. Бакъдасеб ва гьоркьохъеб рахъалда руго Кӏудияб Кавказалъул мугӏрул, хьундасеб рахъалдасан бабихьула Каспиялъул гІодоблъи.

Гӏорал

Рихьуни хӏор

Республикалъул гьоркьохъеб бутӏаялдасан чвахула Терек ва Сулахъ гӏорал. Гӏаммаб куцалда Дагъистаналдалъул ракьалда руго 6255 гӏор (гьелдаса 100 кӏвар бугел, 25 км цӏикӏкӏун халалъи бугел ва 100 км цӏикӏкӏун лъим бакӏарулеб бакӏ бугел, 185 гӏиссинал ва 5900 цӏикӏкӏун цӏакъго гӏиссинал), гьездаса бищун чӏахӏияллъун ккола Терек, Сулахъ, Самур ва Рубас гӏорал[15]. Киналго гӏорал Каспий ралъдал хурхараллъун рикӏкӏуна, кинго гьенире чвахулел 20 гӏор гурони гьечӏо.

Бакъвараб гьаваялда бан, Дагъистаналъул хьундасеб рахъ мискинаб буго гӏоразул рахъалъан. Ругел гӏоралги риидал хур-ахал лъалъазе хӏалтӏизарун, ралъдалъе раккуларо.[16].

Бищунго лъим цӏикӏкӏараллъун ккола мугӏрузул гӏорал, хехаб чвахи сабаблъун хасалоцин жал цӏороларел.[16].

Самур ккола Дагъистаналъул кӏиабилеб кӏудияб гӏорлъун. Гьелъул кинабго жаниблъиялъул къадар ккола 7,3 азарго км². Баккулеб бакӏ буго Газал мухъалда. Самур гӏорул лъималъул цӏикӏкӏунисеб бутӏа хӏалтӏизабула мадугьалихъ бугеб Азарбижан Республикалъ[16].

Сулахъ гӏор лъугьуна, АваргІор, Гӏандигӏор ва Гъази-Гъумухъ гӏор жубаялдалъун. Гьелъул жаниблъиялъул къадар буго 15,2 азарго км².

Хӏорал

Рельеф

Сарикум салул гохІал

Гьава

СагІтил рачел

Демография

Этникиял групаби

The people of Dagestan include a large variety of ethnicities. 2021 цензалда рекъон,[17] Хьондакавказиял ( Аварал, Даргиял, Куралал, Тумал, Табасаранал, Чачанал гъорлӀе рачун) ккола 75% Дагъистаналъул кинабниги популациялдаса. Тюркал, Къумукъал, Къажарал, Нугъаял ккола 21 %, ГӀурусал 3.3%. Цогидал этносазул щибаб буго 0.4 проценталдаса дагь кинабниги популациялда гъорлӀ.

Дагъистаналда этникиял групаби (2021)

  Аварал (30.5%)
  Даргиял (16.6%)
  Къумукъал (15.8%)
  Куралал (13.3%)
  Тумал (5.2%)
  Къажарал (3.7%)
  ГӀуруал (3.3%)
  Чачанал (3.2%)
  Цогидал (4.4%)
Этникияб
група
1926 ценз 1939 ценз 1959 ценз 1970 ценз 1979 ценз 1989 ценз 2002 ценз 2010 ценз 2021 ценз1
РиккӀен % РиккӀен % РиккӀен % РиккӀен % РиккӀен % РиккӀен % РиккӀен % РиккӀен % РиккӀен %
Аварал 177,189 22.5% 230,488 24.8% 239,373 22.5% 349,304 24.5% 418,634 25.7% 496,077 27.5% 758,438 29.4% 850,011 29.4% 956,831 30.5%
Даргиял 125,707 16.0% 150,421 16.2% 148,194 13.9% 207,776 14.5% 246,854 15.2% 280,431 15.6% 425,526 16.5% 490,384 17.0% 521,381 16.6%
Къумукъал 87,960 11.2% 100,053 10.8% 120,859 11.4% 169,019 11.8% 202,297 12.4% 231,805 12.9% 365,804 14.2% 431,736 14.9% 496,455 15.8%
Куралал 90,509 11.5% 96,723 10.4% 108,615 10.2% 162,721 11.4% 188,804 11.6% 204,370 11.3% 336,698 13.1% 385,240 13.3% 416,963 13.3%
Тумал 39,878 5.1% 51,671 5.6% 53,451 5.0% 72,240 5.1% 83,457 5.1% 91,682 5.1% 139,732 5.4% 161,276 5.6% 162,518 5.2%
Табасаранал 31,915 4.0% 33,432 3.6% 33,548 3.2% 53,253 3.7% 71,722 4.4% 78,196 4.6% 110,152 4.3% 118,848 4.1% 126,319 4.0%
Къажарал 23,428 3.0% 31,141 3.3% 38,224 3.6% 54,403 3.8% 64,514 4.0% 75,463 4.2% 111,656 4.3% 130,919 4.5% 116,907 3.7%
ГӀурусал 98,197 12.5% 132,952 14.3% 213,754 20.1% 209,570 14.7% 189,474 11.6% 165,940 9.2% 120,875 4.7% 104,020 3.6% 102,243 3.3%
Чачанал 21,851 2.8% 26,419 2.8% 12,798 1.2% 39,965 2.8% 49,227 3.0% 57,877 3.2% 87,867 3.4% 93,658 3.2% 99,320 3.2%
Нугъаял 26,086 3.3% 4,677 0.5% 14,939 1.4% 21,750 1.5% 24,977 1.5% 28,294 1.6% 38,168 1.5% 40,407 1.4% 36,944 1.2%
Агъулал 7,653 1.0% 20,408 2.2% 6,378 0.6% 8,644 0.6% 11,459 0.7% 13,791 0.8% 23,314 0.9% 28,054 1.0% 29,253 0.9%
Газалал 10,333 1.3% 6,566 0.6% 11,799 0.8% 14,288 0.9% 14,955 0.8% 24,298 1.0% 27,849 1.0% 27,043 0.9%
Хъалтагъал 3,531 0.4% 4,278 0.4% 4,309 0.3% 4,560 0.3% 5,194 0.3% 8,168 0.3% 9,771 0.3% 10,320 0.3%
Цогидал 43,861 5.6% 52,031 5.6% 61,495 5.8% 63,787 4.5% 57,892 3.6% 58,113 3.2% 25,835 1.0% 19,646 0.7% 31,752 1.0%
1 47,805 чиясул регистрация гьабун буго административияб базалда этниклъи бихьизабичӀого. Гьезда гъорлӀ этносияб пропроция декларатарал групазда гIадин бугилан тола.[18]

Мухъазда ва шагьаразда милияб рикьи

Дагъистаналъул административиял цолъабазул (мухъазул ва шагьаразул) гӏадамазул къадар тӏолго[19]

# Мухъ, шагьар гӏадамазул къадар 2010 с. Гьезда гьоркьосан

аварал

% марказ шагьаралъул
чӏарабакӏал
1 Агъул мухъ 9154 0 0,0 % р. Тпиг
2 Гӏахъуша мухъ 42821 15 0,0 % р. Гӏахъуша
3 ГІахьвахъ мухъ 13517 13510 99,5 % р. Кӏкӏаратӏа
4 Ахтиб мухъ 26710 0 0,0 % р. Ахтиб
5 Дибиросул мухъ 41745 9601 20,25 % р. Бабаюрт
6 БежтІа мухъ 7500 7490 99,8 % р. БежтІа
7 Болъихъ мухъ 39745 39710 99,8 % р. Болъихъ
8 Шурагьиб мухъ 67142 18128 23,51 % ш. Шурагьиб
9 Хьаргаби мухъ 18572 18560 99,9 % р. Хьаргаби
10 Бакълъул мухъ 13035 13030 99,9 % р. МелъелтІа
11 Гъуниб мухъ 20407 20380 99,8 % р. Гъуниб
12 ДахІададал мухъ 36571 10 0,0 % р. Уркарахъ
13 Дербенд мухъ 99653 150 0,1 % ш. Дербенд
14 Дохъузпара мухъ 15569 5 0,0 % р. Ушугъ
15 Казбек мухъ 38498 33878 88,1 % р. Дилим
16 Хайдакъ мухъ 33000 20 0,0 % р. Мажалис
17 Гъарабудагъкент мухъ 79213 710 0,65 % р. Гъарабудагъкент
18 Гъаякент мухъ 51962 30 0,1 % р. Цӏияб Гъаякент
19 Гъизилюрт мухъ 64535 55560 83,39 % ш. Гъизилюрт
20 Гъизляр мухъ 63228 34775 46,62 % ш. Гъизляр
21 Кули мухъ 9042 25 0,3 % р. Вачи
22 Хъумторхъала мухъ 21938 7020 18,69 % р. Къоркъмазхъала
23 КъурахІ мухъ 14507 0 0,0 % р. КъурахІ
24 Лак мухъ 8072 130 1,6 % р. Гъумекиб
25 Лаваша мухъ 63994 15998 25,0 % р. Лаваша
26 МухІарамхур мухъ 57334 20 0,0 % р. Мухӏарамхур
27 ЦІияблак мухъ 29073 6687 23,1 % р. Цӏияблак
28 Нугъай мухъ 19543 390 0,21 % р. Терекли-Мактаб
29 Рутул мухъ 18394 625 3,5 % р. Рутул
30 Сергъохъала мухъ 25714 20 0,1 % р. Сергъохъала
31 СтІал-Сулайманил мухъ 51652 10 0,0 % р. Къасумкент
32 Табасаран мухъ 63782 5 0,0 % р. Хучни
33 Тарумасул мухъ 31192 13412 35,76 % р. Тарумовка
34 ЛъаратІа мухъ 15589 15585 99,9 % р. ЛъаратІа
35 Унсоколо мухъ 28241 28120 99,5 % р. Унсоколо
36 Хасавюрт мухъ 157687 56767 31,41 % ш. Хасавюрт
37 Хив мухъ 21833 2 0,0 % р. Хив
38 Хунзахъ мухъ 24044 24005 99,8 % с. Хунзахъ
39 ЦІумада мухъ 17714 17705 99,9 % с. Агъвали
40 ЦІунтІа мухъ 12524 12515 99,9 % с. Кидеро
41 ЧІарада мухъ 10111 10010 99,0 % с. Цӏуриб
42 Шамилил мухъ 24090 24085 99,9 % с. Хӏебда
1 шагьаралъул округ Махӏачхъала 712171 151936 26,0 % ш. Махӏачхъала
2 шагьаралъул округ Темир-хан Шура 47738 24346 45,79 % ш. Шурагьиб
3 шагьаралъул округ Дагъистаналъул цӏаял 32168 60 0,0 % ш. Дагъистаналъул цӏаял
4 шагьаралъул округ Дарбанд 103198 710 0,5 % ш. Дербент
5 шагьаралъул округ Избербаш 43870 1316 3,47 % ш. Избербаш
6 шагьаралъул округ Каспийск 74204 11873 14,63 % ш. Каспийск
7 шагьаралъул округ Гъизилюрт 41012 30759 70,88 % ш. Гъизилюрт
8 шагьаралъул округ Гъизляр 47018 15986 21,94 % ш. Гъизляр
9 шагьаралъул округ Хасавюрт 111223 38928 30,66 % ш. Хасавюрт
10 шагьаралъул округ Салануб 10045 5224 46,13 % ш. Салануб
тӏолго Дагъистан 2506885 839901 26,1 % ш. Махӏачхъала

Мухъал

Кавказалъул карта

Аваразул росаби

Тарих

Дагъистаналъул тарих
Дагъистан
къотІелалдаса макъала

Символика

ГербБайрахъ
Гимн

Пачалихъияб гІуцІи

КонституцияПарламент
Административияб рикьи

Дагъистан цебесеб заманаялъ

Кавказалъул албанал
Кавказалъул Албания

Дагъистан гьоркьохъел гІасрабазда


Цахуразул ханлъи · Рутулазул беглъи · Лакз · Хазаразул каганат
Дербенталъул имарат · Сарир · Зирихгеран
Гъазикумукъ шамхаллъи · Кайтагъазул уцмийлъи · Табасараназул майсумал · Илчи-АхІмадил амирлъи

Дагъистан цІияб заманаялда

Аваразул ханлъи
Илисуялъул султІанат · Мехтулиялъул ханлъи · Таргъоялъул шамхаллъи · Гъазигъумукъ ханлъи · Кавказалъул рагъ · Шималияб Кавказалъул имамат
Дагъистаналъул область · МугІрузул республика · Шималияб Кавказалъул имарат

СССРалда жаниб

ДАССР
Шималияб Кавказалъул улка ·

Россиялда гъоркь

Дагъистан жумгьурият · 1999 соналъул лъугьа-бахъинал
Исламалъул ракь

География

Тахшагьар
МугIрул · ГІорал · ХІорал

Темаялда хурхарал макъалаби

Дагъистаниял · Маданият · МацIал · Диаспора

Дагъистаналъул Портал
 бл·б·х 

Имам Шамил
Файл:Аваркилас.jpg
Аваразул байрахъ (Вахушти Багъратӏиони. Хъизихъалъул атӏлас (XVIII гӏасру). Туплис, 1997 с.)
Дагъистан (DAGESTAN) 1921-1922
Дагъистаналъул Автономияб Советияб Социализмаялъул Республика,1921

Дагъистаналъул гӀелмияб централъул хӀалтӀухъабаз щибаб соналъ тӀоритӀула батӀи-батӀиял мугӀрузулги, гӀатӀидракьалъулги районазде археографиялъул экспедицияби. Нилъер авар росабалъ щибаб соналъ аниги тӀадеялдаса тӀаде цӀикӀкӀун гурого дагьлъулел гьечӀо нилъер рухӀияб бечелъи. Нижеца цӀех-рех гьабулел жалги руго гӀараб хӀарпаз хъвараб щиб букӀаниги. БукӀа гьеб гӀажамалъ хъвараб ялъуни гӀараб мацӀалъ хъварабниги. Щай гьедин цӀикӀкӀунеб абун суал баккизеги бегьула бокьарав чиясул? Щай абуни цебе коммунмистазул заманаялда гӀадин нижеца щибго жо нахъе босуларо кьеянги гьаруларо. Нилъер гӀадамал ругьунлъун руго рачӀарал чагӀаз кинабго жо нахъе босиялда. Амма нижеца жакъа къоялде щвезегӀан абизе кӀола цониги тӀамач нахъе босичӀин изну гьечӀого абун. Нагагьлъун цощинабго тарихалда хурхараб букӀа ялъуни мацӀалда, гӀадатазда хурхараб жо батани нижеца копия гьабула гьев бетӀергьанчиясул изнуялдалъун гӀицӀго. Гьесие бокьичӀони гьабичӀогоги тола. Дир гӀакълуялда рекъон дида кола гьедин батилин щибаб соналдаса соналде жалго гӀадамал рачӀуна жудорго бечелъиялъухъ балагьизе рачӀаян гьаризе. Щайгурелъул киназдаго лъалеб гьечӀо гӀараб алфавиталъ хъвараб жо цӀализе. Гьединлъидал тӀахьазул бетӀергьабазе жодоего буго кӀудияб интерес щибдай элда хъван бугоян балагьизе. Араб 2008 абилеб соналъул июль моцӀалда ниж щвана Хунзахъ районалде. Гьава-бакъги рекъон ккечӀого, рикӀкӀад ругел росабалъеги ине санагӀат рекъечӀого нижеца хӀукму гьабуна цониги цӀияб библиотека батилародаян аскӀоб бугеб ТӀанусире рахине. Росулъе рачӀунаго тӀоцеве данде карав чиясда цӀехана росдал дибир. Гьес ниж дибирасухъеги рачана. Ниже къваригӀараб жо лъайдал, гьевго чияс ниж рачана жиндирго рокъоре. ЦӀарги гьесда букӀана Дибиров МӀухӀамад. Гьес нижеда бицана гьел тӀахьазул хӀакъалъулъ дагьа-макъабго тарихги. ТӀахьазул бетӀергьанчи вукӀун вуго гьесулго эмен Дибирасул вас Насрудин (1910 — 1997гг), жиндир мунагьал чураяв. Жиндирго заманалъ гьев Насрудин вукӀун вуго цӀаларав чи. ТӀоцеве гьев цӀалун вуго гӀараб гӀелмуялъе жиндирго росулъ ТӀанусив. Хадуб Хунзахъги цӀалун вуго, гьенисан ун цӀалун вуго Унсоколо районалъул ХъахӀабросулъги. Гьенисан вусун хадув хӀалтӀун вуго ТӀанусиб росдал имамлъунги. Лъида цеве эмен цӀалулев вукӀаравали гьай-гьай васасда лъалеб гьечӀо. МухӀамадица бицанихъе Насрудинил букӀун буго лъикӀаланго кӀудияб библиотека. Эмен хун хадуб, гьел тӀахьал цереса цере ун, цӀакъ къанагӀатал жал гурони хутӀунги гьечӀо. Гьезда гьоркьоб, бер речӀарабго дида бихьана цо квералъ хъвараб даптар. Гьеб бугоан гӀажамалъ хъвараб. Гьелда жанир ругоан гӀемер батӀи-батӀиял вагӀзаби, туркаби, мавлидал. Гьездаго гьоркьоса бищунго кӀудияб асар дие кьуна тарихияб хъвай-хъвагӀаялъ. Гьеб бугоан гӀарабал Дагъистаналдеги рачӀун, гьенисан ТӀанусире рачӀиналъул хӀакъалъулъ хъвараб тарих. Гьеб гӀемер кӀудияб макъалаги гьечӀоан 15 тӀамач гурони. Дибиров Насрудиницаги гьеб хъван бугоан ТӀанусиса Къебедасул МухӀамад абулев чиясул тӀехьалдасан. «Гьабги хъвана ТӀанусиса Дибирасул вас Насрудиница 1988 соналъул 5 февралалъ», абун хъванги буго гьелъул ахиралда.

Къебедасул МухӀамадил гӀагарлъи цӀехедал нижеда гьезул чиги ватичӀо. Дица МухӀамадидаса изнуги босун гьелъул диего копияги гьабуна, бусинабуна авар мацӀалде цониги хӀарп хисизеги гьабичӀого, бугеб къагӀидаялъ. Гьенир руго ва жеги ратизеги рес буго гъалатӀалги. Дица ургъун бахъараб жо гурелъул, бокьилаан, рес бугебгӀан мехалъ, бугеб къагӀидаялъ цӀалдолезухъе щвезеги.

ЦӀарги гьелда буго: ГӀинтӀаме вацал гьанже Суракъатил зулму баян гьабизин.

Дагъистан букӀана цӀакъ берцинаб, гӀатӀидаб, боцӀуда баракат бугеб бакӀ. Жудор гӀадлу сабаблъиялдалъун Суракъатил хабар инеб букӀана. Энир рукӀана гӀемерал росаби. Эзул агьлуги букӀана кафурал, чӀухӀарал, къосарал хъанчий лагълъи гьабулел. Гьел киналго росабазул ханзабиги рукӀана къосарал, квешлъиялдалъун амру гьабулел, лъикӀалдалъун нагью гьабулел. Бищун шавкат кӀудияб росу букӀана ТӀанусиб абун. Энивги вукӀана кафурав, къосарав хан, бищунго квешлъиялъул ва шавкаталъул бетӀергьан. Эсда цӀарги букӀана Суракъат. Дагъистаналъул бутӀрул рукӀана эсул умумулги ШартӀан, Авариз-хан, ГӀуммахан, Фирман шагь, Бакъир, Намрур, Байар, ТӀагьман, Сайид, ГӀамир, ФиргӀан, Хавашагь, Сафи, Шагь ГӀаббас, ТӀуруз, Хъадар шагь, ХӀарис хан.

Адам аварагасде щвезегӀан эсул умумул азаралда ункъоялда анцӀила ичӀго ругелила. Эсиеги (Суракъатие) букӀана кинабго дагъистаналъул хардж — магъало. Чергес вилаяталдаса бахъараб Шамхалалде щвезегӀан кинабниги боцӀул, тӀорщалил, гӀиял, хӀайваназул, хамил, пихъил хӀатта гӀанкӀудал ханазулцин букӀун буго. Щибаб соналъ кинабго ракьалтӀа гӀарцул лъабго гӀабаси букӀана. ТӀорщалил цо-цо къали, гӀиял — нусидаса цо жо, хӀайваназул — нусго рукъалдаса цо оц, хамил — базар гьабулев чиясдаса кӀиго хамил туп, пихъил ахал ругел чиясдаса цо гьегь. Чи чӀварав чиясдаса нусго гӀи букӀана, чияда ругъун гьабурав чиясдаса цо оц букӀана. Жо бикъарав чиясдаса цо оц букӀана. Кинабниги росдадаса щу-щу цӀе букӀана — ункъго багӀараб цо чӀегӀераб, щу-щу гӀиялъажоги букӀана.

Щибаб росдадаса цо-цо чуги цо-цо гӀакаги. Гьев ханасеги мутӀигӀаб букӀана кинабго Дагъистан, щибго инкар гьабичӀого кьолаан магъалоги.

Аварагасул инсул вацал ХӀамзатилги, ГӀаббасилги наслуялъул гӀадамал рахъун руго Мака-Мадинаялдаса гьиджра гьабун (200) кӀинусилъ тарих бугеб мехалда. КӀиазарго чигун цадахъ гъазават гьабизе капурзабигун рагъун, Аллагьасде таваккалги тӀамун жудорго шагьаралги тун, жал рижарал ракьалдаса хьулги къотӀун капурзабазул ракьалда ислам тӀибитӀизе гьабизе къасд гьабуна. Ал (гӀарабал) рахъиналъе сабабги букӀана жудода гъазаваталъул хиралъи лъайдал, жудода свера хъверун рагъ гьабизе капурзабиги ратичӀого, эл жудор ватӀан тун рахъана. Эзулги букӀана щуго къокъа. Лъабго къокъа ХӀамзатил лъималазул рукӀана — КъускъантӀиялде щвезегӀан. Энир чӀун бана цо дагьал сонал. Цинги энисанги къокъана щуазарго чигун цадахъ Гьундустаналде щвезегӀан.

Энирги чӀана цо дагьаб заманаялъ. Цинги гьенисанги рилълъана чӀечӀого Ширваналде щвезегӀан. Цинги энир чӀана рагъул алат къачӀалел — гӀарадаби, газаргъаби эл гурелги матахӀалги данде гьарулел. Дагъистаналъул капурзабазде ине къасд гьабуна эз. Эзул гӀадат букӀана жудор бищун кӀудияв ханлъун вугев чиясда хадур, киналго рекъон, дагӀба-рагӀи гьечӀого ине. Бахъарабщинаб бакӀалда бетӀерги толаан жудоцаго абураб жоялда тӀад калам гьечӀого тӀубузабулев чиги.

Къамилухъ ХӀамзатил наслуялъул чи тана. Эсда цӀарги Гьишам хан букӀана — Амир ХӀамзатил вас. Гьелдаса нахъе жудор гӀадат мадат бекьана. Ханлъун тарав щинав чиясда Шамхал абураб цӀар кьуна. Цинги эл рагъана чӀахӀиял тӀелалгун, лебалал чуялгун. Рагъизе Дагъистаналде эл рачӀун ругилан лъараб мехалъ эл киналго капурзабазул боял данделъана. Къосарал аскаралги цолъана Дербент абулеб шагьаралда аскӀоб, гьел исламалъул боял нахъчӀвазе гучалдалъун.

Гьеб мехалъ бусурбабаца витӀана цо нусго лъикӀав бахӀарчи дол капурзабазул хӀал бихьизе. Эзда (гӀарабазул къокъаялда) дол (капурзаби) ратана жудодасаги гӀемер бахӀарчилъи цӀакъал. Гьеб мехалъ бусурбабазул ракӀал хӀинкъана, гьезиеги бокьана (бусурбабазе) балъго дол боял рихизе гьаризе. Цинги гьел хӀиллаялде ургъана. ГӀемераб квен-тӀехги гьабуна, гьоркьоб загьруги жубана. Гьеб загьруги букӀана бакьал тӀутӀулеб, черх гьоролеб. Гьеб мехалъ, капурзаби тӀаде къайгун гьеб квенги, дагьа-макъаб къайиги гъоркь тун эл бусурбаби лъутана. Дол капурзабазда эб тӀагӀам батараб мехалда гьез гьеб кванана. Гьелдалъун гьезул хвана ункънусазарого (400 азарго) чи. Гьелда хадуб Аллагьасул квербакъиялдалъун капурзабаз мугъ бана, бусурбабиги Дагъистаналде лъугьана. Рагъ гьабун Хайдакъ шагьарги бахъана. Гъазанфар абурав цо кӀудияв ханги чӀвана цойги гӀемерал бахӀарзабиги чӀвана гьенир.

Руччабиги куна энир, хӀалкӀун жалгоги энир парахалъана. Имамги ханасул тахиде вахинавун, гьенир гӀемерал росабиги рана, гьебги тахшагьарлъун гьабуна. Гьелда цӀарги КъалгӀатул Къурайш абун цӀарги тана. Цинги Гъумекдерил ханзабазулгун загьираб рекъелги гьабуна. Цо дагьаб заманалдаса рекъелги бихун балъго тӀаде кӀанцӀун гьел Гъумекдерил агьлуго пассат гьабуна. Эзул киналго руччабиги мусаххар (махсароде ккуна) гьаруна. Гьанже дол рачӀана Джабалул Джансиялде Хунзахъе. Эзул хан вукӀана Баяр, Суракъатил вас Нуцалхан абун жинда абулев. Эвги жиндирго рукъалъул агьлуги бачун, цойги кинабго гӀагарлъигун цадахъ Тушалъе лъутун анна.

Гьанже бусурбабаца гъазават гьабун аварлъиялъул киналго рахъазулъ гӀемерал росабиги чӀунтизаруна, кинабго Дагъистаналда квершелги гьабуна. Гучалдалъун эзул бахӀарзабиги чӀвана, руччабиги лъималги асир гьаруна, кинабго боцӀи-хазинаги нахъе босана. Энив ханасул тахидаги чӀана Махсумбек, шайх АхӀмадил вас иманлъунги чӀана. Абулмуслим шайх эз кинабго дагъистаналда тасарруф гьавуна. Цоял ккун, цоял чӀван росаби чӀунтизе гьарун тана. Эзул гӀадатги букӀана (бусурбабазул) жудоца бахъарабщинаб росулъ цо-цо хан толаан. АскӀовги толаан доздасан бергьунеб къадаралда жудорго солдаталги.

Гьанже дов Шамхалги чӀван Гъумекиб шагьаралда кинабго ракьалъул харжги босана, бусурбабазул закатги босана. Эзиеги мутӀигӀлъана кинабго Дагъистан.

Щибаб соналъ эсие рачӀунел харжазул баян: Къарахъ жамагӀатал — щунусго гӀиялъажо ва цо гӀала; Кусрахъ жамагӀаталъ — лъабнусго гӀиялъажо ва цо гӀала; Гъирим — ункънусго гӀиялъажо ва цо гӀала; ЧӀамалал — цо нусго гӀи; ТӀиндиб — къого оц; ГӀурчуб — нусиялда лъеберго гӀиялъажо; Хундерил агьлоялдасан — анкьнусго къали ролъулги, анкьнусго гӀиги, лъабго къали гьацӀдалги; ГӀандадеридаса — цо оцги анкьго буртинаги; Гъадариса ва ГьаракӀуниса — хундерил бугелъул бащадаб; Тумал — рукъалдаса цо-цо ккуйги, цо-цо къали ролъулги; Михахич — гьебго; Костек — рукъалдаса цо-цо ччугӀа; Таргъу — рукъалдаса кӀиго сахӀ пиринчӀул; Губдан — нусго кви; Хайдакъ — нусиялда лъабкъого гамуш; Ускушиб ва ГӀахъушиб — нусго оц; ХӀурахъ — рукъалдаса гӀабаси; ЦӀадахӀариса — кӀикъоялда анцӀго оц; ГьамчукъотӀи — анлъго хӀама; Бакълъулал — лъеберго оц; РицгӀор ва Мукракь — лъабкъоялда анцӀго кви; Кудалиса — нусго гӀалаги нусго чуги. Гьал киналго харжал щибаб соналъ ХӀамзатилги ГӀаббасилги лъималада гьоркьоб бикьулаан. Гьелдаса хадуб цо дагьаб заман ингун, дов Тушалде лъутун вукӀарав Суракъатил вац Байар вачӀана ЦӀунтӀаса бахъараб ГӀарчубе щвезегӀан боялги ракӀарун. Цо бецӀаб сордоялъ Хунзахъе лъугьана. РакӀал бусурманлъичӀого энир хутӀун рукӀарал чиязул рукъзабахъ боялги живгоги вахчун чӀана жудойго сверел, рес рекъезегӀан. Гьеб сордоялъ Абулмуслим шайхасул вас Абулмуслимида макьилъ бихьана капурзаби бергьун Хунзахъ ва гьениб пасалъиги ккун. Гьеб макьу бокьичӀогун эв радал вахъун Гъумекиве лъутана. КӀиабилеб сордоялъ капурзабаца эзул хан Амир АхӀмадги чӀвана. МагӀлумбекил вацасул васги чӀван эсул бетӀерги хъаладул къеда бан батун буго. Гьеб къоялъ киналго бусурбабазул къокъадул гӀемерав чи гъурана. Элги хадур мурадалде щвана, Баярги жиндирго инсул тахида гӀодов чӀана.

Гьебмехалъ бусурбабаздаги эздаги гьоркьоб гӀемерал рагъал ккана, питнаби халалъана. Къоло ункъго сон бана гьедин. ЦӀакъ рекъзабиги къварилъана, бетӀербахъиги захӀмалъана, рагъги чӀалгӀана. Гьанже гьезда иман лъун исламалъулгун маслихӀат ккана, жалги парахалъана. Гьелдасан цо дагьал сонал ингун Гъумекдерил ханазабаздаги Хайдакъалъул ханзабаздаги гьоркьоб питна ккана. Гьереси, мацӀ гьаби, мехтел эб гуребги пасалъаби ккана эниб. Хайдакъалъул ханазаби МухӀаммадханги, Амир ХӀамзатги хундерил ханзабахъе кӀанцӀана, жал эзийги гьедана щибаб жоялъе эзда нахърилълъинилан. Гьеб мехалъ эзда гьоркьобги Гъумекдерил ханзабазда гьоркьобги ккана гӀемерал рагъал. Цинги хундерил ханас ритӀана гӀакълуялъул бетӀергьаби Кавтар шагьасухъе — Турк вилаяталде рекъел гьарун. Элги гьеб заманаялъ ГӀумарасхӀабасул Халифаталъулъ рукӀана. Цинги эзул къотӀи ккана цоцазулъ рекъон кӀиязулго тушманзабигун рагъизе. Эзул амруги вацазул бакӀалде ккана. Кавтар шагьасги абуна хундерил ханасул яс жиндирго васасе. ЦӀар чӀван кӀиясго къабул гьабуна кӀияйго кӀиясего кьуна. Гьеб мехалъ Кавтар шагь Гъумекиве вачӀуна туркалгун цадахъ бакъбаккул рахъалдасан. СартӀанги вахъана хундерил вилаяталъул боялгун Хайдакъалъул ханзабигун цадахъ бакъшинкӀул рахъалдасан. Эв кӀиявго эниве, Гъумекиве, щвана итни къоялъ, эбги рамазан моцӀалъул тӀоцебесеб къо букӀана. Гьанже рагъана гьел мажгиталда тӀаса бугеб хъалаялда жанирги чӀун. Энив эзул шагьидлъана лъабкъого чи. Гьеб къагӀидаялъ жудорго рухӀалги кьун, боцӀиги кьун, рагъана сафар моцӀ щвезегӀан. Гьеб мехалъ гьел гьеб хъалаялдаса ратӀа гьаруна шамат къоялъ Гъумекги чӀунтизе гьарун. Гъумекдерил ХӀамзатилги, ГӀаббасилги наслуялъул ханзаби ракьалъул рагӀаллъабазде ккана. Хайдакъалъул ханзабиги эзул бакӀалда чӀана. Кавтар шагьги, СартӀанги жудорго ватӀаналде руссана. ХӀамзатилги ГӀаббасилги наслуялъул хӀакъикъат гьадин ккун буго. Гьелъул тарихги гьаб буго (718 /) анкьнусиялда анцӀила микьабилеб сон буго.

Гӏалимзаби

XVII—XVIII гӏасрабаз Дагъистаналда рахъана, Кавказалда гуребги, тӏолалго бакъбаккул бусурбабазул улкабазда машгьурал исламиял гӏалимзаби. Гьединаздасан кколаан Гъолодаса Малла-Мухӏаммад, Къудукьа Мусал МухІамад (Мусалав), Кьохъа Салман, ГІободаса ШагІбан къади, ГІаймакиса Абубакар, Усищиса Давуд, Убраялдаса МухІамад, МачІадаса ХІадис, ГІурадаса Ибрагьим-хІажи ва гьел гурел гӏемерал цойгидалги. Гьезул щивас хъварал гӏелмиял хӏалтӏабиги руго, бакӏалда, гӏадамазда рекъарал, мазгьабалда жанир рахъарал хӏукмабиги руго. Хӏасил, гьел цого-цо цере арал гӏалимзабазул хӏалтӏабиги цӏалун, гьелги малъун чӏечӏо, гьез жеги тӏаде щибаб гӏелму гӏатӏид гьабуна, гъварилъуде раккана.[20]

ХІужаби

  1. Кириллица считается официальной, однако вне официального обихода латиница используется также часто.
  2. "Валовой региональный продукт по субъектам Российской Федерации в 1998-2017гг" (xls) (in русский). Росстат.
  3. "Валовой региональный продукт по субъектам Российской Федерации в 1998-2017гг" (xls) (in русский). Росстат.
  4. Согласно конституции, государственными языками республики являются русский и все языки народов Дагестана. Однако только 14 языков имеют свою письменность и функционируют как государственные.
  5. Абдулмуслимов Абдулмуслим Мухудинович представлен на должность Председателя правительства РД, РИА Дагестан (30 январ 2013). Архив гьабун буго аслуялдаса 21 юн 2018. Хал гьабун буго 30 январ 2013.
  6. "Оценка численности постоянного населения по субъектам Российской Федерации" (in русский). Главная::Федеральная служба государственной статистики. Архивация оригинал (Январ 24, 2020). Халагьи October 24, 2020. {{cite web}}: Check date values in: |access-date= (квеки)
  7. 7,0 7,1 "Dagestan". Encyclopedia Britannica. Халагьи Октобер 24, 2020.
  8. Heinrich, Hans-Georg; Lobova, Ludmila; Malashenko, Alexei (2011). Will Russia Become a Muslim Society?. Peter Lang. гь. 46. ISBN 978-3631609132. Халагьи Август 6, 2012.
  9. Dalby, Andrew (2004). Dictionary of Languages: The Definitive Reference to More Than 400 Languages. Columbia University Press. гь. 59. ISBN 0231115695. Халагьи Август 6, 2012.
  10. Абу Мухаммад Ахмад Ибн А’сам ал-Куфи. Книга завоеваний.
  11. Происхождение Хунз.
  12. 12,0 12,1 Поспелов Е. М. . — Гь. 130. — ISBN 5-89216-029-7.
  13. В.В. Бартольд. . — Т. 3. — Гь. 408.
  14. "Где жили лезгины в XVIII веке". Архивация оригинал (2015-04-02). Халагьи 2015-02-03. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  15. "Республика Дагестан". Архивация оригинал (2007-04-28). Халагьи 2015-02-03. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  16. 16,0 16,1 16,2 Климат | Туризм в Дагестане
  17. "Национальный состав населения". Федералаб статистикияб сервис. Халагьи 30 Декембер 2022.
  18. Перепись-2010: русских становится больше (in русский). Perepis-2010.ru. 2011-12-19. Архивация оригинал (Декембер 25, 2018). Халагьи 2012-01-15. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  19. http://as-sarir.ru/index.php?option=com_content&view=article&id=26:2012-08-12-12-26-16&catid=11:2012-02-27-07-55-06&Itemid=5 (хвараб регӀел)
  20. "Archive copy" (PDF). Архивация (PDF) оригиналалдаса (2010-03-27). Халагьи 2010-03-27.{{cite web}}: CS1 maint: archived copy as title (link)

Линкал