Саму́р (рут. Самыр) — жанубияб Дагъистаналда бугеб гІор, гьеб ккола Дагъистаналъул кІодолъиялъул рахъалъ кІиабилеб бакІалда бугеб гІорлъун[2], цо гьитІинаб бакІалдасан Азарбижан жумгьурияталъул гІорхъалабаздаги хъвалаго уна. Гьелъул авал буго Газал районалда ва ахир Каспий ралъадалда.