Перейти к содержанию

ГӀанди хӀор

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ГІандадерил ралъад» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
ХӀор
ГӀанди хӀор?
Морфометрия
Абосютияб борхалъи1854 м
Гьоркьохъеб гъварилъи72[1] м
Локация
42°46′38″ ш. гӀ. 46°09′11″ бб. х.HGЯO
Пачалихъ
РФялъул субъекталДагъистан, Буртиялъ
РайонБолъихъ мухъ ва Ведено мухъ
Россия
ТӀанкӀ
ГӀанди хӀор
Идентификаторал
ПЛъР: 07030000111109300000354[2]
 Медиафайлал Викигъамасалда

ГІанди-хІор, Кезено́йам, гІур. Голубое, Большое Форельное — Дагъистаналъул Болъихъ мухъалъул ва Буртиязул Ведено мухъалъул гІорхъода бугеб хІор.


Географиялъул баянал ва лъугьараб куц

[хисизабизе | код хисизабизе]

Рорхатал мугІрузда бугеб ГІанди хІор ккола — Шималияб Кавказалдаго бищун кІудияб ва бищун гъваридаб хІорлъун. Гьеб буго Дагъистаналъул Болъихъ мухъалъул ва Буртиязул Ведено мухъалъул гІорхъода, ГІанди мугІрузул жанубияб хьибилалда, ралъдал гьумералдаса 1869 метраялъ тІадегІан.ХІоралъул тІасияб рахъ — 2,4 км². Гьеб лъугьана Харсум ва Кауха мугIрул расалъиялъул гIоразул лъим данде бакIариялъул хIасилалда. Жаниб лъим бакIаризе гьениб сангар къанин чIезабулеб буго, ракь багъариялъул хIасилалда ччукIун бачIараб кьуроялъ.

Гьава-бакъалъул шартІал

[хисизабизе | код хисизабизе]

ХІориниб бугеб лъел уровень хисула щибаб лъагIалидаса лъагIалиде, бассейналъуре рортулел атмосфериял аххакьазул къадаралда бан. Лъим гьениб букIуна цIорораб, риидал тIасияб рахъалда лъел температура бахунаро 17-18 градусалдаса. Гъоркьиял гъатазда температура букIуна гIага-шагарго 7-8 градусалда. Хасало тIубанго хIоралда цIер къала, батIи-батIиял соназда цIорол биццалъи бахун букIана 70-80 сантиметразде.

Туризм ва рахІат

[хисизабизе | код хисизабизе]

Хурдузул ва хІайваназул дунял

[хисизабизе | код хисизабизе]

2011 соналъул 29 - 31 июлалъ ГІурус географиялъул гІуцІиялъ, Татаристан Жумгьурияталъул лъедагъоркь спорталъул федерациялъ ва Россиялъул лъедагъоркь спорталъул гIелмияб комитеталъ гьенир гьаруна комплексалъул цIех-рехал[3].

ГIанди хIоралъул ва Буртиязул рахъалда балеб бугеб Казеной-Ам гостиницаялъул панорамияб сурат
ГIанди хIоралъул ва Буртиязул рахъалда балеб бугеб Казеной-Ам гостиницаялъул панорамияб сурат


  1. ^ Озеро Кезеной-Ам
  2. ^ Ресурсы поверхностных вод СССР: Гидрологическая изученность. Т. 9. Закавказье и Дагестан. Вып. 3. Дагестан / под ред. П. П. Буртовой. — Л.: Гидрометеоиздат, 1964. — 76 с.
  3. ^ Исследователи раскроют тайны озера Казеной-Ам — отделение РГО в Чеченской Республике