Перейти к содержанию

Дагъистаналъул байрахъ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
19 ноябралъ 2003 соналъул[1]
2:3
Цере рукІарал байрахъал

26 фебруар 1994[2] 
1:2

Дагъистан Республикалъул байрахъ ккола Дагъистаналъул пачалихъияб гӀаламатлъун.

Байрахъалъул кьерал

[хисизабизе | код хисизабизе]

2003 соналъул 19 ноябралъ 27 гъокрь хъвараб "Дагъистан Республикаялъул пачалихъияб байрахъ" абураб къануналда рекъон, Дагъистан Республикаялъул байрахъалъул кьерал[3].

Кьерал ГӀурччинаб ХъахӀилаб БагӀараб
RGB 0-147-73 0-57-166 213-43-30
HTML #009349 #0039A6 #D52B1E

ГӀурччинаб кьералдалъун бихьизабулеб буго чӀаголъи, дагъистаналъул ракьалъул гьарзалъи ва гьебго заманаялъ гьеб бачӀуна исламалъул гӀадатлъун билълъараб кьерлъун. КанчӀхъахӀилаб (хъахӀилаб) — ралъдал кьер (руспубликаялъул бакъбаккул рахъ чурула Каспий ралъдаца), гьелъ тӀоритӀел гьабула дагъистаналъул халкъазул берцинлъиялде ва къадру-къиматалде. БагӀараб кьералъул магӀна демократия, МугӀрузул улкаялъул халкъазул бихьинлъи ва яхӀ букӀин.

Хьундасеб Кавказалъул имамат

[хисизабизе | код хисизабизе]
Хьундасеб Кавказалъул имаматалъул байрахъ (1829—1859 сс.)

Хьундасеб Кавказалъул имарат

[хисизабизе | код хисизабизе]
Хьундасеб Кавказалъул имараталъул байрахъ (1919—1920 сс.)

Россиялъул империялъул заманаялъ Чачанлъиялъул цӀикӀкӀунисеб рахъ хӀатта Сунж-хъалаги гъорлӀе унаан Терский областалде ва жодорго хасал гӀаламатал рукӀинчӀо гьезул.

1919 соналъул сентябр моцӀалда чачаназул Ведено росулӀ Узун-ХӀажи имамас Хьундасеб Кавказалъул миллияб эркенлъи лъазабуна ва Хьундасеб Кавказалъул имарат гӀуцӀана. ЧӀванкъотӀун гӀорхъаби чӀезабичӀеб цӀияб лъазабураб жиндирго пачалихъалде Узун-ХӀажица гъорлӀе рачана Дагъистаналъул мугӀрузул мухъал, мугӀрузул Чачанлъи ва Гъалгъайазул бутӀа. Имират гӀуцӀун букӀана ГӀусманиялъул империялъе мутӀигӀаб шаргӀияб пачалихълъун.

Хьундасеб Кавказалъул имараталъул байрахъ букӀана хасаб кӀодолъи-гьитӀинлъи чӀезабураб гӀурччинаб кьералъул ххамил кесекалда хъахӀаб кьералъул моцӀги гьелда тӀад хъахӀаб кьералъул лъабго цӀваги бахъараб.

Дагъистан АССРалъул байрахъ 1925 с.
Дагъистан АССРалъул байрахъ 1925 с.
Дагъистан АССРалъул байрахъ 1954—1991 сс.

ДАССРалъул 1927 соналъул конституциялда букӀана Руспубликаялъул бичахисиялъул ва рагъулаб байрахъалъул баян. Гьеб букӀана билбагӀараб кьералъул ххамил кесек, жиндир квегӀаб бокӀнида байрахъалъул гӀералда аскӀоб меседил кьералъ «Дагестанская Автономная Советская Социалистическая республика» абун хъвараб байрахъ.

ДАССРалъул 1937 соналъул конституциялда рекъон республикаялъул пачалихъияб байрахълъун букӀана РСФСРалъул пачалихъияб байрахъ, гьебги букӀана багӀараб ххамил кесекалда байрахъалъул гӀералда аскӀосеб рахъалдасан гӀодосан эххедехун канчӀхъахӀилаб чӀоло биччараб байрахъ. ЧӀоло лӀугӀараб бакӀалдасан, квегӀаб рахъалъул тӀасияб бокӀнида бахъун букӀана нилъ ва гьецӀокъ ва гьелда тӀадги щугӀаркьелаб цӀва. Нилъалда ва гьецӀокъалда тӀад меседил хӀарпаздалъун хъван букӀана «ДАССР» абун, гӀурус, авар, лъарагӀ, лезгин, падар. лак, тат ва табасаран мацӀазда.

Дагъистаналъул байрахъ 1994-2003 сс.

1978 соналъул 30 маялъ ДАССРалъул ТӀадегӀанаб Советалъул VIII сессиялъул IX данде ракӀариялда къабул гьабуна цӀияб Конституция. ГӀаммаб куцалда байрахъги гербги щибго хиса-баси гьабичӀого хутӀана, кинго байрахъалда хъвай-хъвагӀи гьабур рукӀарал мацӀал цӀикӀкӀана, гьеб лӀугьана 11 мацӀ: гӀурус, аварский, падар, даргин, лъарагӀ, лак, лезгин, нугъай, табасаран, тат ва чачан мацӀал.

Дагъистан Республикаялъул байрахъ буго ункъабго бокӀон битӀараб ххамил кесек, горизонталиял гӀурччинаб, хъахӀилаб ва багӀарб кьеразул чӀалал жинда ругеб; гӀеблъи борхалъиялъул 1:2 бащадаб

Гьанжесеб къагӀида

[хисизабизе | код хисизабизе]

Байрахъалъул гьанжесеб къагӀида билълъинабуна 19.11.2003 с. № 27 гъоркь бугеб Дагъистан Республикаялъул пачалихъияб байрахъ" абураб къануналда рекъон.

Дагъистан Республикаялъул байрахъ буго ункъабго бокӀон битӀараб ва лъабго цоцада бащадаб горизонталиял чӀалал жинда ругеб ххамил кесек: тӀасияб — гӀурччинаб кьералъул, гьоркьохъеб — хъахӀилаб ва гъоркьияб — багӀараб кьералъул. Байрахъалъул гӀеблъи борхалъиялъул 2:3 ращалъула

Байрахъ дагьалъ гӀодобе биччай

[хисизабизе | код хисизабизе]

2012 соналъул 5 маялъ Дагъистаналъул ва Россиялъул байрахъал дагьалъ гӀодоре риччан рукӀана Дагъистаналъул киналниги шагьаразда ва районазда, жинждир хӀасилалдалъун 15 чи хвараб ва нусгоялдаса цӀикӀкӀун чи лӀукъараб МахӀачхъалаялда посталда аскӀоб гьабураб кьвагьиялдаса хадуб[4].

Муниципалиял гӀуцӀиязул байрахъал

[хисизабизе | код хисизабизе]

На 1 января 2017 соналъул 1 январалъ Дагъистан Республикаялда букӀана 760 муниципалияб гӀуцӀи: 10 шагьаралъул округ, 41 муниципалияб мухъ, 3 шагьаралдажанисеб мухъ, 7 шагьаралъул чӀчӀейбугебакӀ ва 699 росдал бо.

Шагьаралъул округазул байрахъал

[хисизабизе | код хисизабизе]
Байрахъ Расмияб цӀар Тасдикъ гьабураб къо-моцӀ ПГӀХЪялда
номер
«МахӀачхъала шагьар»
шагьаралъул округалъул байрахъ
15.12.2006[5] 2785
«Гъизляр шагьар»
муниципалияб гӀуцӀиялъул байрахъ
Байрахъ Расмияб цӀар Тасдикъ гьабураб къо-моцӀ ПГӀХЪялда
номер
«Хасавюрт шагьар»
муниципалияб гӀуцӀиялъул байрахъ
24.04.2017[6] 11365

Муниципалиял мухъазул байрахъал

[хисизабизе | код хисизабизе]
Байрахъ Расмияб цӀар Тасдикъ гьабураб къо-моцӀ ПГӀХЪялда
номер
Муниципалияб гӀуцӀи
«Гуниб мухъалъул» байрахъ
29.01.2013[7] 8335
Муниципалияб гӀуцӀи
«ДахӀадаясул мухъалъул» байрахъ
30.03.2009[8]
Муниципалияб гӀуцӀи
«Кули мухъалъул» байрахъ
16.06.2011[9] 7162
Байрахъ Расмияб цӀар Тасдикъ гьабураб къо-моцӀ ПГӀХЪялда
номер
Муниципалияб гӀуцӀи
«Лак мухъалъул»
25.12.2012[10] 8132
Муниципалияб гӀуцӀи
«Тарумасул мухъалъул» байрахъ

Росдал боязул байрахъал

[хисизабизе | код хисизабизе]
Байрахъ Расмияб цӀар Тасдикъ гьабураб къо-моцӀ ПГӀХЪялда
номер
Гумбет муъхалъул
«Гьарадирихъ росдал совет» муниципалияб гӀуцӀиялъул байрахъ
02.06.2016[11]
  1. ↑ «Закон (#27) О Государственном Флаге Республики Дагестан»
  2. ↑ Постановление Верховного Совета Республики Дагестан от 26.02.1994
  3. ↑ "Символика". Архивация оригинал, 2021-10-05. Щвей 2020-02-02. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  4. ↑ "Подробности теракта в Махачкале: 15 погибших и более 100 пострадавших". Архивация оригинал, 2012-05-18. Щвей 2012-05-05. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help)
  5. ↑ Решение Собрания депутатов городского округа «Город Махачкала» от 15.12.2006 № 27-2 «Об утверждении Положения о гербе и флаге городского округа „Город Махачкала“»
  6. ↑ Решение Собрания депутатов городского округа «город Хасавюрт» от 24.04.2017 № 49/3 "О гербе и флаге городского округа «город Хасавюрт»
  7. ↑ Решение Собрания депутатов Гунибского района от 29.01.2013 № 3а
  8. ↑ Решение Собрания депутатов муниципального образования «Дахадаевский район» от 30.03.2009 № 01-06-1V-СД3 Положение о флаге муниципального образования Дахадаевский район Республики Дагестана
  9. ↑ Решение районного Собрания Кулинского муниципального района от 16.06.2011 № 44 «О флаге муниципального образования Кулинский муниципальный район Республики Дагестан»
  10. ↑ Решение Собрания депутатов Лакского района от 25.12.2012 № 27 «Об официальных символах — гербе и флаге Лакского района»
  11. ↑ Решение Собрания депутатов муниципального образования СП «Сельсовет Арадирихский» от 02.06.2016 года, протокол № 4

Балагье гьединго

[хисизабизе | код хисизабизе]

Халип:Россия Федерациялъул икълимазул байрахъал