Авар хъвай-хъвагӀи

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Авар хъвай-хъвагІай» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Авар хъвай-хъвагIи ккола авар мацIалъул рагIаби хъвазе хIалтIизабулеб хъвавул система. Жиндир заманалда гьеб букӀана чанго батӀияб графикияб аслуялда, жакъа къоялъ буго кириллицалда.

Авар мацӀалда хъварал бищун некӀсиял хъвай-хъвагӀаял руго гуржи хӀарпаздалъун гьарурал. Авар-хъвай хъвагӀи цебетӀеялъул кӀиабилеб этап байбихьана XV гӀасруялда, гӀараб алипба хӀалтӀизабигун; гьелъие кьучӀ лъурав чилъун рикӀкӀуна ГӀандиса ГӀали-мирза. XVIII гӀасруялда Хунзахъа Дибир-къадица авар гӀажамалъе реформа гьабуна мацӀалъул фонетикаялде данде ккезабиялъе[1].

Авар пачалихъ Россиялъул империялъул кверщаликье ккун хадуб ва авар мацӀалда тӀахьал басма гьаризе байбихьидал, авар гӀажамалъе гьабуна цӀияб реформа, гьелдаго цадахъ хӀалбихьи гьабулеб букӀана авар хъвай-хъвагӀи кириллицаялде бачине, амма гьелъул жо ккечӀо.

1928–1938 соназ авар хъвай-хъвагӀи букӀана латин алфабет, 1938 соналъ хъвай-хъвагӀи бачана кириллицалде, гьеб алфабет, дагьа-макъабго хис-басги гьабун, жакъа къоялъги буго хӀалтӀизабулеб.

Алипба[хисизабизе | код хисизабизе]

ХӀарп ЦӀар ХФА ХӀарп ЦӀар ХФА ХӀарп ЦӀар ХФА ХӀaрп ЦӀар ХФА
А а а [a] И и и [i] П п пэ [p] ЦӀ цӀ цӀе [t͡sʼ]
Б б бэ [b] Й й йи [j] Р р эр [r] Ч ч че [t͡ʃ]
В в вэ [w]/[v] К к ка [k] С с эс [s] ЧӀ чӀ чӀе [t͡ʃʼ]
Г г гэ [ɡ] Къ къ къа [q͡χːʼ] Т т тэ [t] Ш ш ша [ʃ]
Гъ гъ гъэ [ʁ] Кь кь кьэ [t͡ɬːʼ] ТӀ тӀ тӀэ [] Щ щ ща [ʃː]
Гь гь гьэ [h] КӀ кӀ кӀа [] У у у [u] ъ къараб ишара [ʔ]
ГӀ гӀ гӀе [ʕ] Л л эл [ɫ]/[l] Ф ф эф [f] ы (къараб и)
Д д дэ [d] Лъ лъ элъ [ɬ] Х х ха [χ] ь (тамахаб ишара)
Е е йе [e][j]+[e] (ЛӀ лӀ) [t͡ɬː] Хъ хъ хъа [q͡χː] Э э э [e]
Ё ё йо [j] + [o] М м эм [m] Хь хь хьа [x] Ю ю йю [j] + [u]
Ж ж жэ [ʒ] Н н эн [n] ХӀ хӀ хӀа [ħ] Я я йа [j] + [a]
З з зе [z] О о о [o] Ц ц це [t͡s]

Аслияб авар алипбаялда буго кинабниги 46 кириллицаялъул хӀарп, гьезул 33 буго гӀадатаб, ай цогидаб гӀаламат жинда цадахъ гьечӀеб, хӀутӀараб 13 хӀарп буго жубараб, ай цогидаб ишара цадахъ бугеб (Гъ, Гь, ГӀ, Къ, Кь, КӀ, Лъ, ТӀ, Хъ, Хь, ХӀ, ЦӀ, ЧӀ). Алипбаялъул 40 хӀарп хӀалтӀизабул авар мацӀалъул 51 гьаракь (жал рагьукъаб + в хӀарпал цадахъ лъун бихьизабулеб 23 лабиаллъараб гьаракь рикӀкӀинчӀого) бихьизабизе, лъабго хӀарпалъ бихьизабула [j] + рагьараб гьаракь, къараб ишара (Ы) хъвала гӀицӀго гӀурус мацӀалдаса рачӀарал рагӀабазулъ. КӀиго батӀияб хӀал бугел хӀарпаллъун ккола Е ва Ъ. Тамахаб ишара Ь хӀалтӀизабула цогидал мацӀаздасан рачӀарал рагӀабазулъ; гьелъ гӀурус мацӀалда бихьизабулеб хӀарп тамахлъи авар адабияталъулаб мацӀалда гӀечӀо. Орфографияб рахъалъ авар рагӀаби абулеб ва хъвалеб къагӀидабазда гьоркьоб буго дагьабго батӀалъиги (балагье орфографиялде).

Хъвай-хъвагIиялъул тарих[хисизабизе | код хисизабизе]

Хъанчазда хъвай-хъвагӀаял[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар хъвай-хъвагIиялъул бищун некӀсияб гӀараслъун рикIкIуна Хунзахъ мухъалда батараб лъабго хъанчалда бугеб хъвай-хъвагIай, жибги гуржи ва авар мацIалда гьарурал. Гьезул цояб таржаминабуна А. С. Чикобаваца 1940 соналъ; Хунзахъ батараб цIалана Т. Е. Гудаваца, ГьоцӀатлъ батараб таржаминабуна К. Ш. МикагIиловас[2]. Гьел хъвай-хъвагIаял гьарурал руго XII–XIV гIасрабазда[3].

Гьалла батараб хъанчалда бугеб хъвай-хъвагӀиялъул транскрипция ва тармажа (гуржи текст — А.С. Чикобавада рекъон):

  1. ჯ(ვა)რი ქ(რისტ)ე—«Дж(ва)ри к(ристI)е» («КристӀил хъанч»)
  2. შ(ეიწყალ)ე თ(ეოდორ)ე წ(მიდა) —«ш(еицIкъал)е Т(еодор)е цI(мида)-» («гурхӀа (тӀаса лъугьа) Теодорида, мукъадасав»)
  3. ო თ(ეოდორ)ე: წ(მიდა)ო — «-о Т(еодор)е, цI(мида)о» («Теодор, мукъадасав»)
  4. სარკელი: წობ თეგ — «СаркIели, цIоб тег-» («Саркели, цӀоб лъеги/теги»)
  5. ი: ბოტბ ჩოჰლტა რო… — «и, ботI(а)б: чогь(о)лтIа: ро…) («киналго гӀагарал чагӀазда,»)
  6. : ჩჰე — «-в чи гье»
  7. სიტა — «-ситIа» («ва росасда»)
  8. ა(მი)ნ: (უფალ)ო — «Амин упало» («Амин БетӀергьан»)
  9. ღ(მერთ)ო: ჩ(ვენ)ო — «гъмерто чвено» («Нижер БетӀергьан»)
  10. გაბრ(იე)ლი — «Габриэли» («ЖабрагӀили»)
  11. დაიცუვ(ე)ნ — «даицувен» («цӀуне!»).

Гуржи хӀарпаздалъун гьарурал авар хъвай-хъвагӀаял тӀад ругел хъанчал

ГӀажам (XV–1928)[хисизабизе | код хисизабизе]

Дибир-къадил гӀажам

Ислам тIибитIигун цадахъ Авар ракьалде бачIана гIараб хъвай-хъвагIи. Бищун некIсияб гIараб хIарпаздалъун гьабураб хъвай-хъвагIай буго Гъуниб мухъалъул Къорода росдал мажгиталъул къадалӀ бугеб ганчӀида батараб, гьелъул дата чӀезабун буго XIV гӀасруялдалъун. XV гIасруялда гIараб мацIалда хъвараб Ибрагьимил вас ГIандуникI нуцаласул васияталда буго 16 авар рагIи, хисизе гьаричIел гIараб хIарпаздалъун хъварал. Гьеб васигат жиндир квералъ хъварав ГӀандиса ГӀали-мирза рикӀкӀуна авар гӀажамалъе кьучӀ лъурав чилъун.

XVI гIасруялдаса байбихьана авар хъвай-хъвагIи тIибитIизе. XVIII гIасруялда Хунзахъа Дибир-Къадица, авар мацIалъул фонетикаялде данде кколедухъ реформа гьабуна авар гӀажамалъе.

XIX гIасруялда Шамил имамасул диванханаялъул комиссиялъ бахъана ڸ хIарп, жинца [ɬ] гьаракь бихьизабулеб (гьанжесеб Лъ хӀарп). 1884 соналда Истамбулалда къватиб биччана гIараб хIарпаздалъун кьабараб авар мацIалда бугеб тIехь. Гьелдаса хадуб тIахьал басма гьаризе байбихьана Дагъистаналдаги; гIемерисел авар мацIалда ругел тIахьал басма гьарулаан Шураялда[4].

ГIажам алипба[5]:

ا ب پ ت ث ج چ چّ خ خّ
ح د ر ز زّ س سّ ش شّ ص
صّ ط ظ ع غ ف ۊ ۊّ ک کّ
ڸ ل لّ م ن و ى

1920-л саназда гIажам хисизе гьабуна тIаде цIиял хIарпалги рахъун. Гьелги рукӀана гӀараб мацӀалда аналогал гьечӀел авар мацӀалъул гьаркьал рихьизариялъе цIиял хIарпал (гьенирго гъорлӀ рагьарал рихьизариялъе ишарабиги) Гьеб хисизабураб "ЦIияб" гIажам хIалтIизе гьабулаан 1928 соналде щвезегIан[6][7]:

ڗ ژ ز څ ؼ خ و ﻁ ت ش ڝ س ر ڨ ق پ او ن م لّ ڸ ل ک ى اى ﻉ ﺡ ﻫ غ گ اه د ڃ ﺝ ب ا

Рагьарал гьаркьал рихьизаризе хӀалтӀизарулаан хӀаракаби: фатхӀа اَ, касра اِ ва замма اُ. КӀиго гьаракьалъе — [e] ва [o] — рукӀинчӀо хасал ишараби, гьел рихьизаризеги хӀалтӀизарулаан касра ва замма, гьединлъидал гьел /i/ ва /u/ гьаркьал рихьизарулел ишарабаздаса визуалияб къагӀидаялъ ратӀа гьарулароан.

Усларил алипба[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар алип, Усларица бахъараб

1860-л саназда, Аваразул пачалихъ Россиялъул империялъ бахъун хадуб, этнограф ва лингвист П. К. Усларица гIуцIана авар маIалъул тIоцебесеб грамматика (басмаялде бахъана 1889 соналъ). Гьеб грамматикаялда хIалтIизабун букIана дандеккун гьабураб кирилицаялъул алипба (цо-цо латин ва гуржи хIарпалги гъорлӀ ругеб). 1865 соналъ гьеб алипалда Туплисалда басмаялде бахъана «Ҭоцебесаб х̍ундерӀл мацаɳ̍ул жуз — Аварская азбука». 1860-л саназда басмаялде бахъана жеги цо чанго тIехь. Гьебго заманалда хIал бихьулеб букIана цIияб алипалда ругел тIахьаздалъун лъайкьей билӀинабизе, амма халкъалде гьоркьоб гьеб тӀибитӀичӀо.

БукIаниги, Усларил алипалда чанги тIахьал рахъана, гьезда гьоркьоб 1900 соналъ ТIелекьа Джаватханица авар мацIалде таржама гьабураб Йогьанил Инжил, 49 тIамач бугеб.

Латин алипба (1928–1938)[хисизабизе | код хисизабизе]

Авар алип (1928–1938)
Латин алипбаялда хъвараб макъала

1923 соналъ Пятигорск шагьаралда букIараб исламиял халкъазул данделъиялда цебе лъун букIана Дагъистаналъул мацIазул алипбаял латин хъвай-хъвагIиялде рачиналъул суал. Амма гьелде данде чIана интеллегенцияги диниял чагIиги. КIиабилеб нухалъ гьеб суал борхана 1926 соналъ. 1928 соналъул февралалда вилаяталъулаб комиссиялъулги Совнаркомалъулги цолъизабураб кӀиабилеб пленумалъ цебе лъуна масъала: Дагъистаналъул мацIазе латиналда ругел алипбаял гIуцIизе, гьездаго цадахъ авар мацIалъеги. Латин алип бахъана гьебго соналъ. Дагъистаналъул АССР-алъул ЦИКалъ хIукму гьабун, 1930 соналъул 1 октябралдаса латин алипба лъугьана цохIо бугеб, хIалтIизабизе бегьулеб алипбалъун.

ТIоцебесеб латин алипалъул рукIинчIо бетIерал хIарпал[8]: a, b, c, , d, e, g, ƣ, h, ħ, ⱨ, i, j, k, ⱪ, l, , , m, n, o, p, q, ꝗ, r, s, ş, ꞩ, t, , u, v, x, , , z, ⱬ, ƶ, ’. 1932 соналъ латин алипалда гьабуна хиса-баси: тIаде журана бетIерал ва F f, Ç ç хIарпал, гьоркьоса бахъана . Гьеб алипба хIалтIизабулаан 1938 соналде щвезегIан.

Хисизе гьабураб латин алип[9]:

A a B b C c Ç ç D d E e G g Ƣ ƣ H h ħ
Ⱨ ⱨ I i J j K k Ⱪ ⱪ L l Ļ M m N n
O o P p F f Q q Ꝗ ꝗ R r S s Ş ş Ꞩ ꞩ T t
U u V v X x Z z Ⱬ ⱬ Ƶ ƶ '

Алпабет кириллицалде буссинаби[хисизабизе | код хисизабизе]

1930-л соназул ахиралда СССР-алда байбихбана кириллицалде алпабетал руссинаризе. 1938 соналъул 5 январалда Дагестаналъул обкомалъ лъазабуна Дагъистаналъул мацIазул алпабетал кирилицалде руссине гьаби. 8 фебруаралда гьеб хIукму тасдикъ гьабуна Дагъистаналъул АССР-лъул ЦКалъ[10]. 10 февралалда цӀияб авар алпабет бахъана Дагъистаналъул "ХӀакъикъат" газеталда.

Гьелдаса хадуб алипалда дагьабги хис-бас гьабуна (тIаде жубана Ё, тIаса бахъана Тл хIарп). 1952 соналъул декабралда Тарихалъулги, мацIалъулги адабияталъулги институталъул (АН СССР-алъул Дагъистаналъул филиал) гIелмияб ссесиялда хIукму гьабуна авар алипалде тIаде ЛI (мацIалъул хьолбохъан бахъулеб фонемабазул цояб) хIарп жубазе, ЦӀцӀ, ЧӀчӀ ва КӀкӀ бакIалда Ць, Чь ва Ӏк хIалтIизаризе, амма гьеб хIукму гӀумруялде бахъинчIо[11]. 1993 соналъ гьебго суал цIидасанги борхун букIана ИЯЛИ ДНЦ РАН-алъул хъвай-хъвагIи бугел мацIазул рукIалиде ккезариялъул конференциялда, амма гьенибги жо ккечIо[12].

Гьанже авар алип буго гьадинаб[13]:

А а Б б В в Г г Гъ гъ Гь гь ГӀ гӀ Д д Е е Ё ё Ж ж З з
И и Й й К к Къ къ Кь кь КӀ кӀ Л л Лъ лъ М м Н н О о П п
Р р С с Т т ТӀ тӀ У у Ф ф Х х Хъ хъ Хь хь ХӀ хӀ Ц ц ЦӀ цӀ
Ч ч ЧӀ чӀ Ш ш Щ щ Ъ ъ Ы ы Ь ь Э э Ю ю Я я

ЦӀигьарурал алипал (проектал)[хисизабизе | код хисизабизе]

ЦӀияб гӀажам[хисизабизе | код хисизабизе]

ЦӀияб гьанжесеб гӀажам буго авар мацӀалъул фонетикиял хаслъалабазде дандеккун гӀуцӀараб. Рагьарал гьаркьал рихьизаризе хӀаракабазул бакӀалда хӀалтӀизарула хасал хӀарпал.

أ ب ت ج ڃ ڃّ چ چّ ح خ
خّ څ د ز س سّ ش شّ ص صّ
ض ضّ ط ع غ ف ق ڨ ك كّ
گ گّ ڬ ڮ ل ڸ ّڸ م ن ه
و ۇ ۈ ي ێ ې ئ

ЦӀияб латин[хисизабизе | код хисизабизе]

A a B b C c Ċ ċ Č č Ç ç D d E e F f G g
G̈ g̈ H h H̦ h̦ Ħ ħ I i J j K k Ķ ķ L l Ļ ļ
Ł ł M m N n O o P p Q q Q̇ q̇ R r S s Š š
Ș ș T t Ț ț U u V v X x Ẋ ẋ Ẍ ẍ Z z Ž ž

КъвакӀарал рагьукъал гьаркьал рихьизаризе хӀалтӀизарула геминатал — cc, ćć, čč, çç, kk, ķķ, ļļ, ss, xx. Алипалда гъорлъ хъвачӀел хӀарпал: è, w (гӀицӀго цогидал хӀарпазда цадахъ лабиализация бихьизабизе), <'> ялъуни <ʼ> хӀалтӀизабула щокъросан лугби ккун бахъулеб рагьукъаб гьаракь бихьизабизе.

Киналниги авар мацӀалъул рукӀарал алипал дандекквей[5][6][13][хисизабизе | код хисизабизе]

ХФА Кириллица Латиница Усларил алипба ГӀажам Гуржи алипба
тарихияб цӀияб тарихияб цӀияб
[a] А A а أَ, (◌َ), اَ اَ
[b] Б B б ب
[w] / [v] В V V/W в, у و ვ, (ჳ)?
[ɡ] Г G г ك, گ, ڲ ݢ
[ʁ] Гъ Ƣ ӷ غ (ღ)?
[h] Гь H h ه
[ʕ] ГӀ Ǥ/H̦ ع
[d] Д D д د
[e], ([j]+[e]) E E/(Je) e اِ ,اه, (◌ِ) ې ,يې ე, (ჲ)?
[ʒ] Ж Ƶ Ž ж ج ,ڗ ج
[z] З Z з ز
[i] И I i اى ,اِ, (◌ِ) ێ
[j] Й J j ى, ي ي
[k] К K к ک ك
[] Кк Kk кّ ک ,کّ كّ
[q͡χʼ] Къ Q q ق
[t͡ɬːʼ] Кь ق ,ڸّ ,ۊّ ,ڨ ڨ
[k’] КӀ Ķ қ گ ,ڲ ,ک گ (კ)?
[kː’] КӀкӀ Ⱪⱪ Ķķ хّ کّ گّ
[l] Л L л ل
[ɬ] Лъ Ļ ɳ ڸ
[ɬː]/[t͡ɬː] Лълъ ꝉ/Ļļ ɳ̍, ɳّ ڸّ ,ڸ
[t͡ɬː] ЛӀ Ł ڸّ
[m] М M м م
[n] Н N н ن (ნ)?
[o] О O о او ,أُ, (◌ُ) ۈ, (◌ُ)
[p] П P п (ف ,(پ ف
[r] Р R р ر
[s] С S ç س
[] Сс Ss с صّ ,ص سّ, ص
[t] Т T т ت
[t’] ТӀ Ҭ Ț ҭ ط
[u] У U у أُ ,او, (◌ُ) ۇ, (◌ُ)
[f] Ф F ف
[χ] Х X x خ (ხ)?
[χː] Хх Xx х̍ خّ
[q͡χː] Хъ Ӿ k څ ,خّ څ
[x] Хь Ҳ h ݤ ,کّ ڮ ,ݤ
[ħ] ХӀ Ħ ح
[t͡s] Ц S C ژ ,ڝ ص /ڝ
[t͡sː] Цц Ss Cc ц ژّ ,زّ ,ز صّ ,ڝ (ც)?
[t͡sʼ] ЦӀ Ċ ц̓ ڗ ,ز ,زّ ض/ڗ
[t͡sːʼ] ЦӀцӀ Ⱬⱬ Ċċ ц ژّ ضّ ,ڗ
[t͡ʃ] Ч C Č ч ج ,چ چ
[t͡ʃː] Чч Cc Čč ч̍ ش ,چ ,چّ چّ
[t͡ʃʼ] ЧӀ Ç чّ چ ,چّ ,ڃ ڃ (ჭ)?
[t͡ʃːʼ] ЧӀчӀ Çç ч̓ چّ ڃّ
[ʃ] Ш Ş Š ш ش (შ)?
[ʃː] Щ Şş Ș ш شّ
[ʔ] Ъ ء (ჸ)?
[e] Э E/(È/Ē) е اه ې
[j]+[u] Ю Ju يُ يۇ
[j]+[a] Я Ja يَ يا

РегӀелал[хисизабизе | код хисизабизе]

  1. Авар мацIалда хъвай-хъвагIай бакки (б-гь.). ORIENT | Новости, события, истории (25 декембер 2022). Дата: 25 декембер 2022.
  2. Атаев 1998, pp. 23–25.
  3. ХӀапизилазул М. Ш. Хъанчазда аваргин гуржи хъвай-хъвагӀабазул хӀакъалъулъ (гӀуруаслъ) // Дагъистаналъул гӀелмияб центералъул илчи. — 2014. — № 54. — С. 67—74.
  4. Алексеев 2001.
  5. 5,0 5,1 СагӀидилазул М. Аваразул хъва-хъвайгӀи бакки // Дагъистаналъул мацӀал. — МахӀач-Хъала, 1948.
  6. 6,0 6,1 Дагъистаналъул халкъазе цӀияб алипба // Машрикъалъул маданият ва хъвай-хъвагӀи. — (бол.), 1928. — Вып. II. — С. 176–177.
  7. ГӀисалазулав 1979, pp. 158–179.
  8. dibirop 1928.
  9. Şahnazarov 1935.
  10. Исаев А. А. О формировании и развитии письменности народов Дагестана // Социологический сборник. — Мх., 1970. — Вып. I. — С. 173—232.
  11. ХӀажилазул МухӀамад, Ильясил Шигьабудин. Дагъистаналъул адабияталъулал мацӀазе нормализация гьабиялъул суалазда хурхараб гӀелмия сессия // Лингвистикалъул гьикъал. — 1953. — № 3. — С. 159–162. Error in Webarchive template: Empty url.
  12. Атаев 1996.
  13. 13,0 13,1 Цитатинабиялъул гъалатӀ:Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб ЯРФ -лъе текст бихьизабун гьечІо

Адабият[хисизабизе | код хисизабизе]

  • dibirop m. avar alipba.
  • Şahnazarov Ħ. Avar alif.
  • Исаев М. И. Языковое строительство в СССР. — Гь. 352. — 2650 экз.
  • Атаев Б. М. Аварцы: история, язык, письменность.
  • Атаев Б. М. Формирование и развитие аварского литературного языка. Автореферат диссертации на соискание учёной степени доктора филологических наук. — Гь. 45.
  • Алексеев М. Е. Аварский язык. — Т. I. — Гь. 432. — 385 экз. — ISBN 5-02-022647-5.
  • Исаев А. А., Магдиев С. Я., Маламагомедов Д. М., Оразаев Г. М. Каталог рукописей и фрагментарных записей на языках народов Дагестана, хранящихся в Рукописном фонде ДНЦ РАН. — Гь. 204.