Перейти к содержанию

Туплис

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Тахшагьар
Тулпис
თბილისი
Байрахъ Герб
Байрахъ
Байрахъ
Герб
Герб
Пачалихъ Гуржи
Координатал 41°43′ ш. гӀ. 44°48′ бб. х.HGЯO
Мэр Каха Каладзе
ТІоцебесеб нухалъ рехсей IV гІасру
БукІараб цІар 1936 с. щвезегІан Тифлис
Площад 726 km²
Расмияб мацІ гуржи мацI
Халкъалъул къадар І 485 293[1] чи 
Гъунки 1614 чи/km²
Динал Насранияб
Телефоналъул код 32
Расмияб сайт http://www.tbilisi.gov.ge

Тулпис, Тбили́си (гуржи: თბილისი tʰ'biliˌsi Tbilisi.ogg[2][3] — «хинаб ицц», цебесеб (1936 соналде щвезегІан) цІар — Тифлис) — Хъизихъалъул тахшагьар[4] ва кІудияб шагьар, жиб Кор гІоралъул рагІалдаги бугеб, жиндир хакъалъул къадарги гІага-шагарго 1,1 миллион чиясде бахунеб. Шагьаралъе кьучІ лъун буго V гІасруялда.

Тулпис ккола Хъизихъалъул бищун кІвар цІикІараб магІишаталъулаб, жамгІияб ва маданияб центр. Шагьар гьединго ккола трансмиллиял энергетикиял ва дармилал проетазе кІвар бугеб транзитивияб центрлъун.

Шагьаралъ гІуцІула улкаялда жиндир даража бащад гьабураб Тулпис муниципалитет, жиндир гІатІилъи 720 км²[5] бугеб, халкъалъул къадар — &&&&&&&&01184818.&&&&&01 184 818 чи, 2020 соналде баяназда рекъон[6], ялъуни &&&&&&&&01108717.&&&&&01 108 717 чи (2014 соналъул къадар рикІкІиналда рекъон), гьенирго жибго шагьаралъул &&&&&&&&01062282.&&&&&01 062 282 чиги (2014 сон), 4 шагьаралъул тайпаялъул гьеналъул &&&&&&&&&&016015.&&&&&016 015 чиги (2014 сон), 22 росдал — &&&&&&&&&&030420.&&&&&030 420 чиги (2014 сон).[7][8]

«Тбилиси» абураб цӀар тӀоцебесеб нухалъ рехсолеб буго IV гӀасруялда; гьеб цӀар бачӀин хурхинабулеб буго шагьаралда чӀабтӀил хинал иццал (гуржи: თბილისი [Тбилиси]; тбили — «хинаб») рукӀиналда; 1936 соналде щвезегӀан хӀалтӀизабулеб букӀана грек адабияталдаса бачӀараб «Тифли́с» абураб цӀар. 1936 соналдаса расмияб хӀисабалда тасдикъ гьабуна жиб абулеб къагӀидаялъул рахъалъ миллиялде гӀагараб «Тбилиси» абураб форма.[9]

Физикиябгин географиялъулаб сипат-сурат

[хисизабизе | код хисизабизе]
Тулписалъул ботаникияб ахикь бугеб чвахел

Тулпис буго 30 км халалъиялъул Тулписалъул жаниблъиялда, жиб Кор гӀоралъул расалъиялде кколеб ва лъабго рахъалъ сверун кьурабаз къараб. Ралъдал гьумералдаса борхалъи буго 380–770 метра. Тулписалда сверухъ руго 6-, 7- и 8-балл сейсмолъи бугеб бакӀал. Бахъбаккудаса, жанублъияб рахъалдасаги ва бутӀаккун бакътӀерхьудасаги Тулписалъу гурхъи буго Гардабан мухъалъулгун, шималияб рахъалдаса ва хутӀараб бакътӀерхьудаса — Мцхет мухъалъулгун.[10]

Климат буга рагьаяб субтропикияб, халатаб багӀарараб риигун, къокъаб хинаб иххгун, тамахаб, амма ракъадалаб хаселгун.

  • ЛъагӀалил гьоркьохъеб температура: +13,3 °C.
  • ЛъагӀалил гьоркьохъеб гьуриялъул хехлъи: 1,5 м/сек.
  • ЛъагӀалил гьоркьохъеб гьаваялъул рагьай: 67 %.
  • Температурабазул экстремаллъи: минимум — −24,4 °C 1883 соналъул 21 январь); максимум — +42,0 °C (1882 соналъул 17 июль).

РикӀкӀунеб буго, Тулписалъе кьучӀ лъунин Ибериялъул пачахӀ Вахтанг Горгасалица нилъер заманалъул V гӀасруялда, ва тахшагьарлъун лъугьанин VI гӀасруялда, амма «Тбтлада»цӀар буго дагьалги цересел румазулал картабазда, Тулписалъул тарихияб централда рухъа-хъван рагьун руго I–II гӀасрабазул термалият хӀамамал мозаика ккурал хӀавузалги, ретӀел хисизе бакӀалги ва керамикиял рогӀразул церетӀурал системабиги ругел. Шагьаралъул цогидал бакӀазда ратун руго н. щ. VI–III гӀасрабазул росаби.

Административияб рикьи

[хисизабизе | код хисизабизе]
Вид на исторический квартал Тбилиси

Жакъа къоялъ Тулпис шагьар бикьула хадусел административиял районазде:

Цере рукІарал:

Тбилиси муниципалитеталде гъорлъе 2008 соналдаса байбихьун уна: 4 шагьаралъул тайпаялъул гьен гІадамазул къадар &&&&&&&&&&016015.&&&&&016 015 чи вугеб ( 014)[7]Диди-Лило (2417 чи, 2014), Загэси (5200чи, 2014), Коджори (1232 чи, 2014), Цхнети (7166 чи, 2014)[11] — ва 22 росу гӀадмазул гӀамаб къадар &&&&&&&&&&030420.&&&&&030 420 чи вугеб (2014)[8]. Гьанжесеб статистикаялъ гьел киналго рикӀкӀуна Тулписалда гъорлъ,[12] амма халкъалъул къадар рикӀиналъул рахъал гьел рикӀкӀуна батӀаго.[7][8][11]

ХӀакимлъиялъул органал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Шагьаралъул хӀакимлъи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Шагьралда буго Тулписалъул халкъияб мажлис (Сакребуло) ва Тулписалъул хӀукумат, жинда цебе шагьаралъул мэрас хисаб кьолеб.

Хъизихъалъул хӀакимлъи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Тулписалда руго пачалхъилъул хӀакимлъиялъул киналниги тӀубазабиялъул ва диваналъулал (Конституциялъулаб хутӀизегӀан) органал. Тарихияб район Авлабариялда, М. Абдушелашвилил къотӀноб буго президентасул кӀалгӀа — Хъизихъалъул президентасул расмияб резиденция ва хӀалтӀул бакӀ.

  1. ^ Population by municipalities for the beginning of the year
  2. ^ Pronúncia de Tbilisi: Como pronunciar Tbilisi em Georgiano, Tcheco, Italiano, Polonês, Inglês
  3. ^ Tbilisi — Capital City of Georgia (Part One) — YouTube
  4. ^ Столица Грузии
  5. ^ თბილისი > გეოგრაფია და ბუნება (хъиз.)
  6. ^ "Численность населения Грузии с разбивкой по городам и районам на начало января 2015—2020 гг". Национальная статистическая служба Грузии. Щвей 2020-05-04. {{cite web}}: Cite has empty unknown parameter: |deadlink= (help); External link in |publisher= (help) (инг.)
  7. ^ a b c "Группировка городских населённых пунктов по типу и численности населения (Urban settlements by type and by size of population)" (in английский). Национальная статистическая служба Грузии. Архивация оригинал (2016-08-09). Щвей 2016-05-02. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help); Unknown parameter |subtitle= ignored (help)
  8. ^ a b c "Группировка сельских населённых пунктов по численности населения (Rural settlements by size of population)" (in английский). Национальная статистическая служба Грузии. Архивация оригинал (2016-08-10). Щвей 2016-05-02. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help); Unknown parameter |subtitle= ignored (help)
  9. ^ Поспелов 2002.
  10. ^ Месторасположение Archived 2013-03-27 at the Wayback Machine Муниципальный портал Тбилиси
  11. ^ a b Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб гнп -лъе текст бихьизабун гьечІо
  12. ^ "Статистический ежегодник Грузии. 2016 год" (PDF) (in английский). Национальная статистическая служба Грузии. Архивация оригинал (PDF) (2017-04-19). Щвей 2017-04-21. {{cite web}}: Cite has empty unknown parameter: |subtitle= (help); Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help)

Халип:Азиялъул тахшагьарал