Перейти к содержанию

Онсоколо мухъ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Унсоколо мухъ» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Муниципалияб мухъ
Онсоколо мухъ
Байрахъ Герб
Байрахъ Герб
42°41′14″ ш. гӀ. 46°51′59″ бб. х.HGЯO
Пачалихъ
Административияб марказ Шамилхъала
Тарих ва география
ГӀуцӀи 1935
ГӀатӀилъи
  • 560 квадратияб километр
Цифрабазул идентификаторал
Телефоналъул код +7 87257

Расмияб сайт
Онсоколо мухъ картаялда
 Медиафайлал Викигъамасалда

Онсоколо мухъДагъистаналда гъорлӀ бугеб административиябгин территориалияб цвел ва мухъалъул статус бугеб муниципалияб гӀуцӀи. Буго Дагъистаналъул бакътӀерхьуда, Авариялъул централияб рахъалда. Онсоколо мухъ ккола аваразул мухъазул цояб ва гӀатӀилъиялъул рахъалъ гьезда гьоркьоб анцӀила цоабилеб, Дагъистаналъул цогидал мухъазда гьоркьоб — 34-абилеб; мухъалъул гӀатӀилъи буго 559,86 квадратияб километр.

Онсоколо мухъалъул ракӀилъун буго историкияб Авар гӀорккун букӀараб болмухъ Хьиндаллъи. Жибго Онсоколо мухъ гӀуцӀана 1953 соналъ.

Административияб планалда Онсоколо мухъ бикьула анцӀила лъабго муниципалияб гӀуцӀиялде, гьезул 12-ялъул буго росдал боялъул статус, цо буго шагьарияб поселение. Гьез гъорлӀе бачуна 21 чӀел-бакӀ, жидер цояб шагьаралъул тайпадул гьенлъун бугеб. Мухъалъул административияб центр буго Унсоколо.

ГӀадамазул рикӀкӀадул рахъалъ Онсоколо мухъ буго 29 бакӀалда, гьенив гӀумру гьабун вуго 33 019 чи; мухъалъул кьибилаб халкълъун ккола аварал. Мухъ ккола авар мацӀалъул хьондасеб тӀадгарул централаб сверел тӀибитӀараб ареаллъун.

Мухъ ккола Дагъистаналъул централияб бутІаялда ва гьелъул гІорхъаби цурал руго Шурагьиб, Лаваша, Хьаргаби, Хунзахъ ва Бакълъул мухъазда.[2] Территориялъул гӀатӀилъи буго 560 км².

Унсоколо мухъ гІуцІцІана 23 январалъ 1935 соналъул, Авар округ ва Гъойсубулаялъул мухъ гІуцІцІиялъул хІасилалда.

2011 сон рикІкІуна, криминалалъул рахъалъ кутакалда хІалуцараблъун ва тІубараб мухъго рикІкІуна Дагъистаналъул цогиял мухъазда данде ккун бищун хІалуцараблъун. Чанго соналъ мухъалъул ва жумгьурияталъул хъулухъчагІазе рахІат толеб букІинчІо Ибрагьим ХІажидадаевас ва гьесул жамагІаталъ. 2009 соналъул феврал моцІалъ чІвана мухъалъул бетІер Генуса Казимбег АхІмадов, 2011 соналъул августалъ захІматго лъукъана цІияв бетІер МухІамадхІажи ТІагьиров (гьесул вас чІвана). Гьединго гьужумал гьаруна цоги-цоги хІукуматалъул хІалтІухъабазде, бизнесменазде ва къуваталъул идарабазул чагІазде.[3]. Гьебго соналъул августалъул авалалда ярагъ гьоркьоб хІалтІизабураб тунка-гІуси ккана мухъалъул кІиго кІудияб Генуб ва Унсоколо росабазул гІолохъабазда гьоркьоб, гьелъул хІасилалда чІвана анкьго чи: цо Унсоколоса, цо ЧІиркъатІаса ва щуго Генуса. Гьединго чІваразда гьоркьое ккана Генуса лъабго сон барай яс[4], чІвай-хъвеялъул би тІада бугевлъун ккола Унсоколо росдал бетІер ГІабдулмажидил МухІамад.

Халкъалъул къадар

[хисизабизе | код хисизабизе]

Мухъалъул гІадамазул къадар бахуна 30 029 чиясде.

Миллияб гІуцІцІи

2010 осналъ гьабураб ТІолгороссиялъул халкъазул хъвай-хъвагІаялда рекъон[5]:

Миллат РикІкІен,
чи
Кинабниги рикІкІеналдаса
бутІа, %
магІарулал 28 799 97,5 %
даргинал 128 0,43 %
лакал 111 0,38 %
цогиял 509 1,7 %
кинниги 29 547 100 %


Административияб бикьи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Мухъалда гъорлъе уна 12 муниципалияб гІуцІцІи:[6]

  1. Росдал бо «Балахьуни» (росаби Балахьуни, Мокъсохъ ва ШулалъутІа)
  2. Генуб
  3. ГІашилтІа
  4. Росдал бо «ГьаракIуни» (росаби ГьаракIуни, Урчиаб ва ТІаралъул-МегІер)
  5. Росдал бо «ИштІибури» (росаби ИштІибури, Колоб ва ИнкІвалитІа)
  6. Росдал бо «Майданское» (росаби Майданское ва Зирани)
  7. Рихьуни
  8. Росдал бо «Унсоколо» (росаби Унсоколо и ХинлъимитІа)
  9. ХарачІи
  10. Росдал бо «ХъахІабросо» (росаби ХъахІабросо ва Бекьилъ)
  11. ЦІатІанихъ
  12. шагьар тайпаялъул гьен (посёлок ) «Шамилхъала»

Мухъалъул аслияб экономика бараб буго — росдал магІишаталда. мухъалда буго 4 ПКЗ, 4 колхоз, 5 совхоз ва ччугІил магІишат.

Лъайкьей ва култура

[хисизабизе | код хисизабизе]

Мухъалда буго 18 школа, 11 лъималазул школалдацересел учреждениял, 2 махщалабазул школа, 1 лъималазул творчествоялъул Рукъ; 18 клуб, 20 мактаба, 3 музей, 1 театр, 12 памятник культураялъул ва тарихалъул.

  1. ^ GEOnet Names Server — 2018.
  2. ^ Унцукульский район (хвараб регӀел)
  3. ^ Юлия Рыбина. "Главе района не простили отказа платить "на джихад"". // Коммерсантъ, № 141 (4682), 03.08.2011. Архивация оригинал (2011-08-03). Щвей 2011-8-3. {{cite web}}: Check date values in: |accessdate= (help); Cite has empty unknown parameter: |datepublished= (help); Invalid |url-status=хвараб (help)
  4. ^ Юлия Рыбина. "В Дагестане воюют селами". // kommersant.ru. Архивация оригинал (2011-08-10). Щвей 2011-8-10. {{cite web}}: Check date values in: |accessdate= (help); Cite has empty unknown parameter: |datepublished= (help); Invalid |url-status=хвараб (help)
  5. ^ "ВПН том 3. Таблица 4. Население по национальности и владению русским языком по городским округам и муниципальным районам республики Дагестан". Архивация оригинал (2017-10-11). Щвей 2014-08-16. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  6. ^ ЗАКОН РЕСПУБЛИКИ ДАГЕСТАН ОТ 13.01.2005 N6 О СТАТУСЕ И ГРАНИЦАХ МУНИЦИПАЛЬНЫХ ОБРАЗОВАНИЙ РЕСПУБЛИКИ ДАГЕСТАН
  1. перенаправление Шаблон:ТӀинчӀ-Дагъистан
  1. перенаправление Шаблон:Унсоколо мухъ