Перейти к содержанию

ГӀандалазул бо

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
ГӀандалал» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

ГӀандалазул бо — аваразул боязул цояб, жиб букӀараб бакъбаккул АваралӀ, ЧӀегӀер гӀурул гин гьелъул гьаркьалабазул рагӀалазда, гьединго Авар гӀурул кваранаб рахъалда.

XIV гӀасруялъул байбихьуда киналго аваразул хӀукумат Сарир биххизехъин букӀана. Жанисеб кьалалъ,[1] гьитӀинаб цӀорол ригь тӀадебачӀиналъ,[2] къавуда баккуца, тӀадеги Кавказ кверде босизе ккараб къецалда Аваралъ рахъ ккураб букӀараб Илханат Меседил Ордаялда къовуца гьелъул къуват хвезабуна. XIV гӀасруялъул бакьулӀ Сарир тӀубанго биххана, гин гьелдаса лӀугьана Авар нуцаллъи гин аваразул боял, гьезда гьоркьоб гӀандалазулги.[3][4]

Парсал жанилӀугьин

[хисизабизе | код хисизабизе]

1741 соналда Афшаридазул империялъул хӀаким Надир-шагь Афшар 100 азарго чи вугеб аскаргун Дагъистаналде жанилӀугьана. Гьебго соналъул сентябиралъ кинабго Дагъистан букӀана парсазул кверщаликь, цохӀо Авария мукӀурлъичӀо. [5]

Гъуниб мухъалда бугеб «ГӀандалал» абураб си. Бана 2005 соналъ

ТӀадегӀунтӀараб хӀинкъуда хурхун, ГӀандаллъул чӀухӀби данделъана. Гьез хӀукму гьабуна тушманасда дандечӀезе. ГӀандалазул бодул къадий Пир-МухӀамадида боги гӀуцӀизе гьелъул бетӀерги вукӏине тӀадкъана.

Сентябир моцӀалъул ахиралда парсал лӀугьана ГӀандаллъуде. Пир-МухӀамадица киналго аваразул боязухъе кверчIвай гьабеян кагъат битӀана. КватӀичӀого гьениса рачӀана чагӀи квекиялъеги. КъваригӀичеб рагъ ккечӀого букӀине, Надирихъе парламентариял ритӀун рукӀана, хӀо гьел досухъе рачӀаралго, гьезул бутӀрул къотӀун рехана. Гьелда бан Пир-МухӀамадица абуна: «Гьанже нижер рекъел букӀине бегьуларо. Нижер гӀакълу хӀарбургъинегӀан ниж рагъила, жанилӀугьарал тушбабиги щущахъ риххизарила».[6] Надир шах ГӀандаллъул ЧӀохъ росдада тӀад бугел мугӀрузде щваравго, аварал гьесда данде рагъизе байбихьана гин хараблъизавун виххизавуна. КӀудияб аскарадул бутӀаги камун, рес гьечӀеб хӀалалдаги ккун, Шах АваралӀа лӀутун ана.[7]

Кавказалъул рагъда

[хисизабизе | код хисизабизе]

Кавказалъул рагъул мехалъ гӀандаллъул росаби Шамилил рахъалда рукӀана. Хъвадарухъан гин кавказалъул рагъазул гӀахьалчи Я. Н. Костенецкица, 1837 соналъ Аваралъул жазачагIазул экспедициялда гьединаб сипат-сурат кьолаан:

Дица цебего дагъистаназул атлетикияб формабазул лъикӀго балагьун букӀаниги, гьанир ругел чагӀаз жиндир рорхалъиялъ гин кӀодолъиялъ дун хасго гIажаиблъизавуна: гьезда дандеккун ниж пигмейлъун рихьулаан. Цо гъажалда гъал-гъалараб чIегIербурияб царал цIокогун, борхатаб тӀагъурги лъун, халатаб туманкӀги кверда ккун, рачелида бугеб ханжарги таманчаги, гьелда тӀадеги гургинаб чегӀараб мегежги, далараб кьунсрулги, цӀудул мегӀер гин аваразул берал: гьел руго унго-унгоял бандитал, гьезда цере испаназул яги италяназул хъачагъал васал гӀадин рихьулаан, дун божулевги вуго мелодрама цебетӀолеб мехалъ сценалда щвезабураб гьединаб къокъаца бищун кутакаб эффект гьабулаан.[8]

1877 сонил багъа-бачари

[хисизабизе | код хисизабизе]
БухӀизабураб СугъралӀ

Кинабго Дагъистаналда гӀадин, 1877 соналъ ГӀандаллъуда байбихьана багъа-бачари. Ункъабилеб имамлъун рикIкIунев гӀандалав МухӀамад-ХӀажица гьеб бетӀерлъана. 1877 соналъул ахиралъ багъа-бачари гӏодоцине байбихьана. Ноябиралъ тӀарамагъадисеб хьвайи СугъралӀ ккуна. Гьеб тӀубанго бухӀизабуна, гьениб букӀараб болмажгитги кьвагьана. СугъралӀ аскӀоб бугеб ГӀанада абулеб бакӀалда МухӀамад-ХӀажи гин гьесул хӏаракатал нахъбилълъарал чагӏазда цере жанире тӀамуна гин кварида ран гъанкъизаруна. Гъанкъиялда балагьизе тӏолго гьоркьохъеб гин бакътӀерхьул Дагъистаналъул росабаздаса вачана 2000 азарго чи (киналго росабаздаса вачӀине кколев вукӀана 2-ялдаса дагьлъичӏого чи).[9]

  1. ^ Криштопа, А. Е. (2007). Дагестан XIII — в начале ХV вв. М. гь. 113.{{cite book}}: CS1 maint: location missing publisher (link)
  2. ^ Айтебров, Т. М. Древний Хунзах и Хунзахцы. гьгь. 83–84.
  3. ^ Хапизов, Ш. (2021). Нуцалы Аварии (Историко-генеалогическое иследование). Махачкала. гьгь. 82–85.{{cite book}}: CS1 maint: location missing publisher (link)
  4. ^ Даниялов, Г. Д. (1970). Классовая борьба в Дагестане во второй половине XIX — начале XX вв. Махачкала: Тип. ДФ АН СССР. гь. 292.
  5. ^ Эхо Кавказа. — Махачкала: Ассоциация, 1993. — Вып. 3—9.
  6. ^ "Архивированная копия". Архивация оригинал, 2012-07-11. Щвей 2017-09-16. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help)
  7. ^ Г. Алкадари. Асари-Дагестан: исторические сведения о Дагестане / Пер. и прим. А. Гасанова. — Мх.: Юпитер, 1994. — Гь. 69. — 158 с. Архивация 24 септембер 2015 соналъул.К:Википедия:Халипал мекъи хӀалтӀизарурал гьумерал:ТӀехь (бихьизабун буго archiveurl)
  8. ^ Я. И. Костенецкий. Записки об Аварской экспедиции на Кавказе 1837 года. — Книга по Требованию. — СПб.: Халип:Тип. Э. Праца, 1851. — 122 с. — ISBN 978-5-518-08193-2. Архивация 21 фебруар 2020 соналъул.К:Википедия:Халипал мекъи хӀалтӀизарурал гьумерал:ТӀехь (бихьизабун буго archiveurl)
  9. ^ Sergej Nikolajevič Šubinskij. Древняя и новая Россия: ежемѣсячный исторический журнал. 1880, Том восемнадцатый. — Tipografija V. Gracianskago, 1880. — 876 с.